Авторизация

Абе дуца хIакъаб жо…


Къалам, дуца щуре щакъиялдехун


Абе дуца хIакъаб жо…


Кавказалъул мацIазул ва адабияталъул букIинеселъул ургъалида


2016 соналъул 24-27 июлалда Адыгеялда тIобитIана Шималияб Кавказалъул гIолохъанал хъвадарухъабазул IX данделъи. Исана гьениб кIвар кьун бицана, гIурус мацIалда гуребги, Кавказалъул мацIазда бугеб адабият, маданият, наслабаз наслабазухъе кьун, цIи-цIиял цIараздалъун бечелъун, чIаго хутIиялъул кIудияб рухIияб, гьединго политикиябгун пачалихъияб кIвар букIиналъул.


Шималияб Кавказалъул гIолохъанал хъвадарухъабазул, гьединго Россиялъул гIолохъанал къаламцуоязул дандеруссинал тIоритIула Сергей Филатовасул Социалиялгун экономикиял ва лъай борхизабиялъул программабазул фондалъ (СЭИП).


Исанаги, цогидал соназго гIадин, кIудияб къец букIана Шималияб Кавказалъул гIолохъанал хъвадарухъабазул данделъиялде рорчIизе. 66 авторасда гьоркьоса 25 чиясул асарал тIаса рищун руго Москваялдаса хъвадарухъабаздаса гIуцIараб жюриялъ. Гьев 25 авторасда гьоркьор Адыгеялда данделъарал къаламцоязда гъорлъ Дагъистаналъул вакиллъун вукIана гьал мухъазул авторги.


ШигIриял асарал хъвалезул 15 чи вукIана. Киназго цоцазул асарал цереккун цIализе кколаан, семинаралда цоцазе къимат кьезе, гIолел ва гIоларел рахъазул бицине. Гьедин щивас рагIи абун хадуб, асаразе къимат кьолаан Москваялдаса рачIарал машгьурал хъвадарухъабаз, Мария Ватутинаца, Елена Исаевалъ, Фарид Нагимица ва цогидазги.


Адыгеялде жеги щун вукIинчIо дун. Шамил имамасул цIар рагIарав наиб Гьонодаса МухIамад-амин Асиялав 1864 соналде щвезегIанги къеркьана Адыгеялда, эркенлъи цIунун. Гьединаб, Кавказалъул тарихалъулъ цIикIкIараб бутIа лъураб ракь ккола Адыгея, гьединал бахIарчиял умумузул ирсилал ккола адыгалги (черкесазда, кабардиназда, абадзехазда ва цогидаздаги абулеб гIаммаб цIар буго адыгал).

Шималияб Кавказалъул халкъазул мацIазул ва адабияталъул жакъа ругел масъалабазул бицун рехсараб данделъиялда кIалъана Кабардино-Балкариялъул пачалихъияб университеталъул (КБГУ) кабардиназул литератураялъул бутIаялъул кIудияй гIелмияй хIалтIухъан, филологиял гIелмабазул доктор, хъвадарухъан Мадина Хакуашева. Гьелъул рагIабазда рекъон, дунялалъул гIемерисел пачалихъазда риххун руго жакъа адыгал. Турциялда ругел адыгазул къадар 3,5 миллион чиясде бахунилан бицана Хакуашевалъ.


Адыгазул мацI дагь хIалтIизабулеб букIиналъул, хъвадарулел гIолилазул цIиял цIарал загьирлъунгутIиялъул ва цоги гIемерал гIузрабазул бицен гьабуна Хакуашевалъ.


Кавказалъул миллиял мацIазда къватIире рачIунел халкъиял информациялъул алатазул ахIвал-хIал кинаб бугебан гьикъана дица гьелда. Гьединал алатал ругила, амма гьезул тираж ва гьезухъ ралагьулел, гIенеккулел гIадамал дагьлъулел ругилан абуна Хакуашевалъ. Кабардиназул литератураялда жанив вугев гIолохъанав хъвадарухъанасул ригь 40 сон бугилан баян гьабуна гIалимчIужуялъ. ГIолохъанал авторал, абухъего, «къад кан ккун ралагьаниги», ратулел гьечIила.


Шималияб Кавказалъул халкъазул гIаммал масъалаби руго. Россиялъул пачалихъияв хIаракатчи Сергей Филатовас данделъиялда абуна, Кавказалъул суалал, тIоцебесеб иргаялда, кавказияз тIуразе  кколилан, нужеда гIадин лъикI нужерго рокъоб гIадлу гьабун лъидаго бажаруларилан, федералияб тIалъиялъухъ ралагьун чIечIого, хIалкIвараб хIаракат бахъизе кколилан. Ахирал соназда Филатовасул фондалъ, гIурус гурел, цоги миллиял мацIазда бугеб литератураялдеги кIвар буссинабулеб буго. Исана октябралда таржамачагIазул къец тIобитIулеб буго. Кавказалъул республикабазул авторалги гъорлъе рачун, адабияталъул антология бахъулеб буго. ХIисабалде росун руго цоги проекталги гIумруялде рахъинаризе.


Шималияб Кавказалъул гIолохъанал хъвадарухъабазул IX данделъиялда Дагъистаналдаса авторазул асаразеги лъикIаб къимат кьуна, данделъиялъул хIасилалда бахъулеб тIехьалда жанире росана Дагъистаналъул гIолохъанал авторазул кучIдул, поэмаби, харбал.


Цебесеб анкьалда «Миллат» басмаялда хъван букIана МагIарул басмабазул цолъиялъ  (ассоциациялъ) Гумбет районалде гьабураб сапаралъул. Гьеб идараялъул хIалтIиги буссараб буго магIарул мацI, адабият, маданият цIуниялде ва церетIезариялде.


 Аваразул газетазул ассоциациялъ бакълъулазул ракьалде гьабураб сапар байбихьана 1839 соналъул риидал лъабго моцIалъ,  Кавказалъул халкъазул миллиябгун эркен гьариялъул  кьеркьеялъул заманалда, бахIарчилъиялда цIунараб АхIулгохIде зияраталдасан.


    ГIалибег Тахо-Годил цIаралда бугеб Дагъистаналъул пачалихъияб цолъизабураб тарихиябгун архитектурияб музеялъул Гумбеталъул филиалалъул нухмалъулев Ибрагьим Ибрагьимовас пресс-туралъул гIахьалчагIазда бицана АхIулгохI цIунаразул бахIарчилъиялъул, къохIехьеялъул. Журналистал машгьураб мегIералъухъ ралагьана, Дагъистаналъул бетIерасул хIаракаталдалъун балеб бугеб сиялъул халгьабулеб байданалдасан.


    Хадур гьалбал щвана ГIалибег Тахо-Годил цIаралда бугеб Дагъистаналъул цолъизабураб тарихиябгун архитектурияб музеялъул Гумбеталъул филиалалде. Гьалбадерие лъикIаб асар гьабуна кIиго тIалаялъул минаялъуб бугеб музеялда гIуцIун ругел шартIаз.


    Гумбет мухъалъул ЛъаратIа росулъ хIалтIулеб буго Зулумхановазул гьалбадерил рукъ-музей. Гьениб цIунун буго магIарухъ цебегосеб къагIидаялда мина баялъул букIараб ахIвал-хIал. Пресс-туралъул гIахьалчагIазе бокьана гьеб маданиябгун тарихияб бакI, МугIрузул улкаялъул цебесеб тарихалде гъорлъе раккизе рес щвана гьезие.


    Районалъул централде щвараб мехалда, пресс-туралъул гIахьалчагIаз тIугьдул лъуна КIудияб ВатIанияб рагъда хваразул хIурматалда райцентралда бараб памятникалда цере.


    Хадуб байбихьана Аваразул газетазул ассоциациялъул данделъи. Гьелъул хIалтIулъ гIахьаллъана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул аваразул секциялъул нухмалъулев, литературияб «Гьудуллъи» журналалъул редактор, поэт¸публицист МухIамад ПатахIов, жамгIиябгун политикияб ва художественниябгун публицистическияб «Дагестан» журналалъул бетIерав редактор, чияда бачIеб авар мацIалда щибаб анкьалъ бахъулеб «Миллат» газеталъул учредитель МухIамад БисавгIалиев, республикаялъулаб  лъималазул «Лачен» журналалъул ва «Дагестан» ГТРКялъул авар мацIалда кьолел передачабазул редактор ГIайшат Малачиева, ГIалибег Тахо-Годил цIаралда бугеб Дагъистаналъул гIелмиябгун цIех-рехалъул педагогикаялъул институталъул гIелмияй хIалтIухъан, Авар мацIалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель Баху МухIидинова, «Миллат» газеталъул бетIерай редактор Зульфия ХIажиева, Шамил районалъул «Цолъи» газеталъул бетIерай редактор ПатIимат ГьитIинова, Унсоколо районалъул «Ахихъан» газеталъул бетIерай редактор Саният КъебедмухIамадова, Хасавюрт районалъул «НасихIат» газеталъул хIалтIухъан ПатIимат Амаева, МахIачхъала шагьаралъул администрациялъул пресс-хъулухъалъул Управлениялъул информациялъул отделалъул нухмалъулесул заместитель, Аваразул газетазул ассоциациялъул гIуцIиялъул комитеталъул нухмалъулей Зайнаб ГIалимирзаева ва цогидалги.


    Гумбет районалъул бетIерасул рахъалдасан пресс-туралъул ва Аваразул газетазул ассоциациялъул данделъиялъул гIахьалчагIазде хитIаб гьабуна «Гумбет район» муниципалияб районалъул нухмалъулесул заместитель АхIмад Сулаймановас.   


   КIалъазе рахъараз рорхана маданиял, мацIазул, миллиябгун тарихияб гIаммлъи, дандекколел рахъал цIуниялъул суалал, кьуна къватIибе биччалеб басмаялъул даража борхизабиялде ралагьарал предложениял, бицана гIолохъанаб гIелалда гьоркьоса махщалилал тIаса рищизе ккеялъул.


   Дагъистан Республикаялъул аваразул регионалияб миллиябгун маданияб автономиялъул (РНКААРД) нухмалъиялда хIалтIулеб буго Аваразул газетазул ассоциация ва Авар мацIалъул учительзабазул ассоциация. Гьез хIисабалде босун буго Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъгун цадахъ аваразул литератураялъул антология къватIибе биччазе. Гумбет районалда тIобитIараб ассоциациялъул семинар-совещаниялдаги борхана антология къватIибе биччаялде хIадурлъиялъул хIакъалъулъ суал. Гьелъул проекталда тIад хIалтIиялъе гIуцIун буго хасаб редколлегия.


   Аваразул газетазул ассоциациялъ, хасаб программаги хIадурун, хадубккунги кумек гьабизе буго журналистазул махщел камиллъиялъе, къаламцоязул закониял ихтиярал ва эркенлъи цIуниялъе, гьезие хIалбихьи щвеялъе.


    Пресс-туралъул гIахьалчагIазе гIуцIана Гумбеталъул маданиябгун сахгьариялъул комплексалде экскурсия. Гьалбал щвана Россиялъул халкъазул гIадатияб маданияталъул Гумбеталъул централде, лъималазул искусствоялъул школалде, лъедеялъул бассейналде, шахматазул клубалде, актовияб, тренажернияб, теннис хIалеб залазде, гIемерфункциялъулаб гIолилазул централде ва цогидалги социалиял, маданиял, спортивияб кIваралъул бакIазде.


Гьанир рехсарал масъалаби руго щибаб миллаталъе чара гьечIого хIажатал, кIвар цIикIкIарал. Гьел суалазде ниж хадурккунги тIадруссина, хъван батани.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +136
  • Нравится
Оставить комментарий
Цоги нилъер мадугьалихъ ругел республиказда кинабха бугеб адабияталда жаниб ах1вал-х1ал, Х1амзат?
eldar suguri,

Кавказалъул мацIазда хъвалеб жо дагьлъун буго. ГIурусалъ хъвалебги тIадагьлъун буго.

Дихъ буго, 2007 соналъ биччараб "Наборный пояс России"абураб ,Шималияб Кавказалъул к1икъоялда шуго авторасул асараздасан г1уц1араб т1ехь,адигазул хъвадарузъабазул асарал цоги мадугьалзабазул асаразда данде ккун рек1ее г1унин абизе бегьула дие!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook