Гъоркьехун кьолеб бугеб гьаб документалда тарихалда «ГIандуникIил васиятан» абула. Гьеб буго Авариялъул хан ГIанlуникIица жиндирго вацасул вас Булачие гьабураб васият. ТарихчагIаз гьеб документалда абулеб буго Булачиде гуребги Авариялъул хадусел ханзабаздеги бугеб ахIиянги (воззвание). ГIандуникIил васият – ахIи къабул гьабун буго ГIандимагIарда ханзабазул, гIалимзабазул, гIакъилзабазул ва хутIарал гIадамазулги данделъиялда. Васият-ахIиялъул, хъвай-хъвагIай гьабун буго Хунзахъ росдал къади ГIандиса ГIалимирзаца. Гьале гьеб.
«Ва дир вацасул вас. Дуца дурго хъатикье росе Авариялъул тIоцересел кулал – ГIалихъиличилазул, кIиабилел – Жунгуталъул бетIергьабазул, лъабабилеб – Гумбеталъул бетIергьабазул, ункъабилел – ГIандадерил, щуабилел – хадусезул (чачаназул – хури жамагIат), анлъабилел – Бакълъулазул (Авариялдаги Гьидеридаги гьоркьоб, анкьабилел Хучадисезул ва Анкьракьалъул (лъебелал). Гьал кIулазул ихтияр буго дурго кодобе босани, цIам пахь, цIибил, махх, ччугIа ва цогидабги инсанасе хIажалъулеб щинаб жо букIина дур. Гурони дудасаги дур халкъалдасаги нахъе ина.
Вад и вацасул вас. Дурго бахIарчилъиялда релълъарав ГIамирлъун вукIине дуе бокьун батани, гьел гIорхъабиги рахине (гIатIид гьаризе) хIаракат бахъе, цок вер чIвалеб дурго ракьги кьечIого».
История Дагестана. Махачкала.
Дагучпедгиз 1994 г. «Хунзахское нуцальство» стр. 70.
Булач – нуцалие букIараб магъало
Гьесие букIун буго кинабниги рукъалдаса цо-цо соналъе къали тIорщалил. ЧIегIерхIайваназдасаги букIун буго кинабго нус-нус рукъалдаса цо-цо оц цо-цо соналъе.
ГIиялги букIун буго нусго чахъу бугев чиясдаса цо-цо чахъу.
Ххамилги букIун буго базарганасдаса цо дарайдулги цо исхъалидулги цо-цо туп. Пихъаздасаги букIун буго гъабу чIарав чиясдаса цо чIеп (цIолбол батилаха Н.ГI.).
Жиндир чи чIвачIев чи чIвани, гьесдасаги букIун буго нусго чахъу. Ругъун лъурав чиясдасаги букIун буго цо оц.
Щибаб росдадасаги букIун буго щу-щу цер: цо чIегIераб, ункъо багIараб. Кинабго росдадасаги букIун буго чуниги гIаланиги – цояб. Гьесул (нуцалил чи хвараб мехалъ гьесда хадуб-цебе жо гьабизе цо-цо гIаканиги кIи-кIи куйниги. Гьебго магъало букIун буго гьесул бертин – жо ккани).
Баян. Булач-нуцал абун вукIун вуго Хунздерил хан. Гьев вукIун вуго АмирсултIанасул вас. Гьевги Баяр ГIабас – Суракъатил вас, нуцалилан жинди тIокIцIар абулев.
ГIарабалдаса гьаб текст буссинабун буго Мансур ХIайдарбеговас.
Автор: ФатIимат МухIамадова