Авторизация

« Бокьилаан магIарулаз нилъерго хIурмат гьабизе»

ТIаса ричIичIого цIализе гъира кколеб тIехь буго Россиялъул халкъияв артист МахIмуд ГIабдулхаликъовасул  «дир театр». Нилъер миллияб театр гIуцIиялъул, гьелъул гIумруялъул бицунеб гьеб тIехьалъул ахиралда буго «Гьадин букIине буго»-ян абулеб бутIа. Гьениб МахIмудида гьадин бихьулеб буго жиндирго гIумруги, ракIги кьураб театралъул букIинисеб:

«… МагIарул бахIарчиял гьунаразул гьайбатаб тарих цIидасан рагьизе буго Авартеатралъул сценаялда хадуб гIун бачIунеб гIолохъанаб гIелалъ…

…ЛъугIила спектакль. Къала пардав. Цо лахIзатал ханлъи гьабила гIажаибаб сихIкъотIиялъ. Цинги, цинтIаго байбихьила артистаздехун бугеб жидерго хIурмат, рокьи, гьезул гьунаралъе кьолеб жидерго къимат загьир гьабиялъул хIисабалда кьабулеб хъатил гъугъай. Халат бахъун кьабулеб хъатил сас сасинаро. Балагьаразе гIодобе бетIерги къулун, гьезие баркала кьезе цере рачIина артистазул къокъа. Кьабулеб хъатил сас жеги хIалуцина. Сайгъаталъе рачIарал тIугьдузул квацIабаз сцена тIугьдузул бахчаялде сверизабила. Гьеб букIина спеклялдаса хадуб лъолеб ахIул ишара».

ЦIакъ берцинаб ахIвал-хIал буго нилъее киназего хирияв МахIмудица цебе чIезабулеб. Бералги къанщун анищ гьабуни цIакъго театр бокьулев чиясдаги бихьизе бегьила гьеб. Гьанже магIарул халкъалъул хъатил гъугъай, тIогьол квацIабиги, гьабулеб адаб-хIурматги буссун буго компьютералъ гьаркьал къачIарал «цIвабзазде». «Авар халкъалъул кIудияб Хъизаналъул», кигIанго нилъее бокьичIониги, хIурматги рокьиги лъугIулеб буго миллиябщиналде. Гьедин буго шагьаралда, гьелдего рачIунел руго магIарухъги.

Дагьал къояз цебе Авартеатралда СалихI Имангъоловас лъураб кIиго спектакль видеокамераялда жидеего бахъулеб букIана Дагъистаналъул телевидениялъ. Сценаялда унеб букIана «Я къвал бала, я къоно чIвала» спектакль. Операторалги режиссералги гурони гьечIеб чIобогояб залалда гIодой чIун йикIана I7-I8 сон барай гIадан, шагьаралъул къагIидаялъ реетIа-къарай яс. Гьелде дир кIвар буссана цин цояб квералъ магIу бацIцIунеб бихьун. Бихьулеб букIана гIолилалъе сценаялда лъугьа-бахъунелъ гъваридаб асар гьабун букIин. Пикру гьабураб мехалъ щибха хутIун бугеб жакъа гIолилал рекIеда ратизе, метериселде ургъизе тIамизе мисаллъун яги дарслъун сверухъ. Телевизоралдаса бихьулелъулги кино-концертазул залазда букIунелъулги гIолилал ахIулеб бакI, гьезул пикру буссинабулеб рахъ нилъеда лъала.

Гьелъул хIасилалги масъалабиги галудаса галуде цере руго. ХIасил, гьечIо гьел рекIелгъеязулъ гIолилазе рухIияб къуват кьолеб жо, тIадеги язихълъизарун гурони.

Кинаб бакI кколеб бугеб гIолилазулги, гIамм гьабун магIарул халкъалъулги гIумруялъул миллияб театралъ? Гьеб цIакъ пайда гьечIеб, гьитIинаб батани, щив гьелъие гIайибияв? Жибго театрищ, заманаялъул чвахийищ, хIукуматалъул гIуцIийищ? Гьенир суалалги жавабалги гIемерал рукIина, гIайибги цо-цо бутIаниги киназдаго букIинарищха.

Кин бугониги, дагьал гъорлъе лъугьун бицинин жакъа миллаталъул театралдехун бугеб бербалагьиялъул.

Щибаб цIияб спектакль Авартеатралъ лъолаго, гьелъул премьералъул, букIараб ахIвал-хIалалъул нижеца гIезегIанго бицуна. Гьенир «миллаталъул чIухIилъун ругел чIахIиял хIакимзаби», магIарул интеллигенциялъул вакилзаби рукIунареблъиги нилъеда лъала. ЧIаго дунялалда жидеего алжан гIуцIулуго гьел пакъираб театралде рачIине регIун рукIинищха. Авартеатралда тIобитIулеб концертгицин гIодобегIанаб даражаялъул бугин рикIкIунеб буго гьез. ГIурус театралдаги «Россия» кинотетралдаги тIобитIулелде гьел гъираялда рачIуна. Цебе букIана театралъул мина басралъун, жанире рачIине гъира кколареб хIалалъ. Гьанже,гьелъулъ иш батани, хIурматиял, Авартеатр лъикIго къачIан буго.

ГIемер мухIканал баянал кьечIого тола нижеца риидалил заманаялъ магIарул районазде, рикIкIадал росабалъ театралъул коллектив къабул гьабиялъул бицун. Щай бицунареб? Щайгурелъул, цо-кIиго жидерго хIалтIиги бокьуларел гьебги бичIчIуларел бакIалъулал нухмалъулел сабабалъун тIубарал районазул, росабазул гIадамазул ракI хвезабизе бокьичIого.

Исана Авартеатр гастролаздаса буссун хадуб, сапаралда букIараб ахIвал-хIал бицине ниж данделъун рукIана театралъул директор ХIабиб ХIажиевасул кабинеталъур.

-Кинабго бараб буго бакIалъулала нухмалъулезда,-ян абуна ХIабибица. Гьез районалда батаниги росулъ батани ги гьабулеб хIалтIуда релълъараб букIуна тIаде рачIарал гьалдIбал къабул гьариги. ЛъагIалида жаниб жидерго районалде бачIараб миллияб театралде рачIине, гьез бихьизабулелъе къимат кьезе гIодор чIезе заман батулеб гьечIо бакIалъулала нухмалъулезда. Дица абиларо киса-кибего гьедин бугиланги. Амма цIикIкIарасел бакIаздаса цIакъ ракIбуссун, тIокIалъ гьенире инего инарин рачIуна актерал. Исанаги гьединго ккана. Дица гIажаиблъи гьабула гьаб нилъер интеллигенциялда. Кинав хIаким, нухмалъулев мун вукIунев, дурго миллаталъул театралде щоларев, гьениб бугеб ахIвал-хIал бихьуларев. Ратании гьезул ракI рекъоларел, гIоларел рахъал, рачIаха абизе, гьаб гьадин бугин. Ниж гьелдаса рохарал рукIина. Дица гIемер данде ккола лъарагIазул театралдаги нилъер гьанибги бугеб ахIвал-хIал. Гьезул интеллигенция камичIого, кватIичIого рачIуна киналго спектаклязде.

Цо нухалъ Хизри ШихсагIидовас абуна Сидрат Мажидовалъ гIахьаллъи гьабулеб спектакль бихьизабулеб мехалъ живги ахIеян. ВачIана гьев. Байбихьудаса ахиралде щвезегIан спектаклялъухъги балагьун, ахиралда Сидратие тIугьдулги кьун анна нахъе. Гьал нилъеразда лъезе цIар дида лъаларо… рахIат хвараб хIал лъугьунеб буго къойидаса къойиде магIарухъ. ГIемерал гьечIо цо-кIиго район хутIун, гъираялда актеразе ине бокьулел бакIал. Нахъеги тIадвуссун абуниги, гьеб бараб буго районалъул нухмалъулездаги культураялъул управлениялъул начальниказдаги.

       Исанасел гастролазул бицунаго, ХIусен Казиевасги гьесда цадахъ рукIаразги ракIалде щвезаруна щибаб росулъ, районалда рукIарал дандчIваял. Гьаниб бакIазулги гIадамазулги цIарал рехсани гIемер рекIее гIеларин абун мухIкан гьабичIого толеб буго. Жалго гьел гIадамазда ракIалда батила гьабурабги гьабичIебги хIалтIи, гIаданлъи.

Зурма-къалигун данде рахъа нижеда яги бечедаб тепси гIуцIе, магIарул къагIидаялъин абун тIалаб гьабулеб гьечIо авартеатралъулаз. Гьезие гIун буго гIаданлъи бугеб калам, квалквал гьабичIого хIалтIизе тей.

Сапаралда рукIунел жидерго тIалабазул в ахIалтIулеб къагIидаялъул гьадин бицана Россиялъул мустахIикъав артист ХIусен Казиевас: -Кинаб бугониги районалъул централде щвараб мехалъ нижу на культураялъул управлениялде. Гьенир начальникгун цадахъ ургъун бахъула хIалтIул план. ЦIех-рех гьабула росулъ бугеб ахIвал-хIалалъул. РукIине бегьулелъулха росаби къварилъи карал яги ниж хIалтIизе бегьулеб хIалалда клубал гьечIел. Цинги цереккунго уна щибаб росулъе, гьикъула росдал администрациялъул бетIерасда, клубалъул нухмалъулезда, щиб къоялъ хIалтIизе бегьулебан. Гьезулгун дандбан, къоги цIцIан гурони ниж спектакль бихьизабизе унаро. Гьездаса ниже хIажатаб жо щиб? ТIоцебесеб иргаялда, гIодоре риччан нижехъ гIинтIами, кIиабизе хIалтIизе басрияб, ремонт гьечIеб бугониги, бацIцIадго лъухьараб чIабарги, тIад тIохгIаги бугеб клуб кьей. ГIодор чIезе скамейкаби гьечIел цо-цо клубазда цадахъ рокъоса бакIал росунгицин рачIуна гIадамал нижехъ балагьизе. Цо-цо бакIаздайин абуни тIокIалъ рачIинчIониги кIваричIин бадибе абула.

   Гьаниб гIемераб жо хъвазе бегьила ХIусеницаги гьесда цадахъ рукIарал цогидал актеразги бицаралъул. Бищунго гIажаиблъи гьабизе бегьила тIокIалъ рачIунгеян абулезда. Щиб квалквал гьабулеб бугеб  росабалъ гIумру гьабулезе лъагIалида жаниб цо нухалъ бачIунеб театралъ? Илбисги щайтIанги гьечIищ балъгоги тIатунги нужер лъимал (щивасул!) балагьулеб телевизоралъ бихьизабулелъулъ? ЖамагIаталъул рахъалъ щай жаваб кьезе кколеб росдал дибирас росулъе театр биччаларин? Ратизе бегьулагури гьеб росулъ магIарул театралъухъ урхъаралги гIадамал. ЛъикIалде гIадамал цIалеб, квешлъи къватIиб чIвалеб гурони, цоги батIияб, диналъе яги магIарул гIадат-гIамалалъе квалквал гьабулеб жо щиб театралъ бихьизабулеб бугеб? Гьеб лъангутIи, бичIчIунгутIи исламиял церехъабазул лъавукълъи батила. Нилъер умумузул гьечIогойищ букIараб кечI-бакъанги, рекIел-гъеялги, жамагIаталъе гIаммал байрамалги?

ГIодоре риччан гIенеккулел руго цIакъ гIадат-гIамал цIунарал, исламияб рахъалъ церетIуралин рикIкIунел росабазул гIадамал жидерго ракьцоял гIолилаз ахIулел хъубал, халкъ гьалаг гьарулел кучIдузухъ. Гьелда тIадеги, гьел кочIохъабаздаса чIухIулелги руго. Гьебго заманалда театр росулъ бихьизаби квешаб, диналъ гьукъараб жо рагIула. Гьеб мекъаб пикруялъ гурищ росабалъ культураялъул рукъалги хIалтIизе течIого гьел росабалъ умумуз нахъе тараб РухIияб Хазина лъугIун унеб бугеб.

БакIалъулал администрациязул, культураялъул управлениялъул нухмалъулезул кIваргьечIолъиги, гьезул жидеего моцIрое щолеб мухьалъул яги жалго хIалтIулеб бакIалдаса тIезаризе щолел гъурщазул гурони тIалаб гьечIолъи буго гьеб.

МагIарул бацIцIадаб мацIги, цересел гIадаталги, культураги цIунулеб гъамаслъун бугеб магIаруллъиялдаги гьедин гурони нилъерго маданияталъул къимат гьабулеб гьечIони, щиб хутIилеб метералде, хадур гIолезе?

-Цо букIунеб берцинлъи магIарухъе щвараб мехалъ актералги зрителалги магIарул мацIалда цоцаздехун кIалъалеб мехалъ,-ан абуна Россиялъул халкъияй артистка Сидрат Мажидовалъ исанасел гастролазул хIасил гьабулеб данделъиялда.- Бащдаб гIасруялъ хьвадана дун магIарухъе. Дие бищун захIматаб жо буго магIарул театралъулги зрителазулги бухьен тIей, гьуинлъи хвей. Гьеб гьуинлъиги гьоркьоблъиги гьечIони гIумру гьабунго бажариларо дихъа. Дида цIакъ рекIеда хъатIана гьаниб исана магIаруллъиялда жалго къабул гьариялъул рахъалъ актераз бицараб жо.бегьилищ къадру бугел районазда гьединаб бербалагьи театралдехун гьабизе? МагIарулазда рекъечIеб жо буго гьеб. Рекъезабизе ккани, гIемераб жо къваригIунаро, цо дагьаб берцинаб рагIи, хинаб дандчIвай. Кин щварал, щиб хIажат бугебин аскIоре рачIаниги ракI боххула?   Кваназеги гьекъезеги жо щвечIого чи хутIуларо, гьеб капурзабазги кьола. Берцинаб рагIуцаги кIодо гьавула инсан. Щиб хутIун бугеб нилъер миллаталъул РухIияб Хазина, мацI цIуниялъе- «ХIакъикъат» газета. Авартеатр, къанагIатаб бакIалда рагIулеб дагьалго минутаз бугеб магIарул радио- тIокIаб жо гьечIогури. Бокьилаан магIарухъа хабар бачIине нижехъе гьаб пуланаб спектакльгун рачIаян, кин бугеб магIарул театр, щай гьеб нижехъе бачIунаребан. ЛъикIаб гуреб, рекIее гIолареб жоялъеги къимат кьезе бокьила. Гьебги ниже, актеразе пайдаялъе бугеб жо буго. Нижеда лъалеб гьечIо ниж ричIчIунгутIиялъе гIилла. Бокьилаан нилъ, магIарулал,нилъецаго нилъерго хIурматги гьабун рукIине...

МагIарулазе ва театралде бугеб жиндирго рокьи недегьго загьир гьабулеб буго Сидратица.

Узухъда, ратила театралъул гIунгутIаби. ГьечIо гьениб бечедаб репертуар, ракI цIцIазабулел, гъваридал, гвангъарал спектаклял. Киса босунха гьез гьеб лъелеб нилъерго хъвадарухъабазул асарал гьечIеб мехалъ.


                                  

 


Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook