Авторизация

Умумузул ракьалде –умумузул нухдасан

- ЛъикI вуссарав, МухIамад.
-ЛъикI ватарав вац, щиб хIал бугеб нужер?
-Аллагьасе рец, лъикI руго. Нужго кин ругел, нухал кин ругел?
- Гендерил тоннел къан батун Лавашисан сверизе ккана, гьенисаги гIаздал нухал ругоха.
Гьадинаб гара-чIвари нилъеда гIемер рагIула магIарухъ. Гьеб гьанже лъиего цIияб хабарги гуро. Дагьадниги гIазу-цIер бани тоннелалдаса рилъунеб хIал букIунаро, Лавашисан сверун унагоги нухал цIер къарал рукIуна. Гьединабго буго магIарухъе унеб ХIари-габурлъиялдаги гьава-бакъ. Бихьулеб  буго лъабго нухалъул цонигияб лъагIалил бокьараб мехалда ургъелтун ине  бегьулеб хIалалда гьечIолъи. Нус-нус саназ нилъер умумул хьвадана риидал ШишиликI магIардасан ва лъагIалил свериялда Генусан ЧIикIабе Сулахъ гIоралъул рагIалдасан. Гьеб букIана бищунго санагIатаб нух лъарагIлъиялде ине. Цо заманалда (ХIуригат бьахъун хадусел соназ) Ишкатала росдада нахъаса гIодобе анкьго километраялъ нух бахъун гIурумухъалдеги рештIун Сулахъалъул рагIалдаса эхеде шагьранух хIалтIулеб букIана. Буйнакскиялда гIумру гьабулев цо херав чияс бицана жинца (полуторка) машинаялда Болъихъе тукадул къай баччулаанила гьадаб нухдасан рагъдаса хадусел соназ. Кинниги къваридаб нух букIун батила хIукуматалъ рехун тун, гьеб кIочене тана. Амма, халкъалда кIоченчIо санагIатаб нух.
Гьанже цIияб къагIидаялда ЧIикIаб росу кIалалдаса  жанибеги сверун, ЧIикIаб,  Ахакь, Генуб  росдал ракьалдасан магIарухъе лъолеб буго санагIатаб нух. Гьеб нухалъул тIокIлъи щиб абуни: тIоцебесеб иргаялда – гIазу гIобдоб чIоларел, цIер чIвалареб букIин, кIиабизеги эхедерай гьечIолъи. – 32 километраялъ I2 % гурони кколеб гьечIо. Тоннелалдасан унаго кIудиял машинабаз бала цо сагIат доре кIалтIе рахине ва цоги сагIат гIурухъе гIодоре риччазе. Гьенир кколел сакъалъаби, харж гьабулеб цIатари, холеб заман кинабго данде къани - расги лъикаб сурат цебе чIоларо. Гьаб киналдасаго нилъ хъвасарлъизе рес буго Бузнаса-нух рагIалде бахъун гьенисан хьвадизе лъугьиндал. Доб цебе букIараб нух бахъиялде Игьалиса Чупалас (хв. I937 с.) гьабураб назмуялда руго гьадинал мухъал:
 

ЦIолбол ахал къачIай къойил хьиндалаз,
Къокъаб гьакил нухалъ Шураре ине.
Щвараб давла босе мискинзабаца,
Магъилъа пихъ биччун бечелъи щвезе. 



Чанги сон ана хьиндалазул тоннелги къан пихъ бичизе унеб нухги халалъун гьабизе жо лъаларого. ХIукуматалъги щибго ургъел гьабичIого рехун тун, гIадамазул ахIи-хIурги бахъун букIана. ГIицIго пихъалдасан гурони магIишат гьечIел росаби нилъер гIурумухъазда цIакъ гIемер руго. Гьаб нухалъул ЧIикIасезе бицун хIал кIолареб баркала букIина магIаруллъиялъулго, гьелдаго цадахъ гьезие рес щвела жибго чвахун (насосалъ кьабичIого) росулъе кигIан кIваниги рогIраздасан лъим бачинеги. Бихьулеб буго магIарул росабазул экономикияб рахъ цебетIеялъе гьаб нух чара гьечIого хIажатаб букIин. Араб сон «МугIрузул сон» абун лъазабун букIана хIукуматалъ, амма щиб мугIрузе ккараб пайда-хайирали лъаларо нухгIаги лъугIизабизе квер чIван букIарабани кигIан рекъарабдай букIинаан. Кинниги магIаруллъи хIукуматалъ гIемер жо кьун гогьдарарал гьечIо, гьелъги батила «Халкъияб нух» абураб цIарги лъун жамагIатазде ахIи бан, гьеб хIалтIуде байбихьараб. Гьале кIиабилеб лъагIел инеб буго гьеб хIалтIи гьабизе тIаде босун Болъихъа Дибиров МухIамад Камил цеве вахъаралдаса.


Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +5
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook