Авторизация

Гьаниса Гъолоде – лъабго къойил нух…

Миллатцоял


Гьаниса Гъолоде – лъабго къойил нух…


…Къалъилелде щола щанкIлал хъахIаб чу


Гьаниса Гъолоде – лъабго къойил нух… МагIарул бахIарчилъиялъулги чилъиялъулги гIемер хIалбихьараб бакI буго ЦIор. Нилъер халкъалъул фольклоралда, тарихалда, гIумруялда жаниб кIудияб бакI ккола ЦIоралъул темаялъ. Кавказалъул гIорхъи МагIаруллъиялъул гIорхъи букIана ва гьеб цIунана аза-азар соназ, рухIалда барахщичIого.


 Дагьаб цебегIан Дагъистаналда промышленниказул ва базаргабазул тIоцебесеб форум тIобитIулелъул, гьенир гIахьалъизе рачIарал ЦIоралъул магIарулазул жамгIиял хIаракатчагIазулгун гара-чIвариял гьаруна «Миллаталъ». ЦIоралъул магIарулазул Шамил имамасул цIаралда бугеб гIуцIиялъул цеве вукIарав нухмалъулев, машгьурав жамгIияв хIаракатчи АсхIабгIали МахIмудовасулгун ва гьанже вугев бетIер МухIамад ГIисаевасулгун «Ленинград» абураб гьоболаб минаялъуб гIезегIан халатал накъитал гьаруна.


АсхIабгIали МахIмудовас (Хирав) бицана дагь-дагьккун магIарулаздаса эркен гьабулеб бугин ЦIорилан. Тарихияб магIарулазул ракь ккола ЦIоралъул Закатала, Билкан мухъал. Гьединго гьанжесеб  КIахъ районалдаги руго магIарулал. Гьеб КIахъ мухъалъул Тангит росдада аскIоб буго Шамил имамасул наиб ХIажимурадил хобги. Мех-мехалда гьеб хобгун ва занигун рагъула цо-цо къажарал. Зани гъурула, гьаб бакIалда наиб ХIажимурад вукъун вугилан абураб игIлан, маххул гьабуниги, бикъун, бахъун уна. Азербайжаналъул цевесев бетIер ХIайдар ГIалиевасул ва гьанжесев бетIер, гьесул вас Ильгьам ГIалиевасул суратал камураб цониги росуги, къватIги, рукъги гьечIо. ХIайдар ГIалиевасе рарал памятникалги руго, СССРалда Ленинилалдаса цIикIкIун, гьезие рукугI гьабизеги тIамулел руго киналго.


Гьаниса Гъолоде – лъабго къойил нух… Гьединго некIсияб магIарулазул ЧIар росулъ вукъун вуго бищунго шавкат бергьарав ва ритIухъав магIарулазул нуцал, бодул цевехъан КIудияв ГIумахан. Амма гьесул хобалда аскIоб цун бугеб басрияб мажгиталда жаниб магIарул мацIалда вагIзаби гьаруларо, гьел гьукъун руго Бакуялъул тIадчагIаз. «Миллаталъул» гIакълъучи КIудияв ГIумаханасул рухIалъе бигьаго батиларо гьеб хIужа хIехьезе.


Я хIалтIудалъун хьезаруге, я магIишат цебетIезе тоге, чIелищ хасго гIолохъаби ЦIоралда. Гьел гочунел руго Россиялде, гьелъул батIи-батIиял регионазде ва гьединго Дагъистаналде. Гьединаб «тамахаб геноцид» ургъун, магIарулаздаса «бацIцIад гьабулеб» буго нилъер умумузул бидуца ва гIетIуца лъалъараб, буцараб, нус-нус росаби ругеб, аза-азар хабал тараб, хIалалаб магIарул ракь. Чияр пачалихъалъ хьихьарал Турциялде гочарал мугьажирзабазде кьолеб кIвар цIикIкIун буго магIарулазул жамгIиял идарабазулги, хьолбохъ бугеб ЦIоралде кьолелдаса. 


Гъоркьисаги исанаги ракьбагъариял ккеялъ, гIемераб гIакъуба-къварилъи бихьана ЦIоралъул магIарулазда, хIисаб гьабеха, ригьзалги тIатIала ккун, къотIнор хутIарал гIадамазул. Гьелги кколагури гъолго «беженцал», тIабигIияб балагьалъул къурбанал. Гьанже Крымалде унел руго Дагъистаналдаса квербакъиялъул «КамАЗал». Ине бегьиларилан абулеб гьечIо, амма Крымалда нахъа гьабсагIат кIудияб улка буго, ЦIоралъул магIарулалил абуни, рехун тун руго, бесдалал гIадин, чиярал гIадин, лъиего хIажат гьечIел гIадамал кинигин. Кир ругел нуж, миллатцоял?


Декабрь, 2014 сон

Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +216
  • Нравится
Оставить комментарий
Лъие дай,гьеб суал кьун лъик1?
МагIарулалилан жалго жидецаго рикIкIунелщиназе.
Hamzatavari,"Гъанкъулев чиясул,хвасарлъи гьесдаго бараб буго"(


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook