Авторизация

МагIарул МацIги ЦIорги


Миллатцоял


МагIарул МацIги ЦIорги


Мунагьал чураяй дир кIодоэбел, большевиказул зулмуялда данде гъазават гьабулаго 1921 соналда къадаралде щварав ва Инхо вукъун вугев СагIадуллагьил яс ПатIимат, йикIана дир тIоцеесей тарбиячIужулъун. Гьелъги гьелъул эбел Багьжатицаги  кинидахъги кини тун хадубги дие ахIана магIарул туркабиги диниял назмабиги. Багьжат дие камуна 1983 соналда. Амма гьелъул сипат-суратги, назмабиги, къаданиса росун кьолел рукIарал сайигъаталги гьабсагIат гIадин цере чIола, доб заманалда дие кIиго сон гурони букIинчIониги.


 Багьжатиде нижеца кIодойилан абулаан, ПатIиматиде – кIудайилан. КIуда ахираталъул рокъое къокъана 2003 соналда. Гьей кIияйго магIарул чIужугIаданалъ кьучI тIамуна дир диниябги миллиябги бичIчIиялъе. Гьанже ЦIоралъул магIарулазул масъалабазул хъвалелъул, панаяб куцалда гIинда рагъула кIудаца ахIулел рукIарал магIарулазул кьалул назмаби : «Бидул гIорал арал Алазаналде, КIкIуйдул чIух тIад лъараб ТIад Ширакалда… Агъалдисеб чакма бидул цIезегIан Чодасан рагъарал дол гъолодисел, Черхалдисеб ярагъ цIед биинегIан ТуманкIул рагъ лъуна ТIад Ширакалда. Вакъунилан абун кваналебдайищ, - Бидулъа рахъарал кескал кунеб къо! Къечонилан абун гьекъолебдайищ, - Лъороса гIодобе би чвахулеб къо!»


Гьел ва гьелго гIадал жеги гIемер магIарул эпосалъул мухъал рикIкIунаан, ахIулаан кIудабаз дие. КIудал кIудияй эбел Бахул эмен кколаан ГIамирил МухIума. Аслияб куцалда гьесдасан лъан руго нилъер халкъиял асарал дир кIодоэбелалда. Гьев ГIамирил МухIума XIX гIасруялда Кавказалъул имамзабаз гьабураб гъазаваталдаги гIахьаллъун вуго. Доб къеркьеялъулъ магIарулаз бихьизабураб бахIарчилъиялъулги гIемер бицунеб букIун буго гьес.


ГIелаз гIелазухъе кьун, щвана нилъехъе  магIарул тарихги, асаралги, эпосги, гIамал-хасиятги. Гьаб колонка хъвалеб буго ЦIоралъул хIакъалъулъ. МагIарулазул аслиял хазинабазул цояб ккола ЦIор. ХицIиб мегъалдаги АхIулгохIалдаги аскIоб буго гьелъул цIар. МагIарул басмабазда рахъарал макъалаби цIалулез гьеб гьедин гьечIилан абиларо. Ахирал соназда «Миллат» казияталда «Тарихалда лъалкI тарал магIарулал» рубрикаялда гъоркь рахъулел ругел тарихиял очеркал цIалараздаги аваразе ЦIоралъул бугеб кIвар бичIчIулеб батила. Нилъер эпосалъулъ буго ЦIор. МагIнаги, даражаги, хIажалъиги гьечIеб жо эпосалъулъе унаро.


Пачалихъ гьечIеб халкъалъул къисмат пашманаб букIуна. ГIемерго рохизесеб гьечIо гьеб магIарулазулги. Нилъер бикьизабураб халкъалъул къварилъабазул ургъел бугел «кверщел кодосел чагIи» цIакъ дагь руго. Азербайжаналда ва Грузиялда гъорлъ руго кIинусазаридаса цIикIкIун нилъер миллатцоял. Гьезул гIузрабазде сахаб бербалагьи гьабулеб идара къанагIатги батуларо. Нилъеда мадугьалихъ ругел лезгиязулго мадараб чIаголъи буго гьеб рахъалъ, Бакуялъ гьел хIалелги руго.


Араб 2012 соналъул декабралда дица хъвараб «Зачистка в Джарах» абураб макъала къватIибе арабго, гьебги гьоркьобе бачун, чанго сайталда бахIсал гьарун ругоан. Гьайгьай, гьединал «годекIабазда» халкъазул саламатал вакилзаби кидаго гуро дандчIвалел. Амма Азербайжаналъул цIаралдасан хъвадарулезул чIухIиги гIамалкIодолъиги бихьидал, сабру гьабизе бигьаго букIунаро. Макъалаялъул авторасдехун бадибчIвай гьениб гьечIоан, амма нуж гьедин «ассимилировать» гьаризе руго, ясал гIадин», «азербайжаназул цIалалъ гурони нуж гIодориччазаруларо» абураб магIнаялъул хъвай-хъвагIаял гьарзаго ратула гьенир. Миллионалдаса цIикIкIун дагъистанияв вуго гIорхъи чIван Азербайжаналъулъе рехун. Дагъистаналда вугев 90азарго азербайжанасе бокьарал миллиял шартIал чIезарун руго, дорехун ругел миллатцоязул бицинецин хIинкъун руго! Гьабго щиб республика, гьабго щиб пачалихъ!


Цо-цояз дида абула азербайжаналги туркалги нилъер динцоял, диналъул вацалги яцалги ругилан, ислам бикьизабизе бегьуларилан. Нилъер диналъ «халкъалги мацIалги гьукъун ратани», щайха Азербайжаналда азербайжан (тюрк) мацI хIалтIизабулеб бугеб? Гьебги лъахъван, кIочене тун, Къуръаналъул мацIалде, гIараб мацIалде, руссаха! Руссунел гьечIогури! Гьедин батани, азербайжан мацI бегьулеб, авар мацI щай бегьулареб! Киб бугеб логика!? Бакуялъ  ЦIоралда как ахIизе гьукъи цIакъго исламалда данде кколеб буюрухъищ букIараб?

МагIарулаз квер хьвагIун тезе бегьулеб бакI гуро ЦIор. ЦIадаса Расулил васиятазул цояб ккола «МугIрул тун, авлахъазде рахъунел магIарулал» абураб кечI. Киве кканиги, гьеб кочIол мухъал рекIелъ кIетIезе ккола аварасул: «Цадахъ босе, кIочонге МагIарул мацIги цIарги… Цадахъ босе, кIочонге КIикIараб кини, гьулак…Нужго тIаде къулараб ТIокIкIараб ицц кIочонге, Умумузул хобазда Хурдузул сас кIочонге».(Тамашаяб асар! Абун бугеб гIадатго, абун бугеб камилго! ШагIирасда абизе кIвелаан, масала, умумул кIочонгейилан. Амма гьеб кIиго рагIиялъ сипат-сурат бахъизе букIинчIо, унго-унгояв классикас хъвала гъодин – умумузул хобалги чIаго гьарун, гьезда тIад бижараб херги гаргазабун!) Щивав нилъер миллатцояс цадахъ росизе ккола МагIарул МацIги ЦIорги. Гьел цого даражаялъул гIаламатал руго.


2013 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +100
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook