Авторизация

«Ассаламу гIалайкум, гIадлу хвараб идара!»


Аваразул калам, гьелъул камиллъи…


«Ассаламу гIалайкум, гIадлу хвараб идара!»


2010 соналда къватIире рачIарал райгазетазда тIасан пикраби


Щибаб миллаталъ тIалаб гьабизе ккола жиндирго тарихалъулги мацIалъулги. Гьелъул бицун гIемерал макъалаби хъвалел руго магIарул газеталъги. Редакциялъ цереккунги обзорал гьарулаан магIарулазул районазул басмабазул. Гьезул щибалъул буго гIезегIан бечедаб ва кIудияб тарих. Районазул жамгIияб гIумруялъулъ кIвар бугеб бакIги ккола гьез. Дагъистаналъул Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб республикаялъулаб библиотекаялде щибаб номералъул цо-цо экземпляр щвезабизе тIадаб буго райгазетазул нухмалъулезда. Гьезул архивалда нахъе цIунун рукIине ккола республикаялда рахъулелщинал басмаби. Амма цо-цо газетал гьенире рачIунго гьечIоан. Гьеб закон хвезаби кколин бицана библиотекаялъул хIалтIухъаналъ. ГIезегIан сонал руго дир гьенир райгазетал цIалулелдаса. Гьединлъидал гьезие гIаммаб къимат кьезе гIемер захIмалъиларо. 2010 соналда ЧIарада, Хьаргаби, ЦIунтIа ва ЛъаратIа районазул газетазул цониги номер щун гьечIо библиотекаялде. Редакциялде рачIарал номерал цIалун рукIиндал, гьезул темабиги суалалги загьирал руго.


«Дица чахъдае памятник балаан»


ЦIех-рех гьабурал басмабазда гьоркьоб тIоцебесеб бакI дица кьелаан Хунзахъ районалъул «Росдал захIматчи» газеталъе, кIиабилеб – Болъихъ районалъул «Гьудуллъиялъе», лъабабилеб – Шамил районалъул «Цолъиялъе». Гьайгьай, гьединал хIасилал гьаруна, басмабазул даражаялъухъ, гьез рорхулел суалазухъ, журналистазул хIаракаталъухъ, мацIалъухъ, дизайналъухъ ва цоги киналго хъвавулаб журналистикаялъул рахъазухъ балагьун.Россиялда журналистикаялъул бищун кIудияб унти ккола компартиялъ щекъер ккун ругьун гьабун букIин. Гьединлъидал жеги цо-цо хIакимзабазда ва мухбирзабазда  кколеб буго халкъалъул налогаздасан риччалел газетазда тIадчагIи реццизе тIадаб бугилан. Амма, гьабгощинаб рохьги гъурун, гьава кьолеб гIурччинлъиги чIвагIан бан, тIабигIаталъе зиян гьабулел кагътил фабрикалги гьединго басмаханабиги хIалтIизе тIамун, гьерсал рицине ва хъулухъчиясе мустахIикълъичIеб «гьура» ахIизе гуро газетал риччалел. Гьезул масъала буго, бюрократиялъул кьавуги гъинабун, гIадатиял гIадамазул гIузраби къватIир чIвазари ва гьелдалъун гьел тIураялъе квербакъи. Районалъул бутIрузеги райгазетазул хIалтIухъабазеги гьединаб бичIчIи хIажалъун буго. Цо-цо газетаз бажарараб къагIидаялда гьединаб хIалтIи гьабулебги буго. 


Щибаб номералда гьечIониги, бегIерал макъалаби хъвалел руго «Росдал захIматчи» газеталъул редактор ПатIимат МухIамадовалъ. Райгазетазул киналго хIалтIухъабаз гуро гьединаб хIаракат бихьизабулеб бугеб. КIвар бугел масъалаби рорхарал макъалаби рукIуна ГIиса ГIисаевасул. Бихьулеб буго, батIи-батIиял росабалъе ун, гьес хIалтIи гьабулеб букIин. Гьединал «чIагоял» репортажалги гара-чIвариялги газета цIалулез гьоркьор толаро. ИчIабилеб декабралда къватIибе бачIараб гьесул репортажалъул бетIералъеги тIоцебесеб бакI кьелаан дица, гьелда авторас тун буго «Дица чахъдае памятник балаан» абураб цIар. Гьес гара-чIвари гьабурав БуцIраса пенсионер Расулов МухIамадил рагIаби росун руго журналистас макъалаялъул бетIералде. Гьеб къагIида бищун чи тIаде цIалезул цояблъун рикIкIуна дунялалъул жакъасеб журналистикаялда. Кабинетазухъ бакIал хинлъизарулел рукIинчIого, хIалтIулал сапараз къватIире рахъани, гьединал магIнаял макъалаби хъвазе рес щола.



«ГIурус мацI хъурулеб хъахIилаб экран»


Амма гIемерисел райгазетаз хIалтIи гьеб даражаялдагIаги гIуцIун гьечIо. Районазул цоги идарабиги гьедин тIаса-масаго хIалтIулел ратани, кинха нухмалъулездаса халкъ разилъилеб.


 Газетазул тиражал 800-2000 экземпляразда гьоркьор руго. Гьез кьолеб информациялъул мукъсанлъиги кIвар гьечIолъиги хIисабалде босани, квешаб тираж гьечIо. БичIчIулеб жо буго районазул нухIмалъулез хъвазе тIамулел рукIин. Гьебги батIаго бегьулареб ишлъун рикIкIине ккелароан, гIадамазул унго-унгоял гIузраби гьел басмабазда рорхизе кIолел рукIаралани. ГIемерисеб мехалъ цIикIкIанисел райгазетазул хIалтIи къокълъулеб буго райадминистрацияз къабул гьарурал документал гьединго, гIурас мацIалдаго къватIире кьеялда. Гьеб ккола цIалдозезул, хасго чIахIиял гIадамазул хIурмат гьабунгутIи. 


Гьелъул хIакъалъулъ гIезегIан ракIунтун хъван буго ГIахьвахъ районалъул «Заман» басмаялде МестIерухъ росулъа СагIидбег БатагIалиевас. «ГIурус мацI хъурулеб хъахIилаб экран» абураб росдал жамагIаталъул гьариялда рекъон бакIалъулаб телевидениялъул хIалтIухъабазде битIулеб рагьараб кагъаталда аваторас чIванкъотIун суал цебе лъолеб буго: « Щайха нилъеца нилъерго мацIалъулги цIаралъулги адаб гьабулеб гьечIеб? Гьеб нилъер имам Шамилица, ХIамзатица, Расулица бицунеб букIараб, гьелде тIадеги, нилъее эбелалъ рахьгун цадахъ кьураб мацIлъидал». ХитIабалъул байбихьиги гIезегIан тавакалго байбихьулеб буго: « Ассаламу гIалайкум, гIадлу хвараб идара! Дир кидаго гIадат букIана гьадинаб кагъат хъвалеб заманалда «хIурматиял» абураб рагIи рекIинабулеб, амма гьаб нухалъ гьелъие гьаниб бакI батичIо, щайгурелъул нужеца хIурматги адабги гьабулеб гьечIелъул районалъулго гIадамазул. ТIоцебе районалда бакIалъулаб телевидение рагьараб мехалда, гьелде кIудияб божи букIана, гьелъ гьанир кколел лъугьа-бахъиназул, лъикIаб-квешалъул бицинилан. Амма, кигIанго бокьаниги, гьедин ккечIо, гьеб лъугьана гIурус мацI хъурулеб хъахIилаб экранлъун».


 Гьединабго сурат буго гIемерисел райгазетазулги. Дица цебего хъвавухъе, «гIурусилан, гIурус гуреб, магIарулилан, магIарул гуреб, «цIецI гьанал гъорлъ гьечIеб чурпа» лъугьун буго гьезул. Щибаб заманалда цо-цо лъикIлъи камуларелъул, гьеб рахъалъ магIарул райгазетазда мухIканлъиги гIадлуги букIана советияб заманалда -  кинабго информация магIарул мацIалда кьолаан. Гьайгьай, цензураги букIана – журналистикаялъул тушман. Гьанжеги гьебго цензура билълъанхъизабулеб буго хIакимзабаз. ГIажаибаб гIадат лъугьун буго Салатавиялъул «Чапар» басмаялда. Щибаб номералъул тIоцебесеб гьумералда «ГIагараб районалда» абураб магIарул мацIалда бугеб рубрикаялда гъоркь кьабун цIун ратула гIурус макъалаби. Гъобго «Росдал захIматчи» газеталъул хIалтIухъаби кIвахIаллъулел гьечIо магIарул мацIалде документал руссинаризе (рищиязда кандидатураби лъуразул цIарал рукIа ва гь.ц.), «Чапар» , «Ахихъан», «ЦIумадисезул гьаракь» ва цоги райгазетазул хIалтIухъабазин абуни гьел баянал гIурусалъ кьолел руго.


ГIурус мацIалъул бицинарин, магIарул литературияб мацIалъул даражаги беццизесеб хIалалда гьечIо. Сундул хIакъалъулъдайин гьаниб хъван бугебан ккана 27 сентябралда къватIибе бачIараб «Гумбет» газеталъул тIоцебесеб гьумералда районалъул нухмалъулезул цIаралда бугеб барки цIалулаго: «Ригь бачаразул байрамгун. РакI-ракIалъго баркула районалъул росабалъ гIумру тIами гьабулел ригь бачарал гIадамазда  1 октябралда кIодо гьабулеб халкъазда гьоркьосеб жидерго байрам». Таржама гьабизе лъан гьечIо. Нижер редакциялъул чIахIияб гIелалъул вакилзабаздаги бичIчIичIо гьениб хъвараб жо. БолмацI киназего якъинаб ва дурусаб буго. Гьелдаса тарани, мурадалде щоларо. Росулъе щванщинахъе ТIаса Гьарадирихъа жамагIатчагIаз диде гIарз бахъула гьеб ва Бакьулъ Гьарадирихъ росабазда гьоркьоб  хасаб вышка лъуниги, районалъул телевидение жидеда бихьуларилан, кинал идабаразде кIалъаниги, хIасилги кколарилан. Гъорлъе ваккун гьеб суалалъул цIех-рех гьабизе регIел ккечIо. Вышка лъурал идарабаз райадминистрациялде бугъун, гьез гъозде бугъун, гIалах халаса машинаялъе нухги бахъун, гIезегIан гIарацги харж гьабун, эхетараб вышкаялъул жидее щибго пайда бахинчIилан бицуна тIасагьарадирихъез. Гумбеталъул телевидениялъул передачаби рихьичIелъул, гьезие къимат кьезе лъугьунев гьечIо. Цо-цо районазул студиязул хIалтIухъ валагьидал, гъобго гIурус-магIарул чIвараб карщ бугоан.


Казият годикIан гурищ?


ГЭСазулги рухIиялгун жамгIиял дандечIеязулги гIузрабаз зурулеб бугеб Унсоколо районалъул «Ахихъан» басмаялъ гъваридго гьел суалал рорхулел гьечIоан. Забастовкабазда хурхунги, официалиял чагIазе гурони, гIадатиял гIадамазе рагIи кьун гьечIоан.

13 февралада къватIибе бачIараб «Гъуниб» газеталъул тIоцебесеб гьумералда лъураб макъалаялъе бетIерлъун росун руго «Тадбир ана гIуцIадго ва аваданго» абарал рагIаби. Гьединаб букIинегIан, гьечIого лъикI макъалаялъе бетIер. Журналистазул хIаракатчилъи бихьулеб гьечIо гьеб басмаялъул гьурмаздасан.


«ЦIумадисезул гьаракь» газеталъулги чанго номер гурони щун гьечIоан тIубараб лъагIалида жаниб республикаялъулаб библиотекаялде. Грызловас Пачалихъияб Дума бахIсазул бакI гурилан лъазабизе бегьулеб мехалъ, жидецайищин тIаде росун басхIал гьаризе кколелан чIун ругел гIадин рихьула райгазетал. ГIезегIан масъалаби загьирлъараб, аскарияз хасаб низамги чIезабураб ЦIумада районалда лъугьа-бахъунелъул сипат чIебе чIезабулеб алатлъун гьечIоан «ЦIумадисезул гьаракь».


Районал макьидаса рорчIулел ругодай?  


Хъвадарухъан ва фотохудожник Александр Костюнин гьоболлъухъ щвеялъул хIакъалъулъ макъалабиги ругоан чанго газеталда, масала: «Заман», «Гумбет», «Ахихъан». Ахирисеб басмаялъе интервью кьолаго, гьес абулеб бугоан Дагъистаналда рагъ яги цоги жамгIиябгун социалияб дандечIей гьечIилан. Республикаялда бугеб ахIвал-хIалги лъазабун, хадуб тIехь хъвазе ракIалда рагIула гьесда. Райадминистрациябазда гьарурал дандчIваяз дагъистаниязул унтаби ва хIакъикъияб хIал-хIукму гьесда лъаялда щаклъизе бачIуна. Гьединабго, гIезегIан райгазетазе гIаммаб темалъун лъугьун буго «Вангал рихьизариял». Лъаларо, чанго райгазеталъул хIалтIухъаби цадахъ рахъун, Вангал карамалъи лъазабизейищ лъугьун ругелали.


«Бежтинский вестник» басмаялъги магIарул мацIалда макъалаби рахъулел ругоан, аммма гIурус цIикIкIун буго. Гьедин букIаниги, газеталъул ахIилъун босун буго «Рекъел – халкъалъул мурад» абураб магIарул мацIалда бугеб калима.

Хасавюрт шагьралдаги къватIибе бачIуна авар мацIалда казият – «НасихIат». Цоги шагьаразул мэралги руго магIарулал, гьезги мисал босизе бегьилаан хасавюрталъулаздаса.


«Цолъи» газеталда цереккун рукIунаан гIемерал жидерго макъалаби, гьанже къватIиса росарал гIемерлъун ругоан, мухбирзаби хIалхьиялдейищ аралали. Районалъул тарихалъул лъаларел  рукIарал хIужабазул бицунел асаралги ратулаан гьенир. Гьанже иш хьадарлъун бугоан. «Гьудуллъи» газеталъе росабалъе ун баянал ракIарулаан журналист ва актер  МухIамадрасул ГъазимухIамадовас. Гьес редакция таралдаса райцентр бахунев мухбир къанагIалъараб гIадаб хIисаб буго гьенибги.


«Росдал захIматчи» газета бахъизе байбихьун буго 1925 соналъул щуабилеб маялда, «Гъуниб» басма – 1923 соналда. Гьединаб гъваридаб тарихалъул идарабазда тIадаб буго щвалде щун ва камилго гIадамазе хъулухъ гьабизе.


29 номералда къватIибе бачIараб «Заман» газеталъул номер байбихьулеб буго «Район макьидаса борчIулеб буго» абураб бетIералдалъун. Аллагьас тавпикъ кьеги районалги райгазеталги макьидаса рорчIизе.







2010 - 2011 сс.

Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +63
  • Нравится
Оставить комментарий
Районалъул казият-районалъул мат1у буго,щиб квешаб-лъик1аб гьениб лъугьунеб бук1аниги элда бихьизабизе ва раг1изабизе т1адаб буго!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook