Авторизация

Чолодаса Удурат (хв. 1475 с.)

Дагъистаналъулхалкъазул цебесеб тарих лъазе ккани, ТIадегIанав Аллагьас кьураб кIудияб нигIмат– исламияб дин лъикIго лъа­зе хIаракат бахъизе ккола. Исламалъ квербакъана ДагъистаналдамагIишатияб ва рухIияб гIумру битIун цебе бачине. Исламалъ гIaгap гьаруна вацолъизаруна нилъер халкъал. Дагъистан киналго дагъистаниязе цо букIинбихьизабуна Исла­малъ.

 

Дагъистаналъул исламияб тарих

Бусурбан диналъцIунана ва цебетIезабуна бищунго нилъеца кIвар буссине кколеб рахъ – халкъазул рухIияб гIумру. Исламияб кьучIалда Дагъистаналда цебетIуна лъай ва гIелму. Исламиял гIалимзабаз бетIерлъи гьабуна Дагъистаналъул халкъаз эркенлъи цIунун гьабураб къеркьеялъе.

Дагъистаналдаисламияб тарихалъул буго анцIила лъабго гIасруялдаса цIикIкIараб заман. Амма бусурбанаб дин Дагъистаналда ва хасго ТIадмагIаруллъиялда бигьаго щулалъичIо. Абизе бегьула 800 гIанасеб ва жеги цIикIкIун сонал хIажалъанин Ислам тIубанго нилъер халкъаз къабул гьабизе. Гьеб иш гьединаб хIалалъ халат бахъиялъе гIемер батIи-батIиял гIиллаби рукIана. 

Исламияб дин бачIиналде цебе Дагъистаналда рукIана батIи-батIиял тIабигIиял лъугьа-бахъиназе, бакъ-моцIалъе,цIаялъе лагълъи гьабулел гIадамал, рукIана ягьудиял ва X-XIII гIасрабаз тIибитIуннасранияб дин ай, христианство. Исламияб дин Дагъиста­налда цебе тIолеб букIанацогидал диналги нахъе къазарулаго. 

VII-XI гIасрабаз ислам нилъер халкъалда гьоркьоб тIибитIизегьабулеб букIана жалго гIарабияз. Гьел гIасрабаз гIемерал рагъалги ккана Дагъистаналда. Нилъер тарихалда цIунун руго гIемерал исламиял церехъабазул цIарал.Гьезда гьоркьоб бищунго машгьураб ккола Абулмуслим шайихасул цIар. Гьесгигьаруна рагъал Дагъистаналда ислам тIибитIизабулаго. ГIемерисел тарихалъул гIалимзабазрикIкIунеб буго гьев кIудияв исламияв цевехъан XI гIасруялда гIумру гьабурав чивукIин. Гьесул зияратги Хунзахъ буго. 

Абулмуслим-шайихаслъураб кьучIалда ТIадмагIарухъги бана ислами­яб «мина». Гьев гIадинал исламиялцерехъабаца диналъе лъураб щулияб кьучIалда тIад мина баразул цоявлъун ккола нилъеца хадубккун рехсезе вугев Гьидалъа машгьурав шайих ХIажи-Удуратги. 

Тарихалъул гIалимзабазул цIех-рехалъул баяназ рекъон хIатIа XV гIасруялдаги ТIадмагIаруллъиялда исламдин жеги щулалъун букIинчIеблъи ва цо-цо бакIалде щунцин букIинчIеблъиги бихьизабулеб буго. Гьел Гуржиялъул насраниязул асаралда гъоркь XIV-абилеб ва хIатта XV-абилеб гIасруялде щвезегIан хIутIун рукIиналъе хIужжабиги руго. Гьединаллъун ккола гIезегIан нахъе цIунун ругел архитектуриял хутIелал, къелъ лъурал ганчIаздава батIи-батIиял тIагIелалазда гьарурал насраниял гIаламатал, хъанчазул суртал, гIадамазда ва бакIазада лъурал цIарал. Гьебго диналде руссарал рукIине кколелруго гьидерилги жамгIиятги. 

Доб заманаялъ Гьидерил росабазул цояблъун кколаан Чолода росоги. Гьеб бакI ккола гьанжесеб МачIада росу бугеб бакIалдаса 2,5 километралъ рикIкIада бакътIерхьул рахъалдехун.

Гьеб росулъ гIага-шагарго гьанжеялдаса 600 соналъ цеве гьавун вуго Удурат абулев чи, ай гьеб кколеб буго XV гIасруялъул авал. МухIканго гьев гьавураб тарих лъазе кIвечIо. Цого цо ГIободаса гIалимчи С. ХIайбулаевас хъвалеб буго ХIажи-Удурат гьавураб 1421 сон кколилан. Амма гьеб бакIалдаги тарих босараб бакI бихьизе гьабулеб гьечIо, гьединлъидалгьесул баянги жинде тIубан мугъ чIвай гьабизе бегьулеблъун батилин кколаро.Бицен буго гьанжесеб МачIада росулъ бугеб ГIандиялал абулеб тухум гьесулнаслуялъул чагIи кколин абун. Гьев инсанасул гIажаибаб къисматалъул хIакъалъулъ биценал цого цо мачIадидисез гуребги тIолалго гьидерицаго, чIахIиял гIелаз гIисиназухъе кьун кIудияб къадру-къиматалда бицун жакъаги нахъе хутIун руго.

Гьел биценаздарекъон, дол гIасрабаз нилъер умумузул рукIун руго гуржиязулгун батIи-батIиял магIишат-яшавалъулал ва диниял гьоркьорлъаби. Цо-цо мехалъ данде ккунгутIиго букIун буго. Гьел дандеккунгутIиял лъугIизаризе батIи-батIиял тадбиралги гьарулел рукIунруго. Аманаталъе васал кьолеб гIадатги букIунанин абула. Гьедин гьитIинав чи, Удурат гуржиязул ракьалде аманат хIисабалда ккун вуго. ТIадегIанав Аллагьасул хIукмуялда рекъон, гьенисан Удурат бусурбабазул улкабазде ккун, гьес ислам къабул гьабунава жиндиего гъваридаб гIелму-лъай тIалаб гьабиялда тIадчIун жигараги бахъанин бицуна. ХIежги борхун буго ва гьелдасан ккола Удурат абураб цIаралде тIаде хIажи абураб къадруяб тIокI-цIарги щвей. КъватIиб ракьалда гIезегIанго соналги ранахир-къадги Удурат умумузул ракьалде тIад вуссине къасд ккун буго. ХIисабгьабураб заманаялъ гьев ватIаналде тIад вуссун вукIуне кколев вуго 1450-60абилел соназ. 

Гьид исламалдерачIине байбихьиялда хурхун буго цоги гьадинаб бицен: «Чолода росулъа тIоцебеисламияб диналде бегавул ГIабдуррахIман абулевчи лъугьун вуго (гьеб цIар бусурманлъун хадусала босараб букIун батизе ккола).Чолоде щвелалде буго лъим бугеб бакI. Гьенив росулъе вачIунаго нухда как балевватун вуго ХIажи-Удурат дов бегавуласда. Гьесие цIакъ рекIее гIурабила гьав ХIажи-Удуратицагьабулеб иш. Жиндагоги малъейилан гьеб дуца гьабулеб иш гьабизеян абун бугилаисламалдехун ракI цIан арав бегавулас. Гьесул тIалаб ХIажи-Удуратица тIубазегьабун малъун бугила досда шагьадат битIизе. Гьелдаса нахъе байбихьун бугилачолодисел ва тIолабго гьид исламалде рачIине. Хадубккун гьеб иш ккараб бакIалдаиццда тIад как балеб къулгIа бана ва «ГIабдуррахIманил чал» абун цIарги щунбуго. Гьеб жакъа къоялъги нилъеда бихьула. 

 

Баянал ва хIужжаби

ХIакъикъаталдаги биценаз ва кьучIал тарихиял хIужжабаз чIезабула Гьид аслияб къагIидаялъЧолодаса ХIажи-Удуратил хIаракаталда гъоркь исламалде рачIун рукIин. Гьелъие квербакъун буго гьев бусурманчиясул букIарабгъваридаб исламияб лъай-гIелмуялъги ва бергьун кIудияб жигарачилъялъги. 

Машгьуравтарихчи ва гIалим Каяев ГIалица жиндирго Дагъистаналъул гIалимзабазул таржамабива баянал хъвараб тIехьалда ХIажи-Удурат шайихги рехсолев вуго: «Бицунагьидерица Ислам къабул гьабиялъе аслияб гIиллалъун кканин шайих ХIажи УдуратилхIаракат ва цIакъбахъин. Гьевги жиндирго халкъалда гьаркьоб цIакъ рагIи билълъарав(гьезда гьоркьов къадру-къимат бугев) чилъун вукIанин ва гьединлъидал гьесулвагIзаби ва насихIатазухъ гIинги бан гьезги Исламалде рачIун руго». ЖегигьанжелъизегIан лъалел рукIинчIел къиматал баяналги кьолел руго Каяевас ХIажи-Удуратил хIакъалъулъ. «ЦIияб дин босизе инкар гьабуралщинал гьидалъел гуржиязул Туш мухъалдехун гочун ун руго. Гъазигъумекиса КIудияв ГIалиян абулев доб заманаялъ мугIруздаго машгьурав исламияв гIалим ва хIаракатчиясулгун хIажи Удуратилги лъикIаб гьоркьоблъи букIун буго», – янхъвалеб буго Каяевас. Живго гьев КIудияв ГIалиян абулев чи хун вуго 1525-абилеб соналъ ва вукъун вуго Гъумекив. 

Гьаб бицен уяб букIин чIезарулел гIезегIанго тарихиял хIужжаби нилъехъе щун. Гьид бусурманлъараб заман кколин гьижрияб тарихалъул 880-абилеб сонилан ай, миладияб тарихалъул 1475-76 сонилан бихьизабулеб буго гьел киназго. 

«Дагестанские исторические сочинения» абураб А.М. ШихсагIидовас ва Т.М.Айтберовас къватIибе биччараб тIехьалда ХIажи-Удуратидалъун Гьид бусурманлъараб тарихалда тIаса баянал кьолеб бакIалда хъвалеб буго: «Цо пуланаб эрмениязул тарихияб хъвай-хъвагIай гьабураб бакIалда хъван бугила 1476 соналъ Узун-ХIасан Гуржиялде тIадеги кIанцIун, гьес Тифлис шагьар бахъун бугила. Ва гьев бусурбабабазул (турказул) цевехъанасул аскаразе бергьенлъи щвеялъе аслияб гIиллалъун кканин гуржиязул хан Баграт гьеб заманаялъ жиндирго аскаргун «Лагзистаналда» (ай, Дагъистаналъул ракьалда) рагъал гьарулев вукIин». Машгьурав тарихчи Т.М. Айтберовас тIаде жубалеб буго, гьев гуржиязул хан Баграт магIаруллъиялде гьужумалъ иналъе аслияб гIиллалъун Гьид бусурманлъи букIунбатизе рес бугин. 

Гьабго пикру тасдикъ гьабулеб гIадин буго цебеккун рехсараб ГIали Къаяевас жеги Гьид бусурманлъиялъул хIакъалъулъ кьолел баяназда. Гьес хъвалеб буго: «Гьидерил жамагIаталъ Ислам къабул гьабун хъадусала бусурманлъизе инкар ккурал гьидалъел Тушетиялъул (Туш) рахъалдехун гочун ун ругила»

МачIада росулънахъе МухIаммадов Расулил минаялъул нухлулаб рахъалде кколеб къелъ нахъе хутIунбуго лъабокIонаб гамачI. Гьелда тIад берцинаб хатIалъ бикIун буго лъабго тарих:«Гьид бусурманлъараб тарих – 880-абилеб сон. Гьидалъ машгьураб ракьбагъариккараб тарих – 1111; Гьидалъ  тIагIуналъул унти  тIобитIараб тарих – 1111». Гьеб гамачI росдал басрияб авалалда букIараб буго. Гьебго тарих XVIII гIасруялъул ТIадмагIаруллъиялдаго ва Дагъистаналдаго машгьурав исламияв гIалим Багъужаласул (Багъужал вас МухIаммад).Жакъаги нахъе цIунун хутIун ругел рикIкIен гIемерал тIахьазул жиндирго квералъ хъвараб цоялъул жилдалдаги хъван бугоан гьебго тарих. Нижеда бихьулагьанжеялдаса 250 соналъниги церехун рукIарал гIалимзабазда гьоркьобги гьел хасго гьидерие кIвар бугел тарихал машгьураллъун рукIин. Жеги гьебго тарихбатана нижеца 2012-абилеб соналъ гуржиязул тахшагьар Типлисалда гьабурабсапаралъул хIасилалда. Гьениб Кекелидзел цIаралда буго квералъ хъварал жаниб цIунарабИнститут. Гъоба батана 600-гIанасеб Дагъистаналдаса бачIараб гIараб мацIалда тIахьал. Гьезул цоялъул цебесеб гьумералда цогидал хъвай-хъвагIаязда цадахъ хъван батана Гьидалъе ислам 880-абилеб соналъ бачIиналъул хабар. 

 

ХIажи-Удуратил хвел 

Дагъистаналъул исламияб тарихалда ХIажи-Удурат шайихасде кIвар кьолеб буго Абулмуслим шайихасдаса хадуб. Гьедин рикIкIунеб буго машгьурав тарихияв гIалимчи-востоковед ГI. Р. ШихсагIидовасги. Амма баянаб букIахъе, доб заманаялъ гIадамазда гьоркьобислам тIибитIизабиялъулаб ва диналъул бичIчIи кьеялъулаб хIалтIи цIакъго захIматаб иш букIин якъинаб жо буго. Гьелъие нугIлъун чIола живго ХIажи-Удуратил гIумруялъулкъисматги. Биценазда рекъон жанисан исламалде инкарги ккун, гьесдехун рокьукълъи цIикIкIарал тушбабаца, гъоркьбакIги ккун чIван шагьидлъун хванин ХIажи-Удурат абун. Заниялда гьабураб хъвай-хъагIаязда рекъон ХIажи-Удурат шайих накълулъун вуго 1485 соналъва Чоло­да хобалалъ вукъун вуго. Гьесда аскIоб буго гьесулго вас МухIаммадилгихобги. 

Чолода руго кIиго батIиял хобал: руго бусурман къагIидаялъ ругел ва бусурман гуреб кьагIидаялъзанал лъуралги. МачIада росу гIуцIизе байбихьун буго XVI гIасруялъул кIиабилеббащалъиялда. Гьенибе росу бахъизе васийат ХIажи-Удурат шайихасул букIанинбицула. Жеги бицен буго цIияб росу бан хадубги гIeзегIанзаманалъ хварал гIадамал рукъизе Чолода хобалалъе росулел рукIанилан. Гьеб букIунбатила ХIажи-Удурат шайихасул баракат тIалаб гьаби. Шайихасул баракаталъ гIураббуго нижер росуги гьидерил богиян абулаан ХХ гIасруялда МачIада вукIарав гIалимчигIарабиязул ШейхмухIамадица. Гьеб, хIакъикъаталдаги, гьедин бугизеги буго.

Хадусел гIасрабаз магIарул росабалъ рахъана гIемерал гIалимзаби, тIарикъаталъулустарзаби. ХIажи-Удурат шайихасул цIар ва баракат букIана гьезие свинго гьечIеблъун. Щибаб соналъ нус-нус бусурбабаз зиярат гьабула ХIажи-Удурат шайихасул хабаде. ТIадегIанавАллагьас нилъее киназего щваги гьесул баракат. Амин!

Автор: МухIамад ШехмухIамадов

Баяналъул кьучI: Журнал "МагIарухъ". №1. 2014 сон

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook