Авторизация

МагIарул мацIалда «Дербенд-наме»

 

ЦеберагIи

 

Ахираб заманалда гIалимзабаз цIакъго кIудияб кIвар кьолеб буго нилъер рухIияб бечелъиялъул цIех-рех гьабиялде. Хасго хIаракат бахъулеб буго Дагъистаналъул тарихалда, гIадатазда, умумузул гIумру-яшавалда хурхарал, квералъ хъван гьез нахъе тарал хъвай-хъвагIаязул цIех-рех гьабизе. Гьелдаго цадахъ тIадчIун бицунеб буго имамзабазулги Кавказалъул рагъазул тарихиял хIужабазулги. Гьеб бицине рекъарабги мустахIикъабги буго, щайгурелъул Кавказалъул халкъазда бихьана гIемераб гIакъубаги, ракъиги, къварилъиги.  Гьединго бицунеб буго  Кавказалъул рагъазда цебесеб ва хадусеб заманаялъул хIакъалъулъги. Амма  къанагIат гурони рехсолеб гьечIо нилъер цIакъго цебесеб тарих. Хасго мукъсанал баянал руго бусурман дин тIибитIизегIан Дагъистаналдаги магIаруллъиялдаги букIараб ахIвал-хIалалъулги гьеб заманалъул гIадамазул гIумру-яшавалъулги хIакъалъулъ.

Нилъеда лъала,  хIуригат бахъизегIан Дагъистаналъул кинабниги тарих гIараб хъвай-хъвагIаялъул кьучIалда букIараблъи. Гьеб тарих нилъеда лъазе рес гьечIо гIараб хъвай-хъвагIаялдасан   гурони. Гьединлъидал нилъ раккизе ккола гIараб, ялъуни гIажам тIахьазде.

Инкъилаб ккезегIан, Дагъистаналда кинабгIаги маданият, хъвай-хъвагIай букIинчIилан чIезабизе хIаракат бахъулел чагIи гIемер рукIана магIарулаздаги цогидал миллатаздаги гьоркьор. Гьелде тIадеги, гьез дагъистаниял, хасго магIарулал, рихьизарулел рукIана жагьилчагIи  рукIарал гIадин. Гьединаб маданиятги, хъвай-хъвагIайги, гIалимзабиги рукIинчIел ратани,  кисаха  бачIараб жакъа нилъеда бихьулебги батулебги бугеб, рикIкIунги цIалунги хIал кIолареб рухIияб бечелъи? Къудукьа Мусал МухIамад, ГIободаса ШагIбан-къади, ГIаймакиса Абубакар, ГьаракIуниса СагIид, Хунзахъа Дибир-къади  ва цогидалги гIалимзаби гьечIищ магIарул бечедаб маданияталъе нугIзаллъун.

ГьанжелъегIан нилъер гIалимзабаз гьарурал гIелмиял цIех-рехазул хIасилалда рекъон, жакъа тIолго дунялалда лъала дагъистаниязул гъваридаб гIелмуялъул ва бечедаб рухIияб адабияталъул ирс.  Дагъистаналъул ГIелмияб централъул Тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталда бугеб Квералъ хъварал асаразул фондалда цIунун ругел хIалтIабаздасан бихьулеб буго, Дагъистаналъул гIалимзаби гIицIго диналъул хIаракатчагIи рукIинчIеллъи. Гьел рукIана диналъул церехъабилъунги, шагIирзабилъунги, тарихчагIилъунгиги. Гьеб кинабго цадахъ бачинеги бажарулеб букIана гьезухъа. Гьеб гуребги,  хадуб гьел гIалимзабаз цохIо гIараб мацIалда гурелги,  жидерго рахьдал мацIаздаги хъвалел рукIана тарихиял асарал, кучIдул,  харбал ва гь.ц. 

ГIараб алфавитги кьочIое босун, магIарул гьаркьазе данде кколедухъ  тIоцебе алфавит гIуцIана, машгьурав гIалимчи Харахьиса ТIайгибца. Гьанибги бокьарав чиясул суал бачIине бегьула,  гIарабалъ хъвачIого щай гьез магIарулалъ хъвалеб букIарабилан.   Щайгурелъул, гIараб мацIалда цIализеги хъвазеги  лъалел чагIи Дагъистаналда, хасго магIарухъ, гIемер рукIинчIо. ГIараб цIализеги, гьеб бичIчIизеги къваригIунеб букIана батIи-батIиял гIалимзабахъе,  росабалъа росабалъе хьвадун гIемерал соназул цIали. Доб захIматаб заманалда киназулго рес букIинчIо гIелму тIалаб гьабун росабалъа росабалъе хьвадизе. Киназго бекьизе кколаан хур, хьихьизе кколаан боцIи –  хIаракат бахъулаан хъизан бакъичIого букIине.  Халкъалда динги лъазе, гьелъул аслуги битIун бичIчIизе ургъараб букIана гIажам хъвай-хъвагIай. Къуръан цIализе лъалев чиясухъа бажарулеб букIана гIажамалъ хъвараб жо цIализеги.

Ахирияб анцIго соналде щвезегIан, гIажамалъ  хъварал асаразде кIудияб кIварго кьолеб  букIинчIо. ТIоцебе гьезде кIвар буссинабурав чи вугин абизе бегьула, мунагьал чураяв ГIободаса Сиражудин ХIайбуллаев. Гьес дандеги гьарун, гIажам хъва-хъвагIаялдаса кирилицаялдеги рачун,  къватIире риччана рикIкIен гIемерал гьединал мажмугIал. Хасго кIудияб кIвар гьес кьолеб букIана литературиял асаразде. Амма тарихиял тIахьал гьединаб къагIидаялъ къватIире риччалев чи къанагIат гурони вукIинчIо. ЦIакъго къанагIат гурони гьечIо гьел жакъа къоялдаги.

Гьединал тарихиял асараздаса цояблъун ккола «Дербент-наме», яги гьелъул бетIералда хъвараб «Дагъистан гIарабаз   бахъиялъул тарихалъул тIехь» –  كتاب تواريخ فتح الداغستان.   Гьеб буго къокъ гьабун гIарабалдаса магIарул мацIалде буссинабураб тарихияб асар.

XVIII-абилеб гIасруялдаса байбихьун, гIараб мацIалда гьеб тарих хъварав чи щивали  чIезавизе хIаракат бахъулеб букIана гIемерал гIалимзабаз. ЦIикIкIарасел гIалимзабазул пикруялда рекъон, «Дербент-наме» хъварав чилъун рикIкIунев вуго, гьанжесеб Хасавюрт районалъул Эндирей росулъа МухIаммад Аваби Ахъташи абурав гIалимчи.  Гьелъул хIакъалъулъ бицунеб  буго 1727 соналда, машгьурав гIалимчи  Ф.З. Байерица «Дербенталъул буцур» абураб макъалаялдаги. Гьединго гьелъул хIакъалъулъ хъвалеб буго Г.-Ю. Клапротицаги. Гьел кIиялго тарихчагIазул макъалабазда рехсолел хIужаби тасдикъ гьарулел руго Дагъистаналъул машгьурав гIалимчи ГI.М. ГIалиханов-Аварскиясги.  Гьесги  гIараб мацIалда гьеб тарихияб асар хъварав чилъун чIезавулев вуго  дов тIадехун рехсарав МухIаммад Аваби Ахъташи   абурав гIалимчи.

ТIоцебе магIарул мацIалда хъвараб гьаб тарихияб асаралъул хIакъалъулъ бицен батула ГIамри ШихсагIидовасги, Тимур Айтберовасги, ХIасан Оразаевасги данде гьабураб «Дагъистаналъул тарихиял хъвай-хъвагIаял»  абураб тIехьалда [А.Р. Шихсаидов. Т.М. Айтберов. Г.М.-Р. Оразаев. Дагестанские исторические сочинения. М., Наука, 1993. С. 180].  Т. Айтберовас гьениб хъвалеб буго, гьеб тарихияб асаралъул магIарул таржама ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамадил китабханаялда бугилан. ЦохIо гьеб тарих гуребги,  гьеб мажмугIалда жанир рукIин рихьизарулел руго цоги батIи-батIиял тарихиялги,  хундерилги гъази-гъумекдерилги ханзабазул насаб чIезабиялъул хIакъалъулъги хъвай-хъвагIаялги.  Гьелда хурхун цо гьитIинаб баянги кьезин.

XX-абилеб гIасруялъул 80-абилел соназда, мунагьал чураяв ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамадица гьеб мажмугI бачIун буго живго хIалтIулеб Тарихалъул, мацIазул ва адабияталъул институталде босун. Гьелдаса жидеего суратал рахъун  фотокопиял гьарун руго Тимур Айтберовасги ГIамирхан ГIисаевасги. 2011 соналъ, дица магIарул мацIалда хъварал тарихиял хъвай-хъвагIаязул цIех-рех гьабулеб бугин бициндал, ГI. ГIисаевас дихъе росун рачIана цо гьитIинабго чIегIераб кагътилъ жемарал суратал. Гьел ругоан доб мехалъ, гьадаб мажмугIалдаса рахъарал «Дербент намеялъул» суратал. Гьеб мажмугIалда бугеб колофон [Колофон – тIехьалъул ахиралда букIунеб, авторасул цIарги, хъвараб бакIалъул баянги бихьизабураб бакI] цIалидал,  дун цIакъ вохана.  Гьеб хъварав чи вугоан дирго кIудияв инсулги кIудияв эмен, кIиябго ХIарамалъул хIажи ЗанатIа росулъа (гьанжесеб Шамил район) Думаласул вас ГIабдурахIман.   ГIабдурахIман-хIажица  гьеб мажмугI сайгъат гьабун хъван буго: «Къурайшиязул тухумалъул чи, жиндир кьибилги нилъер Аварагасул инсул вацасдасан бугев ГIалихъилич Чупановасе» – абун. Гьеб тарихияб хъвай-хъвагIаялъул мажмугIалъул тIамчазул халалъи буго 17см., гIеблъи – 11см. Кинабниги буго 34 сурат (тIамач). Хъван буго берцинаб Дагъистаналъул «насх» хатIалъ, бечедаб магIарул мацIалъ, хундерил диалекталда.  Гьеб тарихияб асаралда цин гIараб мацIалда кьолеб буго цо-кIиго рагIи, гьелдаго хадуб  таржамаги гьабулеб буго магIарул мацIалде. ГIараб рагIаби гъоркьан хIучч цIан ратIа гьарун  руго. Гьеб мажмугI хъвараб кагъатги буго Россиялъул фабрикаялъ къватIибе биччараб.   Цойги,  гьеб «Дербент-наме» асаралъул тIоцебесеб гьумералда буго, хIалица гурони цIализеги бажарулареб,  магIарул мацIалда хъвараб цоги гьадинаб хъвай-хъвагIайги: «МухIаммад гьавуна, Шамхаласул вас, тарих гьадин бугеб заманаялъ  – мухIаррам моцIалъул къоло микьабилеб итни къоялъ радал, бакъ баккулеб мехалъ – 1304 сон».  Гьеб кколеб буго 1886 соналъул 26 ноябрь.  Гьениб, кинав Шамхаласул вас МухIамадил бицунеб бугебали якъинго бихьизабулеб гьечIо. Гьаб асаралда, тарихиял хIужабазде данде кколарел бакIал, гъалатIал ратизеги рес буго. Гьединал гIунгутIаби ратаниги нижеца цо хIарп хисизабичIого, тIадежураял гьаричIого, бугеб къагIидаялъ кьолеб буго къватIибе.  

ГIабдурахIман-хIажиясул гIумруялъул хIакъалъулъ цIакъго мукъсанал гурони баянал гьечIо. Гьев гьавун вуго гьанжесеб Шамил районалъул ЗанатIа росулъ 1834-абилеб соналъ.  ТIоцебе гьев цIализавун, гIелмуялде гьуинлъи бижизабун буго  жиндирго эмен Думалас. Гьев Думалавги, бицанихъе, вукIун вуго магIаруллъиялдаго цIар рагIарав тохтур ва гIалимчи. Гьесдаса хадув  ГIабдурахIман-хIажи кив ва лъида цеве цIаларавалиги лъазе кIвечIо. Живго ГIабдурахIман-хIажи вукIун вуго жиндир заманалда бергьарав гIалимчи. Гьесул китабханаялда букIун буго лъабнусгоялдасаги цIикIкIун гIараб тIехь. ЦIикIкIарасеб къадар тIахьазул  рухIун руго,  Килалъ абураб колода вукIарав гIалимчи ХIамзал МухIумихъе цIализе кьун рукIарал, гьесул  ригьалда цIа ккеялъул хIасилалда. РухIичIого хутIараздаса лъебергоялдасаги цIикIкIун тIехь жакъаги буго гьесул ирсилаз нахъе цIунун. Гьезда гьоркьор руго цо-цо басмаялда кьабун  рахъарал тIахьалги, амма цIикIкIарасеб къадар жиндирго квералъ хъварал руго. Гьенир руго Къуръанал, тафсирал, хIадисал ва фикъгьиялъул тIахьал. МагIарул мацIалда хъвараб цо макьаби къотIулеб тIехьги буго гьезда гьоркьоб.   

КIудияв инсуца бицунаан, ГIабдурахIман-хIажи вукIун вугин  Хунзахъ вукIарав наиб Гьонодаса ГIалихъиличил [ГIалихъилич Чупанов – 1860-1890 соназда Хунзахъ пачаясул наиблъун вукIарав чи] лъимал цIализарулев. Гьелъухъ, ГIалихъиличица гьесие щибаб къоялъ цо-цо гIиялъажоги кьолеб букIун бугилан. Бицен букIин  гурони,  цоги батIияб хIужаги букIинчIо гьеб мухIкан гьабулеб. Гьаб тарихияб асаралъул колофоналъул баяналда рекъон гьедин букIараблъи гьанже ракIчIун, чIванкъотIун абизеги рес кьолеб буго.

 Хунзахъа ун хадув ГIабдурахIман-хIажи хIалтIун вуго Бунахъск районалъул ТIаса Жунгут росдал къадилъунги. Гьесул рукIана лъабго лъимал – кIиго васги (МухIума, Жамалудин) цо ясги – ПатIина. АнцIго соналдаса, херав ГIабдурахIман-хIажи нахъвуссун вуго гьанжесеб Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росулъе. Гьений ригьнада йикIана гьесул яс ПатIина,  хвезегIан гьелъул бербалагьиялда кьоркьги вукIана. 1908-абилеб соналъ гьениб Аллагьасул къадарги щун, ГIабдурахIман-хIажи вукъун вуго ГохIтIахабалалъ абураб  бакIалда.   

Гъоркьехун рехсараб тарихияб асар чанабилеб соналъ хъварабали бицараб бакIги батичIо. Дир хIисабалда, гьеб букIине ккола,  гIага-шагарго, XIX-абилеб гIасруялъул 70-80-абилел соназда.

  Гьес нахъе тарал цо-цо тIахьазул колофоназул баяназда бихьизабухъе, гьев гочинавун Саратов губерниялъул «Малый Дагъистан» абураб росулъе витIун вукIун  вуго. Сундуе гIоло ва кинаб гIайиб ккун витIун вукIаравали бицунеб бакIги гьечIо. Дир хIисабалда, 1877 соналъ, къокъаб шагигIаталъул заманалъ, гьес гIахьаллъи гьабун батизе буго гьеб багъа-бачариялда. Гьелъул хIасилалда, гIемерал дагъистаниялгун цадахъ ГIабдуррахIман-хIажиявги витIун вукIине ккола Саратов губерниялъул «Малый Дагъистан» абулеб  росулъе.

Гьанже нилъ нахърусина  «Дербент-наме» абураб  тарихияб асаралде. Щиб ва сундул хIакъалъулъ гьениб бицен гьабулеб бугебали къокъабго баян кьезин: 

1. ТIоцебе байбихьулеб буго, сасанидазул шагь Къавад тIоцевесесулги,  Хосров тIоцевесев Ануширванилги  хазаразул хакъанилгун букIараб гьоркьоблъиялъул хIакъалъулъ баяналдаса.

2. Сасанидаз Дагъистаналда ралел рукIарал буцуразул баян; гьез яшав гьабулеб букIараб бакI; Азербайджданалъулги  Шималияб  Кавказалъулги шагьаразде батIи-батIиял халкъаз гьижра гьабиялъул баян.

3. Салманги РабигIги Дербенталде рачIин; гьез гьабураб рагъалъул хIакъалъулъ биценал; цIар рагIарал бусурбабазул  церехъаби Дагъистаналда чIваялъул баян.

4. Муслим Дербенталде вачIин 64/683-84 сс.; гьез Дербент шагьар сверун кквей; Дербенталъул буцур бихизаби.

5. Муслим кIиабизе Дербенталде вачIиналъул баян.

6. ГIарабазул цевехъан ГIабдулгIазизица гьарурал рагъазул хIакъалъулъ.

7. ЖаррахIил вас  Абу ГIубайдил  Дагъистаналде чабхъен  103/721-22 сс.; ЖаррахIил аскаралдаги хазаразул цевехъан Пашанекил аскаралдаги  гьоркьор ккарал рагъал; Анжи хъалаялда ккарал рагъазул баян.

9. ГIабдулмаликил вас Абумуслимил Дербенталде чабхъен 115/733-34 сс.; Дербент шагьар анкьго бутIаялде бикьи; Дербенталда цIиял мажгитал, каваби ва цогидал къадал рай; Гъумукъ бахъи ва гьенив тIоцевесев бусурманав бетIер  –  Шагьбал тей; Хайдакъалдеги Табасараналдеги гьарурал чабхъенал, гьенир бетIерлъда ХIамзаги Масумги тей; Шагьбал ханасулги, Дербенталъул бетIерасулги нухмалъиялда гъорлъе унел ракьазул бицен; цIиял тарал бутIрузе бачIунеб букIараб хараж-магъалоялъул баян.

 

 

Китабу таварих фатхI ад-Дагъистан 

 

Бисмиллагьи ррахIмани ррахIими

Щибаб рец Аллагьасе буго тIолабго гIалам жинца бижарав.

Хадуб салат  салам лъейги хирияв МухIамад (с.т.гI.в) аварагасда,  гьесул агьлуялда ва асхIабзабазда.

Гьелда хадуб.

Гьаб буго Дербенд шагьаралъул аслуялъулги Дагъистан вилаяталъул агьлабазулги баян жиндилъ бугеб тIехь.

ТIоцебе нилъеца баян гьабила Къубад-шагьасулги<!--[if !supportFootnotes]-->[1] Хакъан-шагьасулги<!--[if !supportFootnotes]-->[2]  ахIвалал. Къубад-шагь Дербендалда чIола.  Хакъан Идил<!--[if !supportFootnotes]-->[3] абураб шагьаралда чIола. Дербендалъулги цогияб гIажамиязулги<!--[if !supportFootnotes]-->[4] хан Къубад-шагь вукIана. Эвги Абу Ануширван<!--[if !supportFootnotes]-->[5] абулев чи вуго. Хазаразул, турказул, москавуялъул тахулаталъул<!--[if !supportFootnotes]-->[6], киналго гIурусазул хан Хакъан-шагь вукIана. Эв кIиявго вагъулев вукIана, цинги кIиясдаго гьоркьоб маслигIат гьабун  рекъел ккана.  Къубадица Хакъанил ясги ячана<!--[if !supportFootnotes]-->[7]. Цинги Къубадица Хакъанихъе чи витIана, дие бокьун бугин нилъеда гьоркьоб цо сангар гьабизе абун. Хакъанги элда разилъана. Эс сангар гьабиялъе сабаб эсда тарихалъул тIахьада бихьана<!--[if !supportFootnotes]-->[8] (гь. 1). Искандарида<!--[if !supportFootnotes]-->[9] Жибрилас<!--[if !supportFootnotes]-->[10]  абунилан абуна «Гьаб бакI баркат бугеб бакI буго. Дуца гьаниб буцур гьабейилан», - абун. Зулкъарнайицаги эб буцур гьабунила,  гьанже тIаде ракь ун бахчун бугила. Гьемехалъ Къубад-шагьас, миччирги нахъе хъван эб буцур загьир гьабуна. Элъул хун батараб бакIги къачIана. Гьеб соналъ азарго чиги гьенив жанив вукIун, нусазарго чиясдаги гьеб шагьар бахъизе кIолареб куцалда Табасаралъул<!--[if !supportFootnotes]-->[11] рахъалдехун рагьабиги лъуна. Элда сверунги къиблаялъул рахъалъ сангарги гьабуна анкьго моцIалъ<!--[if !supportFootnotes]-->[12]. Гьеб кинабго буцур лъугIараб мехалъ Къубад  божана жиндие Хакъанил рахъалдаса зарар гьечIолъиялда. Хазаразул капурзабада<!--[if !supportFootnotes]-->[13], эл гурездаги Эрмениязул<!--[if !supportFootnotes]-->[14], Азербайджаназул<!--[if !supportFootnotes]-->[15], Ширваналъул вилаятазе зарар гьабизе кIвечIо.

 

Гьемехалъ, Къубадица Хакъанил яс, аскIовцин вегичIого нахъе йитIана. Элдасан лъимер лъугьун жиндирго ханлъи жубачIого букIине.

 

Дербенд шагьаралъул кIиго рагьу букIана цIакъаб, щулатаб. Жиб кIиялдасанго рагъ гьабизе кIолареб хIалалъ [къараб] (гь. 2).  Эб рагьдухъ вукIана кIиго хъаравул. Эб шагьар шулат гьабун хадуб Къубад ана Шеки абураб вилаяталде<!--[if !supportFootnotes]-->[16]  ва ГIиракъалдеги<!--[if !supportFootnotes]-->[17]. Хакъан ана жиндирго вилаяталде  Дешти шагьаралде ва Къибчахалде<!--[if !supportFootnotes]-->[18], ва Таргъуялде<!--[if !supportFootnotes]-->[19], ва Анжиялде<!--[if !supportFootnotes]-->[20], ва Андириялде<!--[if !supportFootnotes]-->[21], ва Игьраналде<!--[if !supportFootnotes]-->[22], ва Гелбахъалде<!--[if !supportFootnotes]-->[23], ва Гичи Маджиралде, ва Уллу Маджиралде<!--[if !supportFootnotes]-->[24] (Маджар), ва Къизларалде. Татаразул шагьраби [шагьарал]  Хакъанида кодо рукIана.

Эзул кIудияв чIола  Игьраналда. Татаразул шагьар<!--[if !supportFootnotes]-->[25]  чIунтун хадуб дол татарал ана Гъирим<!--[if !supportFootnotes]-->[26] абураб вилаяталде. Гьениб букIана пахьул магIдан, Андирий шагьаралдаги Игьраналдаги<!--[if !supportFootnotes]-->[27].  Меседил магIдан букIана Терек шагьаралда. Эб кIиябго магIдан букIана Хакъанида кодоб. Хакъаница  Игьраналъул хIакимасе кьуна гьал магIданазул ихтияр кверщел<!--[if !supportFootnotes]-->[28] (гь.3).

Парисазул<!--[if !supportFootnotes]-->[29] вилаяталда ханлъун вугев чиясул гIадат букIана, жинца цIи гьабулеб Дербендалъул буцур. Ануширван (эвги Къубадил вас вуго) жиндир тахида чIун хадуб, жинца рана Дербендалъул вилаяталда гIемерал хъулби, Румазул<!--[if !supportFootnotes]-->[30] вилаяталде щвезегIан. Гьединго цIи гьабуна Дербендалъул буцур Ануширванида цебе цо чияс, жинда цIар абулев Багьрам К(Г)авуз Угъли шагь абун<!--[if !supportFootnotes]-->[31].

Ануширваница  бачIана парисазул вилаяталдасан гIемераб халкъ.  Жинцаги рана гIемерал росаби.  Гьагъаб вилаяталда жинца бана тIоцебесеб Алпун абулеб шагьар. Цинги бана лъабнусиялда лъабкъого шагьар Дербендалде щвезегIан<!--[if !supportFootnotes]-->[32]. Гьагъадинго бана Алпун (Алпан)<!--[if !supportFootnotes]-->[33] абулеб шагьарги, гьалда цебе (гь.4) [вукIарав] чияс. Жинда цIар абулев Асгъандияр-шагь абун. Ануширван вукIана энив Алпуналда чIолев. Ануширваница бана, жиндир эмен Къубадил изнуялдалъун цо шагьар, жинда абулеб Шагьбарам<!--[if !supportFootnotes]-->[34] абун. Нахъеги бана шагьар Каркар<!--[if !supportFootnotes]-->[35] абулеб. Нахъеги бана Абад<!--[if !supportFootnotes]-->[36] абулеб шагьар. Нахъеги Маскуралъул<!--[if !supportFootnotes]-->[37]  ракьалда Касир абулеб шагьар, жинца энибги чIезе гьабуна гIемераб халкъ. Нахъеги бана шагьар Сун(Сул)<!--[if !supportFootnotes]-->[38] абун цIар бугеб. Жинца энибги гьабуна халатаб буцур. Нахъеги жинца рана кинабго бакIалда шагьраби Агьраналде щвезегIан. Доб Агьран букIана Гелбахъазул хан чIолеб бакI.

Нахъеги бана Самандар (Семендер)<!--[if !supportFootnotes]-->[39], элда цIар Таргъу<!--[if !supportFootnotes]-->[40] буго. Нахъеги бана (гь.5) Анжи хъала.  Эсие пайда гьал шагьарал раялдасан –   Дербенд цIуни буго хазаразул капурзабаздасан. Нахъеги бана Гъумекдерил шагьраби<!--[if !supportFootnotes]-->[41]. Энивги чIезе гьавуна хIаким жиндирго рукъалъул агьлуялдаса. Алпун шагьаралда гьоркьобги Гелбахъалда гьоркьобги букIана анкьго икълим<!--[if !supportFootnotes]-->[42].

Ануширваница гьал шагьраби мухIкан гьарун тун нахъа, живги жиндирго гIадлуялда вугеб мехалъ, авараг (с.т.гI.в) гьавуна. Исламалъул нурги тIибитIана. Кисра<!--[if !supportFootnotes]-->[43] - Парисги гьалаглъана, эзул ханлъиги ана. Хазаразул капурзабиги рахъине гьаруна жудор ракьалдаса<!--[if !supportFootnotes]-->[44]. Ислам бергьана аварагасул тарих букIун хадуб  кIикъого соналъ<!--[if !supportFootnotes]-->[45] (гь.6)

Киналго асхIабзабаца къасд гьабуна рахъине Дербендалде гъазаваталъ хазаразул капурзабигун, щай абуни жал рукIиналъе гIоло, дол асхIабзаби,  жудода рагIун аварагасдасан: «Дербенд баракат бугеб бакI буго. Щив вугониги жинца гъазават гьабун элъулъ,  эсул мунагьал чурилин абун», - аврагасул хIадис. Кинниги эзул иттипакъ<!--[if !supportFootnotes]-->[46] ккана Салман витIизе ва РабигIги витIизе<!--[if !supportFootnotes]-->[47]. Гъов кIиявгоги вахъана [къватIиве] ункъазарго чигун цадахъ гIарабиязул бахIарзадасан. Эв кIиявгоги чIана Дербендалда.  Гьемехалъ Хакъанида рагIана эв кIиявго энире рачIин. Эв Хакъан вахъана [къватIиве] лъабнусазарго чигун цадахъ. Эвги чIана Дербендалда гIагарда, вагъизе къасдалда. Жудоца  чадралги чIвана (гь.7)

 

Дов Хакъан вукIана, жинда рагIун дозул рагъ, дозул бахIарчилъиги. Досул рекIелъе хIинкъиги ккун букIана. Жинцаги абулеб букIана «дун доздехун вагъиларо абун». Жиндие [Хакъание] лъутизе бокьун букIана.  Эв нахъе чIвана эб лъутиялдасан  жиндир вазирзабаца, ничалдасан хIинкъун. Гъоз абуна: «Нилъ лъутани гъоздаса, нилъ рукIина гIодорегIаналъун халкъалда гьоркьор  къиямисеб къо чIезегIан». Хакъаница абуна: «Гьаб халкъ [буго] жудое зарар гьабулареб ярагъалъ, жалги къотIуларо хвалчабаца. Гьел рачIана гIарабиязул вилаяталдаса гьанире, нилъер вилаяталде, шагьраби[ги] рахъун капурзабадехунги  рагъун.  Жудоеги щвечIого  зарар (гь.8). Гьелъие гIоло дун хIинкъула эздаса».

 

Капурзабадасан цо чияс абуна «Дица хIал бихьила дозул», - абун. Эв чи ана къаси чIорбутIги босун чIорги босун. Живги чIана вахчун лъеде гIагараб бакIалда. Сордо рогьараб мехалъ цо бусурманчи вачIана гъоб лъетIе. Гъов капирас рехана доб чIор. Жинца гъов  бусурманчи чIвана. Жинцаги къотIана гъосул бетIер, живги вуссана Хакъанихъе. Жинцаги лъуна бетIер Хакъанида цебе. Жинцаги абуна Хакъанида: «Мун вукIанин доздаса хIинкъун, дуцаги абулеб букIанин гъозие ярагъалъ зарар гьабуларилан, гъолги хвалчаца къотIуларилан.  Дицаги чIвана гъоздаса чи. Дица эсул бетIерги къотIана. Эб бетIер босун дун духъеги вачIана», - абун<!--[if !supportFootnotes]-->[48]. ГьелтIалъун капурзаби рохана (гь.9), жалги рахъана рагъизе.

 

Капурзабаца байбихьана рагъизе. Бусургьабаца жудоцаги рагъда байбихьана лаила-такбиралдалъун, бакъанил гIуж щвезегIан. Хакъан вуссана жиндир чадрахъе. Бусурбабиги руссана жудорго чIолеб бакIалде. Хакъаница хIисаб гьабуна чан чи чIварав жиндир бодуляли. Къоазарго чи чIван ватана.

 

КIиабилеб къоялъги жудоца рагъизе байбихьана рогьаралдаса. Гъоз рагъ гьабуна гъалбацIада релъун. Капурзабазул аскар тIаде кIанцIана. Бусурбабиги лъугьана гъозда гъорлъе. Жудоцаги чIвана капурзабадасан гIемерав чи. Азарго капурчиясда вихьараб мехалъ цо бусурбанчи, гьев цо чиясдаса хIинкъун лъутулел рукIунаан. Бусурбаби лъутулароан. Жудоца [бусурбабаз] (гь.10) какил гIуж щвараб мехалъ, бащдаб аскаралъ как балаан, бащдаб аскар багъилеб букIунаан. Гьанже как барал рагъулаан, бащдаца как базегIан.

 

Лъабабилеб къоялъ бусурбабаца кьабуна къалал, зурмабиги пуна. Жудоцаги гьаруна жудор мугъал рохьалде. Капурзабиги чIвана ракь цIезегIан жудор чурхдуца. Гьеб къоялъ анцIазарго капурасда вихьарав мехалъ цо бусурбанчи, гъосдаса лъутулел рукIунаан. Цинги капурзабаца, доб бояца мугъ рехун букIараб рохь бухIана. Бусурбабиги гIажизлъана. Жудоца цоцаде мугъал рехана, жал рагъана  маркIачIул мех [щвезегIан] (гь.11).

 

Ункъабилеб къоялъ капурзабаз байбихьана рагъизе. Бусурбабаца чIвана гIемерал капурзаби. Цо бусурманчияс чIвана лъабнусго капир. Гьеб къоялъ шагьидлъана<!--[if !supportFootnotes]-->[49] бусурбабадасан гIемерал чи. Капурзабазулги чIвана гьеб къоялъ лъеберазарго чи. Хакъан пашманлъана элда.<!--[if !supportFootnotes]-->[50] Щуабилеб къоялъ Хакъаница амру гьабуна гIакIа ахIулев чиясда - ахIеян. Гьез рагъул къалалги кьабуна, зурмабиги пуна. Хакъан жиндирго капурзабазул богун ана бусурбабада тIаде рагъ гьабизе. Рагъул авлахъ,  чIварал капурзабазул чурхдуз цIун букIана. Гьезул бутIрулги рортулел рукIана гIурул ханал гIадин. Гьезул биги букIана чвахулеб щвараб их гIадин. Гьеб къоялъ рагъ дагьабги гьалаглъана. Гьеб мехалъ Хакъанида ракIалде ккана лъутизе, амма гьесул чу лъабохиде биччана.  Гьеб къоялъ чIваралщинал  капурзабазул къадар рикIкIун хIалкIолареб букIана.

Анлъабилеб къоялъ бусурбаби ана капурзабаде жудое бокьун, шагьидлъиялъул хвел. Хакъаница абуна: «Дица гьал бусурбабада тамашалъи гьабула, гьазул къуват кин тIагIунареб. Гьазда рагъизе хIал кин кIолеб?». Хакъаница мугъ бана.  Бусурбаби (гь.12) тIаде кIанцIана Хакъанил ботIе. Бусурбабаца рагъ гьабуна капурзабада жудорго цоял цояда  рихьулареб куцалъ. Гьеб къоялъ гьалаглъана капурзабазул ункъоялда анцIазарго чи. Салманги шагьидлъана ва РабигIги шагьидлъана кIикъого бусурманчигун цадахъ<!--[if !supportFootnotes]-->[51]. МалгIун Хакъан  ХIамраялъул<!--[if !supportFootnotes]-->[52] рахъалде ун вукIана.

 

Цинги хабар ана Хакъанихъе бусурбаби чIванилан абун капурзабаца. Хакъан вуссана жиндирго аскаралъухъе. Жинда ватичIо жиндир вазирзабазул цониги чи. Жив  пашманлъана. Цинги Дербенд шагьаралда тана лъабазарго чи. Жив, дов Хакъан, ана Анжи шагьаралде (гь.13).

 

ГIемераб заман ун хадуб, гьал заманабадаса, Валид<!--[if !supportFootnotes]-->[53] вукIана ГIабдулмаликил вас Мадинаялда Халипалъун. Жинда рагIана, дов Валидида, аварагасдасан (с.т.гI.в): «Дербенд баркат бугеб бакI буго. Щив чи вугониги жинца гъазават гьабун эниб, Аллагьас  эсул мунагьал рахчулилан абун». Цо къоялъ Валидица абунила жиндир вац Муслимида<!--[if !supportFootnotes]-->[54]: «Мун айилан Шамалде, дуцаги къачIай кIикъоазарго чи эзул бахIарзабадасан». Жинцаги бицинчIо эл кире унелали. Жив [Муслим] ана эниве. Жинцаги хIадур гьавуна кIикъоазарго чи, киналго ярагъ цIакъал. Жинцаги  витIана [Муслимица] дов Валидихъе цо чи, жинца досда бицине (гь.14) бо хIадур гьаби. Жиндихъе витIарав чи  щвараб мехалъ, Валидица абуна Асадида Запирил вас: «Мун айилан дир вац Муслимихъе, Шамалда вугев, дуца эсдаги абе жив айилан эб богун цадахъ Дербендалде. Дуца квалквалги гьабе Дербенд бахъизе хазаразул капурзабада кодоса. Дуца бицани гьаб хабар дир вац гурев чиясда, дица дур мацI къотIилиланги абуна». Гьев Асад вачIана Муслимихъе живги кIалъана гъовгун цадахъ.  Муслимги разилъана Валидица абураб жоялда. Жив [Валид] вахъана  богун цадахъ Дербендалъул рахъалде. Жинцаги амру гьабуна къалал кьабейилан, зурмабиги пуйилан (гь.15).

Эзул  нухда букIана кIиго шагьар - Жавлан<!--[if !supportFootnotes]-->[55] абун цо ва Лагьжан<!--[if !supportFootnotes]-->[56] абун цойги. Гъоб кIиябго бахъана хIалица, гучалтIалъун. Цинги жив вачIана Ширваналде<!--[if !supportFootnotes]-->[57] ва Маскуялдеги. Гъоб кIиябгоги бахъана.  Жудоцаги чIезе гьавуна гъоб кIиялдаго хIаким.

Цинги жал рачIана Дербендалде. Жалги рештIана шагьаралда сверун. Жудода хIал кIвечIо шагьар бахъизе. Гъоб шагьаралда вукIана лъабазарго чи<!--[if !supportFootnotes]-->[58]. Гъоз  гъоб [Дербенд] сверун куна, хIал кIвечIо гъоб бахъизе гучалтIалъун. Гъоз къасд гьабуна нахъруссине, тIаде бачIунеб рогьалил гIужалъ.

Гьеб сордоялъ цо чи вачIана<!--[if !supportFootnotes]-->[59] Дербендалдасан, балъго, гъосги абуна: «Дица нуж лъугьине гьарила Дербенд шагьаралде (гь.16), дие кьеялъул шартIалда гIемераб боцIи, гъоб бахъун хадуб».

Муслимица къотIи гьабуна гъосулгун цадахъ. Жинцаги къабул гьабуна гъосул рагIи.  Жинцаги хIадур гьаруна, Муслимица, жиндир бодул чIахIиял чи, жинцаги абуна: «Щив вугониги, жинца Аллагьасде иман лъолевлъун, эсул кириялдеги хьул лъолевлъун гьав чигун цадахъ Дербендалде лъугьа, эбги бахъейилан». Щивниги чияс жаваб гьабичIо. ГIабдулгIазиз вахъана жиндир кIиявго васгун цадахъ, гъозги абуна: «Ниж лъугьина гьевгун цадахъ Дербендалде, дуца нижее кьунани давла, хумус<!--[if !supportFootnotes]-->[60] бахъун хадуб». Муслимица къабул гьабуна эсул рагIи. ГIабдулгIазизицаги хIадур гьаруна аскаралдасан (гь.17) анлъазарго чи, киналгоги ярагъ цIакъал.

 

Цинги жалги ана гьев чигун цадахъ.  Дов чиги ана мугIрул рахъалде. Энисан букIана балъгояб  рагьу. Эв чиясги жинца лъугьине гьабуна аскар гьеб рагьудухъан [жанибе]. Капурзабазда лъачIо эл [жанире] лъугьин. Сордо бащалъараб мехалъ бусурбабаца байбихьана рагъде капурзабигун. Капурзабиги хIайранлъана, эзул гIакълоги босана. Дол хъалаялда сверухъ рукIарал бусурбабиги рачIана радакье лаила-такбиралдалъун кIудияб рагьухъе.  Жудоцаги  чIвана доб рагьу цIунарал капурзаби (гь.18). Киналго бусурбаби лъугьана шагьаралда жанире. Жудоца капурзабиги чIвана. Эзул щивниги чи нахъе течIо. Бусурбабаца данде гьабуна давла цохIо бакIалде. Жудоца хумусги  бахъана, нахъе хутIарабги кьуна ГIабдулгIазизида кодобе. ГIабдулгIазизица бикьана гьеб давла жиндирго боде. Жинцаги кьуна дов шагьаралде балъго нух малъизе вачIарав чиясе гIемераб боцIи.

 

Гъоз [бусурбабаз] мушаввара<!--[if !supportFootnotes]-->[61]  гьабуна Дербенд чIунтизе гьабиялде.  Муслимица абуна: «Нилъеца аскар танани гьаб шагьаралда, капурзабаца эзие къварилъи гьабила. Дида гьеб чIунтизе гьаби лъикI бихьулилан» (гь.19). ГIабдулгIазизица гьаб рагIи къабул гьабичIо.  Гъосги [абуна]: «Нилъеца цIуничIони гьаб хъала,  капурзабаца энир чIчIезе гьарила гIемерал аскарал. Цинги элги бергьина ирминиядасаги азарбайджанадасаги».

Муслимицаги эсул рагIи къабул гьабичIо. Жинцаги чIунтизе гьабуна эб хъала<!--[if !supportFootnotes]-->[62]. ГIабдулгIазизги тана хIакимлъун Ширваназул вилаяталда.

Муслим ана жиндирго богун цадахъ ватIаналде. Жив щун хадуб,  дов Муслим,  жиндирго ватIаналде, капурзаби рукIана жал рачIунел ирминазул вилаяталде ва азербайжаназулги вилаяталдеги. Жудоца  гIадамадехун рагъги гьабулеб букIана (гь.20). Жудоца боцIиги босулеб букIана, жудоца руччаб-лъималги кколел рукIана. Гьеб хабар щвана Муслимихъе. Дов вачIана кIиабизеги, жинцаги гIунцIана Дербенд хъала. Жинцаги  чIчIезе гьабуна эниб гIемераб бо бусубабазул<!--[if !supportFootnotes]-->[63]. Жинцаги рехана ГIабдулгIазиз Ширваназул вилаяталдаса. Жинца эзиеги чIчIезе гьавуна ГIабдуллагь хIакимлъун. Халипалъи хутIана Валидие ичIго соналъ.

 

ГIемераб заман ун хадуб гьал жал ккаралдаса, ГIабдулмаликица витIана ГIубайдуллагь ЖарахIил вас Дербенд шагьаралде, (100-абилеб соналъ),  (гь.21) гъазават гьабизе капурзабазулгун.

 

Хакъанги хун вукIана гьеб заманаялъ. Эзул ханги  Хакъанил вас вукIана. Эвги Башанк<!--[if !supportFootnotes]-->[64] вуго. ГIубайдуллагь вачIараб мехалъ Ширваналъул вилаяталде, Башанкида рагIана  гъов вачIин. Гъов ГIубайдуллагьил къасд букIана капурзабаде гъара гьаби. Гъов ГIубайдуллагьица абуна: «Дун ина гъол капурзабаде тIаде, дица гъоздехун рагъги гьабила».  Боцаги къабул гьабуна гъосул рагIи. Сордо бащалъараб мехалъ жинца [ГIубайдуллагьица] данде гьабуна жиндир бо. Къалалги кьабуна, цIаги баккана нухал (гь. 22) гвангъизе. Жалги [щвана] бакIалде  Чаба-къабун<!--[if !supportFootnotes]-->[65] абун жинда абулеб. Жинцаги битIана жиндир бодул цо багIаз<!--[if !supportFootnotes]-->[66] Табасаралде, цо багIаз Хайдакъалде гъара гьабизе. Жинца [ГIабдуллагьица] гъозие хIинкъиги кьуна, жинцаги абуна: «Нуж щвечIони дида аскIоре бакъ баккараб мехалде метер, дица нужое гIазаб гьабичIого теларо, жинца унтизе гьабулеб»<!--[if !supportFootnotes]-->[67]. Живго ГIубайдуллагь ана Дирбакъ<!--[if !supportFootnotes]-->[68] абулеб шагьаралде. Башанкида лъана ГIубайдуллагь вачIунев вукIин. Башанк-хан вахъана боялгун цадахъ вагъизе. КIиябго бо данде чIвана (гь.23).  Зурмабиги пуна, къалалги кьабуна. ГIубайдуллагь рештIана чодаса жинцаги абуна: «Ва, Шамалъул агьло! Нужода ракIалде ккоге, нилъ лъутани гьаб бакIалдаса, нилъ щвелин нилъер ватIаналде. Нилъер ватIанал рикIкIад руго. Аллагьас нилъее ризкъилъун кьуни шагьидлъи, нилъ алжаналде лъугьина. Гьаб дуниялги панаяб<!--[if !supportFootnotes]-->[69] жо буго, ялъуни Аллагьас нилъее кьела гIемераб давла».   Гьемехалъ, Хайдакъалде битIун букIараб аскар бачIана (гь.24) анцIила кIиазарго чиги ккун, эзул боцIиги хъамун. Гьемехалъ Табасаралде битIун букIараб боги бачIана кIикъоазарго чиги ккун<!--[if !supportFootnotes]-->[70]. Давлаби рикьун хадуб, жидер боязе, ГIубайдуллагь ана жиндир богун капурзабада тIаде ва рагъда байбихьана. Васияталги гьарун, жал рагъана цIакъбахъун. Капурзаби лъутана. Гьеб къоялъ гьалаглъана капурзабазул рикIкIун хIал кIоларел чи. Башанк-хан лъутана жиндирго нахъе хутIараб богун цадахъ (гь. 25) Анжи хъалаялде. ГIабдуллагьица бикьун хадуб давла, жиндир боязе, эв ана Самандаралде. Элда цIарги гьанже Таргъу буго. Гъоз рагъ гьабичIо, жудое бокьана маслихIат. Эб [маслихIат] гьабуна.

Цинги ГIабдуллагь ана Анжи хъалаялде. Анжиялъул хIакимас рагъ гьабуна элгун гIемерал къояца. Бусурбабаца чадрал чIвана. Эзда [бусурбабазда] хIал кIвечIо эб (гь. 26) Анжи бахъизе. Жудор квенги дагьлъана. Бусурбабаца къасд гьабуна нахъруссине. Цинги ГIубайдуллагь вахъана, Ибрагьимги вахъана, жив кIиясго абуна: «Ва, бусурбабазул жамагIат! Щив вугониги  жинца бичулевлъун жиндир рухI Аллагьасе гIололъун, нижгун вачIайила гьадаб шагьаралде». Гьемехалда, эв кIиясдего данделъана лъеберазарго чи, Аллагьасе гIоло (гь.27). Эл ургъана эб [Анжи] бахъизе хIиллаялъулъ. Эл рекъана жудоцаги  гьабиялда анцIила кIиго гьоко<!--[if !supportFootnotes]-->[71]. Жудоцаги кьабуна эзда тIад рицатал хъарщал. Жудоца гъол гиризе гьаруна хъаладул рагьудухъе. Шагьарги  бахъана гучалдалъун. Эб Анжиялъул хIаким лъутана батIаяб рагьудухъан  Нариналде<!--[if !supportFootnotes]-->[72].   Жудоца рагъ гьабуна маркIачIул гIуж щвезегIан (гь. 28).

Ислам къабул гьабурав чи боржелалъулъ гьавуна. Ислам къабул гьабичIев чи чIвана. Жудоцаги данде гьабуна эзул боцIи, эзул ккурал чиги. Жудоцаги бикьана гьеб давла боязе. Жудоцаги чIунтизе гьабуна эб Анжи шагьар. Гьаб хIалтIи жиб ккана 114 соналъ<!--[if !supportFootnotes]-->[73] (гь. 29).

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

БатIаяб буго гьаб дуе

 

 

 

Абумуслим<!--[if !supportFootnotes]-->[74] вачIана, ГIабдулмаликил вас Гьашимил рухсаялдалъун<!--[if !supportFootnotes]-->[75] къоло ункъазарго чигун цадахъ.  Жинцаги бахъана Дагъистан хвалчатIалъун.  Жинцаги чIезе гьабуна эниб гIемераб халкъ<!--[if !supportFootnotes]-->[76].  Эздеги хъвана харадж<!--[if !supportFootnotes]-->[77]. Жинцаги цIи гьабуна Дербендалъул буцур<!--[if !supportFootnotes]-->[78] (гь. 30), живги тIадвусун ана 115соналъ<!--[if !supportFootnotes]-->[79].

Абумуслим вачIана ГIабдурахIманил вас жинцаги цIи гьабуна Дербендалъул буцур<!--[if !supportFootnotes]-->[80].  Жинцаги бана эниб кIудияб рукъ ярагъ лъезе. Жинцаги  бана эниб цойги рукъ жинда «Анбархана» абун абулеб, вилаяталдаса бакIарараб тIорщел [жаниб] лъезе. Жинцаги  къачIана Дербенд шагьар. Жинца энибги гьабуна анкьго авал<!--[if !supportFootnotes]-->[81].  Жинцаги бана (гь. 31) цо-цо масджид.  Цо кIудияб масджидги бана эл киназего, жиндилъ рузман балеб.

Гьебмехалъ, дов Абумуслим ана Гъумукъдерил вилаяталде.  Жинцаги рагъ гьабуна элгун, ай эзулгун. Эзул ханги чIвана. Иман лъурав чи эзул [тана], иман лъечIев чи - чIвана. Жинцаги бана эниб цо кIудияб маcджид.  ГIисинал масджидалги рана авалазда (гь.32). Жинцаги [Абумуслимица] тана хIакимлъун кинабго Дагъистаналъе ГIабдуллагьил вас Шагьбал<!--[if !supportFootnotes]-->[82], эвги Къасимил вас, эвги ГIаббасил вас – аврагасул имсул вац вуго эвги. Эв Шагьбал гьавуна хIакимлъун Гуржистаналде щвезегIан. Эсда цIарги Шамхал буго. Элъул магIнаги хан абураб магIна - Шамалъул авалалдаса [бачIараб].

 

Абумуслимица абуна: «Хайдакъалъул ва Табасараналъул харадж букIинилан Дербендалъул хIакимасе (гь. 33).  Цогияб Дагъистаналъул харадж Гьураялъул ва Кураялъул ва Къубаялъул ва Ахтисан ва Цахуралъул ва Гъумукъалдасан  ва Аваралдасан ва Къарахъан ва Гьидалъан ва Таргъуязул ва Агьраналъул - хIата Гуржистаналде щвезегIан, эб харадж хъвана Шагьбалие». Эв Шагьбалида  кодобги гьабуна гьал киналго вилаятазул ихтияр. Дов Абумуслимица абуна: «Хайдакъалъул  агьлуялъ квербакъейилан ва Табасараналъул агьлуялъги – Шамхаласе, эсде (гь. 34) вачIани тушман». Жинцаги лъазе гьабуна  халкъ жинде хIажалъулеб кинабго жо, жинцаги амру гьабуна киналго умуразулъ.

 

Аллагьасда лъикI лъала.

 

Тана.

          

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

Адабият 

  

1. Beladsori. Liber. – Liber expugnationis regionum, auctore Imamo Ahmed ibn Jahja ibn Djabir al-Beladsori.  Ed. M.J. de Goeje. Lugduni Batavorum, 1866.

 

2. Ibn al-Fakih. Kitab. – Compendium libri Kitab al-Boldan  auctore  Ibn al-Fakih al-Hamadhani, 1885 (BGA, 5)

 

3. Ibn Khordadhbeh. Kitab. - Kitab al-Masalik wal-Mamalik auctore Abul-Kasim Obaidallah  ibn Abdallah  ibn Khordadhbeh, 1889 (BGA, 6)

 

4. Ibn Rosteh. Kitab. – kitab al-alak  an-nafisa hictore  Abu Ali Ahmed ibn Omar ibn Rosteh? 1892 (BGA, 7).

 

5. Jakubi. Kitab. – Kitab al-boldan auctore Ahmed… ibn Wadhih al-Katib al-Jakubi, 1892 (BGA, 7)

 

6. Kodama. Kitab. – Kitab al-Kharadj auctore Kodama ibn Djafar, 1889 (BGA, 6).

 

7. Tabari. Annales, ser.I. – Annales quos scripsit Abu Djafar Mohammed ibn Djarir at-Tabari cun aliis ed. M.J. de Goeje. Ser. I-III. Lugduni Batavorun, 1879-1901.

 

8. Баладзори. Книга. - Баладзори. Книга завоевания стран. Текст и пер. с араб. П.К.Жузе. Баку, 1927.

 

9. Дорн. Известия о хазарах. -  Известия о хазарах восточного историка Табари, с отрывками из Гафис-Абру, Ибн-Аазем-Эль-Куфи и др.: Статья академика Дорна. Пер. с нем. А.Тяжелов. – ЖМНП. 1844, ч.43, отд. 2, август, № 7 и 8.

 

10. Ибн Асам. Книга. – Абу Мухаммад Ахмад ибн Асам ал-Куфи. Книга завоеваний: Извлечение по истории Азербайджана VII-IX вв. Пер.  с араб. З.М.Буниятова. Баку, 1981г.

 

11. Кабардино-русские отношения. - Кабардино-русские отношения

 

Минорский. История. – Минорский В.Ф. История Ширвана и Дербенда X-XI вв. М., 1963г.

 

12. Саидов, Шихсаидов. «Дербенд-наме». – Саидов М.-С, Шихсаидов А.Р. «Дербенд-наме» (к вопросу об изучении). – ВИИД.

 

13. Тарихи Дербенд-наме. - Тарихи Дербенд-наме. Под ред. М.Алиханова-Аварского. Тифлис, 1898г.

 

14. Чичуров. Византийские сочинения. – Чичуров И.С. Византийские исторические сочинения. Л., 1980.

 

15. Эвлия Челеби. Книга. - Эвлия Челеби. Книга путешествия (Извлечения из сочинения турецкого путешественника XVII века). Пер. и коммент. М., вып.2, 1979; вып.3, 1983.

 

16. Якуби. История. - Якуби. История. Текст и пер. с араб. П.К.Жузе. Баку, 1927.

  

1. Али-заде  А. Исламский энциклопедический словарь. М., 2007г.

 

2. Артамонов. История. – Артамонов М.И. История хазар. Л., 1962г.

 

3. Бартольд. Дагестан. – Бартольд В.В. Дагестан. Сочинения. Т.3. М., 1965г.

 

4. Буниятов. Азербайджан. – Буниятов З.М. Азербайджан в VII-IX вв. Баку, 1965г.

 

5. Волкова. Арабы. – Волкова Н.Г. Арабы на Кавказе. – СЭ. 1983г., № 2.

 

6. Ган. Путешествие.- Ган К.Ф. Путешествие в Кахетию и Дагестан. СМОМПК. I902, вып.31, отд. 4.

 

7. Генко. Арабский язык. – Генко А.Н. Арабский язык и кавказоведение: О значении арабских материалов для изучения истории Кавказа. – Труды второй сессии ассоциации арабистов 19-23 октября 1937г. М.-Л., 1941г.

 

8. Григорьев. О двойственности. – Григорьев В.В. О двойственности верховной власти у хазаров. – ЖМНП. 1834г., ч.3.

 

9. Долгов. Географический очерк. -  Дорлгов К.В. Теографический очерк Терской области. – ССТО.

 

10. История Дагестана. – История Дагестана. М., т. I, 1967г.; т.2, 1968г.

 

11. Костюкин. Александр Македонский. – Костюкин Е.А. Александр

 

Македонский в литературной и фольклорной традиции. М., 1972г.

 

12. Кудрявцев. Великий город. – Кудрявцев А.А. Великий город на Каспии.

 

13. Кудрявцев. Дербенд исторический. – Кудрявцев А.А. Дербенд исторический – Дербенд легендарный. – Фольклор и историческая действительность: Всесоюзная научная конференция. Тезисы докладов. Махачкала, 1976г.

 

14. Кудрявцев. Древний Дербенд. – Кудрявцев А.А. Древний Дербенд. М., 1982г.

 

15. Кудряшов. Половецкая степь. – Кудряшов К.В. Половецкая степь: Очерки исторической географии. М., 1984г.

 

16. Магомедов Р.М. «Дагестан. Исторические этюды».  Махачкала, 1971г.

 

Магомедов. Образование. – Магомедов М.Г.  Образование Хазарского каганата. М., 1983г.

 

17. Малачиханов. К вопросу. – Малачиханов Б. К вопросу о хазарском Семендере в Дагестане. – УЗ. Серия историческая. 1965г., т.14.

 

18. Маршаев. О термине «шамхал». – Маршаев  Р.Г. О термине «шамхал» и резиденции шамхалов. – УЗ. 1959г., т. 6.Махачкала, 1982г.

 

19. Минорский. История. – Минорский В. Ф.  История Ширвана и Дербенда X-XI вв. М., 1963г.

 

20. Оразаев. Эпизод. – Оразаев Г. М.-Р. Эпизод о постройке «длинной стены» на Кавказе в восточных и европейских источниках I-XVI вв.. – Восток: прошлое и будушее народов (новые подходы в теории и методиках востоковедных исследований. IV Всесоюзная конференция востоковедов. Т.2. Махачкала, 1991г.).

 

21. Тер-Гевондян. Армения. – Тер-Гевондян А.Н. Армения а Арабский халифат. Ер., 1977г.

 

22. Хан-Магомедов. Дербенд. - Хан-Магомедов C. Дербенд.  Горная стена. Аулы Табасарана. М., 1979г.

 

23. Шихсаидов. Ислам. – Шихсаидов А.Р. Ислам в средневековом Дагестане (VII-XII вв.). Махачкала, 1969г.

 

24. Шихсаидов. Книга ат-Табари. – Шихсаидов А.Р.  Книга ат-Табари «История посланников и царей» о народах Северного Кавказа. – Памятники истории и литературы Востока: Период феодализма. М., 1986г.

 

25. Erckert. Der Kaukasus. – Erckert R., von. Der Kaukasus und seins Volker. Lpz., 1887.

  
<!--[if !supportFootnotes]-->
 <!--[endif]--> 
 

<!--[if !supportFootnotes]-->[1] Къубад – Ираналъул бетIер(488-531),  Сасанидазул наслуялъул  чи.

<!--[if !supportFootnotes]-->[2] Хакъанилан абураб рагIул  магIна "Дербенд намеялда" бихьизабулеб буго «бодул цевехъан» абун . Амма Ибн Рустицаги цогидал авторазги рикIкIунеб  буго,  гьеб рагIул кIиго магIна бугилан. АнцIабилеб гIасруялде щвезегIан гьелъул магIна кколеб буго «тIадегIанав хан» абураб. Амма хIакъикъияв гьезул ханасда абулеб  букIун буго Ишаяйилан. Гьелъул хIакъалъулъ цIализе бегьула гьадинал тIахьазда: Ibn Rosteh. Kitab. С.140; История Дагестана. Т.1. С.130; Шихсаидов. Ислам..., С. 68; Григорьев. О двойственности,… С. 279-295; Артамонов. История,… С. 146. (Полные названия ссылок см. на с. 52-56).

<!--[if !supportFootnotes]-->[3] Хакъан-шагьасул пачалихъалъул тахшагьар Идил [Адил] букIана гьанжесеб Волга гIурул рагIалда.

<!--[if !supportFootnotes]-->[4] Персия, Иран.

<!--[if !supportFootnotes]-->[5] Хосров тIоцевесев Ануширван, жинда тIокIцIарги ГIадилав абун бугев, Къубад тIоцевесесул вас - Ираналъул шагь (531-578 сс.), Сасанидазул наслуялъул чи. 

<!--[if !supportFootnotes]-->[6] Тахулат – гьаб рагIиялъул магIна лъазе кIвечIо.

<!--[if !supportFootnotes]-->[7] ИчIабилеб гIасруялъул автор ал-Баладзурицаги цогиял тарихчагIазги хъвалеб буго гьез цоцазда гьоркьоб гIагарлъи гьабиялъул хIакъалъулъ (Хакъанидаги Хосров тIоцевесев Ануширванидаги)  (бал.: Beladsori. Liber,… С. 195-196).

<!--[if !supportFootnotes]-->[8] Гьаниб, нижер хIисабалда, бицен гьабулеб буго Дербенталда рарал цIуниялъулал щулалъабазул.  

<!--[if !supportFootnotes]-->[9] Искандар Зулкъарнай — Зулкъарнай авараг. Къуръаналъул XVIII-абилеб сураялда рехсон буго гьеб тIокIцIар  Зу-л-Къарнайн абун. ГIараб мацIалдаса буссинабуни, гьелъул магIна ккола КIилълъарилав  абураб. Бакъбаккул рахъалъул хъвадарухъабаз Искандар Зулкъарнайица бараблъун бихьизабулеб буго, хъамалчагIаздаса жалго цIуниялъе гIоло,  цо кинабалиго «халатаб буцур». Кавказалдаги Закавказиялдаги билъанхъун ун букIана Дербендалъул буцур гьес бараб бугилан абурал батIи-батIиял биценал. (бал.: Кудрявцев. Дербенд исторический. С.77-78;  Ган. Путешествие,.  С.53). Бакъбаккул рахъалъул гIадамаз Искандар Зулкъарнай  релълъинавулев вуго, тарихиял хъвай-хъвагIаяздаса нилъеда лъалев, Александр Македонскиясда (356-323 cc. нилъер гIасрабазде щвелалде). ТIадехун рехсараб асаралъул баяназда   рекъон, Александр Македонский (гьаниб: Искандар Зулкъарнай)  Дербендалде вачIун вукIинги  вихьизавулев вуго. Гьес дагьабги тIаде бараблъунги рикIунеб буго Дербендалъул буцур. Гьев гьениве вачIине вукIинги лъалеб букIун буго Къавад тIоцевесесда церегосел тIахьаздасаги, биценаздасаги. (бал.: Костюкин. Александр Македонский). Ва амма гьев (Александр Македонский) Кавказалде вачIун вукIанин абун бихьизабулеб цониги тарихияб кьучIчIаб  хIужа гьечIо. 

 
  • ГIараб мацIалъ хъвараб, Румянцевас таржим гьабураб  "Дербент наме" асаралда  рекъон, Кавказалъул, ялъуни МугIрузул буцур (Дагъбары) абулеб  щулалъи Искандар Зуркъарнайил буцур бугин абураб пикру лъугьун букIин бихьизабулеб буго. Гьелда хурхарал дагьалги мухIканал цIех-рехал нилъее кьолел руго гьоркьохъел гIасрабазул гIарабазул тарихчагIазги. (бал.: Оразаев. Эпизод,. С.175-176).
 
  

<!--[if !supportFootnotes]-->[10] ЖабрагIил малаик

<!--[if !supportFootnotes]-->[11] Гьанжесеб Табасаран районалъул ракь, Рубас гIурулмухъ.

<!--[if !supportFootnotes]-->[12] Югалъул рахъалдехун  ругел Дербеталъул буцуразул биценазул хIакъалъулъ (бал.: Минорский. История,. С.120).

<!--[if !supportFootnotes]-->[13] Кафир (гIараб.) — "капурчи", бусурманав гурев чи. Нилъер тарихияб асаралда гьедин абулеб буго хазаразда. Щай гьедин абулеб бугебали бичIчIизеги  захIмат буго. Нилъер тарихияб асаралда бицен гьабулеб буго жеги бусурбаби рачIинелде цебе  букIараб заманаялъул.

<!--[if !supportFootnotes]-->[14] Арминийа (Эрмения), гIарабазулги персазулги гьоркьохъел гIасрабазул тарихчагIазул баяназда рекъон, Эрмения абураб бакIалда гьоркьоре унел руго: тарихияб Арран, шималияб Азербайджаналъул цо бутIа, Гуржиял, Дагъистан (Дербендги, ал-Лакзги) ва гьанжесеб Армениялъул ракьги. Гьеб ракьалъул хIакъалъулъ бицунел гIемерал хъвай-хъвагIаялги руго: (Jakubi. Kitab, с.364; Ibn Khordadhbeh. Kitab, с.122; Ibn al-Fakih. Kitab, сс.286-287; Kodama. Kitab, с.246; гьединго бал: Шихсаидов. Ислам, с.200; Тер-Гевондян. Армения, с. 151-160).

<!--[if !supportFootnotes]-->[15] Гьаниб бихьизабулеб буго гьанжесеб Ираназулаб Азербайджан абулеб ракьги ва гьанжесеб Азербайджан пачалихъалъул  цо бутIаги. Гьоркьохъел гIасрабазда Азербайджаназул ракьазул биценазул хIакъалъулъ балагье: (Ibn al-Fakih. Kitab, с.284-286; Kodama. Kitab, с.244).

<!--[if !supportFootnotes]-->[16] Вилаят (гIараб, вилайат) – провинция, пачалихъалъул  нухмалъиялда гъоркь бугеб цо бутIа.

<!--[if !supportFootnotes]-->[17] ГIиракъ (гьоркьохъел гIасрабазул географиялда рекъон) — гьоркьохъеб  бакъбаккул рахъалдехуниса географаз гьелъие кьолеб буго кIиго батIаяб магIна: ГIарабазулаб ГIиракъ — гьеб ккола Месопотамия (гьанжесеб ГIиракъ пачалихъалъул ракь); Персазулаб ГIиракъ — гьеб ккола  Кухистан абураб бакI (гьанжесеб Иран пачалихъалъул бакьулъ бакI).

<!--[if !supportFootnotes]-->[18] Къибчах, Дешт-и Къыпчак (тюрк.) – Къипчакъазул авлахъ — XI-XV-абилеб гIасрабаз, гIарабазулги персазулги хъвай-хъвагIаязул лъазабиязда рекъон, гьеб буго авлахъалда цIар, Сырдарья гIурул ахадаса бахъараб, Балхаш хIоргун цадахъ, Дунай гIор ралъдалъе жубалеб бакIалде щвезегIан бугеб авлахъ. ГIурус хъвай-хъвагIаязул лъазабиязда  рекъон, бакътIерхьул къипчакъазул ракьал лъалаан  Половецазул ракьал абун. (Бал.: Кудряшов. Половецкая степь). Нилъер тарихияб асаралда гьелъул хIакъалъулъ бицунеб буго VI-абилеб гIасруялда ккарал  лъугьа-бахъиназе гIоло, ва амма къипчакъал абулел чагIи гьеб заманалъ гьенир рукIинецин рукIинчIо. 

<!--[if !supportFootnotes]-->[19] Гьанжесеб пос. Тарки (лъарагI  Таргъу) -  МахIачхъала шагьаралъул ракьазда гьоркьобе  жибги унеб.

<!--[if !supportFootnotes]-->[20] Гьоркьохъел гIасрабазул шагьар-хъала. Гьеб букIана Семендералдаса гIемер рикIкIад гьечIеб бакIалда. Анжи буго некIсияб цIар, амма гьеб гьанжеги Дагъистаналъул халкъаз хIалтIизабула (магIарулаз, лъарагIаз, тумаз, даргияз) гьанжесеб МахIачхъала шагьаралда цIар рехсезе. МахIачхъала шагьарги бан буго некIсияб Анжи букIараб бакIалда. 

<!--[if !supportFootnotes]-->[21] Андирей [Эндирей] – лъарагIазул росу, гьанжесеб  Хасавюрт районалда жиб бугеб. 1990-абилеб соналде щвезегIан гьелда цIар букIана Андрейаул абун. Гьеб ккола  Шималияб Къавкъазалдаго некIсиял  росабазул цояб. Гьелъул хIакъалъулъ бицунел гIемерал тарихиял хIужабиги руго.

<!--[if !supportFootnotes]-->[22] Игьран — нилъер асаралда рекъон гьеб ракь Шималияб Къавкъазалда бугеб хазаразул ракь кколеб буго (букIине бегьула гьеб гьанжесеб Дагъистаналъул ракьцин). Гьелда сверухъ руго батIи-батIиял баянкьеялги, амма цонигияб кьучIаблъунги, жиб къабул гьабураблъунги гьечIо.

<!--[if !supportFootnotes]-->[23] Гелбахъ (къагIидаби: Килбах, Гюлбах, Гилбах и др.) – нилъер асаралда  гьеб кьолеб буго хъалаялъул цIар хIисабалда. Цебе  заманалда гьеб гьедин букIун батизеги рес буго. Амма жакъасеб Гелбахъалда ТIасияб Чирюрт абула, (гьанжесеб Гъизилюрт район).

<!--[if !supportFootnotes]-->[24] Гичи Маджар, Уллу Маджар (тюрк.) – гьитIинабги кIудиябги Маджар. Гьаниб бицен гьабулеб буго нилъеда лъикI лъалеб Шималияб  Къавкъазалда бугеб  Мажар шагьаралъул. Гьеб шагьарги, гьоркьохъел гIасрабаз Кума гIурул кваранаб рагIалда букIана. 

<!--[if !supportFootnotes]-->[25] Цойгидал тарихиял асаразда ва хъвай-хъвагIаязда  рекъон, гьелда цIар букIине рес буго Шехр-и-Татар  абун. Жеги лъикI гьеб лъала ТIасияб Жулат абун яги Татартуп абунги. Гьеб шагьар буго Терек гIурул квегIаб рагIалда, гьанжесеб Змейская абулеб станицаялда аскIоб, Шималияб Осетиязул республикаялда.

<!--[if !supportFootnotes]-->[26] Гъирим – гьанже гьелда  гIурус  къагIидаялъ Крымилан абула.

<!--[if !supportFootnotes]-->[27] ГIараб мацIалда хъварал тарихиял асаразазул  цонигиялда бицен гьечIо гьениб пахьул магIдан  бахъулеб бакI  букIанин абураб.

<!--[if !supportFootnotes]-->[28] Терек гIурул рагIалда гIарцул магIдан бахъиялъул  хIакъалъулъ: (Бал.: Долгов. Географический очерк, с. 163-164; Малачиханов. К вопросу, с. 197; Кабардино-русские отношения, т. 1, сс. 111-127).

<!--[if !supportFootnotes]-->[29] Парисал – Ираналъул югалъулаб рахъалдехун  бугеб тарихияб ракь. Гьеб цIаралдаса бачIараблъун бихьизабулеб  буго Персия абураб некIсияб цIарги.

<!--[if !supportFootnotes]-->[30] Рум – гьоркьохъел гIасрабазул бусурбабазул тарихиял хъвай-хъвагIаязда рекъон, гьедин абулеб букIун буго  Византия пачалихъалда. 

<!--[if !supportFootnotes]-->[31] Къубад-шагь вачIинегIан Искандар Зулкъарнайил буцур ракьалдаса бацIцIад гьабун буго Багьрам Гурил вас Йездиджерд абурав падишагьас. Гьевги вуго персазул шагь  Варахрана щуабилев (421-438) абун тIокIцIар жинда бугев, Сасанидазул кьибилалъул чи. Турказул географ Эвлия Челебица гьесда абулеб буго Искандаридаги Ануширванидаги хадуб,  лъабабизе Дербент  цIигьабурав чи абунги,. (Эвлия Челеби. Книга, вып. 3, с. 173).

<!--[if !supportFootnotes]-->[32] Нилъер тарихияб асаралда жаниб Дербент шагьар бараб заман ва тарих  мухIканго бихьизабун гьечIо. Гьоркьохъел гIасрабазул киналго тарихчагIаз, Баб ал-абваб (Дербент) шагьар бай гIунтIизабулеб буго Ануширваниде. Гьезул хъвай-хъвагIаяздаги буго гьеб шагьаралъул хIакъалъулъ бицен. (бал.: Ibn Khordadhbeh. Kitab, с. 123-125; Ibn al-Fakih. Kitab, с. 288; Ibn Rosteh. Kitab, с.148; Ибн Асам. Книга, с. 14). 

<!--[if !supportFootnotes]-->[33]  Шималияб Азербайджаналда бугеб Къуба шагьаралда аскIоб бугеб росу. Цогиги,  Агъулазул районалда Буркихан абураб росдада аскIоб нахъе хутIун руго Алпан (Алпанах) росдал чIунтарал къадал. (Магомедов. Дагестан. С. 30).  Гьеб кIиябго росдал киналъул бицен гьабулеб бугебали гьаб асаралда якъинго лъазе кIолеб гьечIо, амма дир хIисабалда гьеб букIине ккола тIоцебесеб.

<!--[if !supportFootnotes]-->[34] Шагьбарам - Шабран — Ширваналда бугеб шагьар. Гьелъул бетIергьабиги тIоцере рукIун руго лезгиязул ханзаби, цинги  гьезда абулеб букIана ширваншагьал. (Бал.: Минорский. История. С. 89, 108-109). НекIсиял хъвай-хъвагIаяз бицунеб буго  Къавад I-сес  банин  Шабиран абураб шагьар; Ануширваница банин  Нашава абураб шагьар (Ibn al-Fakih. Kitab, с. 288).  Нашава шагьар букIана некIсияб Армениялъул тахшагьарлъунги (Kodama. Kitab, с.244).

<!--[if !supportFootnotes]-->[35] Къаркъар – Каркар (Гаргар).  Ираналъулаб  Азербайджаналда бугеб шагьар; Ибн Хордадбехацаги  ва цогидал тарихчагIазул лъазабиязда рекъонги  Керкар шагьар Ануширванил цIаралда хурхинабулеб буго, гьеб гьес бараблъунги чIезабулеб буго. (Ibn Khordadhbeh. Kitab, с.123; Ibn al-Fakih. Kitab, с.288). 

<!--[if !supportFootnotes]-->[36] Абад – гьеб щиб шагьарали лъазе кIвечIо. Персазул мацIалдаса  бачIараб рагIи буго, гьелъул магIнаги  буго шагьар абураб.

<!--[if !supportFootnotes]-->[37] Маскур – Мускур абулеб бакIги, Мушкур//Мюшкюр абулеб бакIги цохIого бакIлъун бихьизабулеб буго. Гьеб буго гьанжесеб Азербайджан пачалихъалъул ракьалда. (Бал.: Тарихи Дербенд-наме, с.41-42; Шихсаидов. Ислам, с.212). В.Ф.Минорскияс гьеб Мускур релълъинабулеб буго гьоркьохъел гIасрабазул Маскут//Маскат абураб бакIалда. (Минорский. История. С.64, 108-115 ва гь.ц.). Румянцевас таржим гьабураб "Дербент-наме" асаралда  абуни, Мускур абулеб бакIалъулги,  Маскат абулеб бакIалъулги бицунеб буго. Амма гьес  гьел рихьизарулел руго  цоцадеги  аскIор  ругел батIи-батIиял бакIаллъун.

<!--[if !supportFootnotes]-->[38] ГIемерисел тарихчагIаз бихьизабухъе, Сул абураб бакI букIине кколеб буго Дербенталда аскIоб. Сулалъул  хIакъалъулъ цIализе бегьула: (Тарихи Дербенд-наме. С.31; Минорский. История. С.52; Саидов, Шихсаидов. "Дербенд-наме"… С.40-41; Ибн Асам. Книга. С.83. ТIадежубай 115).

<!--[if !supportFootnotes]-->[39] Гьеб буго Къавкъазалъул Северияб Бакъбаккул рахъалада бищун цебесеб, нилъеда лъалеб (гIага-шагарго 723с.) хазаразул къагьанаталъул тахшагьарлъун букIараб бакI.  Бакъбаккул рахъалъул тарихчагIазулги, персазул ва гIарабазул тарихчагIазулги  баяназда рекъон, Семендер шагьар тIоцебе бан буго Ануширваница. Гьелъул хIакъалъулъ балагье: (Артамонов. История, с. 10  ва цогидал; Минорский. История, с. 128, 143, 192-194; Саидов, Шихсаидов. «Дербенд наме», с.41-45; Магомедов. Образование, с. 46-60.)

<!--[if !supportFootnotes]-->[40] Семендерги Таргъуги батIиял бакIал руго, гьаниб гъалатI гьабун  цохIого бакI гIадин бихьизабулеб буго.

<!--[if !supportFootnotes]-->[41] Гъумек - гьанжесеб Лак районалъул Кумух росу (лак. Гьумучи; лъарагI Къумукъ/Къазикъумукъ). Ибн Рустал  баяназда  рекъон, Алал ва Гъумикъ хъулби рахъизе цIакъ захIматал щулалъаби рукIун руго, жалги Ануширваница Сариразул ханасухъе кьурал.  (Ibn Rosteh. Kitab, с. 148; бал. гьединго Ибн Асам. Книга, с.53, 81).

<!--[if !supportFootnotes]-->[42] Икълим (гIараб.) - район, область.

<!--[if !supportFootnotes]-->[43] Кисра - персазул шагьасул тухумалда абулеб букIараб хIурматияб тIокIцIар.

<!--[if !supportFootnotes]-->[44] ГIарабаздаги хазараздаги гьоркьор VII-VIII гIасрабаз ккарал рагъазул хIакъалъулъ мухIканго цIализе бегьула: (Артамонов. История, с. 202-232; Буниятов. Азербайджан, с. 107-116).

<!--[if !supportFootnotes]-->[45] Гьаб тарихияб асаралда  гьелда хурхун  мухIканлъи чIчIезабун гьечIо. ГIарабазул гьоркьохъел гIасрабазул тарихчагIазул лъазабиязда рекъон, тIоцебе гIарабаз Дагъистаналде чабхъен гьабураб заманлъун  бихьизабулеб буго 22/642-43,  яги 40/660-61 сс.; ат-Табарил баяназда рекъон тIоцебе ал-Баба (Дербенд) бахъараб заман кколеб буго 22/642-43 с. (Шихсаидов. Книга ат-Табари, с. 71-74).  Амма М. И. Артамоновас гьеб тарих гьедин букIине рес гьечIеб  жолъунги чIчIезабулеб буго.  (Артамонов. История, с. 179).

<!--[if !supportFootnotes]-->[46] Иттипакъ - къасд, анищ.

<!--[if !supportFootnotes]-->[47] ГIараб мацIалда хъварал "Дербенд-наме" асаралда гьединго буго - Салман ва РабигIа (бал.: Саидов, Шихсаидов. "Дербенд-наме", с.31-32). Ал-Балазурицаги, ал-Йакъубицаги ва цогидазги Дагъистаналде витIарав   цо чи вукIиналда чIезабулеб буго. ЦIарги гьесда  Салман ибн РабигIа ал-Бахили буго. (бал.: Beladsori. Liber, с. 198; Баладзори. Книга, с. 8, 13; Якуби. История, с. 5; Ibn al-Fakih. Kitab, с. 293; Ибн Асам. Книга, с. 9; Шихсаидов. Книга ат-Табари, с. 75);     Ибн Асам ал-Куфицаги бицунеб буго гIарабазул цевехъанасда цIар букIанин  Муслим ибн РабигIа абун. Гьевги витIун вукIун вуго ГIусман (гI.с) Халипил амруялда рекъон, 10-азарго рагъухъангун «Арменазул пачалихъалде».  Гьевги хун вуго хазаралгун вагъулаго Баланджаралда аскIоб бугеб  авлахъалда. (бал.: Дорн. Известия о хазарах, с. 93-97). Салманида хурхарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ, (бал.: Генко. Арабский язык, с. 100-101; Саидов, Шихсаидов. "Дербенд-наме", с. 48-49).

<!--[if !supportFootnotes]-->[48] Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ бицунеб буго ат-Табарил, Баламил ва Ибн Асама ал-Куфил хIалтIабазда (бал.: Ибн Асам. Книга, с. 10; Дорн. Известия о хазарах, с. 14-15, 96).

<!--[if !supportFootnotes]-->[49] Шагьид (гIараб, шагьид) — дин-исламалъе гIоло рухI кьурав чи.

<!--[if !supportFootnotes]-->[50] Гьаб  тарихияб асаралда  щуабилеб къоялъ ккарал лъугьабахъинал гьоркьор риччан руго. Гьеб хъвалев чиясул,  ялъуни хъваралдаса хъварав  чиясул гIайибалдалъун батизеги рес буго. Гьединго сурат (копия) бахъулаго гьоркьоб хутIун батизеги бегьула.  Гьединлъидал,  щуабилеб къоялъ гьарурал  рагъазул хIакъалъул гIарабалъ хъвараб «Дербент наме» асаралдасаги  босун нижецаго таржимги гьабун кьолеб буго цо гьитIинабго бутIа.

<!--[if !supportFootnotes]-->[51] Гьоркьохъел гIасрабазул тарихчагIазул баяналда рекъон, Салман ибн РабигIа ал-Бахили 32/652-53с. вагъулев вукIана хазаразда данде Баланджар шагьаралда аскIов. Гьев бусурбабазул ункъазарго чи вугеб  богун цадахъ  чIвана Баланджар гIурул рагIалда. (Beladsori. Liber, с. 203-204; Ibn al-Fakih. Kitab, с. 293; Шихсаидов. Книга ат-Табари, с. 74-79).

<!--[if !supportFootnotes]-->[52] ХIамрачай (Химрачай) гьанже гьеб гIоралда цIар буго «Гамриозень» абун. Гьеб чвахулеб буго Избербаш ва Дербенд шагьаразда гьоркьосан,  Сергохъала ва Гъаякент районазул ракьалдаса Каспий ралъдалъе. 

<!--[if !supportFootnotes]-->[53] ГIамеядазул Халип  ал-Валид I-сев ибн ГIабдалмалик ибн Марваница бетIерлъи гьабулеб букIана  86-96/705-715 соназ.  

<!--[if !supportFootnotes]-->[54] Тарихалда жаниб гIарабазул цевехъанасда хIакъикъияб цIар буго Маслама ибн ГIабдалмалик абун. Гьев вукIана Халипалъун жал рукIарал ал-Валид тIоцевесесулги  Хишамилги вац, ва  Халип ГIабдалмалик ибн Марванил вас (65-86/685-705).

<!--[if !supportFootnotes]-->[55] Жавлан -  гьаб щиб шагьарали мухIкан гьабизе кIвечIо.

<!--[if !supportFootnotes]-->[56] Тарихалдаго батараб Ширваналъул ракь. (бал: Минорский. История, с. 32-33, 107).

<!--[if !supportFootnotes]-->[57] Ширван — тарихияб Азербайджаналъул шималияб бакъбаккул рахъалдехун бугеб ракь. 

<!--[if !supportFootnotes]-->[58] Ибн ГIасамил лъазабиялда рекъон, ал-Бабалда (Дербендалда) доб заманалъ рукIана 80-азаргоялдаса цIикIкIун хазарал, амма хадусеб,  Масламал чабхъеназул  заманаялъ хутIун рукIана гIицIго азаргогIанасеб хъизан. (Ибн Асам. Книга, гь. 14, 47).

<!--[if !supportFootnotes]-->[59] Ибн ГIасамил лъазабиялда рекъон, гьев чиги вукIун вуго хазаразул рагъухъан, живги исламги, бусурбабиги  рокьун вачIарав. «Книга завоеваний» абураб тIехьалда гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ  бицун буго кIицIул. (бал.: Ибн ГIасам. Книга, гь. 14-15, 47). 

<!--[if !supportFootnotes]-->[60] Хумус (араб.,  хумс) – щуйил бут1а. Рагъул давлаялдаса пачалихъалъе кьолеб щуйил бутIа. 

<!--[if !supportFootnotes]-->[61] Мушаввара - гIакълу дандбай, къасд гьаби.

<!--[if !supportFootnotes]-->[62] Гьеб лъугьа-бахъин Ибн ГIасамица битIизабулеб буго гьадин: "Масламаца амру гьабуна кваранаб рахъалъан буцуралъул цо бутIа бихейин абун… " (Ибн Асам. Книга, с. 15).

<!--[if !supportFootnotes]-->[63]  ЦIигьабун бараб Дербенталда Масламаца чIезавун вуго щуазарго рагъухъан, живгоги Шамалдехун ун вуго аварагас гьижра гьабуралдаса 70-абилел соназ (689-90с – 1289-90сс.)

<!--[if !supportFootnotes]-->[64] М И. Артамоновасул баяназда рекъон, хазаразул бетIерлъун вукIана Барджиль абурав чи. Гьевги вукIана Къагьанил вас. Гьесул пикруялда рекъон, Барджиль абураб цIар Башенк, Пашенк, Пашех ва гь.ц.  абурал къагIидабазде сверун инеги бегьулел руго. Гьеб цойги букIинеги бегьулеб буго, гьесул жиндирго цIар гуребги, хIурматияб цIарлъунги, жибги гIараб мацIалде буссинабулаго лъалареб хIалалъ хисун ккараб.  (Артамонов. История, с. 206, 212, 217).  Байламица бихьизабулеб буго,  Б. Дорница гьеб цIар цIалулеб букIин — Бардженк абун. (бал.: Дорн. Известия о хазарах, с. 22); З. М. Буниятовас тIадехун рехсараб цIар— Барсбек абунги цIалулеб буго. (бал. - Ибн Асам. Книга, с. 18, 22, 24, 28, 29, 32, 34-37).

 

        Ат-Табарил баяназда рекъон, Хакъанил вас чIван вуго 113/731-32сс. -  Маслама ибн ГIабдалмаликил рагъухъабаз.  (бал.: Шихсаидов. Книга ат-Табари, с. 79).

 
  

<!--[if !supportFootnotes]-->[65] Гьеб щиб бакIали лъазабизе кIвечIо. Гьеб батизе рес буго Чубин-гъапу (перс., тюрк., "цIулал каву") абураб бакI. Гьебги Дербендалъул югалъул рахъалда ругел гъапуязул цоялда цIар буго.

<!--[if !supportFootnotes]-->[66]  БагIаз(гIараб.) - бутIа, тIел.

<!--[if !supportFootnotes]-->[67] Баламица гьелъие гьадинаб баян кьолеб буго; ЖаррахIица жиндирго кIиабилев бодул цевехъан витIанила  «Дарези (къагIидаби - Медарези, Бедарези ?) абулеб пачалихъалде  ва Дервакалде». Гьелдаса хадуб живгоги хутIараб боги бачун анила «Нарван пачалихъалде, жибги анлъго мил нухлулги бугеб Баб ал-абвабалдаса», - абун;  (бал.: Дорн. Известия о хазарах, с.21-22).

<!--[if !supportFootnotes]-->[68]  Дирбакъ (Дарваг)  - гьанжесеб Табасаран районалда бугеб Дарвагъ росу.

<!--[if !supportFootnotes]-->[69] . Панаяб – (гIараб. - фана) – тIаса унеб, нахъе хутIи гьечIеб абураб магIна.

<!--[if !supportFootnotes]-->[70]  Гьединго Табасараналдаса бачIун буго: кIикъоазарго чу, гIиялъажал ва цоги батIи-батIияб къайи,  хурисан бачIунеб кинабго хIалухъинги ва гьелдаго цадахъ кIиазарго асирги.

<!--[if !supportFootnotes]-->[71]  Ибн ГIасамил баяназда рекъон, хазараз (гIарабаз гуро) данде гьарунила Баланджаралда 300-ялдасаги цIикIкIун гьакал (Ибн Асам. Книга, гь.19). Баламил баяназда рекъон, Баланджар шагьаралъул гIадамаз «Гьаруна 3 азаргоялдасаги цIикIкIараб къадар гьаказул, цоцалъги рухьун лъуна шагьаралда сверун».  Шагьар сверун кквезе ана нусгоялде гIагарун чи. (бал.. Дорн. Известия о хазарах, гь.23). Ат-Табарица  баян  гьабулеб буго гIарабаз Баланджар шагьаралда сверун лъунила чIахIиялги гIисиналги ганчIал рехулел (кьвагьулел) машинаби. (Tabari. Annales, ser.I, гь.2889-2890; Шихсаидов. Книга ат-Табари, гь.75-76).

<!--[if !supportFootnotes]-->[72] Нарын-хъала – Анжи шагьаралъул къадазда жаниб гьабураб кутакаб щулалъи.  Нарын-хъалайилан Дербент хъалаялдаги абула. 

<!--[if !supportFootnotes]-->[73] 114 сон – гьеб ккола гьижра гьабун хадуса 114-абилеб сон. Жакъасеб календаралде сверизабуни,  гьеб кколеб буго 732 сон. Гьебги  буго гIарабаз Анжи шагьар бахъараб заман.

<!--[if !supportFootnotes]-->[74] Маслама (нилъер тарихияб асаралда - Муслим яги Абумуслим) ибн Абдалмаликица 107/725-26с. Гьес хисана Закавказиялъул бетIерлъуда вукIарав  СагIид ибн ГIамра ал-Хараши халип Гьишамил амруялдалъун. Гьес цIакъ хIаракат бахъун гIахьаллъи гьабулеб букIана Бакъбаккул Кавказалде гьарулел рукIарал чабхъеназулъ. 

<!--[if !supportFootnotes]-->[75]  Рухса - (гIараб.) – изну, хIукму

<!--[if !supportFootnotes]-->[76] Ал-Балазурил баяназда рекъон, Масламаца Дербенталде яшав гьабизе рачун рачIана 24-азарго шамалъулал.  Цо-цо тарихчагIаз кинабниги Масламал бодул къадар  гьедигIанасеб гурони букIинчIин абунги хъвалеб буго.

<!--[if !supportFootnotes]-->[77]  Харж - харадж (гIараб.) – пачалихъалъ ракь хIалтIизабуралъухъ бакIарулеб букIараб магъало. Бусурбабаз исламияб  диналде лъугьарал чагIи тархъан гьарулел рукIана гьеб магъалоялдасаги, амма къабул гьабичIезда кьезе тIадабги букIана. (бал.: А. Али-заде. Исламский энциклопедический словарь. с. 349.)  

<!--[if !supportFootnotes]-->[78] Масламаца Дербендалъул буцур цIи гьабун баялъул хIакъалъулъ  ал-Балазурицаги ва ат-Табарицаги дагьабго батIайиса баянал кьолел руго (бал.: Beladsori. Liber, t.207; Баладзори. Книга, с.17; Дорн. Известия о хазарах, с.85). Ибн ГIасамил баяназда рекъон, Масламал амруялдалъун  Дербендалъул бетIер Къарир ибн Сувайдица цIи гьарун ран руго гьел къадал.   (Ибн Асам. Книга, с.48).

<!--[if !supportFootnotes]-->[79]  115 сон  - жакъасеб календаралда рекъон гьеб ккола 733 сон. 

 

     ГIарабазул баяназдасаги батIаяб,  гIарабаздаги хазараздаги гьоркьоб букIараб  рагъул заманаялъул сиясияб ахIвал-хIалалда хурхарал баянал кьолел руго византиязул тарихчагIаз.  Мисалалъе босани, Феофан Исповедник абурав тарихчиясул  баяназда рекъон, гIарабаз Кавказалдеги Хазариялдеги гьарурал чабхъеназда гьес, гьев Маслама, цогидазго гIадин кIудияв бахIарчилъун вихьизавулев гьечIо. Гьелъул гIаксалда вихьизавулев вуго: 729-30сс. «Маслама, хIинкъун, боги нахъбуссинабун лъутун ана»; гьединго  731-32 сс. Маслама «Каспиялъул рагьудухъе щун хадув,   (Дербендалъул рагьалабахъе) гьев хIинкъана, ва нахъвуссана»  (бал.: Чичуров. Византийские сочинения, с.68).

 
  

<!--[if !supportFootnotes]-->[80] А.А.Кудрявцевасул хIисабалда рекъон, Дербендалда рукIун руго 73 си (борж). (Кудрявцев. Древний Дербенд. С. 102).

<!--[if !supportFootnotes]-->[81]  ал-Балазурил, ат-Табарил, Баламил, Ибн ГIасамил баяназда рекъон, Масламаца Дербенд шагьар бикьана ункъго бат1ияб авалалде; цояб бутIа кьуна Шамалъул чагIазе, цогидаб — Куфаялъул чагIазе, лъабабилеб  - Джазиразе ва ахирисеб, ункъабилеб – ХIумсалъул чагIазе (Beladsori. Liber, t.207; Баладзори. Книга, с.17; Дорн. Известия о хазарах, с.85; Ибн Асам. Книга, с.47-48; бал. гьединго: Минорский. История, с.39; Волкова. Арабы, с.42-43). "Дербенд намеялъул" батIа-батIаял асаразда  рекъон Дербеталъул авалазул къадарги, гьезул цIаралги 4-ялдаса 7-гоялде щвезегIан хисулел руго. (бал.: Саидов, Шихсаидов. "Дербенд-наме", с.37; Шихсаидов. Ислам, с.89-90; Кудрявцев. Великий город, с.34-35).

<!--[if !supportFootnotes]-->[82]  Шагьбал – гьев вуго тIоцевесев цIар рагIарав Гъумукъ вилаяталъул бетIер. Жегиги гьев  вукIарав вуго Дагъистаналъулго КIудияв бетIерлъунги. ГIараб мацIалда хъварал цойги «Дербенд наме» асаразда  рекъон, Шагьбал абураб цIаралдаса лъугьараб букIин чIезабулеб буго Дагъистаналъул бетIерасда абулеб букIараб шамхал цIарги. Шагьбал абураб цIаралъулги шамхаллъиялъулги хIакъалъулъ балагье  

 

      (Бартольд. Дагестан, с. 412;  Маршаев. О термине «шамхал», с. 163-173; Саидов, Шихсаидов. «Дербенд наме», с. 50-51).

   
  



Автор: Жамал МаламухIамадов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook