Авторизация

Хъерен-эрпелдерил нуцалчи ИсмагIил (XVI гIасру)

Каспиралъдал кваранаб рагIаллъиялда XVI гIасруялда ккарал лъугьа-бахъиназул бицунелъул, тарихиял хроникабазда гIемер рехсола нуцалчи  ИсмагIилил цIар. БакIалъул гIадамазул фольклоралъулъги цIунун руго ИсмагIилил хIакъалъулъ биценал. Дагъистаналъул гIатIиракьалъул тарихалда кIудияб бакI ккола ИсмагIилица. ТарихчагIаз чIезабулеб буго гьев нуцалчи ИсмагIил вукIанин «Суракъатил тухумулъул, Дагъистаналъул кьолболал кверщелчагIазул» наслуялъул гиназ, ай Авариялъул нуцабазул, хундерил чи.

Къуръаналъул рихьизариялги дагъистаниязул гIадаталги цолъизарун, гьес кьучI лъуна бакIалъулал къануназе. Гьел хIалтIана ункънусго соналъ, XX гIасруялъул авалалде щвезегIан. Гьедин гьес гIуцIараб тIехь машгьурлъана «ИсмагIил-Къуръан» абураб цIаралда гъоркь ва Дагъистаналъул гIатIиракьалъул конституциялъун лъугьана. Гьел къануназда магIарулаз «балъ» абула, гIарабаз – «гIадат». XVI гIасруялда ва хадусел къарнабазда Дагъистаналъул жамгIиябгун политикияб гIумруялъулъ даимаб хатI хъвана ИсмагIилица. Гьесги гьесул ирсилазги кверщелчилъи гьабуна гьанжесеб Буйнакск районалъул севералъе. Меседил Ордаялъ кьураб къарачиязул цIарги букIана гьезул.


ТIанусиса анкьго багьадур

Машгьурав краевед Булач ХIажиевас хъвалеб буго: «Буйнакск шагьаралдаса 24 километраялъ бакътIерхьудехун, ралъдал гьумералдаса 1200 метралъ эхедегIан, ИсмагIил-мегIералъул ракьанда буго магIарул росу ТIаса Хъарани. Росу лъугьиналъул биценазулъ рехсолеб буго ХуригохIалъул къиса. Гьеб гохIда ратулел руго кIинусго килограмм щибалда бугел гIадал чIахIиял занал. Бицунеб буго магIарул ТIануси росулъа анкьго багьадурасе бокьанила гьеб гохI ва гьенир яшав гьабизе чIанила. ГохIда сверухъ – гьарзаял рохьал, лъим, чан. Капур Гъумекиса шамхаласул кверщаликь батанила гьеб кинабго бечелъи. Гьединлъидал гьезда гьоркьоб рагъ байбихьун буго».

Биценалда рекъон, тIанусдеридаги шамхаласдаги гьоркьоб рекъел ккун буго, нугъаяз хъамун араб шамхаласул чуязул илхъи нахъбуссинабизе ТIанусиса вацаз квербакъун хадуб. Шамхаласул рагъухъабазда кIун гьечIо гьеб гьунар гьабизе. Гьанжесеб Бавтугъай бугеб бакIалда Сулахъалъул рагIалде магIарулал щведал, илхъигун гIор бахун батула нугъаяз. ИсмагIилица лъедон Сулахъ бахуна ва илхъи тIадбуссинабула. Цинги шамхал анкьавго вацасул цоясул – Тели-Будайчил - рокъове вачIуна ва хIалае ратаралъухъ нужее данде щибин жинца гьабизе кколебан гьикъула. Тели-Будайчиги шамхалги ХуригохI мегIералъул тIогьире рахуна ва гьенисан рихьулелщинал ралъдал рахъалдехун ругел ракьал тIанусдерие щола.


ХуригохI шагьар

Нуцалчи ИсмагIилица кьучI лъураб тIоцебесеб шагьар – «ХуригохI» абураб чIел – ккола, гьенир рухъа-хъваял гьарурал археологазул пикруялда, «ТIаса Хъарани росдада аскIоб батараб бищун кIвар бугеб тарихияб памятник». Гьеб чIел (городище) буго Чабчах абулеб бакIалдаса югалдехун ва ТIаса Хъарани росдадаса кIиго километралъ бакъбаккудехун дагьаб севералдегун бакъбаккуде цIутIараб гохIил тIогьиб. Сверухъ ругел авлахъазда ва хурзабазда тIаде балагьун буго гьеб борхатаб гохI (мегIер). ГохIил борхалъи – 50 метр. 45 градусалъ лабалал гьелъул щобаз тIаде кIанцIулев тушманасдаса чIел (шагьар) цIунизе рес кьолаан. Бищунго лабалал ва рохь тIад бугел югалъулгун бакъбаккул щобал цолъула кIкIалгун. Гьеб кIкIалал ахада буго сверухълъиялдаго цо гурони гьечIеб гьарзаго лъим чвахулеб ицц.

Гьеб чIелалде (некIсияб шагьаралде) бахъун буго 1-1,5 метр гIеблъиялъул нух – гохIил бакътIерхьул рахъалдасан хъвалбан гьабун буго гьеб. ГохIил тIогьалъул куц босараб, гургинккараб шагьар букIун буго ХуригохI. Шагьаралъул гIеблъи-халалъи – 180 -250 метр. ГанчIил гьарурал шагьаралъул щулалъул къадазулги минабазулги чIунтелал руго гьанир, хасго гIемер гьел цIунун хутIун руго югалъул рахъалда. Севералдехуниса гьел къадал ричун раччун ун руго, гьанжесел росаби ралелъул пайда босизе. Гьенир рухъа-хъваял гьарурав археолог Мурад МухIамадовас хъвалеб буго ХуригохIалъул щегI VIII-XIV гIасрабазе хасиятаб бугилан.


Авариялдаса къвакIарал рухIал

Заман (датаби) махIканго данде кколеб гьечIолъиялъе кIиго гIилла букIине бегьула: археологасул гъалатI ялъуни нуцалчи ИсмагIилица цебеккун чIел букIараб (рехун тараб ялъуни течIеб) бакIалда шагьар бай. Гьеб гуребги, биценаздаги ХуригохI шагьаралъе кьучI лъураб заман батIа-батIайиса бихьизабун буго. Масала, 1941 соналда Эрпелиб, Хъараниб, Ишкаталиб, Ахакь тарихчи Расул МухIамадовас гьарурал цIех-рехазда хъвалеб буго къарачи-бегал кколин XII гIасруялда гьаб мухъалде рачIарал Авариялъул нуцалчагIазул наслаби: «Эрпелисез, ишкаталисез ва хъаранисез жидерго тарихалъул хIакъалъулъ гьадин бицана. Суракъатил ирсилав, Авариялъул кверщелчи, тIоцебе бусурбан дин босарав ва ханасул цIар щварав нуцаласул лъабго васасул рагIи данде кколаро XII гIасруялда. Гьезул цояв ИсмагIил, Авариялдаса нахъе гъурав чи, вац Карлангун цадахъ вачIун чIана Хурбекалда (ХуригохIалда, Хъарани росдада гъоркьехун). Гьеб ракьалда лъилниги кверщел букIинчIо. ЧIахIиял рохьалги гIемераб чанги букIана гьениб. ИсмагIилица цIакъ щула гьабуна жиндирго цIияб чIел Хурбек (ХуригохI). Сверун цIулал сангар гьабуна, гьелдаса къватIибехунги цоги галан гьабуна. ИсмагIил хун хадуб гьесул вас Тели-Будайчица, инсудасан мисал босун, гьеб ракь парахатаб ва хIинкъи гьечIеб сверилъун лъугьинаби гуребги, гIемерго гIатIидги гьабуна, улкаялъул тахшагьар гьанжесеб Эрпели росу бугеб бакIалдеги бахъана. Капур Гъумекиб тахшагьар ккун чIарал мадугьалихъ ругел шамхалзабазе гьеб кинабго рекIее гIечIо. Будайчидаги Капур Гъумекиса шамхалзабаздаги гьоркьоб ракьалда тIасан рагъ байбихьана. Гьеб кьалда гъорлъе цIана гIахъущиселги. Къеркьей букIана халатаб, къел ккараб. Будайчил боял рикIкIен гIемерал рукIинчIо, амма гьел къуркьичIого рагъулаан ва кидаго бергьунаан».

ГIага-шагарго гьединалго баянал ракIарана XIX гIасруялда Дагъистан областалъул сословиязул комиссиялъул гIахьалчагIазги: «Къарачиязул бегзабаз жал Аваразул ханзабазул наслаби кколилан абулеб буго (чIикIасез бихьизабухъе, гьел Аргъваниса рачIун руго). Аварияги тун, гьал росаби гьез кквеялъул хIакъалъулъ гьадинал биценал хутIун руго. Суракъатил ирсилав, Авариялъул кверщелчи, тIоцебе бусурбан дин босарав ва ханасул цIар щварав нуцаласул лъабго васасул рагIи данде кколаро. Гьезул цояв ИсмагIил, Авариялдаса нахъе гъурав чи, жиндирго рахъккуралги рахьдал-вац Карланги цадахъги рачун, лъилниги кверщел тIад гьечIеб Хурбекалда (ХуригохIалда) чIелги ккун чIана. ИсмагIил хун хадуб гьесул вас Тели-Будайчица юрт (росу) гьениса Эрпелибе бахъана; гьенисан гьел рагъана Капур Гъумекиб тахшагьарги ккун чIарал шамхалалгун, бахIарчилъиялъе ва бихьинчилъиялъе гIоло «Эри-Пери» («къвакIарал рухIал») абун цIар лъуна гьезде шамхаллъиялъул чагIаз, гьедин щвана гьезул юрталъе цIияб цIарги – Эрпели. ГIемераб мехалъ шамхалзабаз хIалхьиялда толел рукIинчIо гьел ва гIицIго цо лъугьа-бахъиналъ рекъезаруна кIиялго. Нугъаяз хъамун ана Шамхаласул чуязул илхъи ва гьесул рагъухъабазда кIвечIо гъозда хадур лъугьине. Къарачиязул бегзаби жидерго къокъагун ахIуд рахъана, Сулахъ гIор бахунеб бакIалда, (гьанжесеб) Миякьо росдада гъоркьехун, гьел нугъаязда нахъгIунтIана, илхъи бахъана ва кватIун тIаде щварав Шамхаласухъе тIадбуссинабуна. Нахъруссун рачIунел Шамхалги къарачиялги ГIумалав абураб магIарде рахана ва гъоб ишалъухъ Шамхалас гьезие кьуна Темиргъоялъул мухъалдехун берда бихьулебщинаб ракь, Башлар абураб цIар жинде бугеб. Къарачиязул бетIерлъиялда буго гьабсагIатги гьеб ракь (гьелда тIасан дагьаб цебе жеги тIубазе кIвечIеб дагIбаги баккана).  Хадуб бегзабаз ккуна Хъарани ва Ишкаталиб росаби, гIун бачIана Ахакь росуги (Хъараниялдасан), цинги къарачиязул киналго ракьал (Башлар хутIизегIан) гьоркьор рикьана гьеб лъабабго росдада, гьездасан гIадамаз пайда босулаан гIаммаб жамгIияб мулкалдаса гIадин, амма бегзабазе бачIиналъулги харилги бутIаги кьолаан, уздензабаз – ункъил бутIа, чIанкIабаз – кIийил бутIа».


«Эрпели анкьцIул биххизабуна»

Къарачи-бегзабазул кьолбол чи Герей Гереевасулгун (1860-абилел соназда гьавурав, 106 сонил гIумру тIамурав) хабар гьабун буго 1956 соналда Булач ХIажиевас Эрпели росулъ. Гъоркьехун кьолел руго жиндир тухумалъул ва росдал тарих рагьулел гьесул ракIалдещвеязул кескал: «Нижер росдае 250 сон гурони гьечIо. Гьеб тарихалдаса некIсияб зани батичIо дида хабалалъ. Гьал бакIазде гIадамал магIарухъа рачIана, мухIканго абуни – ТIануси росулъа. Гьелгун вагъулев вукIана шамхал. Будайчи абулев чияс гьаниб хъош бана ва тугъас чIвана. Цогидалги гьесда аскIоре рачIине лъугьана. Сверухълъиялда рукIана чундулги цогидал гIалхул хIайваналги гIемерал рохьал. Рукъзал цIулал ралел рукIана. Будайчил хIакъалъулъ шамхаласдаги рагIана. Росу баян буюрухъ кьезе жиндихъего ахIана гьес Будайчи. Гьениб гьезда гьоркьоб кьал ккана. Будайчица лъадилъун чачанай ячана ва чачаназ рахъкквеялъ гьесул кверщел щулалъана. Халкъалъги Будайчие квербакъана. Шамхалас тIокIаб гьесул рахIат хвезабичIо. Гьедин байбихьана Эрпелиб гIумру. Росдал цIар лъугьана «эр»  («къвакIарал, къуватал гIадамал») ва «пели» («гьезул нухдасан унел чагIи») абурал рагIабаздасан».

Булач ХIажиевас кагътиде росун руго гьев информаторасул анкьумумузул цIаралги Эрпели амирлъиялъул хIакъалъулъ къисабиги: «Дида цIар буго Герей, инсуда – Эдил, кIудаинсуда – Атай, гьесулги инсуда – Герей, хадуб: Магьди (хроникаялда гьесул цIар рехсон буго 1732 соналда «Эрпелиялъул кверщелчи Будайчил вас» кколилан), Будайчи, Мусавус, СултIан-ахIмад, Умалат, Гъазихан, Сурхайхан. Ахират хIалхьараб щваяв дир эмен Эдилил имам Шамилилгун лъай-хъвай букIана, имамас хъулухъ тIадкъанги букIана гьесда. Росулъе мех-мехалда тIадвуссуневги вукIун вуго. Имам асирлъун хадув Эдил, къватIиве вахъинчIого, Эрпелив чIана. Гьес гIумру гьабулеб букIана Томенаулалда. Ай росдал гъоркьияб авалалда, гьениб лъикIаб мина букIана гьесул. АнлъцIул биххизабуна нижер росу. Анлъабилеб нухалдаса хадуб дир гIага-божарал чагIи росдал тIасияб роххеналде рахъана. Гьелдаса, дир хIисабалда, 95 сон ана.(Дица хIисаб гьабуна гьел 1861 соналда гочун ратизе бегьулилан. – Б. ХIажиев). Авар Гъойсуялдаса гъазданушисезул мухъалде щвезегIан ракьал ниж бетIергьанал рукIана, хадубги – Капчугаялъул ва Торкали-Чирюрталъул ракьазул гIорхъи ккун, Сулахъ гIоралда цузегIан. Ункъо кьериялъ цебе Эрпелиялъул гIадамаз кIи-кIи къоялъ нижее херги бецулаан, хурги бекьулаан, хIалухъинги бакIарулаан. Щибаб хъизаналъ цIулал магьги кьезе кколаан нижее. Лагъзалги рукIана (гьоркьохъеб буголъиялъул чагIазулцин рукIана гьел). Къайи-цIа гIадин, ричун росизе щолаан лагъзал. Гьел рачун рачIунаан, рагъал рагъарараб мехалда яги Грузиялде чабхъенал гьарун хадур. ГIурусаз лагълъи гьукъаниги, дир инсул лагъзал хутIун рукIана. БетIергьабазде ругьунлъарал гьезул киназего гуро эркенлъуде ине бокьараб, чангиял думалъго гьезда цадахъ чIана».

Къуръаналъе ИсмагIилил тафсир

«Къарачи» абураб жамгIияб къокъа (сословие) лъугьиналъул цIех-рехал гьаруна батIи-батIиял автораз. Гьезда гьоркьоб кIвар буссинабизе бокьун буго ХIажимурад Хашаевасул хIалтIабазде. Гьес хъвалеб буго Каспиралъдал рагIаллъиялъул гIатIиракьалда, шамхаллъиялъул бегзабиги чIанкIабиги гурелги, къарачи-бегалги къарачи-чIункIбиги рукIанилан. Гьез гIумру гьабулаан Эрпели, Ишкаталиб, Хъарани, Ахакь, Гъарабудагъкенталда ва Губденалда. Къарачи-бегзаби лъугьиналъул лъабго батIияб къагIида (версия) бихьизабулеб буго батIи-батIиял автораз. Цо пикруялда рекъон, кипчаказ Каспиялда аскIосеб гIатIиракь ккураб заманалдаго рукIун руго къарачи-бегал. Цогидаз чIезабулеб буго гьел кколин авлахъалда гIагардегIан вахъарав магIарулазул нуцалчи ИсмагIилил васасдасан бижун бачIараб, гьесул наслу-къедилан. Лъабабилез абулеб буго, Рекъав Тимурица Дагъистаналде чабхъенал гьарурал соназда гьес хъулухъчагIилъун (хъаравуллъи кколел чагIилъун) тарал гIадамазул ирсилал ругин къарачи-бегзабиян.

Хашаевас хъвалеб буго: «Къарачи-бегал рукIине ккола жамгIиял кверщелчагIи, чIухIби, Дагъистаналъул гIатIиракьалде къарал некIсиял росабалъ жидеего феодалазул ихтиярал рахъизе кIвана гьезда, гьединго, бихьулеб букIахъе, Тамерланица гьезда тIадкъан буго гIадамазда хадуб халкквейги тIалабги чIезаризе». 

XIX-XX гIасрабазул гIорхъода гIумру гьабун вукIарав В.К.Линден абурав цIех-рехчиясги къарачи-бегзаби рижиялъул чанго версия босун буго къалмиде: «(XII гIасруялъул ахиралда) Дербенталдаса севералдехун ралъдал рагIаллъуда Дагъистаналда яшав гьабизе гочун рачIана лъарагIал, къарачи-бегал гьеб заманалда загьирлъанилан рикIкIунеб буго цо-цо гIалимзабаз. Цоги версиялда рекъон, къарачи-бегал кколел руго Авариялдаса вачIарав лъабго вацасул (магIарулазул ханзабазул тухумалъул чагIазул) наслаби. Темир-Хан-Шура округалъул гIадамаз рикIкIуна шамхалзабазул бегзабаздасаги некIсиял ва  къо-асс бугел кколин къарачи-бегзабиян».

XIX къарнуялъул автор, лъарагIав Д.-М. Шихалиевасги гьарун руго «къарачи» абураб рагIуда тIасан хъвай-хъвагIаял: ««Къарачи» буго цIакъго некIсияб лъарагIазул рагIи, таржама гьабуни,  гьелъул магIна ккола «халгьабулев», «гIадлу гьабулев»». Балагьараб мехалда, гьеб пикру тезе бегьула «халкъияб этимологиялъун», гIелмияб кьучI гьелъул гьечIо, щайин абуни, «къарачи» ккола Меседил Ордаялъул социалиябгун политикияб термин. Гьеб бачIун буго монголазул «хъарачу» абураб рагIудаса: «Мукъадисав Чингиз-ханасул тухумалъул гурел монголалгун татаразул кверщелчагIи», - абураб магIна буго гьелъул. Шихалиевас хъвалеб буго, ричIчIунгутIабиги дагIбаги рагъараралго, диван къотIизе гIатIиракьалъул гIемерал гIадамал къарачиязухъе унаанилан: «Гьел рукIана лъарагIазул киналниги некIсиял гIадатал цIунулел чагIи. Къарачиял руго Шималияб Дагъистаналъул росабалъ, Гъарабудагъкенталда, Губденалда, Эрпелир, Хъаранир, Ишкаталир. Кидаялиго машгьурал, гьанже шамхаласул асаралда гъоркь гIодорегIан гьарурал бакIалъулал гиназзабазул ирсилал руго гьел. Жакъа Дагъистаналда цIар бугел къарачиял: Эрпелиса Уллу-бей, Хъараниса Юсуп-бей. Эрпелиб цIунун букIунаан «ИсмагIил-Къуръан» абураб тIехь, гьелда хъван рукIана къарачиязул бищун кIвар бугел хIукмаби».р

Эрпелиса ва Хъараниса бегзабазул тухумалъе кьучI лъурав нуцалчи ИсмагIилил букIине ккола Шихалиевас рехсараб Къуръан. Гьеб хIужа ритIухъ гьабулеб буго цоги хроникаялъги. XIX гIасруялда данде кIутIарал архивалъул баяназда хъвалеб буго Дагъистаналъул гIатIиракъалда  кIиабизе гIарз бахъулеб судалъул (апелляциялъулаб) гIадал суалалгун къарачиязул чиясухъе унел рукIанин Гъарабудагъкенталда, Губденалда ва Эрпелир гIадамал. Гьев чияс «ИзмагIил-Къуръаналда» рекъон къотIулел рукIун руго цIидасан хIукмаби. Архивалдаса хъвай-хъвагIай: ««ИзмагIил-Къуръанилан» лъарагIаз абула машгьурав Дагъистаналъул гIалимчи ХIажи-ИзмагIилица (XIV гIасру) баянал кьураб (тафсир гьабураб) Къуръаналде». Гьал далилаздасанги бихьулеб буго нуцалчи ИсмагIил гIелму-лъай цIикIкIарав, гIадаталги шаригIатги лъалев чи вукIараблъи.


Аманат Будайчил Уцуми

Хроникабазулги документазулги халгьабидалги якъинлъулеб буго XVI гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялъул авалалда Хъаранив вукIин «къо-асс бугев, ТIадегIанав Аллагьасул цIобалде хьул лъурав амир» ИсмагIил. Гьесул васал Будайчи ва «Килпров»  (битIараб къагIида – КIихIосро) рехсон руго гIурус хроникабазда 1588 соналъул бицунагоги гьелдаса хадубги мадугьалихъ бугеб Эрпели росдал кверщелчагIи хIисабалда. В 1581-1586 соназда ГIусманиязул империялъул тарихчи Ф. Кырзыоглуца хъвалеб буго нижер хроникабазда ругин ИсмагIил ва Кахсуру (КIихIосро) абурал вацазул рахъалъ баянал. Амма жеги мухIканал ва кьучIал гIурус хроникабазда хъван буго «Кихосро» ва Будайчи ИсмагIилил васал кколилан («Костов да Будачей»), ва гьел кIиялго эркенал, цоцазда рачIел «гиназзаби» ругилан. 1614-1615 соназда «Эрпелиялъул кверщелчи Будайчи» формалияб куцалда гIурусазе мутIигIлъана, гьесул вас Уцуми гъоркьлъалие (аманаталъе) кьун вуго гIурусазул Терки шагьаралде (гьанжесеб Гъизляр районалъул ракьалда, Терек гIорул рагIалда букIана гьеб).

Гьел хIужабаздасан пайда босани, нуцалчи ИсмагIил, гIага-шагарго, гьавун вукIине ккола ХVI гIасруялъул тIоцебесеб бащалъиялъул бакьулъ (1520-абилел соназда), хун вуго 1580-абилел соназда.

Дагъистаналъул гIатIиракь гIурусаз бахъилелде эрпелисезул нуцабазул ханлъиялда гъорлъ букIана ункъо росу: Эрпели, Ишкаталиб, Хъарани, Ахакь. Байбихьуда магIарулазул букIараб Эрпели росу, Дагъистаналъул цоги регионаздаса тюрк мацI бугел чагIиги гьенире гочун рачIун, мацIги загIиплъун (ассимиляция), тIубанго «лъарагIлъана». Эрпелисезул нуцабазе бокьун букIана жидер ханлъиялда халкъ гIемерлъизе, гьедин къабул гьаруна гьез росулъе цIи-цIиял къокъаби.  Надир-шагьасул чабхъеналдаса хадуб биххизабураб Мадигьин росдал гIадамал гочинаруна Ишкаталиб (Ишкарты) росулъе. Дагъистаналъул югалдаса ва гьанжесеб Азербайжаналъул севералдаса падаралги (азербайжанал-суниял) рахъана гьенире. Гьедин, тюрк мацIалъул гIадамал тIаде рачIиналъ, магIарулазул Эрпели ва Ишкаталиб росаби «лъарагIлъана», Хъарани ва Ахакь росабийин абуни магIаруллъун хутIана – гьез магIарул мацIги, бичIчIиги, цоги хутIарабщинабги цIунана.


Автор: ШагIбан ХIапизов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +5
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook