Авторизация

МагIарул рухIалъул хIалбихьулеб мех

МагIарул рухIалъул хIалбихьулеб мех


2010 соналъул 14-25 октябралда Россиялда  халкъалъул хъвай-хъвагIай гьабулеб буго


«МагIарул миллат сундухъниги бичуларо нижеца», - гьединаб магIна букIана улкаялда гьабулеб бугеб гIадамазул хъвай-хъвагIаялъул «экзаменалда» нужеца кинал жавабал кьезе ругелин абураб темаялда  гьабураб цIех-рехалъул хIасилазул. БахIарчияб, бечедаб тарихалъул, дунялалдаго машгьураб магIарул халкъалдаса, гьелъул кьварараб рухIалдаса инкар гьабилин абулел миллатцоял ккечIо.


Буго рагIул балъголъи…  


 ЦIумада районалъул Гьигьалъа Шамхалдибир ГIисаевас абуна 2002 соналъул хъвай-хъвагIаялда жив магIарулав вугилан бихьизабунила жинца, хадуб скобкабазда жаниб чIамалавиланги хъванилан. Хъвай-хъвагIаялъул тIанчал исанаги гьединго цIезаризе ругилан бицана гьес. ДГУялъул юридикияб факультеталъул халкъазда гьоркьосел ихтияразул кафедраялда дарсал кьола ГIисаевас. Гьебго идараялда цIалулел руго гьесул лъималги. 1996 соналда гьаюрай яс ПатIиматида гIурус, ингилис мацIазда цадахъго магIарул ва чIамалазул мацIалги лъалел руго. 18 сон барав вас Бачуханида ракIалда буго магIарул мацI жеги лъикI лъазабизе.


«Щибаб рагIи балъголъабазул цIураб гъамас ккола, - ян бицана ГIисаевас. – Цониги мацI тIагIине нилъеца тани, гьеб буго инсанияталда цебе нилъеца гьабураб кIудияб такъсир. «МагIарулал» абураб рагIиялъ жанире рачуна гIемерал жамагIатал. Гьел жамагIатал цIакъ цоцазе гIагаралги руго, гIаммаб болмацIалдаги кIалъала. Бокьараб цоги миллаталъул гIадин, магIарул халкъалъулги руго этнолингвистикиял къокъаби. Цо рачIин бугел, цо кьолболал мацIал руго гьезул. МагIарулазул батIи-батIиял жамагIатазул гIадат-гIамалги цоцазда релълъараб буго. Жидерго росулъ ва сверухъ ругел ракьазда жамагIаталъул цIар рехсаниги, нужер миллат щибилан суал борхидал, киназго абула ниж магIарулал ругилан. Жиндир халкъалъул маданият цIунизе ва цебетIезабизе тIадаб буго щивав чиясда. Дида лъала магIарул ва чIамалазул мацIал. ГIемер мацIал лъанагIан, нилъер тарихги адабиятги бечелъизе руго. ГIандалги, цIунтIалги, цоги жамагIаталги магIарулал ккола. ХIал-зулмуялдалъун гуреб, киналго жамагIатазе бокьун, гIаммал мурадазе гIоло цолъана магIарул миллат. Росабалъ жиде-жидер мацIазда кIалъалел рукIарал ратани, батIи-батIиял жамагIатал цоцазда ричIчIиялъе чара гьечIого хIажалъана болмацI. ЧIамалисезул тарихалда, фольклоралда, маданияталда хурхарал баянал данде ракIарулел руго дица. РакIалда буго гьедин цо тIехь бахъизе. Щивав чиясулъ бессун рукIуна мацIги маданиятги. Щибаб рагIи ккола тарих. Гьединлъидал мацIазул тIалаб гьабизе тIадаб буго нилъеда. Дир дипломалъул хIалтIуде цIар букIана «ЧIамалазул хIакъалъулъ тарихиял баянал» абураб. Гьебмехалдаго, ай 1989 соналдаго, гьарурал цIех-рехазда рекъон, чIамалазул къоазарго чи вукIана. Гьанже 25-30 азаргониги ватила».


ЮНЕСКОялъул ахIи


МацIал гIемерлъиялъул рахъалъ Кавказалдаго тIоцебесеб бакI ккола Дагъистаналъ. ГIурусго гIадин, пачалихъияблъун лъазабураб 14 мацI буго республикаялда. Гьезда тIадеги «хъвай-хъвагIай гьечIел мацIал» абун цIар кьурал анцI-анцI лугъаталги руго. 2005 соналъул баяназда рекъон, Дагъистаналда гIумру гьабун вукIана 2 621 800 чи. 2002 соналъул хъвай-хъвагIаялъул хIасилал данде росидал, республикаялда  магIарулазул ватун вуго 758 438 чи. Северияб Кавказалъул киналго халкъазул мацIал тIагIиналда хIинкъи бугеллъун рикIкIана ЮНЕСКОялъ. Гьелъул магIна ккола унго-унгоги мацIал цIуниялъе квербакъулеб пачалихъияб программа гьечIилан абураб.


ПещтIезе кколел гьечIо


Болъихъ районалъул нухмалъулесул заместитель  ЖабрагIил Заурбековас бицана хъвай-хъвагIай гьаби гIодобе биччан унеб бугилан: «Киналго росабалъ лъикI унеб буго перепись, щибгIаги квалквал ккечIого. Рахьдал мацIги магIарул буго дир, переписалдаги магIарулавилан хъваларищха. ГIаммго район босани, цебесеб переписалда цо-цо гIандадерица бихьизабуна жал магIарулал гурилан. Амма гьедин хъварал цIакъго дагь рукIана. Исанаги гьебго сурат буго. ГьабсагIат районалда хIалтIулел руго микьго хъвай-хъвагIаялъул, 32 малъа-хъваялъул( инструкторлъиялъул) ва 131 хIисаб гьабиялъул участкаби. Перепись лъугIун хадуб ракIарарал баянал нижеца ритIула МахIачхъалаялде. Гьенисан гьел уна Москваялде. ХIасилал данде росизе гIезегIан заман бала. ТIасияб соналде гурони гьел къватIире кьей щакаб буго. Перепись тIобитIиялъе хIажатабщинаб къайи-цIаги буго нижер. Хъвай-хъвагIай гьабулезул суалазе жавабал кьезе инкар гьабиялъул, гьел рукъзабахъе риччачIолъиялъул цониги хIужа букIинчIо. Жакъа къаденахъеги переписалда тIасан райадминистрациялъул данделъи гьабизе бугилан лъазабуна Болъихъ районалъул нухмалъулев МухIамад ПатхIулаевас. Бихьизабураб болжалалде берцинаб къагIидаялда хIалтIи лъугIизабизе пикру буго нижер. Хъвай-хъвагIай тIобитIулезухъ хасал сумкабиги цойги хIажатал алаталги руго. ПещтIераби ругелги руго, амма пещтIезе гьаниб кколеб гьечIо. Цересел переписаздаги баянал ракIарарал, хIалбихьи бугел гIадамал хIалтIулел руго хъвай-хъвагIай гьабиялъул ишалда. Росабазул бегавулзабазда дандги бан, учительзаби ва цойги жигарал, жавабиял, лъай бугел жамагIатчагIи гъорлъе рачана гьаб хIаракаталда. Гьезул гIемераз гIахьаллъи гьабун букIана росдал магIишаталъул перепись тIобитIулелъулги. Гьаб хъвай-хъвагIаялдаса хадуб районалда гIумру гьабулел гIадамазул къадар бихьизабулеб тарих батIияб букIине бегьула. Ахирисел баяназда рекъон, 50 азаридаса цIикIкIун чи вуго районалда. Гьеб цIех-рех гьабуралдаса гьаниб рагъулаб шагьарги бана. Гьенир ругезул къадар районцоязулалда тIаде рехизе бугищали, кин дол рикIкIине ругелали жеги лъаларо. ЦIикIкIун гурони, дагьлъизе рес гьечIо гьанир гIадамал. КIудияб район буго. Росулъ ругел чагIи гурони, къватIире гочарал гьаниб тIобитIулеб переписалда гъорлъе унаро. Нижер районалдаса апараглъиялде унел чагIи дагьал гурони рукIунаро. Гьединлъидалги  магIарухъ чIарал районцоязул къадар цIикIкIине буго. Переписалъ гъорлъе вачине ккола щивав чи - кинида лъураб лъимералде гIунтIунги. Гьединал гIисинал лъималазе гIоло жавабал кьола умумуз».


Гьебго районалъул ГIанди росулъа МухIамад МухIамадов хIалтIулев вуго Болихъ районалъул администрациялъул бухгалтериялда отделалъул нухмалъулевлъун. Гьес гьадин абуна: «Паспорталдаги магIарулав вугилан хъван буго дица. Гьединго хъвазе буго переписалъул тIанчаздаги. МагIарул миллаталъе хилиплъулел цо-цо чагIи щай раккаралилан абуни, дида ккола гьел хъулухъазда ва гIарцуда хадур лъугьун ругилан. МагIарулаздаса ратIалъизе ругилан цере рахъарал ГIанди мухъалъул чагIиги я рихьичIо дида, я рагIичIо. МагIарул ва гIанди мацI лъала нижер киназдаго. МагIарул мацI лъаялъ киданиги квалквалги гьабичIо дие, кумек гурони. Гьеб миллияб мацI лъалеб букIин гIемер лъикI бугин рикIкIуна дица». Болъихъ районалъул нухмалъулесул хIинкъи гьечIолъиялъул рахъалъ заместитель ГIабдулдибир ГIабдулдибировсги гьебго пикруялъул рахъккуна: «Ниж магIарулал руго. МагIарулги гъодоберисезулги мацIал лъала нижеда. Гъодобери росдал гьоркьохъеб школалда магIарул мацIалъул дарсал кьола дир ясалъ. Гъодоберисезде, гIахьвалазде, гIандисезде, балъхъадериде цо миллат бикьизе бегьуларо. Гьайгьай, гьедин нилъ щущазаризе бокьаралги гIезегIан ратила. Амма гьел мурадалде щвезе гьечIо. Нилъ магIарулал руго».


МагIарул миллаталъе хисизе бегьуларо


«Щай дие къваригIун бугеб Дагъистан, Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа», - Расул ХIамзатовасул «Авар мацI» абураб машгьураб асаралъул гьел мухъал ракIалде щвезаруна республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутат АхIмад ГIазизовас: «Хъвай-хъвагIаялъул тIанчида «миллат» абураб бакIалда дица магIарулав вугилан хъвазе буго. Нижер ЦIумада районалда руго багвалал, чIамалал, хъваршисел, тIиндал – ункъо батIияб мацIалда кIалъалел жамагIатал. Хъвай-хъвагIай гьечIел халкъаллъун рикIкIуна гьел. ХIукуматалъ гьеб суалалда тIад хIалтIи гьабулеб букIарабани, хъвай-хъвагIайги букIинаан гьел мацIазул. Алфавитал гIуцIун руго. Амма гьел камил гьарулел гьечIо. МагIарул мацIалъ кIалъазе, цIализе ва хъвазе лъалел чагIи дагьлъулел руго, гIемерисел чагIи шагьаразде рахъиналъ. Шагьаразда ругел лъималазда эбел-инсул мацI лъалеб гьечIо. ГIузраби гIемерал руго. Жакъа нилъ магIаруллъи бикьизе лъугьанани, гьелдасан хайир бахинин кколаро дида. Дицаго гIадин, кинабго дир хъизан-агьлуялъги магIарулал ругилан хъвазе буго. МагIарул ва багвалазул мацIалги лъала лъималазда. Депутат хIисабалда кIалъазе вахъарал гIемерал бакIазда дица абула нилъер Дагъистаналъул берцинлъиги чIухIиги кколин батIи-батIиял миллатал, мацIал рукIинилан.  МацIал лъалел гьечIо. Хас гьабун гьел цIунизе ккани, программаги гIуцIун, гIарац биччазе кколеб бугоха гъолъие. ЗахIматаб масъала ккола гьеб – учительзаби хIадури, лъималазда ва умумузда гьелъул кIвар бичIчIизаби… КIудияб хIалтIи кколеб буго гьелъул. Школалда цIалулеб мехалъ рекIехъе лъазабураб «МагIарул мацI» абураб Расул ХIамзатовасул кечIалъ кIудияб асар гьабуна дие… ЦIумада районалда гIемерисез жал магIарулал ругилан хъвазе буго.  Багвалазул ва чIамалазул жамагIатазул цIакъго къанагIатал чагIаз гурони магIарул миллаталъулгун къомех-лъикI гьабизе гьечIо. ЦIумада районалда багвалазул ункъо росу буго – КIванада, Хуштада, Лъондода, Гьимерсо. Гьединго нижер кIиго росу буго ГIахьвахъ районалдаги – Лъисси ва Лъибищо. АнцIазаргогIан чи вуго нижер. ООНалде хьулдарулел течIого, Россиялъул ХIукуматалъ кIвар кьолеб букIарабани гIисинал мацIазде, гьел суалал рижичIого хутIизеги бегьулаан. Рикьизе бокьиялъул цоги гIилла буго хъулухъазда хадур лъугьин. Амма кинан бицаниги, «дун магIарулав вуго» абураб рагIиялдаса инкар гьаби – гьеб квешаб иш буго. МагIарул миллаталъе нилъ хисизе бегьуларо. МагIарулаллъун, авараллъун рижун ругелъул, гьеб цIар цIунизе тIадаб буго нилъеда. «МагIарулав, аварав» абураб рагIул къиматги гьабун, миллаталъул бицунеб бакIалда гьеб калам хIалтIизабизе ккола нилъеца».


 Гьединабго пикру загьир гьабуна журналист ва преподаватель ТIайгиб Мусаевасги (ЦIунтIаса), хIалхьиялда вугев милициялъул хIалтIухъан  Шамсулвара МухIамадовасги (ГIанчихъа) ва гIемерал цогидазги.


«Дир магIу бачIана бадиса къватIиб, Къана данде цаби, вахъана тIаде. Аваразул калам, гьелъул камиллъи! Кинабго черхалда лъикIлъана ругънал» (Расул ХIамзатов, «Авар мацI»).


2010 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +109
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook