РагIулъ буго балъголъи
Кьурабалъ бижараб магIарул назму
Авар поэзиялъул антология гIуцIулеб буго
2017 соналъул 16 марталда Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул магIарул секциялда тIобитIараб данделъиялда гьоркьоб лъуна щуго томалде данде гьабураб магIарул поэзиялъул антология бахъиялъул суал. Гьаб соналъул ахиралде басмаялда бахъизе антология хIадуризе хIисабалде босун буго. ГIемер бицараб, кIвар бугеб, миллияб хазина цойиде босулеб гьеб хIалтIи гьабизе редколлегия гIуцIун буго.
МагIарул мацIалда къватIире рачIунелщинал халкъиял информациялъул алатазул масъалаби тIуразе гъоркьиса гIуцIараб Авар басмабазул цолъиялъул данделъабаздаги борхун букIана магIарул адабияталъул антология гIуцIизе ккеялъул суал.
ХIакъикъаталдаги цебеккун щвалде щвараб магIарул литератураялъул антология бахъун букIинчIо. ЧIахIиял халкъазул руго гьединал томал. Дагъистаналда тIоцебе антология къватIибе бахъараб халкъ ккана тумал. 2006 соналда Амучи Амутиновасул ва цоги тумазул жигаралдалъун къватIибе биччана тумазул поэзиялъул антологиялъул анкьго том.
16 марталда Хъвадарухъабазул союзалда тIобитIараб дандеруссиналда магIарул секциялъул нухмалъулев, шагIир, «Гьудуллъи» журналалъул редактор МухIамад ПатахIовас бицана авар поэзиялъул антологиялъул бугеб кIвар.
«Цебеккун хIалбихьиял гьарун рукIана магIарул шигIруялъул гьитIинал антологиял къватIире риччазе. «Гьудулъи» журналалъул номералги цолъизарун, гьединал цо-цо томал риччана 1978, 1994 ва 2014 соназда. РукIана гьездаса цере рахъарал авар поэзиялъул жеги тIеренал тIахьалги ( 1940 -50-абилел соназда). ХIажат буго, магIарул халкъиял кучIдуздаса байбихьун, жакъасеб къоялде щвезегIан, магIарул мацIалда хъварал бищун лъикIал асарал антологиялде росизе. Хъвадарухъабиги, гIалимзабиги, журналисталги, жамгIиял хIаракатчагIиги гIахьаллъараб хасаб редколлегиялъ гьеб антологиялда тIад хIалтIи гьабизе ккола. Гьеб букIина нилъеца магIарул халкъалъе ва букIинеселъе гьабулеб кIудияб шапакъат», - илан абуна МухIамад ПатахIовас.
Данделъиялда жидерго пикраби загьир гьаруна Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев, тарихиял гIелмабазул кандидат ШагIбан ХIапизовас, Россиялъул гIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гIелмияб централъул МацIазул, литератураялъул ва искусствоялъул институталъул (ИЯЛИ ДНЦ РАН) бетIер, профессор МухIамад МухIамадовас, Дагъистаналъул тIахьазул басмаханаялъул авар мацIалда рахъулел тIахьазул редактор ГIайшат ГIалиевалъ, лъималазе биччалеб «Лачен» журналалъул редактор, шагIир ГIайшат Малачиевалъ, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член МахсутI ЗайнулгIабидовас, шагIир АсхIабгIали ХIасановас ва цогидазги.
Авар поэзиялъул антологиялъул редколлегиялъ хIукму гьабуна тIоцебесеб том халкъиял асаразе, ай фольклоралъе кьезе. Гьеб томалъул жавабиявлъун вихьизавуна ШагIбан ХIапизов. КIиабилеб томалде босизе буго инкъилабалда цебесеб шигIру. Гьеб тIехьалъул жавабиявлъун Дагъистаналъул гIелмияб центалъул хIалтIухъан Жамалудин МалламухIамадов тана. Лъабабилеб томалда рахъизе руго диниял назмаби, рухIияб адабияталъул асарал. Гьеб томалъул жавабиявлъун МагIарул басмабазул цолъиялъул нухмалъулев МухIамадрасул ГIумаров вихьизавуна. Ункъабилеб ва щуабилеб томазда бахъизе буго XX ва XXI гIасрабазул магIарул поэзия. Гьел томал гIуцIиялъе хIалтIи гьабизе тIаде босана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовас ва авар секциялъул кIудияв МухIамад ПатахIовас.
Редколлегиялъ, цоцазда дандбан, тIаса рищизе руго щибаб томалъе асарал. ХIалтIул суалал гьоркьор лъезе, хIисабалде босун буго щибаб моцIалда Хъвадарухъабазул союзалда данделъизе.
Антологиялда лъезе руго щивав авторасул асарал, къокъаб биография ва сурат. МагIарул мацI ва адабият лъазабулезе, школазе, мугIалимзабазе, халкъалъул даражаялъул ва рухIияб рахъалъул къимат гьабулезе лъикIаб сайгъатлъун букIинин авар литератураялъул антологияйилан абураб божи буго гьеб гIуцIизе байбихьарал миллатцоязул. Аллагьас гьеб хIалтIуда баракат лъеги, магIарул антологиялъул презентациялда нилъги данде ракIараги!) Амин!
Автор: ГIизудинил ХIамзат
Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала