Авторизация

Улка-ракь гIемерав квер гьечIев Сурхай цо къо къалъилелде кверде восана

Миллатцоял

Улка-ракь гIемерав квер гьечIев Сурхай

Цо къо къалъилелде кверде восана


ХицIиб Надир-шагь щущазавуралдаса 270 сон сверана


15 сентябрь Дагъистаналда лъазабун буго республикаялъул халкъал цолъизариялъул къолъун. 15 сентябрь байрамлъун гьабиялъе  тарихияб  кьучIлъун  босун  буго  бащдаб  Азиялда  кверщел гьабурав  персазул Надир-шагь 1741 соналъул  хаслихъе  гIандалазул ХицIиб  магъилъ  дагъистанияз  щущахъ  вихххизави.


ТIадчагIи – Гъумекире,  «Вацлъи» - ХицIиб магъилъе


Жакъасел дагъистаниязда гьоркьоб дагIба-къец буго, кинаб миллаталъ гьеб бергьенлъиялъулъ аслияб бутIа лъурабин абураб суалалда тIасан. БахIсал кколел руго  магIарулазда ва тумазда гьоркьор. Надир-шагьас тумазул ханлъиги гьезул шамхал Сурхай-ханги кверде росун рукIиналда цониги тарихчияс дагIба гьабулеб гьечIо. ТIарамагъадисеб бергьенлъиялъул рагъ магIарулазул ракьалда, Сугъралъ росдал ХицIиб магIилъ, ккараблъиги киназего якъинаб буго. Гьединги букIаго, Дагъистаналъул президент МухIамадсалам МухIамадовас байрамалъул тадбирал тIоритIана, ХицIиб гурел, тумазул Гъумеки росулъ.


 Гьединаб ритIухълъи гьечIолъиялъ 15 сентябрь Дагъистаналъул халкъал рикьизарураб къолъун лъугьанилан бицана  тарихчи ва «Новое дело» газеталъул бетIерав редактор  Маркъо ШагIбановас: «Миллатал цолъиялъул байрам гуреб, гьел ратIалъизарулеб тадбирлъун лъугьана республикаялъул праздниклъун лъазабураб 15 сентябрь. Цолъиялъул къолъун лъугьине бокьунго букIинчIеб гIадаб хIисаб буго, гьеб къо «кIодо гьабураб» куцалъухъ балагьани. Идея, пикру гIезегIан лъикIаб букIана. Амма гьеб мекъаб къагIидаялда гIумруялде бахъинабуна. Республикаялъул нухмалъулезул хьвада-чIвадиялъул халгьабуни, Надир къезавиялъулъ магIарулазул гIахьаллъиго букIинчIеб гIадин чIезабизе гьезие бокьун букIин загьирлъулеб буго. Тумалги рокьула дие. Гьезулгун гIагарлъиги буго. Амма Надир щущазавураб рагъ Гъумекиб ккечIоха. Надир-шагьасда тIад бергьенлъи боси Гъумекиб кIодо гьаби дида бичIчIичIо. Гьелъул магIна щиб? Гьелда тIадеги, МуртазагIалие памятникги рагьана Гъумекиб, Надирида тIад бергьенлъи гьес босанилан чIезабизе къасдгун. Гьединаб ритIухълъи гьечIолъи тарихалда сверухъги гьабулеб бугони, кинха 15 сентябрь Дагъистаназул киналго миллатазе халкъияб байрамлъун лъугьинеб?»


Пачалихъияб гуреб культуриябгун тарихияб аваразул «Вацлъи» идараялъ, санайилго гIадин, исанаги 15 сентябрь кIодо гьабуна ГIандаллъиялъул ХицIиб магъилъ. Гьелъул хIакъалъулъ гьадин бицана  «Вацлъиялъул» хIаракатчIужу Зайнаб ГIалимирзаевалъ: «Цересел соназдаго гIадин, исанаги ХицIиб магъилъ бугеб «ВатIан» абураб хъалаялда Надир-шагь щущахъ виххизавиялъул хIурматалда маданиял тадбирал тIоритIана нижеца. Гьенире рачIун рукIана гьеб «ВатIан» музеялъул нухмалъулев МухIамад Абакаров, Сугъралъ ва МохIоб  росабазул бегавулзаби МухIамад ХIажигIумаров ва Исрапил МухIамадов, «Гъунисезул гIолилазул союз» абураб гIуцIиялъул хIаракатчагIи, ИТИМОялъул студентал, табасараназул «Табаристан» гIуцIиялъул вакил ГюльахIмад МалагIалиев ва цогидалги. Байрамалъулал дандеруссиназдаса хадуб «ВатIан» хъалаялъул сивуниб цIаги бана нижеца».


Дагъистналъул халкъал цолъизариялъе ва цIа баялъул миллияб  гIадат цIигьабизе бахъараб хIаракаталъухъ РФялъул ХIукуматалда цебе гIуцIараб Россиялъул пачалихъияб рагъулаб ва тарихиябгун маданияб централъ (Росвоенцентр) дипломал кьуна «ВатIан» музеялъул нухмалъулев МухIамад Абакаровасеги «Вацлъи» ДРООялъул нухмалъулев МухIамад ГIабдулхIалимовасеги. ГIолилазе патриотикияб тарбия кьеялъулъ лъураб бутIаялъухъ гьебго Росвоенцентралъ хасал грамотабаздалъун кIодо гьаруна «ВатIан» комплекс барав политик ХIамзат ХIамзатов, Надир-шагь щущазавиялъул хIакъалъулъ «Крах» роман хъварав хъвадарухъан Шапи Казиев, Дагъистаналъул халкъал цолъизариялъул къоял тIоритIиялъе квербакъарав Гъуниб районалъул нухмалъулевлъун вукIарав ГIабдулхIалим Мачаев ва «Вацлъи» гIуцIиялъул нухмалъулесул заместитель, публицист, дизайнер МикагIил МикагIилов.

«ГIаданчи щолареб уцумизул ракь, -

Гьенив мун щваравго, гьелги хIинкъана».

Ахлакъовас данде гьабураб аваразул шигIрияб эпосалда гьадин хъвалеб буго:

«Гьебщинаб улка-ракь квердеги босун, Босанщинаб улка цадахъги бачун, Багъарана гъажар доб Гъолодебе: Я дал гъолодесел женца таниги, Ибрагьим-хан чIварал теларин абун. Ибрагьим-хан чIварал цIеца рухIана, ЦIаракухе ясал рехерхун ана, ЦIа тIамун къвагъана къамищул рукъзал. Мисри-Шамалдасан хвалченги босун, Хадусиналдасан магъало босун, Къилбагимо КагIба къваридги гьарун, Халбат шагьаралъул боялги рачун, ГIивуде къачIараб гъанза бацI гIадин, КъачIана Таймасхан Дагъистаналде. ГIаданчи щолареб уцумизул ракь, - Гьенив мун щваравго, гьелги хIинкъана. Гьебщинаб улка-ракь квердеги босун, Босанщинаб улка цадахги бачун, Багъарана гъажар доб Гъомекибе, Къивуда Сурхайил хIал бихьизелан. Улка-ракь гIемерав квер гьечIев Сурхай Цо къо къалъилелде кверде восана. Сверухъ цIар рагIарай Сурхайил ГIайшат Гьев гъажарасулгин босен цолъана. Гьебщинаб улка-ракь квердеги босун, Босанщинаб улка цадахги бачун, Багъарана гъажар ГIандаллъиялде… МохIоб ЧIалда гьоркьоб чадиралги чIван, ГIабхъадерил магъилъ чуялги рухьун, Бухтибгиму Шитлиб цIаялги ракун, ХицIибе магъилъе рагъги тIибитIун, Балеб ахIи буго Дагъистаналде… Гьеб-добалъул бицун ниж рагъулаго, КIалъазе рекIарав хваяв Таймасхан: «Балагье, балагье, квер гьечIев Сурхай, Дирал боязухъги, дур боязухъги. Цингиги балагье, квер гьечIев Сурхай, Дирал кутузухъги дур гIункIкIазухъги». – Бицуге, гъажарав, гьединаб хабар, - Тирула-сверула гьаб бакъул дунял. БацIил гIамал бугел гьал магIарулал, - Метериса лъала дуда гьазул хIал».


Жинца асир гьавурав Сурхай-ханасда кIалал гьикъизе рес щун буго Надирие. Амма Сурхайица гьесда ракIалде щвезабулеб буго аварал ва Аваристан эркенго рукIин ва лъиениги мукIурлъулареб магIарулазул гIамалалъул бицунеб буго.

« – ТIаде щвараб къукъа – Хунзахъ Дайтилал,

ТуманкIул кIкIуйдуца дунял къвагъарал».

ГIандалал лъугьуна вахIшияб рагъде: «…Гьединаб хIалалда ниж рагъулаго, Хъван кагъат битIараб хундерил боде, Гьадин ругин абун, лъикI гьечIин абун, Сверун къужрузги ккун, къварид ругилан. Гьеб кагътил мухIканлъи жидехъе щведал, КъачIалел рагIула Хунзахъ Дайтилал, БацIил лъулдул ругел туманкIал росун, ХIанчIил бер толарел хъирмал хъатикь ккун, Маххул къулдабигин, къатIипа ретIун, КIалалъ махх букъулел чуялги рачун…»


МагIарулазул цIияб бо миллатцоязе, гIандалазе кумекалъе бачIиналъул гьадин бицунеб буго аваразул халкъияб кочIолъ: «… Цо гъугъай бахъана жазаилазул, Цо гъугъай бахъана истампулазул. КIалъазе  рекIана довго Таймасхан: - Дуе гIумру кьеяв квер гьечIев Сурхай, ТIаде щвараб къукъа щиб рахъалдасан?... – ТIаде щвараб къукъа – Хунзахъ Дайтилал, ТуманкIул кIкIуйдуца дунял къвагъарал, Бицунел рагIичIищ

лъикIал бахIарзал?... – Дир бугеб улка-ракь дир ани, Сурхай, Дур Хунзахъ Дайтилал дир ани, Сурхай…» Асирлъарав Сурхайилгун Надирил накъит хIисабалда эпосалда рехсарал гьел мухъазул магIна кколаро гIандалалги, Хунзахъ Дайтилалги, «бацIил гIамал бугел» тIолалго магIарулалги Сурхайил бетIерлъиялда гъоркь рукIанин абураб. Кинаб бетIерлъи букIунеб асирасул? Гьесул вас МуртазагIалиги, гьардухъан хIисабалда, квербакъеян гьара-рахьигун ун вуго Хунзахъе. Гьединаб буго тарих. МагIарулазул тарихчагIазда тIадаб буго, 270 соналъ цебе нилъер умумул гIадин, гьеб ритIухълъиялъе гIоло къалмидалъун, рагIудалъун къеркьезе: «Жакъа чучарасул чилъи бухIайги, Чучун вагъарасул лъадул цIар ккайги. Жакъа чучаравги дир чукъа гуро. Чучун вагъававги дир гьалмагъ гьечIо». ( Гьедин гIакIа ахIулеб букIун буго 270 соналъ цебе ХицIиб магъилъ).


Доб кIудияб рагъул ахиралъул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго аваразул эпосалда: «Гьениса лъутараб гъажаразул бо, Нахъ хвалчен бацIараб гIолохъабаца. ЦIоралъул коразда курмул цузегIан, - Гьединаб хIалалда щвезе гьаруна".


2011 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +166
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook