Авторизация

«Вахъана ГIумахан гъизилбашалъе»


Миллатцоял


«Вахъана ГIумахан гъизилбашалъе»


ЦIоралъул Динчи – Чи вугеб росу


2011 соналъул 23 маялда МахIачхъалаялда кIиабилеб митинг тIобитIана Россиялъ Азербайжаналъе «сайгъат гьабураб» лезгиязул Храх-Уба росдал гIадамаз. Цебесеб митинг тIобитIун букIана микьабилеб февралалда. Храх-убаялъулаз бицана Азербайжан Республикаялъул (АР) тIадчагIаз Россиялде хьвадизе жидее квалквалал гьарулел ругилан, Россиялъул гражданлъиялдаса инкар гьабеян, зулму бекьулеб бугин. ДандечIей загьир гьабурал жанир тIамун, хIалгьабун Азербайжаналъул гражданлъи босизабизе лъугьун, АРалъул хъулухъчагIаз гIакъуба кьолеб бугилан абуна митингалъул гIахьалчагIаз.


«Кьер ссвине гьабураб доб Самуралъул»


«АхIвал-хIал лъикIлъулеб гьечIо, - ян бицана жамагIатчи Нагмет Нагметовас. – Росдал гIадамазе унго-унгояб депортация гьабулеб буго. Гьедин кIвекIаразда гьоркьов вуго бакIалъулаб школалъул директор Эшраф Мажидововги. Храх-Убаялъул масъала тIубаялъе хасаб республикаялъулаб комиссия гIуцIун бугила, гьеб росдал гIадамал Дагъистаналде гочинариялъе федералияб программа къабул гьабизе кколила, ДРялдасан Пачалихъияб Думаялде рищарал депутатал гьелда тIад хIалтIулел ругилан абурал харбалги раккана. ДРялъул миллияб политикаялъул рахъалъ министр Бекмурза Бекмурзаевасул хIаракаталъеги квешаб къимат кьуна митингалда, гьес кидаго Азербайжаналъул рахъ кколеб бугилан.


«Арал гъорлъе журан дол гъолодисел»


Гьаб макъалаялъул байбихьуда рехсей гьабураб суалалъги бихьизабулеб буго Россиялъ жидерго гражданал «цIунулел» куц. Гражданазулцин гьединаб гурони ургъел гьечIеб мехалъ, батIияб пачалихъалде ккарал миллиял дагъистаниязул кин  рахъкквелеб Россиялъ ва Дагъистаналъ. Бокьани, Россиялъул паспорталги рикьун, аскарги бачун, билълъанхъизабула Москваялъ политика (Абхазиялда ва Югалъулаб Осетиялда гIадин). Бакъбаккул Северияб Кавказалдайин абуни, гьелъул гIаксалда, Дагъистаналъул росаби Азербайжаналъе рикьулел руго, АРалъул гIорхъабиги гIатIид гьарун.


КигIан захIматаб замана рещтIаниги, дагъистаниял, хасго магIарулал, хилиплъичIо жидерго бахIарчияб гIамалалъе. Гьелъие нугIлъи гьабула ЦIоралъул (ЧIарлъиялъул) магIарулазул хасияталъги. Гьанире щун гурони, авар миллаталъул хиралъиги тIадегIанлъиги бичIчIуларо. Гьукъараб, гьечIого хутIараб мехалъ гурони, сундулниги унго-унгояб къимат лъалареб гIадин, магIаруллъиялъул даража цIакъго бичIчIула ЦIоралда. Гьединлъидалин ЦIоралъул магIарулазул гIемерисезул рукъзабахъ имам Шамилил суратал ругел. Гьединлъидалин гьез наиб ХIажимурадил хоб мармаралъ къачIараб ва гьеб бугеб рахъалдехун чанцIулго игIлан чIвараб (амма щибаб нухалъ падараз гьеб хъухъалеб ва наибасул хоб хIакъир гьабулеб, гьелъул зани гъурулеб буго). ХIакълъунго авар миллат хириял гIадамазе щибаб магIарул рагIи хазиналъун буго ЦIоралда. Гьединлъидалин гьел гIенеккулел Прагаялдасан кьолел «Эркенлъи» радиоялъул передачабазухъги, кигIан гьукъаниги, магIарде, Гъолода росдал чIвадназухъе, унги, гьарулел авар маданияталъул фестивалалги.


Миллатовас миллаталъул милат гьабула


ГьабсагIат ЦIоралъул бищун гъункараб жамагIат Закатала районалъул Динчи (Даначи) росулъ бугилан абидал, сапар бухьана гьенибе. ЖамагIаталъул цониги чиясул ихтиярал хвезарулел ругони, киналго цадахъ рахъунел руго, гьесул рахъккун. Гьединлъидал гьеб росу ЦIоралда бищунго эркенаблъун хутIун буго. Росдал бегавулги (МухIамад Миллатов) вугоан жамагIаталъе гIоло вахъун чIарав чи. Гьедин гуребани, кIиабилеб болжалалдаги жидерго цевехъанлъун вищилароан гьев даначисез. Росдал цIар кисадай бачIарабан абураб суалалъе жаваб кьолаго, Миллатовас бицана, гьаб ракьалда авараз кверщел гьабидал, «Тана чи» абун бугила, цIияб росдае кьучIги лъун. Россиялъул империялъул XIX гIасруялда бахъараб картаялда гьеб росу «Таначи» абун бихьизабунги буго.


«Росабазул бутIрул рищулелъул, цин комиссиялъул членал рищула. ГIадамазул къадаралде балагьун чIезабула членазул къадарги, масала: анкьго, ичIго, 11. 15 чи. Цинги гьел комиссияз вищула бегавул. Даначи росдал комиссиялда 11 чи вуго. Дун гьез вищана, -ян бицана МухIамад Миллатовас. – Рищиял лъугIидал, комиссия биххуларо, дир хIалтIуда хадуб хъаравулъи букIинабула гьелъ. Дун муниципалитеталъул председатель ватани, комиссиялъул председательги вукIуна цадахъ хIалтIулев. Росдал бегавуллъун тIоцеве дун вищана 2004 соналда. 2009 соналъул декабралда динчисез кIиабизеги дида цIарчIвана (бегавуллъиялъул болжал ккола щуго сон). ГIемерисел росабалъ жидеего данде кколел чагIи ккезаруна Бакуялъ нухмалъулеллъун. КIиабизеги дун вищунгутIизе гIемераб хIалтIи гьабуна АРалъул тIадчагIаз. Амма жамагIаталъул цолъи бергьана».


«Арал бидул гIорал Алазаналде»


ТIадчагIазе бокьухъе гуреб, законалда бихьизабухъе гьабейин хIалтIийилан суал лъун буго живгоги  юристлъун кколев МухIамад Миллатовас Бакуялъул вакилзабазда цебе. Даначи росулъ гIуцIун буго «Алазан» абураб кьурдулгун кочIол ансамбль. Авар маданияталъул фестиваль гIуцIизе кIолеб цого цо росу ЦIоралда Динчи бугилан бицана гIадамаз. Закатала районалда бугеб АРалъул аскариязул заставаялда цере рахъине ун рукIун руго исана «Алазаналъул» махщалилал. Гьениб цо командирас гьезда абун буго аваразул кечI-бакъан гьаниб биччагеян. Гьелдаса хадуб райсобраниялъул данделъиялда гьеб лъугьа-бахъинги ракIалде щвезабуна Миллатовас, авар мацIги бакъанги рагIизе бокьулареб батани, гьединал тадбиразде жидер ансамбль тIокIаб ине гьечIилан. Закатала районалъул цIивищарав нухмалъулев Мубариз АхIмад-заде (АРалъул Гах районалдаса падарав) гьеб данделъиялда вукIун гьечIо, гьев Бакуялде араб къо букIун буго. Мубариз АхIмад-заде бетIерлъуде вачIинегIан гьеб магIарулазул районалъул нухмалъулевлъун вукIана Нахичеваналдаса Асиф Аскеров. Гьесул политикаялъ аваразда гьоркьоб кIудияб разигьечIолъи бижизабуна. ЛъикIаб хIаракат бихьизабунин абун, Баку шагьаралъул кIудияб районалъул бетIерлъун тун вуго гьанже гьев, хъулухъалъ тIадегIанги гьавун. Гьаниб рехсечIого гIоларо Дагъистаналъул Дербент районалъул нухмалъулев азербайжанав кколеблъи. Амма магIарулазул Закатала, Белокан ва гьединго лезгиязул  районазул нухмалъуде Азербайжаналда миллиял дагъистаниял риччалел гьечIо.


ДРялъул официалиял СМИяз (РИА «Дагъистан» ва «Дагъправда») кьурал баяназда рекъон, лъабабилеб маялда Дербент районалъул Мамедкала росулъ тIобитIун буго «Севиндж» («Рохел, талихI») абураб Азербайжаналъул культураялъул республикаялъулаб байрам. Гьеб тадбир рагьизе вачIарав Дербент районалъул бетIер Къурбан Къурбановас( миллияв азербайжанав ккола гьев) абун буго «Севиндж» Дагъистаналда санайил тIобитIизе бугилан. МагIарулазеги хIажат бугоан цо гьединаб «севиндж». «Алазан» бегьулареб, «Севиндж» бегьулеб, -гьабго щиб гIаламат? Гьелго СМИязул баяназда рекъон, Дагъистаналда яшав гьабун бугила 91,5 азербажанас, гьездаса 55,7% - Дербент районалда, 18 % - Табасараналда, ункъо процент – Рутулалда, лъабго процент – Гъизляр районалда. Дандеккуни, Азербайжаналда гIумру гьабун ругел миллиял дагъистаниязул къадар гIемерго цIикIкIараб буго. Чияда рачIел цIех-рехчагIазул хIалтIабазда бихьизабун буго гьезул гIаммаб къадар миллионалдаса цIикIкIараб бугилан. 90-азарго чиясул ихтиярал Азербайжаналъ цIунулел мехалъ, миллион миллатцоясул тIалаб Дагъистаналъ (Россиялъ) щайдай гьабулареб?


«Щуго сон буго нижеца «Алазан» ансамбль гIуцIаралдаса, - ян бицана Миллатовас. – Программагун Дагъистаналде рачIине нижер рес гьечIо, къватIисел пачалихъазда хIалтIулел паспортал бигьаго щоларо».


«Туплисалда ханги жанив вахчарав»


МагIарулазул интеллигенциялда, тарихчагIазда, маданиялгун политикиял хIаракатчагIазда, миллаталъул ургъел бугевщинаб чиясда тIадаб налъи гIезегIен кIудияб ва кIвар цIикIкIараб буго. Лъалищ нилъеда рагIа-ракьанде щун ЦIоралъул тарих? Гьарунищ гьенир гIелмиял цIех-рехал? Лъалищ аваразда щив чи КIудияв ГIумахан вукIаравали? Нилъер халкъияб кочIолъ гьадинаб къимат кьолеб буго гьесие:


Чанги хан вахъана гIатIиракьалда,

Пулаво кваналев, чалтук бекьулев.

Цо хан вахъун вуго Хундерил ТIалтIа,

Харица галамал зодихъе ралев,

Маххул гьабуниги, галам толарев,

ГанчIил гьаруниги, сиял толарев.

Маххда рукъарулел, къазе кIоларел,

ТIад чагIи толарел чуялги рекIун,

Чуяздеял кьалал киласалъулал,

Вахъана ГIумахан гъизилбашалъе.

ТIад тарихал хъварал дугъалги росун,

БацIил лъулдул ругел хъирмалги росун,

Дайитилал рачун, угъузилалгун,

Гьениса вилълъана нахъе ЦIорове.

Жанив гьиндив вукIун кIулден хьвагIидал,

Калаюриб каву кIал-кIала чIварав.

КъватIив ТIалде вахъун туманкI рехидал,

Туплисалда ханги жанив вахчарав.


ХадурагIи


Гьаб макъалаялъул ва гьелъул  бутIабузул бутIрул ккола магIарулазул халкъиял асаразулъа мухъал. «ЦIоралъул даптар» абурал циклалда макъалаби къватIире риччазе руго казияталъул хадусел номераздаги (иншаАллагь).


ГIизудинил  ХIамзат,

Динчи – МахIачхъала

Авторасул суратал

 2011 сон

Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +161
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook