Авторизация

МухIамад-нуцал (1730-1774)

ХVIII гIасруялъул бащалъиялда Аваразул нуцаллъиялъухъ букIана мадугьалихъ ругел пачалихъалгицин жиндие мукIурлъулеб къуват. 1848 соналда гьарурал гIурус штабалъул хъвай-хъвагIаязда рекъон, жеги Надир-шагь чIаго вугеб заманалдаго, авараздаса чи бергьунарин абураб пикру билълъун ун букIун буго Азиялда. Надир-шагь хун хадубин абуни, "аваразда данде лъолеб къуват гьечIилан", гьеб пикру тIубанго щулалъун буго. Амма ислам баккилалдего гIуцIараб Сарир пачалихъ лъил квербакъиялдалъун гьединаб ссиялде бахун букIарабали гIемерисезда гуро лъалеб. 

 

МухIаммад-нуцаласул хъизан

Дагъистаналъул тарихчагIазул баяназда рекъон, 1730-31 соназда ГIума-нуцаласе гьавула МухIамад-нуцал абурав вас. 1732 соналда – яс Бахуч-Меседу (хадуй гьей хайдакъазул уцми АмирхIамзае росасе кьола). 1735-36 соналда хола гьезул эмен – ГIума-нуцал. Гьев вукIана Дугри-нуцаласул вас. Гьесда КIудияв Булачилан цIарги хIалтIизабулеб букIанин абула. Гьев ГIумма-нуцаласул вукIуна лъабго вас: МухIаммад-нуцал, МухIаммадмирза ва ГIумма-хан (гьев хвана хIижраялда рекъон 1125/1713 соналда балугълъуде вахиналде).

ГIума-нуцал хун хадуб ханлъи гьесул васал МухIаммад-нуцаласухъеги МухIаммадмирзахъеги щола. Гьел кIиялго рукIуна кутакалда цоцалъ рекъарал, цо кIалдисан кIалъалел, цоцада хадур рилълъарал вацал. Гьединлъидал тIадбалагьун ханлъи цо чиясухъ бугин, МухIаммад-нуцаласухъ бугин кколаан. Эмен хвараб мехалда МухIаммад-нуцалил букIуна гIицIго щуго сон. Вацазул МухIаммадмирзайищ кIудияв вукIарав, яги гуревищали чIванкъотIун лъалеб гьечIо, амма ханлъи аслияб куцалда МухIаммад-нуцалас гьабулеб букIараблъи хIакъаб буго. 

Надир-шагь Авариялде вачIиндал, вацаз гIезегIан жигар бахъун буго гьесда кьаби щвезабизеги гъумекдерилгун Хайдакъалъул ханзабазул чагIи рахчизаризеги. Баяназда рекъон «МухIаммад-нуцаласги МухIаммадмирзацаги ханлъи гьабулеб заманалда, гьижраялда рекъон 1153/1740-41 соналда, рикIкIен гIемераб богун Надиршагь гъазигъумекдерида тIадекIанцIула. Чулахъ Сурхайги гьесул лъадиги, дандечIей гьабизе кIвечIого, шагьасухъе кверде уна. Къей хIехьезе захIмалъарал гьезул лъималин абуни – МухIаммадги МуртузагIалиги – кумек гьарун Хунзахъе МухIаммад-нуцалихъеги МухIаммадмирзахъеги уна». 1742-43 соназда Хунзахъ рахчун рукIуна Хайдакъалъул уцмиязул чагIиги (хадурккун гьез цоцазулгун – магIарул ханзабазгун уцмияз – ригьналги гьарула). Хунзахъ лъагIел бан хадуб гьезул гьоркьорлъаби дагьалги щулалъула. Гьедин МухIаммад-нуцалица ячуна Хан-МухIаммадил яс Баху. Гьев живго хун вукIуна. Гьедин Баху росасе кьола гьелъул кIудияв инсуца – Хайдакъалъул уцмий АхIмад-ханица. Гьелдаса хадув гьев Хайдакъалде тIадвуссуна. Гьеб заманалдехун Надиршагь гьениса ун вукIуна.

Гьедин 1743-44 соналда МухIаммад-нуцалас ячуна Баху, жиндирго яц Бахуч-Меседуйин абуни, цебехун бицухъе, уцми АмирхIамзае – жиндир лъадул вацасе кьола.

Гиничукьа ХIайдарбегица хъвалеб буго «МухIаммадмирзаца ячун йикIанин Ахъсаялдаса Хасаймусал гIагарай яс ПатIимат. Гьелдасан гьарурал кIиго лъималги рукIанин гьесул — яс КIилъилайги (гьей яхъуна ГIума-нуцаласул лъадилъун – автор) вас Булачги (гьесда абулаан ГьитIинав Булачилан). Цогидал лъимал рукIинчIин ккола МухIаммадмирзал». Амма Гиничукьа ХIайдарбегица хъвалелда дандекколареб баянги буго. ХIХ гIасруялъул бащалъиялда гьабураб хъвай-хъвагIаялда рекъон, «ГIума-хан ккола Нуцаласул вас, МухIаммад-Мирза-ханги Булачги ккола гьесул вацал». Бихьулеб букIахъе, МухIаммадмирзал лъади кколаан Яхсиялдаса Хасаймусал вацасул яс ПатIимат. 1772 соналда МухIаммадмирзаги гьесул вас Булачги хола Ширваналда, яс КIилъилай кьола жиндирго вацгIал, КIудияв ГIумахание.

МухIаммад-нуцаласул хъизаналъул хIакъалъулъ жеги рагIа-ракьанде щун хъван буго А. Берже абурав авторас (мугIрузул Дагъистаналъул бицараб гьесул тIехь Тифлисалда къватIибе биччан буго 1859 соналда). Гьениб кьун буго Аваристаналъул нуцабазул кьибил-тухумалъул таблица. Гьелдасан бихьулеб буго МухIаммад-нуцалил ункъо чIужу йикIараблъиги:

Баху – гьей хвана 1767-68 соналда.

Тинатина – «асир гьаюрай гуржияй».

Мариам – «асир гьаюрай гуржияй».

БитIа – гьанжесеб ЛъагIилухъ росулъа гIадан.

Ункъайго чIужуялъ гьабураб ичIго лъимерги букIун буго МухIаммад-нуцаласул – лъабго васги анлъго ясги.  

ГIума-нуцал гьавун вуго Бахуца – Хайдакъалъул уцмиясул ясалъ.

Гебек ккола Мариамил вас. «ГIума-хан хун хадуб Авариялда тIад кверщел гьабизе вагъарун вукIун, ГIума-ханасул лъади КIилъилалъ 1800 соналда загьруги кьун хвезавуна гьев», – абун хъвалеб буго. ХIакъикъаталдайин абуни Гебек чIвана кIалккул моцIалъ 1216 соналда (1802 соналъул январалда).

Сурхай ккола Мариамил вас. «1201 (1786) соналда хвана шайих, ГIуммаханил вац Сурхай».

ХъистIаман – Бахул яс, гьей ана Магьдалазул ханасе.

Бахтика – гьейги Бахул яс, Гъарабагъалъул хан Ибрагьимил лъади.

Меседу – гьейги кколаан Бахул яс, Хайдакъалъул уцмиясул лъади.

Султанзада – Тинатинил яс. Цин 1770 соназул байбихьуда гьей Вахтангие – Гуржиязул ГьерекIли II ханасул васасе – гьарун йикIуна. Амма гIалимзабаз дин батIиязулгун ригьин гьабизе гьукъидал, Табасараналъул къадиязул чиясе кьола гьей. Тарихчи Тимур Айтберовасда гьесул хоб батун буго Табасаран районалъул Зил росулъ.

Шамай – ЛъагIилухъа БитIал яс. А. Бержел баяназда рекъон, гьей росасда Магьдазул ханлъиялда йикIуна.

Аймесей – Бахул яс. Гьей хола 1219 (1804-05) соналда. 

Надир-шагьасда кьаби щвезаби гуребги МухIаммад-нуцалица кIудияб хIалтIи гьабуна Аваристаналда гъорлъе унел жамагIатазда гьоркьоб цолъи букIиналъеги. Масала, МухIаммад-нуцалица ханлъи гьабулеб заманалда хундерица гьидерилгун къотIи-къай хъвана къварилъи-гIатIилъиги гIахьаллъи гьабун, цо жамагIатлъун букIине. Гьединго чIезабун букIана такъсирчагIи цоцахъе кьеялъул къагIидаги, жиде-жидер гIадатазда рекъон диван къотIизе цоцазе квалквал гьабунгутIиги. Гьединалго къотIи-къаял гьарун рукIана МухIаммад-нуцалида цадахъ гуржиялъе чабхъад рахъунел рукIарал, гьединго гуржиязул ханзабазулгун гьоркьорлъаби лъикIлъизаризе квербакъулел рукIарал анцухъдерилгунги хьваназулгунги.

ГIорхъода ругел жамагIатазул церехъаби гIемерисеб мехалда рукIунаан Аваристаналъул нуцалзабаз гуржиязул ханзабазухъе ритIулел вакилзабилъун.  Масала, хьваназул жамагIаталдаса Ахалав абулев чи (Гъарбулъ абулеб росулъа вукIун ватизе бегьула) ГьиракIли КIиабилесулгун лъикIаб гьудул-гьалмагълъиялдаги аваразул нуцаллъиялъул рагъулав цевехъанлъунги вукIун вуго.  Гьедин гуржиязулгун ракълъил къотIи-къаязулъги гIахьаллъулев вукIун вуго. Гьеб букIун буго бищунго Аваристанги цебетIураб, гIурусазул баяназда рекъон, "аслияб шагьаралда" - Хунзахъ - кIиазаргогIан цIаракиги бугеб заман. Гьеб пачалихъалъул гIорхъабиги Алазан гIурухъе, Тушазде, ГIавухъалде, Сулахъалде, гьединго Чачаналде Аргъун гIурухъе щвезегIан рукIун руго.

 

МухIаммад-нуцалас Гуржиялде гьабураб кIиго чабхъен

Гьарадерихъа Хъазанбица данде гьарурал баяназда рекъон, «1168 (1754-55) сон ккола жиндирго богун МухIаммад-нуцал Мухираниве кIанцIараб мех. Гьебго соналъул ахиралде гьев вачIуна Къуриливеги». Щиб магIнаха бахчун бугеб гьеб мукъсанаб кIиябго мухъилъ?

XVIII гIасруялда хъвараб «ЦIоралъул аваразул рагъазул тарихалда» рекъон, жиндир вилаяталда гъорлъе унеб хьваназул боги бачун 1754 соналда МухIаммад- нуцал Гуржиялде уна. Кунбур абулеб бакIалда гуржияз щущахъ риххизарула гьел.  Гуржиязул баяназда рекъон, «хундерил (аваразул) нухмалъулев Нурсал-бек», ай, МухIаммад-нуцал рикIкIен гIемераб богун Гуржиялде кIанцIула 1754 соналда. ГьерекIлил буюрухъалда рекъон, Кахеталъул гIадамал хъаладухъ рахчула. Багъизе къачIан чIун боги букIуна. Картлиялда гьебго хIадурлъи гьабун букIуна Теймуразицаги. КIиябго рахъалдаса боял МчIадисджвари абураб хъаладухъ дандчIвала, гьеб ккола Душети шагьаралда гIагарлъухъ. Байбихьуда авараз гуржиял нахъе цулел рукIуна. Гьеб мехалда ГьерекIли КIиабилес буюрухъ кьола тункIалги гIарадабиги хIадуризе. Гьедин гуржиязухъа бажарула аварал хъаладухъа нахъе гъезе. Хадурккунги рагъиялъул магIна гьечIолъи бичIчIун МухIаммад-нуцалица бо ЧIар Республикаялдехун бачуна. Гьенисан кумекги щун цIидасан ГьерекIли ханасде гьужум гьабизе щвелин хьул букIуна гьесул. Гьедин МухIамад-нуцал Билканалде щола. Амма гуржиязул ханасулгун хъвараб ракълилаб къотIи-къай бугин жидерилан гьез инкар гьабула нуцаласе аскар кьезе. Хадусеб соналъул риидалил ахиралда (1755 соналъул август-сентябрь) чабхъад рахъине ЧIаралъул нухмалъулез рагIи кьун хадув Хунзахъе тIадвуссуна МухIаммад-нуцал.

1755 соналъул августалда Хьванисан вачIун МухIаммад-нуцалица Къварели сверун ккола, гьениб хъалаги кверде босула. Гьеб хъала жакъа къоялде щвезегIанги цIунун буго, Къварели шагьаралъул бакьулъ буго гьеб.  МухIаммад-нуцаласе кумекалъе рачIуна ЧIаралдаса магIарулалги, Илисубалъул султан МухIаммад-бегги Шекиялъул хан Агъакишиги. ГIурус резидентазул баяназда рекъон, 18 азарго чи вугеб боги бачIун 1755 соналъул 30 августалда Къварели хъала бахъизе къеркьон руго 20-ниги къоялъ. Гьенир жанир чIун рукIун руго Къварелиялъул тIолалго гIадамал, гьединго мадугьалихъ бугеб Гувазалдаса ва цогидал бакIалъа чагIи. Амма гуржиязул рукIарал гIарадабиги цогидаб ярагъги букIинчIолъиялъ аваразухъа бажарун гьечIо хъала бахъизе.

Теймуразицаги гьесул вас ГьерекIлицаги Къварелиялде аскар гIицIго сентябралъул къоабилел къояз гурони битIун гьечIо. Гуржиязул тарихчагIаз хъвавухъе, дандиязул аскар кутакалда кIудияб букIиналъ гуржияз инкар гьабун буго рагъизе. Аскарги бачун ГьерекIли КIиабилес Алазан гIоргицин бахун гьечIо, Къварелиялда гIагарлъухъ вукIине къваригIун. Гьев чIун вуго гьелъул кваранаб рахъалда. Хъаладухъ чIаразе рагъизе квалквал гьабулеб букIун буго хъала сверун рарал рорхатал цIулал сияз. Гьединлъидал ГьерекIлица къватIиса гIадамал тIамун руго  гьел сиял рухIизе. Хъизихъалдаса бищун къвакIарав кIинусгогIан чи разилъун вуго сардилъ ун гьел рухIизе. 27 сентябралъул сардилъ Алазан гIурул кваранаб рахъалдасан харун хъалаялде тIадегун рухIун руго гьез сиял (дора жанир чIарал бигьаго кьвагьдезе рукIинелъун). Гьеб мехалда МухIаммад-нуцаласул аскариязе захIмалъун буго рагъизе.

Гьебго заманалда ГьерекIлица бищун лебалал Хъизихъаздасан гIуцIараб чодулаб бо битIула  Алазаналъул квегIаб рахъалде ЧIаралъул магIарулазулги гIодорлъиялда ругел бусургьанал гуржиязулги росаби рухIизе. Гьеб мехалда Къварелиялда чIараб ЧIаралъул аскаралъе бокьун букIуна жидерго ракь цIунизе нахъруссун ине, амма МухIаммад-нуцаласда кIола гьел жиндаго цадахъ чIезаризе.  Цинги ГьерекIлица кутакаб боги бакIарун ЧIаралде аскIовегIан гIагарлъизе байбихьула. Гуржиял ЧIаралде кIанцIизехъин рукIуна. ГьерекIлида ракIалде ккараб жо битIараб букIуна. ЧIаралъулазда ракIалде ккола рагъги жибго тун, жидерго росаби хвасар гьаризе тIадруссине... Гьедин ЧIаралъул магIарулал уна. Гьезда хадурго уна Илисубалъул султIанги. Гуржиял ЧIаралде кIанцIаралани, гьесиеги бигьаб букIунароан. Гьесда хадувго ана Шекиялъул ханги.

Гьедин 2-3 азарго чи вугеб богун Къварелив хутIана цохIо МухIаммад-нуцал. Хъалаялъул шималияб рахъалдехун, рохь бугеб бакIалда чIей гьабун букIана гьез. КигIан хIалбихьаниги гуржиязда кIвечIо гьел тIуранго гьениса нахъе къотIизе, гьедин хъалаялда жанир рахчун чIезе ккана. Амма хадубккунги хъала сверун ккун чIеялъул магIна букIинчIо. Гьедин МухIаммад-нуцалас хIукму гьабуна Алазангун Кор гIор къотIун, Картлиялъулгун Кахеталъул ханзабазул Гъазахъ абулеб бакIалдехун ине. Щущахъ биххизабун гьебгун гьев Ганжаялде щола. Гьенисан Шекиялде вачIуна. 1755 соналъул хасалил байбихьуда азарго чи вугеб боги бачун гьенивего вачIуна гъазигъумекдерил хан - МухIамад-хан. Гьениб гьес Шекиялъул ханасе Агъакишие кьола жиндирго яс. 20-гIан къоги гьениб бан нуцалги ханги жидехъего тахшагьаразде тIадруссуна – МухIаммадхан уна Динди абураб габурлъухъан, нуцал - Шамахалдасан.

 Чачаналда кверщел гьаби

1750 соназул кIиабилеб бащалъиялда МухIаммад-нуцалица гьабулеб хIалтIи аслияб куцалда Чачаналда Аваразул нуцаллъиялъул рагIи билълъинабиялда хурхараб букIана. 1735/36 соналда гьесул эмен ГIума-нуцал хун хадуб гьениб гьезул къуват дагьлъулеб букIана. Гьединангицин батила аваразул нуцалал Чачаналда рукIарал жидер ракьаздасаги махIрумлъарал (жакъасел Грозныялъул, ГIурусмартаналъул районазда ругел ракьал кколаан гьел).

Амма 1750 абилел соназда кIудияб ригьалде вахарав МухIаммад-нуцалихъа бажарана цебесеб кверщел тIадбуссинабизе. Гьедин Чачаналъул цIикIкIанисеб ракьги  нуцаллъиялда гъоркье бачине.

 

Кубаялъул Патали-ханасулгун дандеккунгутIаби

 XVIII гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда Бакъбаккул рахъалъул Кавказалда аваразул нуцалаз рагъ лъазабурав аслияв чилъун ГьерекIли КIиабилев рикIкIунев вукIаниги, хIакъикъаталда гьезда дандечIарав чи кколаан Кубаялъул хан Патали. ШигIияв вукIана гьев. Хайдакъалъул уцми ХIусен-ханасул вацги кколаан.

Цин гьес кодобе босула Дербент. Шагьаралъул гIадамазе ришватги кьун гьес вичун восула Дербенталъул кIудияв - МухIамадхIасан-хан. Жив чIаго теялде хьулгун асирлъуде арав гьевги тIолабго хъизанги чIазе къотIула Патали-ханас.

ГIага-шагарго 1765 соналда уцмий АмирхIамзал хIукму ккола Патали-ханасулгун ригьнал гIагарлъи гьабизе - гьесие жиндирго яц Тути-бика кьезе. Цинги жинцагоги кIиабилей чIужулъун гьесул яц Хадижат ячине. Патали-хан разилъула жинцаго досул яц ячине. Амма яц АмирхIамзае кьезе разилъуларо. Гьедин дов гIодовегIан гьавула гьес. Жиндирго яцин абуни Патали-ханас Бакуялъул хан Мира-МухIаммад-ханасе кьола. Гьелдаса хадуб уцмияс байбихьула Патали-ханасдаса рецIел босизе.

Гьедин АмирхIамзаца Иляс-бег абурав Дербенталъул хIакимчиги рекъезавун  2000 чи вугеб богун вачIун Нарин-хъалаялда чIола. Гьеб мехалда гьесухъа Дербент нахъе бахъизелъун Патали-ханасги бачуна гьенибе аскар. Гьелъул хабар лъайдал, МухIаммад-нуцал вачIуна гьениве кIияздаго гьоркьоб маслихIат гьабизе. Гьедин гьес АмирхIамза божизавула Дербенталда кверщел гьабизе бажарунгутIиялда (гьаниб байбихьуда бицун букIана гьезулги цоцазда гьоркьор ригьнал рукIиналъул - кIиясго рачун рукIана цоцазул яцал). Гьедин АмирхIамза нахъе уна Дербенталдаса, Патали-ханасги кьола гьесие цо пуланал ракьал. Гьединго дов Иляс-бег чIвагеян тIалаб Патали-ханасда цебе МухIаммад-нуцаласги лъола. Амма кьураб рагIи хвезабун, дагьалъ чIун Патали-ханас чIвала гьев. Гьелдаса нахъе дандеккунгутIи байбихьула МухIаммад-нуцаласдаги Патали-ханасдаги гьоркьоб.

 

1769 соналда Патали-хан хIадурулев вукIуна Шекиялъул ханлъи босизе. Гьебги бичIчIун Шекиялъул хан цолъула Шемахиялъул цевехъан МухIамадсеидгунги гьесул вац Агасигунги (Патали-ханас беццлъизавун вукIуна гьев). Гьезул кумекги гIеларин ракIалде ккарав Шекиялъул ханас МухIаммад-нуцаласда гьарула тIадеги аскар битIеян. Гьес гьеб гьари тIубала. Гьелъие гIиллаги букIана. Цебехун бицараб дандеккунгутIи гуребги, Патали-ханасул гьоркьоблъи букIана МухIаммад-нуцаласда дандечIарав Таргъуялъул шамхаласулгун. Гьев шамхал рази вукIинчIо нуцаласулгун ракълида ругел Индиралъул гъиназаздаса, Гъазданущиса Бамматидаса, Хайдакъалъул уцмиясдаса. 

Амма аваралгун цолъарал Шамахалъул ва Шекиялъул аскарал къола Патали-ханасулгун рагъулъ. РитIухъаб рагъулъ жив къолевлъиги бичIчIун, Патали-ханас хIилла ургъула. Рекъел гьабулеб ххвелалда тохлъизеги гьарун гъурула. Унтун вукIун МухIаммад-нуцалихъа бажаруларо гьеб рагъулъ гIахьаллъун. Амма гьенир чIвала гьесул вацги вацасул васги.

1772 соналъул 6 февралалда Таргъуялъул шамхал МуртазагIалица Аштарханалъул губернатор Н. А. Бекетовасухъе хъвараб кагътидаги буго гьелъул хIакъалъулъ.

1772 соналъул 3 марталдайин абуни Патали-ханас Гъизляралъул комендант Ф. И. Паркерида гьарулеб буго аваразул МухIаммад-нуцаласе кумекалъе рахъине гьукъейин эндиреялъулазеги, ахъсаялъулазеги, салатавиялъулазеги.

МухIаммад-нуцал чIвай

Узухъда, макруяб куцалда жиндир вацги вацасул васги чIваралъухъ Патали-ханасдаса рецIел босизе кколаан МухIаммад-нуцалас. Гьебго 1772 соналъул хаслихъе МухIамад-нуцал богун ЧIаралъул Республикаялде вачIуна. Квен-тIехалъулги гьава-бакъалъулги рахъалъ дандеккунгутIиги букIинчIого, гьес жиндаго цадахъ лъабазарго рагъухъан гурони вачунаро.

1772 соналъул 10 декабралда гьарурал гIурус хъвай-хъвагIаязда рекъон, Кубаялде кIанцIидал нужеца жиндир вацги вацасул васги чIвай гIарцудалъун яги гIи-боцIудалъун бецIейин суал лъола МухIамад-нуцалас Патали-ханасда цебе. БецIани жив боги бачун нахъе инила, гурони жиндир аскаралъ нужеда кьаби щвезабизе бугила. Бидул рецIел босизе къуват гьечIолъиялъ бищанин МухIаммад-нуцалас рецIалил гьеб къагIида тIасайин абулеб буго гьел хъвай-хъвагIаязда. Гьединго гьениб хъвалеб буго ГьерекIли КIиабилесе бокьун букIанин аваразул нуцаласе кумек гьабизе. Амма гIурус резидентас чIезавула гьев, Кубаялъул ханасе Москва ургъулеб бугинги абун. ГIурусазе къваригIун букIуна Патали-хан Сурхай-хан КIиабилесдаги Хайдакъалъул уцмий АмирхIамзадаги данде вазавизе. Каспи ралъдал рагIалдаса гIебеде гьел кIиязго бихьизабулеб букIараб хIаракатчилъи рекIее гIолеб букIунаро Россиялъул империялъул кверщел кодосезе.

ПалхIасил, я 1772 соналда, я гьелдаса хадусеб соналда МухIаммад-нуцал Патали-ханасде тIаде кIанцIуларо. Щайин абуни 1773 соналда МухIаммад-нуцал гIахьаллъизе ккола Дагъистаналда жанир лъугьа-бахъунел рукIарал ишазулъ. Гьеб соналда хола шамхал Хасбулат-хан. Хвалда цеве гьес жиндирго бакIалда тола Буйнахъалъул цевехъан Муртуз-ГIали, жиндир яцалъулги Мехтилги вас. А. Бакихановас хъвавухъе, жиндир тIалъиялъе квалквал гьабизе рес букIине бегьулилан ракIалдеги ккун, цIивахъарав шамхал лъугьуна жиндир гIагарлъи тушманлъун кквезе.

Гьедин Патали-ханасде тIаде кIанцIи 1774 соналда гурони бажаричIо гьабун. Баяназда рекъон «Ганжаялдаса Искендер-бегица хъвалеб буго гьеб мехалда Патали-хан гьенив вукIинчIолъиялдаса пайдаги босун Агъаси-хан Шушаялде вачIарав Авар ханасул рахъалде унила. Цо рагъулъ жиндир кIиявго вац чIванилан ццим букIун буго Патали-ханасда гьесул. Гьедин нуцаласул кумекалдалъун 1774 соналда гьесухъе тIадбуссуна жиндие ирсалъе щун букIараб Шамахаги».

Гьаниб бицине ккола Патали-ханас Агъаси-хан беццлъизавун вукIиналъул. Щайгурелъул таваккаллъи гIоларев жиндир вац МухIамадсайидида дандеккун, гьав цояв вукIун вуго бергьун цIакъав рагъулав цевехъан. Жив беццлъизавун лъагIалидасан Агъаси Патали-ханасдаса лъутун Кура гIурухъ гIагарлъухъ бугеб росулъ чIун вуго. Цинги ханлъи тIадбуссинабизе жиндие кумек гьабеян гьарулеб букIун буго Шекиялъул ХIусен-ханасдаги аваразул нуцаласдаги.

Лъабго къокъаги цолъун гIуцIараб бо бачIуна Патали-хан жанив чIараб Басрияб Шамахалде. Кутакаб кьабиги щвезабун Патали-хан гьениса тIуризавун хадуб шагьар кодобе босула аваразул, Шекиялъул, Ширваналъул къокъабаз. Амма цо пуланаб заманалдасан 20 азарго чи вугеб боги данде гьабун, Патали-хан Шамахалде тIадвуссуна. Нахъойги гьев гьениве тIадвуссинехъин вукIин лъачIого, гьениса нахъе ун вукIуна Шекиялъул ХIусен-хан. Амма руго Агъаси-хангун кьаллъун ХIусен-хан гьениса иналъул баяналги.  

Искендер-бегица хъвалеб буго гьел кIиялго кьаллъун рукIин лъайдал, «хъата-масан Патали-хан вагъаранила Шамахалде, рачун гIахъушгун, табасараналгун, дербенталъулалгун, кубаялъулалгун. Гьедин гьез бергьенлъи босанила Агъаси-ханасулгун МухIаммад-нуцаласул аскаразда тIад. Гьениса Агъаси-хан лъутанила. МухIаммад-нуцал абуни лъутичIила, жиндирго рагъухъабигун цадахъ Шамаха шагьаралдаса дагьалъ рикIкIад цо бакIалда вахчун чIанила. Гьедин хвезе хIадурун рукIуна гьел. Тушманасухъе щвеларедухъ цадахъ букIараб кинабго жоги – къайи-къоно, Агъаси-ханас сайгъат гьарурал чуял – тIагIинабула. Аваразул гьединаб таваккаллъи бихьидал, ракълиде вачIайин гьарула Патали-ханас МухIаммад-нуцаласда, гьединго абула кIияздаго гьоркьоб бугеб рокьукълъиги, вацгун гьесул вас чIвайги кIочене тезеги бугилан. Гьедин нуцалас къабул гьабула гьесул гьари».

«Амма къотIи-къаязул заманалда Патали-ханасул чадиралъур рукIуна МухIаммад-нуцаласда ццим бугел гIахъушисел. Гьезда ракIалде ккола нуцалги гьесда цадахъ ругел гIадамалги чIвазе. Гьеб лъарабго Патали-ханас гIахъушисезда гьарула гьелда инкар гьабейилан. Амма ханасухъги гIенеккичIого гьел МухIаммад-нуцаласде кьвагьдезе лъугьуна. Цинги къотI-къотIун рала гьеб чодронир рукIарал киналго. Гьенив хвасарлъула гIицIго Бакуялъул нухмалъулев МаликмухIамад-хан». Гьедин хъвалеб буго Искендер-бегица. Амма цогидаз хъвалеб буго гIахъушисез гьеб такъсир Патали-ханасул тIадкъаялда рекъон гьабунилан.


Автор: ШагIбан ХIапизов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook