Авторизация

Рагъалъ вас гьавуларо



Миллатцоял


Рагъалъ вас гьавуларо


АнсалтIа росдал ругънал


ЩуазаргогIан чияс гIумру гьабулеб магIарулазул кIудияб росу ккола Болъихъ районалъул АнсалтIа. 1999 соналъул августалда дунялалдаго рагIана гьеб росдал цIар. АнсалтIа ва РахатIа росаби ккуна Шамил Басаевасул ва Хаттабил бетIерлъиялда гъоркь рачIарал изну гьечIого яргъид гIуцIараз. Гьеб рагъул хIасилалда Россиялъул стратегиялъулаб авиациялъ щущазаруна ТIандо, АнсалтIа, РахатIа, Шодрода, ГIашино, Зибирхьали, Беледи росаби. БакIалъулал гIадамаз бицуна гьединаб кутак гьабизе ккараб хIал букIинчIилан,  росабазда  аслияб кьаби  аскарияз боевикал ун хадуб щвезабунилан. Рагъ лъугIаралдаса 12 сон свераниги, бомбабаз щущазарурал рукъзал, панаял чIвадал АнсалтIа гIемер руго. Кьалул лъалкI даималъего хутIана гьеб росдал гьумералда. Жакъа ансалтIисезул ругел ургъелазул ва гIузрабазул бицунеб буго «Рагъалъ вас гьавуларо» абураб гьаб макъалаялда.


СССРалъцин биххизабичIеб мажгит 1999 соналда щущазабуна


«Щиб бицунеб бугеб херазул заназ, Гьал хер бецуларел харил сагабаз, Риххарал росабаз ва кьодул саказ? Кир ругел некIсиял дол магIарулал?» - абун хъвана магIарул шагIирас XX ва XXI  гIасрабазул гIорхъода. ГIемерал гIиллаби руго жакъа магIарулал гьединаб хIалалде ккеялъе .Бищунго сахалщинал рагъаздаги гъурана нилъер халкъалъул, цIи-цIиял ханзабазул «хIалбихьиязул» къурбаналлъунго ккана. Жакъа дунялалъул цо чурпа гьабизе бокьаразул ( «глобализация») къорикье ккаралги рахъана. ЧанцIул Болъихъ районалде щваниги, ракI бохизабула гьениб батулеб чIаголъиялъ. МагIарулазул цо-цо районазул цо-цо росабалъ гIумру свадарулеб яги тIубанго чIун, къватIибе гочун ун батани, Болъихъ районалда гьеб гьалдолеб буго. Гьенир гIадамал цIикIкIунел руго, ракьал гIолел гьечIо, хIалтIизе бакIал гIунгутIиялъулги суалал раккула гIолохъаби гIемерлъидал. КъотIи хъван, Чачанлъиялде хъулухъ гьабизе арал гIолохъаби гIезегIан ругоан АнсалтIа. Балугълъуде вахаралдаса хинкI балагьизе тIадаб бугелъулха чиясда… Росдал къватIазухъан унаго, магIарулазул некIсиябги жакъасебги тарих кIалъала нилъгун. Рагъиде рахъун харабиги руго, расандулел лъималги руго, азбаралда харил гъуналги боцIи-панзги бихьула.


 Амма… 12 соналъ цебе августалда авиациялъ кьаби щвезабуралдаса тIад квер хъвачIого ругел, щущарал минаби гIемер дандчIвала АнсалтIа росдал некIсиял авалазда. Рагъуе чIагоял нугIзаллъун руго гьел. МагIарулас бигьаго баларо мина-рукъ. Амма цо параялда жаниб биххизабуна соназ эхетарал ригьзал рагъалъ, рагъулав летчикасул килищ багъариялдалъун хIур лъугьинабуна аваразул тарихалъул цо бутIаялъул – АнсалтIа росдал некIсиял авалазул, гьениб букIараб, СССРалъул атеистияб заманалдацин щущазабичIого хутIараб некIсияб мажгиталъул. Гьенир рукIарал Къуръабиги, квералъ хъварал тIахьалги, росдал тарих рагьулел баяналги, - киналго бомбаялъ кIкIун тIагIана. Мажгиталъул бакIалда мухIур лъугьун батанилан бицана 20 соналъ гьенив будунлъун вугев  Камил ТIагьировас. Гьеб Аллагьасул рукъалъул нахъе хутIараб цохIо гамачI бихьизабулеб буго как ахIулев чияс. Бокьараб рагъул кинигин, 1999 соналда букIараб кьалулги руго жеги жавабал щоларел суалалги, балъгоял хIужабиги, тIатинчIел гьурмалги. Амма буго киназего якъинаб рахъги – рохъо лъугьарал аваразул росаби, ракьулъ рукьарал цIа гIадал гIолохъаби, гIодулел улбул, бесдаллъарал лъимал…


Бусаби рухIарал цIумал


Минаби риххарал гIадамазе пачалихъалъ бихьизабураб гIарац гIей гьечIеб букIиналъул, гьебгицин бикъа-хъамиялъул гIемер хъвана ва бицана. Гьарун руго уголовниял делабиги. БукIине кколеб рецIалил гIарац щвечIого чанги пулан хутIанилан абуна ансалтIисез, бикъа-къотIизе лъалез гьебги хIарун. Рагъ багъарараб 1999 соналда Россиялъул батIи-батIиял регионаз кумек хIисабалда республикаялде гIемераб стройматериал ( хъарщи-цIул, цемент, кирпич ва гь.ц.) битIаниги, цохIо магIгицин гьелъулги щвечIилан гIарз бахъана гIадамаз. БитIун минаби ралеб заманалде стройматериалалги хира гьарунила, жанире руссине рукъзал лъугIизаризе цIакъ захIмалъанила. Мун гIураб, дур умумул рукъараб, гIасраби рараб росуги жибго тун, документцин кодоб босизеги рекIеда ватичIого, къватIиве вахъине ккарав чи вуго талихI къарав чи. Бусен бухIараб цIудул кинаб хIалха букIинареб. ТIоцебесеб чачаназул рагъул заманалда мадугьалзаби рокъор хьихьарал магIарулал 1999 соналда жалго лъугьана апарагзабилъун (беженцы). Дагъистаналдаги гьеб бахун къватIирги риххана руччабиги лъималги. Киналго цIалдохъабазе гуро рес щвараб цIали гьабизе. Чи гурхIараб хIалалде ккана нилъер миллатцоял. КъватIисел пачалихъазде чIобого гIумру гьабизе гьел ахIулел идарабиги рукIана. Цо АнсалтIаса чияс бицана 1999 соналда гьединаб рес букIаниги, Европаялде жив инчIилан, гIураб ракь тезе бокьичIилан, жакъа ракIбухIун вугилан, Россиялъ жидер тIалаб гьабичIилан.


ХIикматал хараби руго магIарухъ. ГIажаибал гIадамал. «Херал магIарулал, нужер цо рагIи Цо гIалимчиясул тIехь буго дие», - ян хъвана ЦIадаса Расулица. 1999 соналда росу тезе инкар гьабурал хараби гIезагIан ккана АнсалтIа, РахатIа ва цогидалги росабалъ. Боевиказул рахъккурал чагIи гуро гьел рукIарал, гIураб ракь хириял ва гьарураб росулъ хвезе бокьарал магIарулал рукIана. Гьедин росабалъго чIаразул чангиял гьенир топазда гъоркь къадаралдеги щвана.



Рорхатал мугIрузда руго гIадамал…

Канлъи гIолеб гьечIо магIарулазе

Щай аскариял токалъул кваразде кьвагьдолел?

Бахъулеб буго АнсалтIа росдал бегавуласул заместитель ТIагьа МухIамадовасулгун гьабураб гара-чIвари.


Канлъухъ гIащикъал росаби


-ТIагьа, гьабсагIат АнсалтIа росдал бугеб аслияб масъала кинаб? Сунца гIадамазул бищунго рахIат хвезабун бугеб?


- Нижер аслияб бетIер унти буго, токалъул хIубал турун, канлъиги хинлъиги гьечIого хутIулел рукIин. 1967 соналдаго чIварал, неда-гъедарал цIулал хIубаз къо рехулеб буго. 1999 соналъул рагъ ккедал, авиациялъ ва артиллериялъ токалъул мухъал щущазарун рукIана. Гьел цIигьариялъе доб мехалдаго ХIукуматалъ 50 миллион гъурущ биччан букIанин абуна. Амма гьедигIан гьарзаяб гIарцухъ цIакъ хашаб хIалтIи гьабун буго: лъабго фаза бачунелъубе кIиго бачун тун, кирго басриял хIубал хисичIого, жидеего гIарац «тIокIлъизабун».


 Гьединабго хIал буго сверухъ ругел цогидал росабалъги. Гьединлъидал АнсалтIа, РахатIа, Шодрода, ТIандо росабазул жамагIатазул цIаралда районалъул нухмалъулев МухIамад ПатхIулаевасде хитIаб хъвана нижеца, райцентралдаса нижер росабалъе токалъул цIияб мухъ цIаялъе квербакъи гьабейилан. Республикаялъул идарабазде гьеб хитIабги щвезабун, хIалтIи гьабилилан гьес рагIиги кьуна.


Болъихъ рагъулаб шагьаралда ругел аскариязги тIе-тIезарула мех-мехалъ токалъул кварал. БитIун гьезда гъоркьищ гьаз ругьунлъаби гьаризе кколелали лъаларо. Дагьаб цебегIанги росдал гIолохъаби сардилъ рахъун ине ккана, гьез автоматаз речIчIун, къотIараб квар регъезе. ХIинкъи гьечIолъиялъул рахъалъ районалъул нухмалъулесул заместитель ГIабулдибир ГIабдулдибировасда гьелъул хIакъалъулъ бициндал, гьес абуна кагъат хъвайилан, аскариязул тIалъиялда лъазабизе бугилан. Рагъулаб шагьаралда чачаналги руго гьанже, Болъихъ базаразда дандчIвала гьел ва рагIула чачан мацI.


…ГIемерал автоавариял кколеб, квешаб эхедирегIел буго райцентралдаса АнсалтIе рачIунеб нухда. Къокъ гьабун, цIияб нух бахъулеб буго гьабсагIат районалъул нухмалъулев ПатхIулаевасул жигаралдалъун. Кьурабиги кьвагьун, гIезегIан хIалтIи гьабизе кколеб буго гьениб.

ТIандо ва АнсалтIа росабазда гьоркьоб участкаялъулаб больница балиланги абун букIана. Гьелъие ракьцин бихьизабуна. Амма кида гьеб иш гIумруялде бахъинебали лъаларо.


Зибирхьалибе щвезегIан росабазул рагIалде тIабигIияб газ бачIана. Амма росабазда жанибе жеги бачунеб гьечIо.



КIочон тарал лъимал. Европа. Туснахъ


-Рагъалъ зарал гьабурал гIадамазе рецIалил гIарац бикьиялда сверухъ букIана гIемераб ахIи-хIур. Гьаруна уголовниял делабигицин. Гьелда хурхун щибилан дуца абилеб?


- Хъизаналда вугевщинав чиясе рухI рикIкIун кьолеб букIана гIарац. БукIине кколеб къадаралда компенсация щвечIелги хутIана, киналго лъималазул гуро хIисаб гьабун бугеб. КIиявго васасухъ диеги щвечIо гьеб. Гьоркьор хутIаразе гIарац кьезе ккани, Россиялъул пачалихъалъул хIукму къваригIуна. Гьеб суал тIубараблъун рикIкIун буго Москваялда. Европаялъул судазде гIунтIун гIарзаби хъвазе ругилан абулел гIадамалги руго. Кин гьез документал гьарулелали лъаларо, цо-цоязе 1999 соналъул рагъ лъугIун сонал ун хадубги щолеб буго гIарац. Судалъ хIукмуги къотIун, гьеб суалалъе гIоло туснахъ гьаруралги ккана.


-Исанасеб бюджеталда кигIанасеб гIарац бугеб?


-Нижер росдал бюджеталда 2011 соналъе бихьизабун буго анкьго миллионгун щунусазарго гъурущ.


Къого соналъе ижара


-АнсалтIа росдал гъутабазда кинаб ахIвал-хIал бугеб гьабсагIат? ГIаммаб магIишат цебетIезабизе ресал ругищ жакъа?


-Нижер буго кIиго гъутан: Нугъай авлахъалда, Тарумовкаялдаса 18 километраялъ рикIкIад (1039 гектар )ва Бабаюрт районалда (400 га). Колхоз ва совхоз абурал гIуцIаби законаз рикIкIунел гьечIилан абун, 2002 соналда нижеца «ТIоцебесеб май» колхоз гьебго цIаралъул СПКялде сверизабуна. 1987-2003 соназда росдал гIаммаб магIишаталъул бухгалтерлъун вукIана дун. Бегавуласул заместительлъун хIалтIулев вуго 2003 соналдаса. Экономикияб лъайги босун, колхозалде хIалтIизе вачIана 1983 соналда. Гьединлъидал гьеб магIишаталъул масъалаби ричIчIула дида. Цо-цоязе гIадин, 49 соналъе ижараялъе кьечIо  ниже Дагъистаналъул ХIукуматалъ гъутабазул ракьал, къотIиялда хъван буго  ижара 20 соналъ гурони законияблъун кколарилан.


Нугъай-авлахъалда гъутаналда гьабсагIат 110 чIегIерхIайван буго, гьездасан 32  -гIака. Бабаюрт мухъалда хер бецула, могьолал культураби гIезарула. 15-16 хъизаналъ гIумру гьабулеб буго доба. Гъутабазде гIемер чи вахъинчIо нижер. 1999 соналъул рагъдаса хадур гIезегIан ансалтIисел гочана гIатIиракьалъул росабалъе ва шагьаразде: МахIачхъалаялде, Гъизилюрталде, Тарумовкаялде, Гъизляралде ва гь. ц. Нугъай мухъалда бугеб гъутаналда 50 хъизаналъ яшав гьабулеб буго.


СПКялъул комбайнал гьечIо гьанже. Гьеб колхозалъул председательлъун МухIамад Лабазанов вугел соназда 200-300 гектаралда пиринчI бекьулаан нижеца. Гьеб бакIарулел хасал комбайналги рукIана, хурир хIарщулъ къачIого рукIине маххул бурдул (гусеницы) ругел. Гьанже пиринчIги бекьуларо, дол комбайналги тIагIана.


-Нижеца газеталда хъван букIана Бабаюрт мухъалда бугеб салатавиялъулазул магIишатазе лъарагIаз рахIат тунгутIиялъул, гьез бокьал рухIиялъул, Ленинаулалдаса цо магIарулав гьенив кьвагьа-гIанхъиялда гъорлъ лъукъиялъул. Гьениб бугеб нужер гъутаналда дагIба  бачIого танищ лъарагIазул миллатчагIаз?


-Гьезул дандечIей камун букIунаро. Гьелъго батила Дагъистаналъул ХIукуматалъ гъутаби 49 сонил ижраялъ кьечIого, 20 сонил болжалалда пайда босизе  рихьизарун ругел. 2006 соналда къотIи-къаял цIигьарулелъул, гьедин гурони разилъичIо ХIукумат.


Нусазарго гъурущ берда бихьичIо


-МагIишатазе квербакъиялъе пачалихъалъ биччалеб гIарац букIуна. Гьеб щоларищ ансалтIисезе?


-ГIачиязе хер, корма босизе бихьизабураб гIарац букIуна, щибаб гIакдае  – кIиазарго гъурущ. 2010 соналъул хIисабазда рекъон, 32 гIакдае нусазарго гъурущ бачIине кколаан. Гьелъул жеги кодобе щвараб жо гьечIо. ТIабигIат бигъун, цIорон хварал пихъазухъ, хвараб хуралъухъ рецIел хIисабалда ДРялъул росдал магIишаталъул министерствоялдасан 900-азарго гъурущ бачIана гъоркьисала.


1999 соналда рагъ багъарилелде мадугьалихъ ругел чачаназул мугIрузда хьихьулаан нижеца гIи-цIцIани, гьезулгун къотIиги гьабун. Гьанже гьелъулги гIадлу биххана. ГIиял хьихьизе гIемер кIудияб мегIерги гьечIо нижер. Росда тIадехун рохь буго. ГIиялгун гьенире ине ДРялъул Рохьил магIишаталъул идараялъул вакилзабазги толаро. Гьединлъидал гIи-цIцIани хьихьулел чагIи цIакъ дагь руго.


Баян


1999 соналъул августалда ккараб рагъда чIван вуго анцIго ансалтIисев, анцIгояв лъукъунги вуго. Росдал администрациялдаса щвараб документалда чIваразда гьоркьор рихьизарун руго Мурад Жаватханов, МухIамад МухIамадмирзаев, АхIмадудин МухIамадов, Гъавсула МухIамадов, Жалалудин МухIамадов, МухIамад МухIамадов, ХIажимурад НурухIмаев, Насиб СулайманхIажиев, МухIамадтIагьир ШагIбанов ва ХIасан Борзиев. Росу тезе инкар гьабун чIарал, авиациялъул топазда гъоркь хварал харабиги руго гьезда гъорлъ.


ГIизудинил ХIамзат,

АнсалтIа – МахIачхъала,

Авторасул суратал


2011 сон




Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +132
  • Нравится
Оставить комментарий
Аллагь гурх1аги,хваразда!
Амин. МугIрул гьаргьадулеб балагь букIана гьеб.
Hamzatavari,Такрарлъугеги, киданиги гьединаб заман,нилъер муг1рузда!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook