Авторизация

ЛъикIалъул бицинин, ццин чучиялъе

Ч1валел гьаби, политикаялъул гьобо, гьеч1елъуса рахъун рицунел къват1ул харбал - унгоха къанаг1атлъи рак1 чучулеб, г1умруялде гъира балеб харбил. Цоцазде рокьукълъиги бижизабун ццидаллъи гурони, пайда щиб бугеб гьел харбазул?


 Рамазан Ражабов цо мустах1икъаб бак1алда  лъун вугин абураб рохалилаб ругьелалъ лъик1аб хабар бицине гъира ккана жакъа дирги.

Нилъер заманалъ г1емер раг1улеб хабар: минаби ч1ах1агьариялъ нухал къварид гьарулел  руго!  Лъидаха раг1араб к1ит1алаяб минаялъул къедги даг1агьун, рукъзалги къварид гьарун, къват1 г1ат1ид гьабурав чи? Дида раг1ана, бихьизеги бихьана. Нижер, Шамил мухъалъул Гьандихъ буго гьединаб чанго мисал-  азбаразул ригьзазул къадал риххун жанире ц1ц1ан цидасан бараб чанго бак1 батана, халкъияв хъвадарухъан Мусса Мух1амадовасул росулъ. Цоги рехсеч1ого бегьулареб мисал батана Гьандихъ- росдал бегавулас т1убараб лъаг1алица босич1ого жиндирго харж буссинабун буго росулъ ралел жамг1иял бак1азде, лъаг1алида жаниб цо моц1рое бач1унеб пенсия, харж росдае г1аммал х1алт1аби гьаризе кьолеб буго т1убараб жамаг1аталъго. Божуларев бихьизе Гьандихъе а.


Т1екьадерил цо-цо хъизаназда батана бицинч1ого бегьулареб г1адат баккун. Мисалалъе, цо к1удияб хъизаналъул бет1ерас т1аде босулеб буго ч1ах1иял г1урал жиндирго ва яц-вацазул лъималазе дарсал лъезе. Ч1езабураб заманалда хъизаналъул к1удияс аск1осеб г1агарлъи ах1улеб буго жиндихъего. Гьениб лъолеб буго хасаб цо темаялдаса дарс.  Дарсил экзамен босизе данделъулел руго иргадазул рукъзабахъ.  Дарсазул тема- исламалъул кьуч1, ч1ах1иязда ва г1исиназда аск1об ц1унулеб адабгун т1алаб, рос-лъадуца цоцазул х1умат ц1уни, рокъоб г1иц1го рахьдал мац1алда к1алъай. К1удияб к1варалъул, маг1наялъул иш буго гьеб нилъер заманаялъ. Цо бугони иман-исламалъул бич1ч1и щулла гьаби, к1иабизе- умумузул лъик1ал г1адал малъи, лъабабизе- хъизан гъунки, рух1ияб рахъалъ къуватаблъун лъугьин.


     Гьидерил Хочбарил ват1ан-Х1отода росулъги бижун буго, гьал ахирал соназ, г1адамазда гьоркьоб гьуинлъи ц1ик1к1инабулеб г1адат. Гьениб щибаб рузман сордоялъ киназго инкар гьабула телефоназдаса, киналг1аги гаджетаздасан. Гьел илбисазде руссун г1агарлъи цоцаздаса рик1к1алъулеб бук1инги х1исабалде босун, х1отодисез ургъун буго «Гьи (мугь) кваназе г1агарлъи данделъулеб сордо. Кьолбол к1удияс бахъула хасаб сиях1, гьеб сиях1алда рекъон иргадаз белъун х1адурула т1аг1амаб мугь, гьеб кваназеян г1агарлъиги ах1ула. Узухъда, аслияб ханлъиялда «гьи» бугониги цогидал миллиял кванил ниг1маталги камуларо  остолалда. Телефонал тун руссараб тепсиялда нахъа хабарги рек1ее хьалхьи кьолеб бук1инарищха.


Росу бахъун къват1ирехун, шагьаразда ругел х1отодисездеги бахун буго гьеб «лъик1аб» унти.  Цоцахъ т1аг1ам кванач1они г1агарлъи цоцаздаса т1олеблъи нилъеда исламалъги бицунеб гьеч1ищха.


        Къелдерил росабазул бегавуласул ва гьесул заместителасул буго жидерго аслияб жавабчилъиялда т1аде т1адабго гьеч1ебги г1емераб х1алт1и жубалеб. Ахираб лъабго сонида жаниб, хасалил халатал сардаз гьел щолел руго жидерго росабалъ ругел зах1маталъул ветераназухъе, г1уц1улеб буго «ц1адахъруссен». Цадахъ сурат, видео бахъулел чаг1иги, жидерго маданияталъул вакилзабиги. Харабаз бицунеб буго жидерго г1умруялъул, г1олилазги гьеб кинабго камераялдеги босун росдал архивалъе ц1унулеб буго. Гьединго, ихдалил заманаялъ т1абиг1аталда т1обит1улеб буго харабазул къо. Жалго ветераназ т1аса бищулеб буго х1ухьбахъи т1обит1изе бак1ги. Г1емерисебго мехалъ гьеб кколеб буго гьел жалго колхоз-совхозазда х1алт1улаго маг1ишат гьабурал, гьанже ч1унталиде ккарал кулаби. Ч1ваднахъги балагьун, угьун х1ухьелги биччан бицунеб буго гьез гьеб къоялъ жидерго г1олохъанлъиялъул..

Гьедин буго нижер мухъалда. Нужехъ кин бугеб?


Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook