Авторизация

МагIарул мацI лъаларев чи магIарулав гуро

МагIарул мацI лъаларев чи магIарулав гуро Гъуниб росу.

МагIарул мацI малъиялъул масъалабазул бицунеб буго нилъер рахьдал мацIалъе хъулухъ гьабулаго 93 сонил ригьалде къоял щварав Гъуниб мухъалдаса журналист ва мугIалим Зайнудин Зайналовас.


ГIали-хIажиясул сатираги МахIмудил пасихIлъиги


ТIолабго гIумру нилъер мацIалда хурхен-бухьен бугеб букIана дир. Жакъа гьаб гIумруялдаги дир рекIее рахIат толеб гьечIо гьелъул букIинесеб къисматалъ, метерисеб къоялъ, мацIалъул щибдай букIинебан абураб суалалъ.


Гъуниб педучилищеялда рахьдал мацIалъул учительлъун хIалтIулеб, рагъдаса хадусел соназдаса нахъе, 50 соналдаса цIикIкIараб заманалда, дирго аслияб хIалтIуда цадахъ, мухь босичIого, дица нухмалъи гьабуна Гъуниб районалъул школазда рахьдал мацI ва литература малъиялъе. ВукIана гьеб ишалъул кураторлъун. Гьанже гьеб хIалтIи гьабулеб буго, лъикIаб харжги босун, хасал гIадамаз.


Дида бажарулаан, инспекторзабазул халгьаби бугеб мехалъ, гьеб хIалтIи гьабулев учителасул 10 – 12 дарсиде инеги, контролиял хIалтIаби гьаризеги, цIалдохъабазул лъаялъул даража борцинеги, бажарулаан методикияб кумек гьесие гьабизеги, гьесул батараб лъикIаб хIалтIи цогидазухъе щвезабунги, хIалтIул планазулги, программабазулги, журналазулги, хIатта тетрадазулгицин халгьабизеги.


Гьарулаан учительзабазул сценариялги, цIалдохъабазул олимпиадабиги, тасдикъ гьабураб графикалда рекъон, учительзаби ритIулаан лъай камил гьабиялъул курсаздеги. КIочон толароан дидаго тIад хIалтIизеги. Подписка гьабулаан магIарул газетазе ва журналазе, чIезарулаан гьезие къваригIарал тIахьал ва цогидаб учителасе хIажатаб материал (гьеб дирго хъулухъалъул тIадаб ишги букIана). Нижер Гъуниб район кинабго рахъалъ букIана лъикIазда гьоркьоб. Гьелъие квербакъи гьабулаан районалъул школазда рукIарал 10-12 бажари ва махщел бугел учительзабазги.


МагIарул мацI, болмацI, гIаммаб мацI, литературияб мацI, рахьдал мацI,  кинаб къагIидаялъ абуниги, гьеб буго нилъер мацI, нилъер хазина, нилъер чIухIи, нилъер рухIияб бечелъи. Бечедабги буго нилъер мацI. Сугъралъ гимназиялъул учитель ГIумар Хазамовас (КIудияв Хазамовас) абулаан ГIали-хIажиясул сатираги МахIмудил пасихIлъиги нилъер халкъалда бичIчIизабизе кIолеб мацI мискинаб букIунарилан.


Нилъер рахьдал мацI цIунизеги лъазеги бокьун, гIемераб хъвалебги бицунебги буго, амма роцIцIараб, ракI разияб хIасил кколеб гьечIо. Гьеб  суал тIубалеб гьечIо, «амин» абулареб дугIа гIадинан хутIун буго. Руго гьелъул къиматги гьабуларел, магIнаги бичIчIуларел, ургъел гьечIел гIадамалги.


Рахьдал мацIалъул къимат бичIчIуларев директор – къосун ккарав чи


Дагьал церегIан соназ дун ккана цо классалъул умумузул данделъиялде. Гьениб  классалъул нухмалъулелъ борхана кинаб цIалул план тIаса бищилебин абураб, директорас тIадкъараб суал. Гьелъ хIаракат бахъулеб букIана кIиабилеб цIалул план пайда цIикIкIараб бугин бичIчIизабизе, лъимал вузазде рорчIизе, иш бажарулеллъун рахъине, гIурус мацIалъул дарсал цIикIкIун лъуни, лъикI букIунин абураб магIна букIана гьелъул, хIадурго чIезарун ругоан гьелъул рахъккун кIалъазе гIадамалги. БатIи-батIиял миллатазул цIалдохъаби ругеб бакIалда гурони, гьеб план къваригIунарин дицаги дида цадахъ вукIарасги гьабураб кIалъай гIададисеб ккана. Гьединал хIукмабиги гьарулел, харбалги рицунел гIадамалги дандчIвала, хъвазеги цIализеги лъани гIоларебищ, тIокIабги щиб нилъее хIажалъулебин абулелги ккола. Цо-цо школалъул директорги лъугьуна, цIакъаб жо гьабулев гIадин, рахьдал мацIалъул мугIалимасул сагIталги дагь гьарун, кIиабилеб цIалул план тIаса бищизе. Гьев вуго дов къосун ккарав чи. ГIурус мацI къваригIинарин абулев чи гуро дун, гьеб нилъее гьечIого гIоларин абуна нилъер нухмалъулезги.


Дагъистаналъул лъайкьеялъул министерствоялъул кIиабилеб цIалул планалда рекъон цIали гьебеян кьураб буюрухъги гьечIо, Тахо-Годил цIаралда бугеб педагогикияб гIелмиял цIех-рехазул институталъул рихьизариялги руго гьелъул хIакъалъулъ. Буго школалъул уставги Федералиял Законазул тIалабалги. Цого цIалул планазул бицунел рукIинчIого, дица гьелдаса цебесеблъун рикIкIуна шагьаралъулги хъутабазулги школазда миллатазул мацIазда кьолел дарсазде кIвар буссинаби. ЗахIматго буго гьениб учительзабазе хIалтIи гьабизе, сагIтазул къадарги гьениб дагьго буго, руго цIалдохъаби мацI лъикIго лъалелги дагьго лъалелги, лъазего лъаларелги. Гьединаб хIал бугеб мехалъ,  къваригIуна хасал программабиги, методикиял рихьизариялги, хасал тIахьалги, берзулал пособиялги.


Дагьаб цебе букIараб миллиял мацIазул учительзабазул данделъиялда бахъараб сураталъухъ балагьараб мехалъ, бихьулеб букIана киназдего гIагарун учительзаби руччаби рукIин, гьел рукIинго лъикI, бихьиназул гьел шартIазда хIалтIи гьабизе сабру гIелароан. Шагьараздаги ратулел руго дол цIодоралин чIарал гIалимзаби. Гьезул цояс газеталдасан абулеб буго шагьаралъул школазда миллиял мацIал малъи пачалихъалъул иш гурила, гьеб халкъалъул иш бугила. Гьезие гьеб цIакъго бокьун батани, гIарацги бакIарун, мацI лъазабизе кружокал гIуцIизе гIадамал лъицаго гьукъун гьечIила. Газеталъги биччан тун буго гьеб («ХIакъикъат», 22 октябрь, 2010 сон). Гьеле гьебги буго мацI хIабургъинабулезул хабар.


Суалалги, гьабизе кколеб хIалтIиги, гIунгутIабиги гIемерал руго. Цо-цо бакIалда рахьдал мацIалъул дарсал кьолел руго батIияб махщелалъе цIаларал гIадамаз. КIудияб гIелалъул мугIалимзабазул гьанжесеб технология, компьютерал хIалтIизаризеги, стандартал тIуразаризеги тIубараб махщел гIолеб гьечIо, ДГПУялъул ва ДГУлъул филологиял факультетаз къватIире риччалел руго гIураб хIадурлъи гIечIел махщалилал. ХIажатаблъун бихьулеб буго аттестатаздаги авар мацIалъе къимат букIине, гьез ЕГЭги кьезе ккола, цIалул планазда хадубги хъаравуллъи букIине ккела.


ТIадехун бихьизабурабги бицинчIого хутIарабги жиндир бакIалде бачIине ккани, къваригIун буго Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул миллиял мацIазул хIакъалъулъ кьучIаб хIукму, закон, къанун букIине, мацIги унго-унголъунги пачалихъалъулаблъун гьабизе, кружокал гьареянги хъвачIого букIине.


ГIелмияб къагIидаялъ мацIалъе къимат кьезе гIураб лъаялъул чи гуро дун, мацIги бокьулев, гьеб лъазабиялъеги цIуниялъеги бажарарабщинаб жоги гьабурав гIадатияв мугIалим, 70 соналъул педагогикаялъулаб хIалтIул стажги бугев, херав чи вуго. РагIуе эркенлъи кьун букIаго, дица абулеб буго нилъер мацIалъе къорлъун бугеб кIиабилеб цIалул план нилъее хIажатаб гьечIилан. Гьаб макъалаялда рази гьечIев чияс жиндирго пикру загьир гьабизе бегьула.


ХадурагIи:


МагIарул мацI лъаларев чиясда магIарулавин абизе разияв гьечIо дун. Эбелалъул мацI бицунарев чи эбелалъул вас кколаро. Буго нилъер бечедаб мацIги, руго гIакъилал кицабиги, абиялги, бахIарзал кIодо гьарулел кучIдулги, бегIераб рагIиги — гьеб кинабго цIунизе ресал ратулел гьечIо нилъеда.


Газетайищ цIалилареб, кагъатищ хъвалареб? МагIарул кечIгIаги бичIчIизе ккеларищ? Зигараялъищ ине гьечIев, магIарул мацIалда зигара базе лъаларев чи? МагIарул фольклорги, адабиятги, маданиятги, искусствоги къваригIинехъин гьечIо гьесие. ГодекIанги щибизеха гьесие. Руго гурищ нилъер цо-цо хъизанал, рокъор лъималазда гIурус мацIалъ кIалъалелги?! Хъизаналда буго бищун кIудияб гIайиб. ГьабсагIат лъайкьеялъулъ къваригIараб жо буго ватIанги халкъги рокьиялъул тарбия.


Гьаб макъала «Миллат» газеталде битIулеб буго, магIарулазул бюджеталъулаб «ХIакъикъат» газеталде ГIали Камаловас дие нух къан буго. ГIали Камалов гьавилелдего магIарул газеталъул вукIарав мухбир, селькор, корреспондент ккола дун. ГIумруялъул ригьги 93 соналде бахана. «ХIакъикъат» газета редакторасул буголъи ялъуни ирс кколаро, пачалихъалъ, халкъалъ хьихьараб идара буго, халкъалъул мурадазе гIоло хIалтIизе тIадаб. ГIали Камалов махщелчи, профессионал гуро, Дагъистаналъул бетIерлъун вукIарав МухIамад Юсуповас гьеб хъулухъалда къазавурав чи вуго. ЛъугIизабулеб буго МухIамад БисавгIалиевасухъего: «ЛъикIаб бихьаги, лъикIаб рагIаги!»



Автор: Зайнудин Зайналов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +5
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook