Авторизация

Кету

Щуго – анлъго соналъ цебе, гьабсагIат мухIканго чан сон арабали ракIалда гьечIо, дида бихьун букIана гIадамасул черхалдаса къотIун, далун чIараб гъанал кесек. Гьеб букIана дун, пединституталъул студент, практикаялда пионеразул лагералда вугеб заман. Цо анцIго–анцIила кIиго сон барав гIадав вас, жиндидаго цадахъ лагералда ругел лъималгун васандулаго, гортIе тIаде кIанцIана; цIералда ваччунищ вукIаравали, гьебги бекун ун, рамаялда къан хутIараб цIороде рехунги вачIун, гьев васасул кваранаб квералъул ччобори букIан гъваридго къотIун. Дун, гьеб лъугьа–бахъин кколеб мехалъ, къватIивехун вукIана, амма палатаялъур ругел лъималазул чIиргъи–хъуй циндаго тIагIингун, цадахъ вукIарав студентгун жаниве векерана. Нижедасаги цере гьенире щун ратана гьев гьитIинав васасул группаялъул вожатиял; гьез квер ккун вачун унев вугоан гьев медпункталде. Амма гьел кIиязулго цонигияв васасул къотIараб квералда acxlope къалел роукIинчIо, кIиялго чIун рукIана квегIараб рахъаллехун; цояв гIенекун, цойгидав, гIодилев гьечIониги, гьев васасул ракI–макI батизе хабар бицунев. Дун нахъасан валагьун вукIана васасул гIебеде битIараб кваранаб квералъухъ, квер гIодобе биччан букIурабани, къотIараб бакI кколаан къвалакье; гIебеде ритIараб квералдаса гIодобе далун, жиндирго ругънахъ валагьизе кIоларого вугев гьитIинав васас гали тIамурабщинахъе, гьанкIелеб букIана билбагIараб гьанал кесек. Дида доб мехалъ гьесда хадув валагьун чIезе кIвечIо, гьабсагIат гьал мухъал xъвалеб мехалъцин лъикI гъечIо дун.
Гьеб дида ракIалде щвезабуна гьадинаб лъугьа–бахъиналъ.
МахIачхъалаялъул цо пуланаб къотIноб (бегьулебани дица гъелъул цIарги бицинаан) анкьабилеб классалде хьвадулев васасда тункана машина. Гьеб букIана нухлул рагIалда хъархъалги чIараб, свериги бугеб, гIемерал лъималги расандулеб бакI. Васандулаго циндаго нухде кIанцIун вачIарав васасда тункана свери босулеб букIараб «Жигули».
Цин гьев вас, хъахIиллъунги вахъун, нух бакьулъ, мугъалда вегун чIун вукIана; хадуб циндаго, дунги батIиялги аскIоре щвелалде, вукIкIун арав гIадинги лъугъун, ворхун вачIана ва бугеб рухIалъ жиндирго гъванща асфальталда кьабезабизе лъугьана. Дие захIматаб асар гьабулеб букIана, торгIо гIадин, чIарбидаги тункун, васасул гьитIинаб бетIер нахъе кIанцIун бачIунеб мехалъ. Дагьаб мехалъ чIвар–чIвадилевги вукIун, гьев гIунана. Бихьун батила ракъдаде рехараб ччугIа. Машина нухлул рагIалда гIебса буссун чIана; гьелда жаниса къватIиве гIаданги вачIунев вукIинчIо, хадувги вачIаравищали лъаларо, дида вихьичIо.
Сверухъе рукIарал гIадамазда цадахъ дун васасде аскIове векерана, гьебсагIатго аскIове векериялдаса ракIги бухIана; гьев вукIана дир гIагарав вас, СагIид.
ЦIакъго цебегIанасеб гIагарлъиялъул вас гьев вукIинчIониги, дида гъевги гьесул эбел–эменги лъикI льалаан. Лъалан гьесул яцалги, рукъ бугеб бакIги, ай, нилъер заманалда гIагарльиялда лъазе кколебщинаб жо. Гьединльидалин дица хабар байбихьулеб мехалъ, къватIалъул цIар бицинчIеб: щибав чиясул батула цо–цо рекIее рахIат толареб мух1канлъи.
Дун щиб гьабизе кколсбали лъаларого хутIана. ЛъикIаб букIинаан гьенире ракIарарал ГАИялъул гIадамаздаги, милициялъул хIалтIухъабаздаги бицун букIарабани: гьади – гьадинав вас гьевги вугин, гьади–гьадинаб бакIалда гьезул рукъзалги ругин, ай гьезул ишалде гъорлъе дун лъугьун вукIаравани. Дида гьедин гьабизе кIвечIо.
Дица гьел пикрабазда гIемераб заман бан батизе ккола; жаназа «скорая помощалда» лъун нахъе босун ана, гIадамал, цацазда щурщудилаго, рикь–рикьун ине лъугьана. Асфальталда кинаб бугониги реччел хутIарабищали лъаларо, дун аскIовегIан къачIо.
Дица гьабуна, дир бакIалда вукIун, бищунго гIадалав чияс гьабилареб жо – ана гьев васасул, СагIидил эбел–инсухъе. Лъаларо щиб дида доб мехалъ ракIалда букIарабали – щибниги букIун батиларо. Гьеб букIана риидалил заман, август; кинабниги жоялъул рагIадал рукIана цIакъ гьитIинал ва чIегIерал, бецIал. Дун СагIидилъуве ана, таксиги ккун, цIакъаб иш гьабизе унев чи гIадин вукIун ватизе ккола, гуребани такси щибизе кквезе ккелеб букIараб.
Рокъор ратана СагIидил эбелги, яцги. Гьесул кIиго яц йикIана, кIиялго кIудиял. Рокъой йигоан бищунго кIудияй яц. Эбел ятана, диваналда гIодой чIун лъаларей, егун лъаларсй, къагIидаялда. ГIемерисеб мехалъ гьей диваналда яги егун, яги гIодой чIун ятулаан.
– Дуе лъугьараб щиб? – илан гьикъана дида эбелалъ, йорхун ячIунаго. НуцIида кIетIон вачIун вукIаравани, гьей тIаде яхъун ятизеги бегьулаан, амма дун гьезухъе киданиги кIетIон вачIун вукIинчIо, нуцIа кидаго рагъун букIунаан, гьел дагьал церегIан рахъун рукIана шагьаралде, ва, рокъоре жанире лъугьарабго, нахъасан нуцIа рахалеб гIамалалде ругьунлъун рукIинчIо.
– Щибниги ккечIо, – ян абуна дица, гьаракь сородилилан хIинкъун, хьитал рахъулеб мехалъ, гIодове къулизе кколелдаса цIакъ гIодовеги къулун.
– ХIалакълъун вугев лъаларо, хисун вугоха...
Гьей йикIана йицатай, ретIарабщинаб ретIел цIакъ тIад къан бугилан ккезабулей гIадан. БакIида гIодой чIун йигеб мехалъ, кколаан гьей бакIидаса квегIабги кваранабги рахъалдасан гъоркье чвахулей йигилан. ТIом букIана гъелъул гIажаибго хъахIаб, цаби – киналго меседил. Щаяли лъаларо, кIалдир меседил цаби ругел чагIи дида бищунго дунялалда нич бахъарал чагIи ратилин ккола.
СагIидил эбелин абуни гIумроялда жаний киданиги лъикьаниги нечон ятиларо. Гьелъул ракIчIун букIунаан киданиги жийго мекъи ккунгутIиялдаги, гъалъ гьабураб къагIидаялъ гурони, батIияз гIумру гьабизе бегьунгутIиялдаги; лъаларо дида гъедин кколеб батизеги бегьула.
– Соналдаса жакъаялдейищ ав хIалакълъулев? – иланги гьикъулаго, кодоб ккун цIилицIгун, цойгидаб рокъосан яккун ячIана СагIидил яц. Гьей йикIана эбелалда релълъарай яс. Гьей йихьарайщинахъе дида ракIалде ккола жиндиего вокьулев васасе ине гьечIей гIадан ятизе йигин гьейилан; эбелги гьедин ун йикIана.
– Ва, CaгIa, хIалтIизайизе кIун йиго нужеда, – ян махсара гьабизе лъугъана дун, СагIидил яцалъухъ цIилицI бихьарабго, амма гьеб релълъинчIо: гьаракь дие хилиплъана.
– Дуе элъул щиб гьанже, – янги абун, CaгIa, тIад юссун, добго рукъ лъухьизе, тIерхьун ана. Гьелъие цIакъ бокьулаан «гьанже» – ян абизеги, «кIалъазе вахъун цо» – ян абизеги.
– ВачIаха, гIодов чIа... Бицеха киб щиб бугебали, гIадамазда гъорлъ вугев чи вугин... Турач вихьаравищ?
Турач вуго дирги гьелъулги гIагарав чи. Кидаго бищунго цеве гьев гьикъиялъе гIилалъун ккола Турач бечедав чи вукIин, айги, бечедай гIадан, – кIиялго цоцалъ жахIдаялда рукIин. Турачги вукIана цIогьор, алъулги буго гъебго иш. Дица спекулянтаздаги, ришватчагIаздаги, гьерсихъабаздаги цIогьалин абула.
– ВихьичIо, – янги абун, дун столалда нахъа гIодов чIана.
Диваналда цIакъго эркенго, дунялалда кинабго иш жиндица килищ битIиялда бараб бугилан абизе къваригIарав чиясул хасияталда гьей йицатай чIужугIадан йихьараб мехалда, бичIчIана дида, гъалда ккараб лъугьа–бахъиналъул бицун бажарулареблъи. – Турачилъ жахIдаялда йикIуна мун кидаго... некIого досдаса бечелъунги ятилин, дуе авгIаги щай ?...
– Жакъаги дие тарбия кьезе вилълъарав лъаларо, – ян абуна СагIидил эбелалъ, доехун юссарай гIадин, бетIерги гьанкIезабун, цебе – цебеги нижер букIунеб букIараб дагIба–къец ракIалде щвезабизе бокьараб гIадин.
– Нижер СагIид вихьичIевищ гьадава кIалтIа?...
Дун тIуркIана:
– ВихьичIо...
ТалихIалъ, дие гьеб суалги кьун хадуб, гьей дихъ ялагьичIо, диваналдаса тIаде яхъуней йикIана, гуребани дир рахIатхвей бихьичIого хутIулароан гьелда.
– Жив мороженое босизе виччаян вачIун вукIана, тIагIана киве аравали... Цо дие щвараб кофегIаги кьезе ккела дуе гьекъезе...
Гьей богорокъое ана; гьениб чайник печалда лъолеб гьаракь – мохъги бахъана.
– Дир кухонный мебель бихьарабищ дуда! – ян жегиги гаргадилей йикIана гьей.
Дида лъалаан, гьелъие бищунго жиндицаго босарабщинаб жо вачIа–вачIарасда бихьизе бокьулеблъи. Гьелда кколаан жиндирго къайиялъухъ валагьун вугев чи жиндир бажариялда, цIодорлъиялда ва гIумру гьабизе лъаялда бахиллъун вукIунилан. Гьединал гIадамазда кинго бичIчIуларо, буголъиялъухъ балагьун цIодорав чияс лъиениги къимат кьунгутIи; дица цо нухалъ гьелда жиндидаго гьедин абунги букIана. «Дурго гьечIогоха... Дурго маг1ишат бук1арабани дуца гьеб хабар бицунароан» – ин абуна гьелъ дида.
– ВачIая, вачIая... Дудаго цо бихьун букIине... Мун вукIуна добилан, абилан... гIарац гьадингояб жо бугила, гIаданлъийищалиго къваригIунила... ГIаданлъиялъухъ импортный мебельги, бразильский кофеги щолареблъи бичIчIулеб гьечIоха дуда.
Мебель хIакъикъаталдаги, берцинаб букIана, дида гьединаб кутакаб мебель киса гIарацги балагьун босизе къватIибе биччалебалицин бичIчуларо, хасго нилъер пачалихъалда.
– Дуе гьаб щибизейила вукIуна мун... хабалъеги босилареб батани. Мун гIадин, тIаде вач1арав чисда цебе лъикIищ бук1унеб  кофе, чай лъечIого?... Гьединаб бакIида гIодор чIезе лъикI гурищ, гьечIищ лъикIаб?
– Буго... Амма дуе гьаб щибизеяли лъалароха дида – ян абуна дица, бакIида гIодов чIолаго. «Дуе гьаб щибизе» – ян абулеб бакIалда, дие бокьун букIана «дуе гьабсагIат гьаб щибизе» – ян гьикъизе; кIвечIо, хIинкъана.
Нижеда хадуй богорокъое жание ячIана CaгIa.
– Дир гIарацги босун, ун ватилаха СагIид, – илан абуна гьелъ, ва дихъги ялагьун, тIадеги жубана: – АллагьасхIаги батIияв чи лъугьун вуго дур...
Дун гIодове къулана.
– ГьечIо валлагь... щиб дир хисилеб?
– Кинаб гIарацилая? – ян гьикъана эбелалъ, жиндирго мебелалда кверги бахъулаго.
– Дица данде бакIарулеб букIарабха... гьанже...
– Жо бицуней йигоха мун...
– Унха, алъул СагIидида хъвазе бегьилищха...
– Бегьулароха...
Гьей гьоркьохъей, анцIила щуго сон барай ясалъ абулебги эбелалъ абулебги битIараб букIана. СагIидида хъвазе бегьулароан. Гьев вукIана василан эбел–эмен угьдулаго, кIияйго ясалда тIаде гьавурав дару–дарман.
– О, кIалъазе яхъун цо... ЧIаха цо вачIине гурищ дов рокъове гьанже... – янги абун яс къватIиехун ана.
– Гогьдаризе гьавичIониха нужеца гьадав вас, – илан абуна дица.
Къохьол гьумер букIинчIебани, гьадаб абизе кIвелароан: гьаб рокъов вукIинецин кIвелароан дида.
– Гьавилаха... ГогьлъичIого вукIине дир васасе щиб бугеб? Гьал рукъзалги гьесие хутIила, данде гьабурабщинаб шагьи–квараги гьесул буго... Эсие гIоло гурони, лъие гIолоха анир рахъун чIун ругел?
– Мун жакъа хIалтIуде инчIого кин хутIарай? – илан гьикъана дица. Дие батIияб жоялъул бицине бокьун букIана.
– Жакъа къоядаса нахъе отпуск! – илан ахIараб гIадин абуна гьелъ.
– Рос кивеха арав дур? – Дида лъалаан гьев хIалтIуда ватулевлъи. Дица гIемерисеб мехалъ, цIар абичIого, «Рос» – илан абулаан гьесда.
– ХIалтIуда вуго, гьабсагIат кваназе вачIине ккола, – ян абуна гьелъ сагIтихъги ялагьун. – Мун кофе гьекъолев вукIа, гьалараб мехалъ, дуцаго тIе, яги ясалда абе, дун гьабсагIат ячIина. Цо вас вихьуларищалиги ялагьун, мадугьалихъеги щун, дие кьезе кколеб гIарац букIана мадугьалалъ...
Цо чанго саг1аталдасан, гьаб чIухIараб мебелалда гьоркьоб, гьаб, гIемераб къоги бихьун щун, гьаниб лъун бугеб паркеталда тIад бегизе буго жаназа. Гьаб кIитIалаяб мина цIезе буго, мадугьалалъ кьезе бугеб гIарцуда хадуй арай чIужугIаданалъул ч1чIич1чIидулеб гьаркьил. Рукъ бакьулъ лъун, хвараб жиндирго хьул, аниш ва кинабго букIинесеб батараб мехалъ, гьелда кIочон тезе буго мебельги, паркетги, кьезе букIараб гIарацги, Югославиялъул гъоркьан ретIелги. Гьай чIужугIаданалъулги, гъалъул росасулги кверзул рагъари, кинабниги хъантIун данде гьабураб, бицунеб, дандбалеб ва киналниги ургьелал – кинабго, къотIнове рехун чIвар–чIвадилев вукIарав СагIидида хурхараб букIана. Гьазул гIумрояльул магIнаялъин дагьаб цебегIан жиндирго гьванща асфальталда кьабезабулеб букIараб.
Дида кIоларого буго ккараб лъугъа–бахъиналъул захIмалъиги вахIшилъиги букIине кколеб къагIидаялъ бичIчIизабизе; дида гIадинан, СагIидил эбел–эмен лъангутIиялъ кIоларого буго гьезда бачIараб балагьалъул гьварилъи бихьизабизе.
Жакъа гьаниве рокъове жаниве лъугьиналде дида кколеб букIана къадазул кьер хисун, бецIлъун букIинин, дида гIагарал чаг1азул рукъ батIа бахъизего лъаларин. Додинго эхетун столги букIана, додинго диваналда бегун халичаги букIана, жиндирго хъантIиялъул бицуней СагIидил эбелги йикIана.
СагIидил эбелалъ тIад юссине гIемераб заман бачIо.
– Дуца кофе щайха гьекъолареб? Аллагьacxlaги, дида мун батIаго вихьулев вуго жакъа, – янги абулаго жаниеги ячIун, печалда гьалделеб букIараб чайникги (дида гьеб бихьулеб букIинчIо) нахъе босун, аскIой г1одой чIана. – Цо анцIила кIиго гъурущ букIана дие кьезе, кинго кьун бахъунароха... Дида гьадалдаса нахъегIанай чIужу лъаларо. Гьанже, къавулъ анцIила кIиго гъурущ гьечIогонищха ратилел? Вабабай, гIадамал инжилъун ругеб куц!..
Гьелъухъги гIенеккун дица пикру гьабулеб букIана, пикруцин гуро, г1ажаиблъи гьабулеб букIана СагIидил эбелалда ккараб лъугьа–бахъин лъангутIиялда, гьеб бичIчIунгутIиялда, жиндирго гIумруялда лъугьараб гIасияб хиса–баси гьелда бихьулеб гьечIолъиялда, гьелъул бецлъиялда.
– Мадугьалихъ руго гьадал чагIи... Росги хIалтIулев вуго, чIужуги хIалтIулей йиго... анцIила кIиго гъурущ нахъе кьезе кIолеб гьечIо...
Циндаго гьей, тIадеги яхъун, рагьун букIараб форточкаги къан, тIад юссун ячIун, йикIарабго бакIалда гIодой чIана. Дида бичIчIичIо щай гьелъие форточка букIарабали.
Заманаялдасан чIужугIадан, дагьайго йорхунги ячIун, дир гъажалдасан дида нахъе ялагьана. Нахъа букIана ниж ругеб рокъобе лъураб нуцIа. Дица кIудияб кIварго кьелароан гьелъул рагъа–рашариялде, – бокьарав чи валагьизе бегьула нуцIихъ; амма гьелъул гьумер гIажаибго хисана, гьелъул нодо букIкIун ана ва дида гьеб гьурмадаса цо батIияб квач чIвалеб букIана. Ялагъизеги гьей хьибалалдехун къуларай гIадин ялагьана. Дун, хехлъи гьабун, нахъ валагьана: нуцIихъан жанибе бач1унеб  бук1ана цояб бералда тIад чIегIераб тIанкIги бугеб хъахIаб кету. Ниж ралагьун рукIиналъ лъаларо, гьеб лъалхъана, дагьаб мехалъ багъаричIогоги чIун, сверухъ балагьана. Амма заманго балелде, тохлъукьего гIадин, гьеб СагIидил эбелалъул гIицIал хIатIазда аскIобе бекерунги бачIун, гъоркьан эхеде гьелъухъги балагьун, ч1чIи–ч1чIидизе лъугьана. ЧIужугIадан, бан малгун кетуги добегIан рехун, ясалде ахIдезе лъугьана. Жание, кодоб цIилицIги гьечIого яккун ячIана СагIа.
– Жание–къватIие йилълъунеб мехалъ, нуцIа къазе лъаларебищ? Гьаб щиб гьаб?! – ЧIужугIаданалъ, жеги–жеги мимидилеб бугеб катиде килищ битIана.
– Ва! Щиб ккун бугеб эб хIалалда, – ян цIазабун абуна ясалъ.
– Щиб жойилая!
– Оъ, – янги абун, гъоркьияб, гьадинги бицатаб кIветIги къватIибехун буризабун, яс катида acкloe ана ва гьеб кквезе лъугьана.
Кету, ясалъукьа тIурунги борчIун, бекерун СагIидил эбелалде аскIобеги бачIун, додинго гьелде ахIдезе лъугьана. Гьаракь гьелъул заг1ипаб букIаниги, гьаб рукъ цIолеб, батIияб, бак1аб бугин кколеб гIадаб букIана. Лъаларо, гIицIго дида гьедин кколеб букIун батизеги бегьула. ЧIужугIаданалъ гьелда гьанжеги мал бана. Ясалье гьеб бокьичIо; катида ракI гурхIун гуро – кквезе        квал–квал кколеб букIун.
Яс, чорокаб чIорто г1адин, ккун кетуги босун, къватIиехун арайго, эбелалъ абуна:
– СагIидица бачIун букIана гьадаб цо жо... гьанже къватIибе гъезе кIоларого буго... Машиннаялде рехун рикIкIаде щвезабун букIана; всеравно, бачIуна тIадбуссун. Дица эб бухарабщинабгиха...
Дие, щаяли лъаларо, цIакъ рекIее гIечIо гьеб СагIидица бачIараб бугин аби, амма гьеб бачIиналъ гьабураб асар бахчизе бокьун букIун батила, дица гьикъана:
– Бухизег1аги бегьилищ, хIакъ батилагури?
– ХIакъилая? Гьа, гьеб батаниги кIваричIо. ЖужахIалъул бакьулъе кканиги кIваричIо... Гьавгущинав, сверухъ вугевщинав чи вукIине бегьулев жужахIалъув, дунищ бегьуларей... Ерунда..! Дуца цониги хIалихьатав, инжитав, хъантIарав, яхI гьечIев гурони чи вихьизаве... Ваче вихьизе... ХIакъила... БукIаниги кIваричIо...
Гьей тIаде яхъана ва, рагьун форточкагун, тIадюссун ячIун, йикIарабго бакIалда, дида данде йитIун гIодой чIана. Гьелъ гьанжеги байбихьулеб букIана жужахIалъулги хIалихьалъиялъулги бицине, амма рукъалъул кIалтIасан бахъараб ясалъул ч1чIи–чIч1иялъ ниж кIиялго гIунун хутIизаруна.
– Гьениб ккараб щиб? – илан, эбел тIаде яхъана, гьелда цадахъ дунги вахъана.
Ниж кIиялго рагьумахIуялдаго чIун хутIана: жанибе бачIинеб данде ккана СагIидил хъахIаб кету. Дида лъаларо, ниж катихъ ралагьун, гьадинан чIун хутIизе кколел рукIаралищали, амма ниж кIиялго лъикI заманаялъ катихъ ралагьун чIана. Кету гьанжеги бекерун чIужугIаданалъул махIабазда лъурлъудизеги бачIун, гъоркьа эхеде гьелде ахIдезе, ч1чIи–ч1чIидизе лъугьана. Дида катил гьаракь хисун, бугилан ккана.
Жиндирго квегIаб квералъул тIаса хъатидеги пударилаго, жание ячIана ясги. Бихьулеб букIана гьелда квачIги бан, кверги хъарсун, тIурун бачIун букIин гьаб кету.
– Дица щибха гьабилеб? – илан байбихьана ясалъ, жиндидего семизе къачIан эбел йикIинги лъан, гьелдаса цее ккезе. – Дидаги хъарсун анаха тIурун, жиндицаго нуцIаги рагьана.
ЦIакъ бокьулеб букIинчIо дие гьеб кету СагIидил букIин. Гьелъул гьаракьги...
– Гьалъул ахIиго щиб? – илан чIужугIадзналъ катида гьанжеги мал бана, талихIалъ, гьей хIатIида гIицIго йикIана...
Яс катида хадуй йортана.
– Дун ина гьанже – ян абуна дица. – Цо щвезе кколеб бакIги буго.
Эбелалъ дие жаваб кьечIо. Гьей рукъ къотIун форточка къазе ана. Жегиги рукъ цIун букIана катил гьаркьил.
– ГIедегIун вугоха мун... – илан абуна гьелъ, мунги киве гIедегIизе кколев чиян абулеб гIадин. Кетуги босун, яс къватIиехун ана. Рокъор жанир рукIине дагьабго бигьалъана.
– Ине ккола дун...
Бокьун букIинчIо, гьелъул рос вачIинегIан, гьанив хутIизе. ГьабсагIатги, кидадай къватIиве кIанцIизе санагIалъи ккеладаян вукIарав дун, рос вачIани, гьаб рокъоб хIехьезего кIвелароан. Дида гьадинги лъалароан, гьанивего щибизе вилълъун вукIаравали. Лъаларо  хаду–хадувги кин гьаниве вачIиневали.
– ЧIезе лъаларев щибха дуда гьабилеб... СагIид вихьуларищ гьенив кIалтIаса г1ебедеяли хал гъабе... Хехлъи гьабун рокъове ахIулев вугин мамаца, – ян абе...
– Агьа...
Дун хехлъи гьабун къватIиве кIанцIана. КъватIиб додинго багIарун бугоан. Гьеб букIана июналъул багIари бугеб август. КIалтIа дида ятана яц, добехун, къотIнобехун чIун бугеб катида, бакI–бакIалъа ралагьун, чIинхал речIчIулей.
– Те...
Гьей дихъги ялагьун йиххун хутIана. Дица гьелда тIокIаб цониги paгIи абичIо.
Дун гьезул рукъалда цевесан батIияб къотIновехун сверана. Амма гIемерабго нух телалде дун цо жо доба хутIараб гIадин, цо абизе кколеб букIараб paгIи абичIого хутIараб гIадин лъугьана. Лъалхъана. БичIчIана щиб дие бокьун бугебали. ТIад вуссана ва, рикIкIадегIанги чIун дунго жанив вукIараб рукъалъул гордухъ валагьана: форточка бугоан рагьун...

ГъазимухIамад ГъалбацIов

Автор: ГъазимухIамад ГъалбацIов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Гъваридаб макъала буго,гьелда жаниб к1удияб пикруги буго,мунагьал чурадил!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook