Авторизация

МагIаруллъиялда ВатIан цIуниялде тIоцебесеб шаргIияб ахIи!

КигIан мех гьоркьоб аниги, гIасраби свераниги Аллагьасе гIоло  умматалъе, миллаталъе  гьабураб ишалда саву кколаро, гьеб букIуна цогидазе мисаллъун, нахъе ругезе дарслъун, гIун рачIунезе нухмалъилъун. ГIемерал ишал руго  магIарул церехъабаз, гIалимзабаз ватIан цолъиялъе гьудуллъи щулалъиялъе гьарурал. Гьезда гъорлъа   бищунго кIвар кьезе ккараздаса цо хIужжа  буго ГIурадаса Ибрагьим-хIажияс Надир-шагьасухъе битIараб кагъат. ГьанжелъизегIан дицаги толеб букIана гьеб бугин  гIалимас зулмучиясухъе хъвараб кагъатилан. Амма тIадвуссун цIалун, лъикI хал гьабидал, гьеб буго унго-унгояб рагъуе кьураб фатва1 . Ибрагьим-хIажияс Аллагьасда цебе жидеего рагъде рахъине нух букIин бихьизабулеб буго Къуръаналдаса аяталги далилалъе рачун. Гьелдаго цадахъ гIалимчияс цIунулеб буго кагъат хъваялъул ва сиясаталъул рахъ. ГьечIо цониги тушман къабихI гьавулел дандияв инжит гьавулел рагIаби. Гьелъул гIаксалда гьес тIаде рачIаразе сипат гьабулеб буго, «къуватал, аскар гIемерал» чагIи абун. Кинниги Ибрагьим-хIажиясул гIодов виччайги, Аллагьасде тIамун бугеб таваккалги бихьидал ракIалъе рахIат бачIуна. Добгощинаб къуватги бакIарун магIарухъе рачIарал чагIазда данде гьес хъвалеб буго: «АлагьасхIайги нижее бокьун гьечIо нужгун рагъизе, гьанжеялдего бергьине рукIин лъанигицин», - гьаб буго иманалъул щулалъи ва ТIадегIанасде тавакал тIамиялъул камиллъи. Гьелдаго цадахъ Ибрагьим-хIажияс вализабазул дугIаги къабулаб букIунеблъи ракIалде щвезабулеб буго2 .  

Гьаб кагъат цохIого-цо Надир-шагьасухъе хъвараб гуро. Гьаб кагъаталъул щуго нусха (копия) гьабун чапарзабаз магIарулълъиялъул щибаб жамгIияталъухъе щвезабуна.    ТIолго магIаруллъи  ва Дагъистан  бараб ахIи ялда нахърилълъун къватIире рахъун рачIана. Гьезие мухзIканаб далил щвана рагъде рахъине бегьяилъул.  Цо-цоял рагъиладай рагъилародай абун вас-васалда рукIун ратании, гьалъ ватIан цIунизе ккеялде ва къватIире рахъиналъе щибго щаклъи толеб гьечIо. Гьаб ахIиялъул хIасил киназего машгьураб буго - ГIандалазул ракьалда Персазул хан Надир шагь жиндирго аскаразул хутIелалгун гъоркьго къайи – цIаги тун лъутана.
 
ГIурадаса Ибрагьим-хIажиясул Надир-шагьасухъе кагъат
ФАТВА


Бисмиллагьи ррахIмани ррахIим.  Зобал эхетарав ва гьел цIвабзаздалъун берцинги гьарун, Жиндирго хIалкIолъиялдалъун хьвадизеги тIамурав магъриб- машрикъалъул ПарчахI вуго  Гьев Аллагь.  Гьесие буго рец, Жив дица рагIун кIодо гьавун веццулев   Гьесул аятазухъ, Гьесие буго шукру  дица пикру гьабидал киндай гьаб заоб-ракь Гьес бижанаян.  Рец гьабула гьединго Аллагьасул Расуласе, дунялалда ругелщиназухъе жив витIарав, жив Макка-Мадинаялда вукIарав, жив кIиябго рукъалъул хвасарлъилъун вугев, шаригIат билълъанхъизабиялъ унти тIаса босарав. Гьесул умматалдаги лъеги Аллагьасул салам, асхIабзабаздаги лъеги, хъизан агьлуялдаги лъеги. Амин  ва амин.

Гьидерил рахъалдасан!

Бисмиллагьи ррахIмани ррахIим! БитIараб нух ккурал ракълида хутIаги!

Гьаб буго къуватал гIадамазухъе хитIаб – жалги бусурбабазул вилаятазда рещтIарал, ва жидеда дандечIей гьабизе бажарулареб аскаралъул бетIергьабазухъе. Нуж, иман лъурал бусурбаби ругел росаби талавур гьаризе рачIун рукIин бихьулеб буго. Нужеда гъорлъа ккола тIадехун нижер хитIаб жидеде бугезул хасго шамхал абун машгьурав  Таркиялдаса Хасбулат.
Аллагьас цIунайги нижги нужги  кIиябго дунялалда рекIекълъизе кколеб жо гьабиялдаса. Амин.

Хадуб
 
Ниж, гьид, къватIире рахъана нижерго ракьаздаса, къварилъиялде ккарал мадугьалзабазул кумекалъе бараб ахIуе  жаваб гьабун. Гьеб ахIи чанги букIана, нижеца цересел тун рукIана кIвар гьабичIого. Ниж, гьидерца доб мехалъ хIукму гьабун букIана нуж Къуръаналъул аяталда нахърилълъунел ратилин абун (магIна): «… нужеда данде чIаразда данде нужги чIа ва Аллагьасдаса хIинкъа ва лъай, Аллагь Жиндаса хIинкъулезул рахъалда вукIин».3

Нижеца хъвалеб буго нужехъе, къуватги бугел гIемераб аскарги бугел бутIрул! Нижер хьул буго бусурбабазда гьоркьор ругел питнаби лъугIиялъе сабабалъун ккеялде. Гьелъ нижеца абулеб буго: «Ле, Таймазил къокъа (Надир-шагь) нужеца Сурхай-ханасдаса рецIел босана. Гьес нужер ракьаздаса бакIарараб хазинаги   нахъе бахъана, гьесул гIадамалги нужеца цо нухалъ гъурана. Гьанжеги щибха нужее къваригIун бугеб Дагъистаналъул бакI-бакIазда ругел росабаздаса? Шамхал ГIаймакисезул мегIер тун эхеде вачIун вукIинчIевани, гьесул гьеб иш рецIел босилъун букIинаан».

Аллагьасе гIоло Гьесул рагIиялде гIинтIаме (магIна): «Ва нужги рукIунге нужерго рукъзабахъа къватIире (рагъде) ракI регьун ва гIадамазе рихьдаего рахъаразда  релъун. Ва жидеца гIадамалги Аллагьасул нухалдаса нахъчIвалезда релълъун. Ва Аллагьги гьезул гIамалалда сверун лъугьарав вуго».4 Яги: «Дуца рехсе шайтIаналъ гьезие жидерго гIамалал берцин гьарураб гIуж ва гьелъги гьезда абураб: «Жакъа нужедаса бергьунев чи гьечIо гIадамазда гъорлъ….»5 ,- абун. Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул аят: «Аллагьасул мажгитал чIунтизаризе жал хIалтIарал, гьениб БетIергьанасул цIар рехсезе гIадамал гьукъарал залимзабаздаса хъубал чагIи щал ругел? …. Гьезие гьаб дунялалда буго хIакъирлъи ва басралъи, ахираталдайин абуни цIакъго кIудияб гIазаб»6 .

Гьадинаб магIнаялъул аят буго Къуръаналда (магIна): «Нуж релълъунге рагIараб мехалдаги рагIуларезда. ЧIухIуге нуж гIемер рукIиналдаса, ва къапилабаз нужее дандечIей гьабулеб гьечIеблъиялдаса».  

Гьединго Къуръаналда абулеб буго (магIна) : «нужер къокъаялда кIвезе гьечIо нужее гIоло щибго жо талавур гьабизе, кигIан эб гIемер бугониги. Квербакъи букIуна гIицIго Аллагьасдаса. Гьединаб буго Аллагьасул амру. Гьесул хIалкIолъи гIорхъи гьечIеб буго, цояз цогидал къуваталги къезе гьарулеб».

Аварагасул хадис буго: «Зулму-ракьалда  Аллагьасул ритIухълъи бихьизабулеб къагIида гуро. Зулмучиясдалъун цин цоясдаса къисас босула, хадубго досдасаго рецIелги босула».

Нуж нахърусса нужерго ватIаналде, я  къуватал ва гIемераб аскар бугел гIадамал! ТIадегIанав Аллагьасе гIоло гьабе гьеб иш, нужерго берцинаб цIаралдалъун. Амма, лъайха  щиб жо   кколеб валиясул дугIаяли.

Свалат салам лъеяв Аварагас абуна: «Аллагьас цо жо нахъ чIвани цогидаб кьола». Гьединго свалат салам лъеяв Аварагас абуна: «Цо къо нилъее пайдаяб бачIани, цоги къо нилъеда данде бугеб бачIуна».- абун

АлагьасхIайги нижее бокьун гьечIо нужгун рагъизе, гьанжеялдего бергьине рукIин лъанигицин.

Гьанже хас гьабун шамхалил хIакъалъулъ абила, щай гурелъул нижеда гьоркьоб умумулъанго бугеб бухьен букIиндал. Къуръаналда абулеб буго (магIна): «КIиго бусурбабазул  къукъа багъизе лъугьиндал нужеца гьезда гьоркьоб рекъел маслихIат гьабе. Гьел къокъабазул цояб цогидалда тIаде кIанцIани нуж гьезда данде рахъа ва рагъе гьеб къокъа чIван лъугIизегIан». Ниж, гьид нижерго ракьаздаса къватIире рахъана гьеб амруялда нахърилълъун.

Нуж – къуватал ва аскар гIемерал тIадчагIи  унел руго мекъаб нухалда бусурбабазул биялги тIолаго. Нужеда ккоге, жакъа нуж ругеб къо, магIарулазул би тIолеб къо бугилан. Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Цо заманалда къварилъиялда вукIарав цоги заманалда хвасар гьавула. Гьаб буго цебе чIухIараб ракI букIарасе ракIалде щвей, гьединлъидал мун гIенекке…».

Я къуватал ва гIемераб аскар бугел тIадчагIи. Нужеда ратани ракIал хIажатаб мехалда нужеда гIородриччазаризе кIоларел, яги гIундул, хIажатаб жо рагIуларел, гьеб ккола ТIадегIанав Аллагьас  жидер ишал пайда гьечIеллъун ккаразул хIакъалъулъ абураб жо нужееги хасаб (магIна): «Дуца гьезда абе, МухIаммад! «Дица нужеда бицинищ щив вугев ахираталде щварав мехалъ жиндир кинабго гIамал гIадада хвараблъун батулев чи», - абун. Гьел руго дунялалъул рокъоб жидеца гьабулеб гIамал батIулаб букIарал гIадамал. Жидеда ракIалдеги кколеб букIарал жал цIакъ лъикIаб гIамал гьабулел руго абун.

Ахираталда жидер гIамал батуларел, гьелъул ажру-кири щоларел, гIадамал руго жидеца Аллагьасул каламалда инкар ккурал, ахират букIиналда инкар ккурал, гьеб сабаблъун жидер гIамалал гIадада хварал. Къиямасеб къоялъ гьезул (гIамалазул) Аллагьасда аскIоб  щибго къимат букIунаро ва цIадирабазда тIад бакIлъиги букIунаро. Гьел гIадамазе бугеб жазаъ жагьаннама буго, жидеца Аллагьасда аскIоб инкар ккун букIиналъе гIоло. Жидеца Аллагьасул расуласги гьесде   рещтIараб тIехьги гьереси гьабун бугелъул, гьел махсародеги ккун ругелъул»
7 .    

Ниж нужер рагIиятлъун кколаро. Нужее яги цогидазе  жизьят кьезеги нижеца кколаро.  Гьединго ниж мушрикиналги гуро нужеца нужерго диналде ахIизе рукIине.

Нуж, къуватал  гIадамал ва аскарал гIемерал церехъаби! Нужеца гьаб нижер хитIаб ахиралде щвезегIан цIаличIони, ниж, гьидерица, Аллагьасде таваккал тIамизе буго. Нижее гьаниб жаваб букIине буго гIицIго цохIо – ТIадегIанав Аллагьас нижеда (бусурбабазда)    малъараб куцалъ. Аллагьасул Калам нижее гIунги тIокI буго, щай гурого гьеб бищунго лъикIаб нухмалъилъун бугелъул.

Къуръаналда абулеб буго (магIна): «…Чанги дагьаб къукъа гIадамазул бергьана гIемерал боязда данде рагъун Аллагьасул изнуялдалъун, Гьесул хIукмуялдалъун. ХIакълъунго  ТIадегIанав Аллагь жидеца сабру гьабулел гIадамалгун цадахъ вуго, гьезие квербакъулевлъун ва гьезие бергьенлъи кьолевлъунги»8 . Цо нухалъ букIараб букIине буго цоги нухалдаги.

Цо гIакъиласул рагIи буго: «РитIухълъигун цевехун унев ахир-къадги бергьуна, ритIухълъиялдаса къуркьарав ахир-къадги гьалаглъула».

Хъвана Ибрагьимил ГIурадиясул рагIабаздасан
I741 абилеб сон

1. Фатва- шаргIалда рекъон гIалимчияс (гIалитмзабаз) гьабулеб хIукму.

2. Бицен буго Дагъистаналъул вализабаз, шайихзабаз дугIа-гьабун кутакаб цIорой бачIанила мугIрузде. Гьелъги квербакъанила бергьенлъиялъе. МачIадаса Хадис жиндирго мутагIилзабигун муридзабигун будалаал рукIунел мугIруздеги рахун балагь тIаса босеян Аллагьасе гьари балел рукIун руго чанги анкьаз.

3. Сура Ал-Бакъара аят 194

4. Сура Аль-Анфаль аят 47

5. Сура Аль-Анфаль аят 48

6. Сура Ал-Бакъара аят 114

7. Сура Кагьфи; аятал 103-106

8. Сура Аль-Бакъарат; аят 249


Автор: МухIамадрасул ГIумаров

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook