Авторизация

РукIуна конкурсал кочIохъабазул

Гьедин бижун рагIула тIоцебе МагIарухъ кечI...


РукIуна конкурсал кочIохъабазул

 

Махщалилаз кьезе ккола къимат

 

ГIадамаз нохъазда гIумру гьабулеб заманалдаса, инсан жакъасеб цебетIеялде вахинегIан, чан къарну сверарабали лъиданиги лъалеб батиларо. Амма жибго гьеб цебетIей гIелмуялда, гIумруялда, гIадамазул рукIа-рахъиналда кинаб рахъалъ босаниги, цояб цоялде дандеккун, щибаб цIияб гIелалъ цIилъаби ургъун, гьел халкъалъул гIумруялде жанире рачун, лъугьунеблъи лъалеб жо буго. Гьелъие мисалал инсанияталъул тарихалдаса кигIанги рачине бегьила. Гьединлъидалин, лъикIаб, тIокIаб, магIнаяб, пайдаяб, хIажатаб тIаса бищизе киналго заманабазда гьарулел рукIарал къецалги халгьабиялги, гьанже нилъеца абухъе, конкурсалги.


Умумузул заманалдаго, цIакъго, цебегоялдаса рукIарал руго магIарухъ кочIохъабазул къецалги.  Цебеккунго лъикIаб хIадурлъиги гьабун, цояз ахIараб кечIги бакъанги цогияз такрар гьабичIого, гIуцIарал гьединал къецазда загьирлъулел рукIун руго хIакъикъаталдаги гьунарчагIазулъги гьунар бугел, махщелчагIазулъги махщел камилал кочIохъаби. Гьедин тIаса рищаразул нилъер къоязгицин цIарал лъалеллъун хутIун руго нус-нус кочIохъабазда гьоркьоса жал гьунар-мехщелалъ тIокIаллъун рукIарал дагьалго гIадамал.


Советияб заманалдаги маданияталъул пачалихъиял идарабазул квербакъиялдалъун мех-мехалда гьарулаан, «Нижеца махщалилал ралагьулел руго» гIадал ва гь.ц. цIаралги лъун, кочIохъабазул къецал МахIачхъалаялдаги, районаздаги, цоги-цоги бакIаздаги.


Ахираб 20-25 соналдаги гIемер тIоритIана кочIохъабазул гьединал къецал. МагIарул казияталъул редакциялда культураялъулги литератураялъулги хIалтIи гьабулев вукIиндалги батила, араб къарнуялъул ункъоялда анцIабилел соназул авалалдасан байбихьун, дунги гIемер кколаан гьел махщелчагIазе къимат кьолеб жюриялде гьоркьове. Гьединго гьенир рукIунаан магIарулазда жидер цIарал лъикI лъалел, профессионалиялин абулел кочIохъабиги композиторалги, цогидалги культураялъул батIи-батIиял идарабазда хIалтIул хIалбихьи бугел гIадамалги. МахщелчагIазе къиматги кьолаан, жюриялъул щивав гIахьалчияс гьезул махщалил киналго рахъалги хIисабалде росун. ХIасилалги гIемерисеб мехалъ хабар-калам гIемерал,  жюриялдаса конкурсалда гIахьаллъарал кочIохъаби рази гьечIел кколаан. Гьеб гуребги, конкурс гIуцIаразги жюриялъул председателасги, гьединго гьезул божилъи бугел жюриялъул цо-цо гIахьалчагIазги  цебеккунго цIар чIвалеб букIун буго бакIал кьезе ругел кочIохъабазда. Гьеб дида хадуб бичIчIана. Бачинин цо мисал: МахIачхъалаялда ункъоялда анцIабилел соназда букIараб цо гьединаб къецалда  доб заманалда магIарулаз  бищунго гьунар бугев кочIохъанлъун рикIкIунев вукIарав мунагьал чураяв МухIамад ГIумаровасе лъабабилеб бакIцин щвечIо. Гьелда гIажаиблъарав дица, дирго хъвай-хъвагIаял рихьидал, ГIумаровас: «Гьениб дуда бараб жо дагьаб букIана», - ян хабар къокъ гьабуна. Ккана хIужаби, чанго конкурсалда, гьоркьор сонал индалги, цого кучIдул ахIун, цого кочIохъанасе бакIал щваралги.


Пуланаб районалда магIарул кочIохъабазул къец гьабулеб бугони, мустахIикъал ругониги, гьечIониги, гьеб районалъул кочIохъабазе кьолаан цересел бакIал. РукIунаан гьединго, бечедал чагIаз жидерго кочIохъабазе тIоцересел  бакIал кьезелъун гьарулел хасал конкурсалги.

Гьелги гьезда релълъаралги кечI-бакъаналъул къецал гьарулаго, дандчIварал тIекълъабаз ракIбуссинабун, гьединал халгьабияздаса инкар гьабулелги рукIуна чанги гьунар-махщел бугел васалги ясалги. Творческияв, хIакъикъаталдаги Аллагьас гьунар кьурав чиясул рекIеда цIакъ унтула гьединал ритIухълъи гьечIел хIаял. Цо гьединаб хIаялдаса хадуб дица хIукму гьабун букIана тIокIав киданиги гьеб жюри абураб жоялде гьоркьове къачIого чIезе. Гьал рагIаби ричIчIизе кколаро цогиял тIекъал, цо дун витIарав вукIанин абураб магIнаялда. РукIуна гьеб конкурс ритIухъаб куцалъ ине бокьарал цогидалги. Амма доб ругьунабго куцалъ гьобо ххенезабулез гьезулги пикру гIемерисеб мехалъ гIадахъго босуларо. Гьеб гурелъулха гьезул мурадги букIунеб. Хадуб гьелго чагIи лъугьуна магIарул кечI-бакъан хвезабулеб бугилан гIакъилал харбал рицинеги. Хвезабугеха бищун цебе гьез, хадуб цогиязги хвезабунгутIизе.


Бугебищха хIакъикъаталдаги магIарул, магIарул гуребги, кечI-бакъаналъул гьединал къецал тIад чи кIалъаларедухъ гьариялъе нух. Буго. Цебеккун абухъе, гьединал къецал гьарулаго жюриялда рукIунел гIадамаз щивасул цевевахъиналъе, гIаммаб къимат гуреб, цогиял рахъазухъ балагьичIого, хасгьабун жиде-жидер махщалида хурхараб къимат кьезе ккола. Масала, кочIохъанас – кечI ахIиялъе, композиторас – бакъаналъе, шагIирас – рагIабазе, ункъабилес – кочIохъабаз тIад ретIараб ратIлие, щуабилес – кочIохъанасул сценаялъулаб культураялъе, анлъабилес – рагIабазе рекъараб бакъан тIаса бищиялъе (магIил бакъаналда махсародул кечIги, гьелъул гIаксалда, махсародул бакъаналда пашманаб кечIги ахIизе бегьуларелъулха). Гьедин гьабуни, щивав жюриялда вугесде тIаде ккола добе-гьанибе цIадаризабизе рес гьечIеб жавабчилъи. Босилин, жюриялда вугев шагIирас рагIабазе битIараб къимат кьечIони, гьев ккола яги шигIруялъул магIна-гIин бичIчIуларев, гьунар гьечIев чи, ялъуни чияр хасал мурадазда хадув унев, абилин битIахъе, яхI гьечIев чи. Гьединго абизе бегьула, гьениб тIекълъи биччани, жюриялда ругел композиторасул, кочIохъанасул ва цогидазулги хIакъалъулъги.


Ургъун хIисаб гьабуни, кигIан рагIа-ракьанде щун жиндирго махщалил хаслъаби лъалесдаги лъазе рес гьечIо цогиял махщелазул балъголъаби. Масала, шагIирасда лъаларо кочIохъанас тIад калам гьечIеб куцалъ бакъан битIун ахIулеб бугищали. Лъалареб жоялъе къимат кьезе тIамичIого, лъалелъул жаваб кьезе тани битIун букIинарищ гьев. Гьединго жиде-жидер махщалие къимат кьезе рекъараб букIина жюриялда ругел цогиязги. Гьединаб къагIидаялъ къецазул хIасилал гьаруни, хIилла-рекIкIалъе жюриялда вугев цонигиясул рес букIунаро. Ахиралда гьезул киназулго баллал цойиде росараб мехалда лъала унго-унголъунги кинабго рахъалъ тIокIлъи бугел кочIохъабиги.


Доб букIана 2009 сон. ЛъаратIа гьабулеб букIана, гьеб районалъул администрациялъги Даку Асадулаевасул цIаралда бугеб фондалъги магIарул кочIохъабазул къец. Гьеб тадбир данде ккезабун букIана, 1976 соналда авариялде ккун къадаралде щварал Даку Асадулаевги гьесда цадахъ рукIаралги ракIалде щвезариялъе, доб заманалда ЛъаратIа районалъул бетIерлъун вукIарав, жиндир хIал алжаналъуб батаяв Расулов Шамилил хIаракаталдалъун бараб памятник рагьулеб къоялде.


ЛъаратIа кочIохъабазул конкурс тIобитIизе букIиналъул Даку Асадулаевасул цIаралда бугеб фондалъул нухмалъулев АсхIабгIали ХIасановас бициндал, гьадаб цебеккун рехсараб къагIидаялъ гьабуни лъикIаб букIинин абуна дица. Гьелда разилъана АсхIабгIалиги. Дандбана доб заманалда «ЛъаратIа» газеталъул редакторлъун вукIарав МухIамад БисавгIалиевасулгунги, ЛъаратIа районалъул культураялъул управлениялъул нухмалъулев ГIубайдула ИсмагIиловасулгунги. Гьезиеги рекIее гIуна конкурсалъул хIасилал гьариялъул гьеб къагIида. МухIамадги ГIубайдулаги рукIана ЛъаратIа райадминистрациялъул рахъалъан гьеб конкурс тIобитIиялъул жавабиял. КочIохъабаздаги цебеккунго абун букIана, гьаниб лъидасаниги щибниги балъго гьабизе гьечIин, хIасилазда рази гьечIев чи жюриялъул чагIазухъе вачIине бегьулин  жиндир цевевахъиналъул гIолелги гIоларелги рахъазул бицинеян. ХIасил-калам, гьеб конкурс ана, жал мурадалде щвечIев жюриялда гьоркьов вукIарав кIиго машгьурав магIарулав барщун, лъутун ин гурони, лъилниги тIадкIалъай гьечIеб куцалъ.


Гьелдаса хадуб араб анкьго-микьго соналдаги рукIун ратила МахIачхъалаялдаги цоги цоги бакIаздаги кочIохъабазул къецал. Лъаларо кин гьел аралалиги, гьезул хIасилал кин гьаруралалиги…


Ахиралдаги абила, гьадаб пикру дихъе цо къоялъ бачIараб гуро. КочIохъабазул щибаб къецалдаса хадуб дица хIисаб гьабулаан гьеб ритIухъаб куцалъ инчIолъиялъе дунго гIайибияв вугев гIадин. Ургъулаан, бугебдай гьединал тадбирал рацIцIадго, чи тIад кIалъалареб куцалъ иналъе нухилан абун. Гьеб нух бищун ритIухъаб бугин абулеб мех гуро. Ратизе бегьула кочIохъабазул къецал жеги берцинго, магIнаялда тIоритIиялъеги, гьенир махщелчагIазе битIараб къимат кьеялъеги жеги лъикIалги нухалги къагIидабиги. Аслияб жо буго, гьединал конкурсал хIакъикъаталдаги гьунар-махщел бугел гIадамал тIатинарулеллъун лъугьин.                                                      


Автор: МухIамад Патахов, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул авар адабияталъул секциялъул нухмалъулев, «Гьудуллъи» журналалъул редактор

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +49
  • Нравится
Оставить комментарий
Ц1алана ,казияталдасаго Патах1овасул макъала,кинабго ч1ван-къот1ун хъван буго,щибха абилеб гьел конкурсазул унти бугоха гьеб,гьелъие дару жеги ургъич1о,бокьараб дуниялалда т1орит1улел конкурсазда ралагье ха нуж,добго Евровидение мисалалъе,коч1ол гуреб,сиясатияб конкурсалде сверун буго гьеб.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook