Авторизация

Борхалъиялда бараб кIалгIа


ВатIанияб тIалаб тIобитIулаго


Борхалъиялда бараб кIалгIа


Инхоса ГIали-хIажиясул минаялъул макет рагьана


2016 соналъул 29 декабралда Гумбет районалъул гIадатияб маданияталъул централда тIобитIана аваразул адабияталъе кьучI лъуразул цояв, классик, гIалим, шагIир Инхоса ГIали-хIажиясул минаялъул макет рагьиялъул тадбир.


Гьеб рохалилаб ишалъулъ гIахьаллъана Гумбет районалъул бетIерасул ишал тIуразарулев ГIабдула-хIажи ГIабдулкъадиров, гьесул заместителал Малик Маликов, АхIмад Сулайманов, РурухIма Халидов, Районалъул собраниялъул депутатал, росабазул бегавулзаби, идарабазул бутIрул ва цогидалги.


Тадбир бачана Гумбет районалъул бетIерасул заместитель АхIмад Сулаймановас, гьес бицана «Культурная мозаика малых городов и сел» абураб тIолгороссиялъул къецалда «Бакълъулаз ГIали-хIажиясул асарал цIалулел руго» абураб проект бергьиналъул ва гьелъул хIасилалда районалъе 400-азарго гъурущ бачIиналъул. Гьеб гранталъул сурсат хIалтIизабулеб буго Инхоса ГIали-хIажиясул асаразул тIехь бахъиялъе, гьел гIурус мацIалда руссинариялъе, конкурсал гьариялъе ва цогидалги шагIирасул цIаралда хурхарал тадбирал тIоритIиялъе. 

Гумбет районалъул бетIерасул ишал тIуразарулев ГIабдула-хIажи ГIабдулкъадировас бицана рагьулеб бугеб Инхоса ГIали-хIажиясул минаялъул макеталъур лъун ругел алатазулги гьесул асаразул ссвин гьечIеб кIваралъулги магIнаялъулги.


ГIали-хIажияс Кавказалъул имамзабазде гьабураб назму махщалида рикIкIана МелъелтIа гьоркьохъеб школалъул цIалдохъан Макка Ахкубеговалъ.


ШагIирасул рукъалъул макет рагьиялъул чIоло къотIана Гумбет районалъул нухмалъулесул ишал тIуралев ГIабдула-хIажи ГIабдулкъадировас, «Гумбет» басмаялъул бетIерав редактор, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член ХIамзат ГIизудиновас ва Гумбет районалъул ЖамгIияб палатаялъул бетIер АхIмаднаби ГIалимирзаевас.


«ГIелму-хIикматалъул хIалбихьаразе ХIалхьараб рукъ буго, дица гьабураб, Дирго ракI бахилаб борхалъиялда Бараб кIалгIа буго, кIварас къачIазе», - абун хъвана Инхоса ГIали-хIажияс. Гъваридаб магIнаялъул рагIаби руго гьел. Инхоса ГIали-хIажи цIализе, вичIчIизе, гьесул дарсал росизе тавпикь кьеги нилъее.







Автор: Информациялъул «Гумбет» гIуцIи

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +154
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook