Авторизация

Пикрабазул чараб кIаланчIад

  Хаселалъ замзамлъун тIенкIараб кIанцIун бахъун тIубанго къатIана лъим. Умумузул гIертIал раччичIониги, рокъоб батарабщинаб макърал цIа-рагIгун яхъана, гьитIинаб мехалъ гъираялда гьабулеб букIараб, гьанже рескъотIиялъ гьабизе ккараб, лъадае. Цояб иццухъа цойгиялъухъе екераниги, киса-кибго цIорон бугоан гIайнулмалъад. Данде ккарай дунго гIадай лъадакълъарай мадугьалалда гьикъана гьабго щиб-кинилан, лайлатул къадиралъул баракат кодосезулцин гурищ цощина дунги гьейги ккаралан. «Нилъеде регIунищ иш тIаде кколел ругел, советалда цере эхетун, росдал бегавуллъиялда рагъилел»ан разилъи гьечIолъи загьир гьабуна гьелъги. Йилълъана тIадехун, лъел рогIралги рихъун болкъотIнобе чвахулеб лъимги, гьеб цIорон лъугьараб хIарщ лъаларо, цIер лъалароги мерхьунаго. Гьелдаго тIад хIетI-кверниги биччичIого (ялъуни «хIалтIулаб» багIариялъ лъачIого), сундулго сан гьечIого рахъун чIун ругоан Аваристаналъул тахшагьаралъул мэрлъиялде кандидаталги гьезда ракI унтаралги. «Вай, гьулан мискин халкъ, унго вачIинадайха дуе хъулухъалъе гIарцулаб нахърателалде тIаде чи?!»ян дицаго дидагоги гьикъулаго, нух босана ункънусго метралъул манзилалъ доегIан, цIорочIеб ицц балагьизе. Гъоркьа-тIаса макърашкабиги ккун, чвархъан цIерда речIчIидал, хъащкьан тIадеги яхъана «Унесдаса вакъаравгIаги ккогегиха, Аллагь, тIаде вачIунев»ан (магIнаялда рекъон таржама-авт.) хьами-рецигун.Чуяздеги рахун, магIарде иццул бетIер роцIинабизе никIалайил заманалъ хьвадулел рукIарал лебалал руччаби-бегавулзабиги рачIана, щаяли, цере.

  Иргадулаб нухалъ щайтIабаз ккурав Джигурдал цевевахъиназдалъун кигIан «бечедаб» рухIияб тарбия телевидениялъ кьолеб бугебали бихьиялъ дунялалдасаго ракIги буссун, жуяна казиятал цIализе. «Мегеж бижараб» гурого цIияб хабарги гьезда батичIого, къватIиехун йилъана цIвабзахъ балагьизе. Унго, хасало магIарухъ цIвабзазул гIемерлъи, гвангъи! Диде къенкIолеб бугеб цо гьайбатихъги балагьун, «Доба гIумру батани, социалияб бащалъиялдадай киналго, ялъуни, гьанибго гIадин, тайпаби гьарундай»ян жаваб щолареб суал кьуна чанцIулго. Цинги дунго дидего ягъана заманаялъулаб, дунявияб лазатбосиялдаса абадияб рокъоб щолеб даража дицаго цебе кквечIогонилан. Хадубго цун кеп щвана, гIарцулал сурсатазул экономия гьабизе нухал ратеян тIад къан тарав цо «пинансистас»,мискин-пакъирасе харжил гIорхъи-зани «гьасие гьаб гIелилан»чIван, гIумруялъ гIорцIараб хъулухъалдаги вукIун, муниципалияб гьинсияги цадахъго харжги кьабун вугесул, 50-ялдаса 43 азаргоялде(экономия гьабунха)моцIрол мухь ккедал, «ав пакъирасул бихьуларищ гIодобе ккун бугев куц»ан хIукму къотIиялда. БитIараб буго, бегьуларо мискинчиясдаса «цIира гъине»-цIияб цIваки гьесулъ лъугьиналда, рухI речIчIиялда хIинкъи буго, бегьуларо гьесул кванирукъ батIи-батIиял нигIматаз цIезе-риххел щун, чехь-бакь хун лъугьине бегьула, кинго бегьуларо гьев гирулеб жоялде вахине-лъелго хьвади рекIее лъикIаб рагIула.Гьеле гьедин гьабизе кколаха ракI унтун халкъалъул ургъел, кинабго: ургьиб рекъолареб квен,гIумруялъул рахIатал,цIикIкIарал харжал, тамахал бакIал жидедаго тIаде росун…. Нужин абуни дие кинабали бащалъиялъул бицунел.


Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Пилосопиял суалалал лъуг1и гьеч1ел жал руго(


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook