Авторизация

БолмацIалда сверухъ бахIсал


Заманаялъул гьоко


БолмацIалда сверухъ бахIсал 


 МахIачхъалаялда тIобитIана тарихчагIазул ва лингвистазул конференция


Россиялъул ГIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул ГIелмияб Централъул Тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталда ( ИИАЭ ДНЦ РАН) исана 25 октябралда тIобитIана Дагъистаналъул гIарабалда ва гIажамалда хъварал некIсиял тарихиял тIахьазул цIех-рех гьабиялъул суалал гьоркьор лъураб гIелмияб конференция. Республика бахун къватIиса гIалимзабазги ритIун рачIана гьенире жидерго хIалтIаби. Гьединазул цояв ккола немцав Кемпер Михаэль.


РухIияб хазина бичулеб буго…


Квералъ хъварал Дагъистаналъул тарихиял тIахьал тIагIунел рукIиналъул рахIатхун бицана гIалимзабаз.Тарихчи ГIамри ШихсагIидовас гьадин абуна: «ЦIакъ кIвар бугеб масъала ккола гьеб – квералъ хъварал Дагъистаналъул тарихиял тIахьал къватIисел пачалихъазде раччи. КIиго батIияб къагIидаялда ккола гьел тIахьал чияр улкабазде. ГьабсагIат Тбилисиялда буго  XIV – XIX гIасрабазул квералъ хъвараб Дагъистаналдаса  812  мажмугI. Закаталаялда буго гIарабалъ хъвараб Дагъистаналдаса 700 тIехь. 1936 соналда тIобитIараб экспедициялъ ракIарарал имам Шамилил ва гьесул наибзабазул кагътал Москваялда руго. Америкаялъул Цолъарал Штатаздаги буго Шамилил библиотека – 130 мажмугI. Щибха гьезда гьабилеб? ТIахьал росарал чагIаз жидерго рукъзабахъ рехун тун гьечIо гьел, пачалихъиял хазинарукъзабахъ лъун, кIвар кьун цIунун руго. Гьезие баркала кьезе бегьула жакъа нилъеца, киналго тIахьазул копиял рахъизе изну кьуна гьел пачалихъаз нилъее. МажмугIал къватIире раччулеб кIиабилеб къагIидаги буго –  гьел гIарцухъ ричи. Гьеб дармилаб нухалдаса пайда босулел гIемерлъулел руго ахираб заманалда. Дагъистаналъул ЖамгIияб палатаялъул данделъиги тIобитIун букIана нижеца гьеб суалалда тIасан. Республикаялъул президентлъун МухIу Гьиматович ГIалиев вугеб мехалда хасаб дандеруссин тIобитIун букIана рехсараб масъалаялда хурхун. КигIан хIаракат бахъаниги, къватIире тIахьал ричи чIезабизе кIолеб гьечIо, гьеб «даран» цебетIолеб буго».


Аваралъ хъвараб Аргъвани росдал тарих


25 октябралда тIобитIараб гIелмияб данделъиялда тIадчIей гьабуна Дагъистаналъул халкъазул мацIазда хъварал тарихиял тIахьазда. Авар мацIалда квералъ хъварал гьединал некIсиял хIалтIабазул бицана  гIолохъанав гIалимчи Жамалудин МаламухIамадовас:  ««Дербент-наме» ккола гIарабал Дагъистаналде рачIараб заманалдаго хъвараб, некIсияб тарих рагьулеб тIехь. МагIарул мацIалдаги (гIажамалда) батана нижеда гьеб. Рехсараб мажмугI гIуцIарав чи ккола дир кIудияв инсул эмен, Шамил районалъул ЗанатIаса ГIабдрахIман-хIажи. Гьеб тIехьалъул оригинал буго ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамадил доба. Авар мацIалда хъвараб Аргъвани росдал тарихалъул тIехь батана Пат1имат ТахIнаевалда. ГIабдулатIип Шамхаловасул юбилей гьабулелъул, Аргъваниб гьеб тIехьалъул бицана дица. Жинде мугъчIвай гьабизе бегьулеб, мухIканаб тарихияб тIехь ккола гьеб».


Авар мацI XX гIасруялдайищ бижараб?


Дагъистанияз гIарабалда ва гIажамалда хъварал тIахьазе конференциялда къимат кьолеб букIана тарихчагIазги лингвистазги. ХIасан Оразаевас бицана лъарагIазул гIажамалъулги кириллицаялда гIуцIараб алфавиталъулги гIолел ва гIоларел рахъазул. Гьебго темаялда даргиязул диалектазул суалал рорхана ГIамирхан ГIисаевас. «XX гIасруялъул лъеберабилел соназде щвезегIан Дагъистаналъул халкъазул гIаммал литературиял мацIал рукIинчIо. Нилъер халкъазул мацIал ккола ургъун рахъун гьеб заманалда гIуцIарал жал. Даргиязулги гьеб мехалде щвезегIан литературияб мацI букIинчIо. БатIи-батIиял жамагIатал кIалъалаан ва хъвадарулаан жиде-жидер диалектазда», - ян абуна ГIисаевас. Гьединаб ахIвал-хIал цохIо даргиязулищин яги Дагъистаналъул киналго миллатазулищин букIарабилан магIарул басмаялъул рахъалдасан суал кьедал, даргиязул гьедин букIанилан жаваб кьуна гьес. Цинги тIадеги жубана: «Дида бичIчIана дур суалалъул магIна. Аваразул болмацI букIанилан абизе бокьун буго дуе. Гьеб суалалда тIасан цIех-рех дица гьабичIо», -ян.


«Гьой Пулло»


Конференциялда рорхана Кавказалъул эркенлъиялъе гIоло XIX гIасруялда къеркьей гьабурав имам Шамилил заманалъул, 1877 соналъул къокъаб гъазаваталъул, сталинизмаялъ некIсиял тарихиял тIахьал тIагIинариялъул ва цогидалги кIвар цIикIкIарал суалал.

Имам Шамилил къеркьеялъул тарих хъварал Къарахъа МухIамадтIагьирил ва Гъазигъумекиса ГIабдурахIманил тIахьазда тIасан хIалтIи хъван буго Наталья ТIагьировалъ. КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда гурони МухIамадтIагьирил мажмугI басмаялде щай бахъичIебан, кинал гIиллабазе гIоло цензураялъ гьеб къватIибе биччазе гьукъарабан абураб суалалъе жаваб кьолаго, ГIамри ШихсагIидовас абуна, МухIамадмирза Мавраевас хIалбихьанила XX къарнуялъул авалалда гьеб тIехь бахъизе. МухIамадтIагьирил вас ХIабибуллагьида тIадкъан буго гьес мажмугIалъул мацI «дагьаб тамах гьабизе». Масала, «гьой Пулло» абураб бакIалда «лъик1ав началникI Пулло» абун хъвалеб букIун буго. Гьединаб «цаби гъурараб» хIалалдацин бахъизе гьукъун буго тIехь пачаясул цензураялъ. Хадуб жиндир мугIалим Крачковскияс ва гьесул мутагIил Барабановас биччанин гьеб мажмугI къватIибейилан абуна ШихсагIидовас.


2011 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +102
  • Нравится
Оставить комментарий
Маг1арулазул бол мац1илан абулеб жо тасдикъ гьабизе кколаро,бокьараб кеч1,къиса,хабар босе ,инкъилаб ккезег1ан цебего ,гьел буго бол мац1алда хъвараб .Гьезда гъорлъги хасал диалектазул вакилзаби руго


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook