Авторизация

Дир диналъул вацазе насихIат

Гьаб хитIаб яги насихIат хъван буго Доногъулазул ХIусенил вас Алхасица. Басмаялда бахъулаго, гьаб гъоркьегIан гIурус мацIалде буссинабунги буго: [Совет моим единоверцам. Написал поручик конно-иррегулярного полка Алхас Гусейнов. 1868 год. г. Темир-Хан-Шура. Печатано в Типографии штаба войск Дагестанской области]. Гьединго жеги гъоркьегIан хъван буго: «Хъвараб рекIараб полкалъул наиб ХIосенил вас Алхасица. 1284 сон. КIутIараб Шураб».

Живго Алхас гьавун вуго 1818-леб соналъул 10 январалъ ЧIикIаб росулъ. 1853 соналда 1-себ Дагъистаналъул рекIаразул полкалде хъван, гьениб гIезегIан мехалъ хъулухъ гьабун буго гьес. Гьев 1860-70 соназда Хайдакъ Табасараналда наиблъунги вукIун вуго. Гьебги 1889 соналъ тун буго гьес, пенсиялде вахъун. Гьесие анлъго вас ва кIиго яс гьаруна. Васаца, гьесго гIадин, рагъулаб хъулухъ бищана, дибирлъун ккарав Камалудин нахъе тун.

Падишагьасул рагIдукь бугеб Дагъустаналъул халкъ: нилъ магIарулал рукIа, лъарагIал, гIахъуш [1], гъумек [2], буртиял [3] рукIа, гьел тарал цогидал рукIа, МухIаммадил умматалъул, Аллагьги хIакъго цо гьавулел, Аварагги витIухъ гьавулел бусурбабилъун рижун руго нилъ Аллагьас. Ва амма бусурбанчиян абиялъе гIоло, бусурбанчилъун вукIунаревила гьев чи, Аллагьас жинда тIад лъурал нухал кквечIони, гьел хьвадизе гьаричIони. Гьедин абулеб буго нилъеда Аллагьас, нилъехъе рещтIараб Къуръан – тIехьалъ.

Къол щуябго как базе кколебила, рамазанаб моцIалъул кIал кквезе кколебила, закагIат-сахI тIобитIизе кколебила, боцIуда хIал кIварав чияс, хIеж гьабизе кколебила. Гьелда рекъон, гьереси бицине бегьуларебила, чияр жо бикъизе бегьуларебила. Бикъулеб бихьани, гьеб бицине кколебила, бицинчIони, бикъарасеялдаса балъго гьабурасе хIакъги къисасги тIокIабила. Нагагьлъун нахъа-цебе лъани, чияр жо бикъаравги, бикъулеб бихьун балъго гьабуравги, жамагIаталъ батIа гьаругедила, хъубал чагIилъун рихьедила.

КIиго чиясул къец ккун, цояс дол хъубал чагIазул цоявниги нугIлъиялъе вачун вачIани, нугIлъиялъе восугедила гьев. Росаби данде рачунел гIакъилзабазда, жамагIатчагIазда тIадаб бугила гьединал чагIи битIараб гIакълуялъул нухалде ккезаризеги, мекъса нухалъ унев жиндирго вац-вас, жиндир гьалмагъ чIезавизеги. Щайин абуни, битIараб гIакълу гIадилалда аскIоб гурони, баракатги чIоларебила.

ХIалал-рацIцIад хьвадиялдалъун Аллагьас унти-балагьалдасаги хьихьулелила. Пасалъиялда, хъублъиялда хьвадани, абулеб буго нилъеда Къуръан-хIадисалъ, зулму-хIал биччалила нужеде тIаде. Аллагьасул ццин бахъинабуни, унти-хвелалъул, ракъул балагьал риччалила гьес тIаде. Нужеда рекIелъа гьеб жо кидаго таругедила.

Квеш хьвадизе тIаде балагьалги риччалев, лъикI хьвадаразде рахIматалги кьолев Аллагьасдаса хIинкъедила, гьесда ракIги чIезабедила.

Унтуларев, холарев, хисуларев, жиндир хIалкIолъиялъул хIисаб гьабун нахъгIунтIун кIоларев, кидаго гьеб хIалкIолъи жинда тIаса унарев, киналго жинца рижарав, жиндир махлукъаталъ рекIелъги кIалухъги жив ккурав, кигIан кIодо гьабун, тIокI гьабун жиндие рецц баниги, банагIан жинда гьеб рекъолев, жив цIакъго вацIцIадавлъунги, витIаравлъунги вугев, жинца бижараб халкъалъул хIалал, витIун хьвадарасе жинца гьалмагълъиги гьабулев, нилъеда вихьуларевлъун, нилъеда кIалъаларевлъун жив вугониги, щибаб квешлъиялдаса нилъ хьихьулев вугев, вати тIадав Аллагьасдаги, Аллагьас Аварагасухъе рещтIараб Къуръаналдаги гIамал гьабун хьвадейилан руго нилъ. Къуръаналъ абухъе хьвадулел ратани, гьедин хьвадизе ккела, гьелда щаклъизе бегьиларо, Аллагьги хIакъ гьавулев, Аварагги витIухъе гьавулев бусурманчи.

Ва нуж чIаго хутIаял диналъул вацал, Къуръаналда жаниб бугеб Аллагьасул рагIийилан гурищ бицунеб даим цIаларал гIалимзабаца нилъее жагьилзабазе. «Хайригьи» лъикIаб бачIаниги, «вашаригьи» квешаб бачIаниги, «миналлагьи тагIала», Аллагьасул ракIалъан бачIараб къадаралда дун рази вугоян чIадила жинда божарав чи.

ХъахIабги чIегIерабги жо батIа гьабизе лъалев чиясда, лъикIаб-квешаб жоги батIа гьабизе лъазе ккела. Лъазейин нилъ Аллагьас лъай-гIакълуги кьун рижун ругел.

КIалалъ Аллагь хIакъав, Авараг ритIухъаванги абун, жиндие бокьараб жо бокьухъе гьабизе хIалкIолев БетIергьанасул хIукму-къадаралде дунялалъул цо миллат сурараб мехалъ, Аллагьги Аллагьасул рагIиги кIоченеги тун, жиндир рагIдукье ккаралдаса нахъе, цебе Аллагьасдалъун, кIиабизе гIурус падишагьасдалъун, къоялдаса къоялде, соналдаса соналде нилъее бугеб бигьалъиги, лъикIлъи-рахIатги, гьелъул багьаги гьабуларого, гьесги нилъеда тIад тарав инсуца лъимал гIадин, нилъ данде рачунев падишагьасул вац, нилъер сардар вукIа, нахъиял хIакимзаби рукIа, гьезукьаги намуслъичIого, сабруялда ракIалги чурхдулги чIезаризеги кIоларого, квешаб-лъикIаб батIа гьабизеги лъаларого, гьорол къоялъ лъеде тIаде ккараб тIамах гIадин, гьалаглъизе чурхдулги риччан, эбел-инсудаса жидее хутIараб ракь-милкги рехун тун, щибали лъалареб дунялалде уна гьел. Нуж кире инел абун гьикъараб мехалъ, ниж хункарасде унел руго абула гьез.

Цоги - гIадамал ругони, нилъ гьадин рукIине бегьулелищан, питна-балагьалде халкъги ккезабун, жидерго бетIерги зиян гьабун чIолел. Эбел-инсул букIа, хъизаналъул букIа, вацасул, васасул букIа, жидер бетIербахъиялъул ургъалида, тIалабалда ругел, нахъияб халкъалъул букIа, жал сабаблъун щибдай гьезие лъугьинаян хIисабги гьабуларел, ракIалдеги кколарел, гьел гIадамал, эздалъун сунде, щиб жоялде хьул лъезе ккелеб гIадамазул? Элъулги хIисаб гьабеха нужецаго.

Хункарги жиндирго ракьалда лъикI жиндирго халкъгун, нилъги нилъерго умумузул бакIалда лъикI нилъерго падишагьгун. Хункарасде ун, гьениб гьесие гьабулеб лъикIлъи-хайир, нилъерго рокъорги рукIун, нилъерго бетIералъе, нилъерго хъизаналъе гьабуни, гьебго лъикI нилъее. Гьенире ун тун хадур, нагагьлъун ракъани, захIмалъи-къварилъиялде ккани, гьечIеб къоялъ рокъоб къваригIараб жо босизе вац-васги гьечIони, божарав-вокъаравги гьечIони, гьеб мехалъин цинги гIадамасе къваригIунеб цIакъго кьучIаб хIалалда хисичIого таваккал лъун, черхги ракIги чIезабизе. Гьединаб къо гIадамасул бетIералде бачIунгеги, нагагь бачIани, кIвелаго гIадамасул черхалда гьедин чIезе. КIвечIого тун хадув тарана цинги гьев чи битIараб нухдасан.

Аллагьасе гьабулеб диналъе мукъсанлъунгутIиги, нилъерго бетIералъул сси-хIурмат басралъичIого букIиналъеги сабаб рукIалида чIей букIинилан ккола. Кинан абуни, ганчIил си рукIалидайилан абула. Цо рукIел таралдаса тIаса бекулеб, мукъсанлъулеб, гьитIинлъулеб букIине бугила гьеб. Гьелда рекъон гIаданги батIалъи щиб, цо мина таралдаса нахъе нилъеда анибгоги бихьула гьеб.

Росулъа росулъе цо чи вачIун чIани, жамагIаталде гъорлъе лъугьун кIалъазе рагIуе ирга гьесде щоларо. КIалъазилан гьев лъугьани, мун кIалъагейилан, дуде рагIул ирга щоларин, тIаде вачIарав апараг вугин, лъикIавани, вижараб росулъго вукIинаанин абун чIезавула гьев. Гьаха, цинги гьеб рагIи гIадамасул ракIалда лъикIищ букIинеб, квешищ букIинеб? Гьелъулги хIисаб гьабе нужецаго. Нилъерго ракьалдацин гьедин букIунелъул, чияр ракьалде аразда щиб лъикIлъиха бихьилеб?!

Гьал цо гIадамал абуни, жидергоги щиб лъугьаниги кIвар гьечIел, парахат, берцин жидер хIалтIул ургъалида, жидер хъизаназул бетIербахъиналъул тIалабалда бугеб безер-мискин халкъ ургъалилъеги рехулел, гьел руго бищунго нилъее захIматал чагIи. Байбихьудасанго гьезулги бицинин нужее.

Шамил вахъун Дагъистан падишагьасул рагIдукье ккун, нахъияб соналъ вахъарав Баяниса [4] Байсунгур, цо.

Хъваршиниса [5] Куракул МухIама, кIиго.

Жунсуса [6] ГIумма, лъабго.

Гехиялдаса [7] Атабай, ункъо.

Ичкериялдаса Кунта, щуго.

ЧIарахъа Муртаза-хIажи [8], анлъго.

Табасараналдаса Шихбай, анкьго.

Генуса ХIапизатил МухIама, микьго.

Гьаха, гьав микьавго чини вахъанин. Щиб гьабизе гьел рахъарал, росаби данде рачунел бутIрул, жамагIатчагIи, ва чIахIиял, ва гIисинал! Нужеда кин кколеб, нужеца гьелъул хIисабго гьабуларищ, нужеда гьеб квешго букIунарищ? Гьел рахъун, гьездалъун нилъее бачIараб лъикIлъи-рахIатниги щиб? Гьел рахъинчIого хутIаралани, нилъеде тIаде бачIине букIараб кIудияб ургъел щиб? Масала, жакъа гьел гIадин, метер цогиялги рахъинин. Гьездалъун сунде хьул лъун, гIенеккун, балагьун рукIинел нилъ гьезухъ, хIакимзабазде гьебги тIамун? Таманав чиясда бахарабин гьел гIадамаздасан унти, воре, гьанжениги цIодор рукIа, бахине рукIунге, рекIеда ратизе мех щун буго нилъее.

Цо багьана гьечIеб жо букIинаро. Падишагьасул амруялдалъун букIа, ялъуни гьесги нилъеда тIад тарал хIакимзабацаниги, гьел гIадамаца анкьавго, микьавго абиларин, цо-кIигоясданиги, гьезда гьабураб, нахъияб халкъалда лъалеб рагIараб хIал-зулмуниги бугебани, гьав чи гьадин лъугьинароанин. Гьав хIакимас гьав чиясда хIал гьабунилан, цебе рехизе жониги букIарабани, гьебги гьечIо. Ниж парахатаб хIалалда, лъикIлъиялда чIелароан абураб жо буго гьезул гьеб. Басралъи балагьана гьез, батана гьезда гьеб. ХвечIого гIоларел ратани, жалго хва абеха гьел гIадамал, гьезие гIоло хвезе нахъияб халкъалде тIаде ккараб къо щиб?

Ма, цинги гьединал чагIи сабаблъун, нахъиязе бачIунеб къварилъиялда, лъугьунеб зияналда, падишагьасулниги, нахъиял хIакимзабазулниги, гьединал чагIада ракIги гурхIуларебин, вайниги гьабуларебин нужеда кколеб батани, мекъса буго, гьереси буго гьедин кколел чагIазул. Падишагьасул рагIдукье ккун тун хадур, жидеда кодор ругел гIадамал нухтIаса тарун, эдинаб лъайгьечIолъи гьезухъа лъугьараб мехалъ, ццин бахъинчIого букIинаро. Ваамма, хIакъалдалъун, рекIел гурхIелги кIудияб букIунеб эзул, зайинги цIакъ гьабулеб гьез. Щив чиясул черхалдасан лъугьараб мунагь бихьун, гьикъун, цIехон, бацIцIад гьабун гурони, гьев чиясул мунагь борцунеб гьез. Борцунеб мехалъги гIакълуялдалъун къачIараб падишагьасул къануналдеги ралагьун, гьагъав чияс гьабунщинаб жо жиндаго цебеги цIалун, гьаб гьабурав чиясе гьаб тагIзир [9] бугоян абун гурони, гьабулареб гьез тамихIги. Гьеб тамихIги гьабизе ккаразеги дагь гьабун, мукъсан гьабун гурони, гьебги гьабичIеб. Гьелдалъунги лъазе ккела нужеда гьел хIакимзабазул гурхIелги цIобги нилъеда букIунеблъи, бегьунгутIиялде ккараб мехалъ гурони, нилъее гьез тамихI гьабунгутIиги.

Ваамма цо жо буго жалгоги мукIурал ратила элъие чачаназулниги, чIарлъиялъулниги, хайдакъ-табасаранлъиялъулниги гIадамал. Эзул халкъ-жамагIаталдаса магIарул халкъалъул, жамагIаталъул, лъай-гIакълу тIокIлъана. Кинан абунани, ГIумахъги Кунтахъги чачанал гIадин, МуртазахIажихъ чIарлъи гIадин, Шихбайихъ хайдакъ-табасаран гIадин, ХIапизатил МухIамахъ магIарулал балагьичIо. Гьесул хабар жидеда рагIараб мехалъ киналго магIарул бояда цIакъ мекъсаги бихьана, гIемер квешги букIана. Киналго магIарул жамагIатаца лъазеги гьабуна гьел гендерида тIоцеве Генуве Ярагъиса апандиги вачIун, Гъази-МухIамадилгун кIалъайги гьабун, питна байбихьараб бетIералдаса бицун, хIатIиде ХIапизатил МухIамадиде щвезегIан лъугьанщинаб жо абун, бицинеги гьабун, нечезеги гьаруна. Гьаб нух тIарамагъадисеб нухила, кIочонгедила гьеб рагIиян лъазеги гьабуна.

ХIакимзабазде гьезул рагIиги ккезе течIого, лъикIаб бицун гьелги чIезарун, абуна гьез хIакимзабазда: нижги падишагьасул боялила, буюре падишагьасул амру, гьеб тIубазе нижеда тIадаб бугила. Падишагьасул низамалъул боялги рагъаризе риччачIого, хIакимзабиги инжит гьаричIого, буюрухъ кьовухъе падишагьасул амруги жидецаго тIубан, падишагьасулниги, гьесул гьитIинав вацасул, нилъеда тIад вугев сардарасулниги нахъиял хIакимзабазулниги баркалаги щвана гьезие.

Аллагьасда аскIоб кириги бокьарал, цебе падишагьасда, хадуб гьесул халкъалда гьоркьобги сси-хIурмат тIадегIанлъизе бокьаралги, жидер жамагIат, жидер боял рорцIун, боцIигун баракатгун рукIине бокьани, жамагIаталда жанир ругел цIаларал гIалимзабаца букIа, гIакъилал, жагьилзабаца букIа, малъун хIалалаб нух бихьизабизе нахъияб халкъалда, Аллагьас бищунго беццарабги гьеблъидал. МалъичIониги, щияв чиясда жиндаго лъазе ккараб жо буго гьеб. Щибан абуни, цебе Аллагьасе тIадаб тIагIат-динги гьабун, хадуб падишагьасул амруги тIубан, гьелда нахъа ракIалги парахат хьихьун, рагIиги Аллагьасде тIамун, цебе Аллагьасдалъунги, хадуб падишагьасул чIаголъиялдалъунги, щибго гьабизе гIатIидаб, парахатаб дуниял нилъеда бихьун бугелъул гьанже.

ГIи-боцIиялда хадур чIайилан малъе, хур-хералда хадур лъугьайилан абе. Гьеб тарабги, лъихъ сундул пагьму, устарлъи батаниги, хIалкIун, гIетI бацIцIун, лъалес лъалеб гьабейилан. ЧIахIияца, гIакъилаца, нахъиял гIисиназе насихIатги кье, гIакълуги малъе. Гьезухъ гьелги гIенекке. Гьелдаса лъикIаб жо нилъеда батиларин ккола, дунялалъул цояб рагIалде щвезегIан нилъ сверданиги.

  • БАЯНАЛ

ГIахъуш – даргиял.

Гъумек – тумал.

Буртиял – чачанал.

Баяниб – чачаназул Ножаюрт мухъалда бугеб росу.

Хъваршини – некIо Ункъракь бодулъе жаниб унеб букIараб, гьанже ЦIумада мухъалда росу.

Жунсуб – чачаназул Шобутиб мухъалда бугеб росу.

Гехи –чачаназул ГIурусмартан мухъалда бугеб росу.

МуртазагIали ккола имам Шамилил заманалда гIурусазул хъулухъалда вукIун, магIарулазде данде вагъарав, хадув 1863 соналда гIурусазде данде ЦIоралъул магIарулал рахъине гьавурав Билкан мухъалъул – ЦIалбан росулъа чи.

ТагIзир – тIил кьабиялдалъун тамихI (гIадлу) гьаби.


Автор: ШагIбан ХIапизов

Баяналъул кьучI: Журнал "МагIарухъ". №1. 2014 сон

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook