Авторизация

«КочIохъаби чIвала, кучIдул бергьуна»

Мух1амадрасул Г1умаров 

«Коч1охъаби ч1вала, куч1дул бергьуна»

Киг1ан г1емераб гъегъ г1урде баниги,

Г1урччинхер ганч1алъан баккун бач1уна.

Гьедин Лирикаги, чан дуэль ккараб, - 

Коч1охъаби ч1вала, куч1дул бергьуна.

(Расул Х1амзатов)


 Дунялалда назму-кеч1 баккаралдаса раккун ратила  гьел какулел чаг1иги. Гьединго щиб лъик1аб жо бугони гьелда рази гьеч1ел г1адамал рук1унеблъиги  ц1ияб жо гуро. Жакъасев шаг1ирасда къалам кодобе босилелде рихьула жив какизе  х1адуралги, жиндир асар къабул гьабизе бугел чаг1иги. Амма, кин бугониги пасих1лъи нахъе хут1ула, х1усудги жах1даги ракьулъе уна. Маг1арул адабияталда цониги шаг1ир гьеч1о жиндилъ жах1да ккеч1ев. Х1атта, Инхоса Г1али-Х1ажиявги берккеялъ хванин  абула г1олохъанго. Эб кинабго бихьун, бич1ч1ун батила Расулица гьал т1адехун рехсарал мухъал хъварал. Жакъа къоялъ балагьидал цебе бук1аралдаса хисараб жого  бихьулеб гьеч1о. Цояз цоял какулел, къабих1 гьарулел, нахъаса гаргадун,  гурел бугьтанал лъолел. Щиб мурад, щиб г1илла гьелъие бугебали лъазе к1оларо. Дидани ккола какдарулеб г1узру батилин чиясул. Гьеб буго маг1арухъ раг1иялъулги, шаг1ирасулги  къимат бук1иналъул х1асил. Щибго гурев чи вук1ани какиги бук1инароан. Лъида бугониги рак1алде ккун батани цогидал какиялъ жиндир  г1адамазда гьоркьоб машгьурлъун ц1ар т1ибит1илин абун, гьесдасаги пакъирав чиги щивха вук1инев. Жинде раг1и абураб мехалъ дов данде к1алъач1ого ч1ани т1ат1ала какизе лъугьуна, жинца ц1акъаб иш гьабулеб бугилан ккун. Х1акъикъаталда абуни г1акълу бугев чи гьадинаб г1иси-бикъинаб жалазда  данде к1алъаларо. Амма рек1елъ къач1ого бук1унаро, рак1 лъукъич1ого хут1уларо. 


Дида кинго бич1ч1уларо ч1еч1ого Хъвадарухъабазул Союзги шаг1ирзабиги какулел г1адамал. Союз буго к1икъоялда анц1гоялдасаги ц1ик1к1ун  соназ Расулица нухмалъи гьабураб,  ц1иял   асарал къват1ире рахъизе   чанги шаг1ирасе квербакъараб, шаг1ирзабазе цогидаб кумек х1укуматалдаса т1алаб гьабураб г1уц1и. Гьев цевеса ун хадуб гьанив нухмалъулев ккана Мух1амад Ах1мадов. Бищунго гьенив вук1ине мустах1икъав вук1ун ккана гьев дове. Дагъистан Россиялда ва дунялалъул бокьараб бак1алда бихьизабизе г1ураб гьунарги лъайги бугев чи вуго Мух1амад. Союз каки ккола Ах1мадов каки. Киназдаго бихьулеб буго Расул цевеса аралдаса Мух1амадица Союз ц1унун ва заманалда рекъон бажарараб х1алалъ цебе бачунеб бук1ин. Расулица лъураб х1ок1ида гьеб ч1езабизе бигьаяб иш гуро, амма Мух1амад к1вах1тун х1алт1ана х1алт1илевги вуго. Гьесие кумекалъе рук1ине мустах1икъав чанги чи нахъе к1анц1ун ч1унги вуго жидеего т1ок1ворч1иялъ ц1ар щвелеб г1адин. Лъик1 рук1аян асаралги хъван, живго квеш вугесе щиб къиматха кьелеб? Лъиданиги к1оларо жив ц1акъавин керенги бухун халкъалъе вокьизавизе, вокьилев г1адинаб г1амалги ишги гьеч1они. Гьединго жиндир цониги  асар халкъалда раг1ич1ев, раг1аниги рак1алдаги ч1еч1ев чи   халкъалда гьоркьор шиг1рабаздалъун машгьурал чаг1азде шаг1ир гурин довин ах1дейги бич1ч1уларо. Гьеб буго моц1роде х1апдолеб гьойдул мисал. Маг1арулал цолъизе кколин бищунго церерахъине мустах1икъал чаг1и руго шаг1ирзаби. Гьезул раг1ул къуватги бук1уна гьезда рек1елъе раккун к1алъазеги бажарула. Миллатги ц1унизе, г1ун бач1унеб г1елалъе мисалги бук1ине киналго рекъон рук1иналдаса берцинаб жо щибго гьеч1о. Гьаб казияталъул гьурмаздаги кколарел жал хъван  какдарун церерахъин берцинлъи гуро. Гьединаб даг1ба-раг1иялдаса нусго нухалъ лъик1 гьеч1ищ ц1ия-ц1иял асаралги хъван гьел цоцазе ц1али. Гьеб буго шаг1ирасе бищунго рекъараб иш. Гьелде гьесизареги киналго.


Автор: Мух1амадрасул Г1умаров

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Какдезе бищун бигьаяб жо бугелъул Мух1амад-Расул,элъ гьезги гьеб гьабула


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook