Авторизация

КАК

КАК

Дир керенги хъвалхьун, квешлъабаздаса

 Гьаб ракI хвасар гьабе, гьардарав Аллагь;

 БацIцIе чIвараб кьаву, кье чорхой сабру,

Чармил кьурабазул сиязе гIадаб.

Дир бетIерги гIанлъун, гIадал нахулъа

 ГIоркь гьечIел пикраби рацIцIе, дир Халикъ.

 КигIанго гIадалал гьел рукIаниги,

 ГIищкъул къасдал цIунун, цIидасан регъе.

РахIму бугев Бичас, гьаб гIумруялъул

ГIайибал, мунагьал чурулеб мехалъ,

 Дун мугIрузул васги гьоркьов виччаге,

Дуда гьикъичIого гьабураб рокьухъ.

 Дуца дие кьуна хех кIетIолеб ракI,

РекIкIалъул рукIкIбуца бикIараб божи.

ТIасалъугьа дида, гIищкъул хIажида,

 ХIежалда какие щурарал кучIдухъ.

Гьаб дир чIаголъидул гъветIалъул хIуби,

 ХIапаро жаниб ккун, кваназе тоге.

 Кинабго биччан те чвахияз ине,

– Чорхолъ бугеб хIасрат хIарам гьабуге!

Гьал цо гIадамаца, гIищкъугин щигIру

 ЩайтIабазул ишан, абизе тоге,

 – Бусургьанчиясе щай бегьуларей

 Берал, гьумер чалухъ, черх-лага берцин?

 РахIму бугев Аллагь, улбул пашманаб

Цо-цо пиша ккана, тIасалъугьа мун.

Дун наслабаздаса намуелъилеб хIакъ...

ХIинкъула, гьабуге дир цIва дий хIарам.

 Аллагь, тIасалъугьа, нухал къосарав,

Къарнудал гьерсазда божарав дида,

– Гьадинги ракьалда талихI дагь бугин,

Гьадинги тушманлъи гьарзаго бугин.

Гьанже киниялда васал дагь руго,

 Дунялалда хабал гIемерлъун руго,

 – Къали бухулаго биххулеб бертин,

Байрам къачIалаго къацандулеб халкъ.

РахIму бугев Аллагь, ишал гIемерав,

Гьаб гIалам, гьаб зоб-ракь кинабгIаги Дур.

Дир каранда бугеб гIасрудал саву

 БихьичIеб ххвел гьабе, гьеб – гьитIинаб жо.

Гьединан, гьукъараб цодагьаб къайи,

 Цо-цо килограмм тIокIаб батараб,

 ЛъикIав таможнияс тола ракI гурхIун,

 РикIкIаде, улка тун, дун унеб мехалъ.


Автор: Расул Х1амзатов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook