Авторизация

Анкьил хIасилал

Анкьил хIасилал Такъсирчилъи дагьлъизабиялъул мурадалда гьаризе кколел ишазул бицана республикаялъул низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабазул данделъиялда


Данделъи тIобитIана Гьудуллъиялъул рокъоб. Гьелда гIахьаллъана Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIипов, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидов, ДРялъул хIукуматалъул председателасул ишал тIуразарулев Рамазан Жапаров, министерствабазулгун ведомствабазул ва низам цIунулел идарабазул нухмалъулел, жамгIиялгун диниял гIуцIабазул вакилзаби ва жамгIиялгун пачалихъиял хIаракатчагIи. Данделъи тIобитIана республикаялъул прокурорасул гьариялда рекъон.


Данделъи бачана Рамазан ГIабдулатIиповас. Республикаялъул МВДялъул хIалтIухъабазе лъикIаб къимат кьуна гьес байбихьуда. "Низам цIунулел идарабазул нухмалъулезулгун цадахъал данделъабазда дица кидаго абулаан ахирал соназда терроризмалдегун экстремизмалде ва такъсирчилъиялде данде къеркьеялъулъ лъикIал хIасилал ругин. Гьелъул кьучIалда Дагъистаналъул экономика цебетIолеб буго, халкъалъул гIумру цIилъулеб буго. Рагьулел руго культуриял идараби, цIиял предприятиял. Республикаялда ахIвал-хIал хIалуцинабизе къеркьолел рукIарал къокъабазда жакъа ракIчIун абизе кIола дида: Дагъистаналъул халкъалъ жидерго рагIи абуна - дагъистанияз зулмучилъи къабул гьабуларо", - ян абуна гьес.

Наркоманал гIемерлъун руго

ТакъсирчагIи ралагьиялдасаги такъсир ккезе биччангутIиялъул мурадалда хIалтIизе бигьалъулин абуна ДРялъул прокурор Рамазан Шагьнавазовас. Гьеб мурадалда гIуцIараб пачалихъияб политикаялъул ва республикаялъул законазда хиса-басиял гьариялъул бицана гьес. "Ахираб кIиго соналъ къогоялдаса цIикIкIун правоялъул нормативияб акт къабул гьабуна. 2014-2017 соназда республикаялда жамгIияб гIадлу-низам цIуниялъул ва такъсирчилъиялде данде къеркьеялъул ДРялъул пачалихъияб концепция хIадурана ва тасдикъ гьабуна. Гьелдаго цадахъ такъсирчилъи дагьлъулеб ва ахIвал-хIал лъикIлъулеб гьечIо. Масала, низам цIунулел идарабаз 2015 соналда 15130 такъсиралъул хъвай-хъвагIай гьабуна. 2014 соналде дандеккун, гьел цIикIкIана 9,5 проценталъ (гьеб соналъ 13817 такъсиралъул хъвай-хъвагIай гьабун букIана)", - ян абуна Рамазан Шагьнавазовас.


Наркоманиялда данде къеркьеялъул гьадин бицана прокурорас: "Наркоманиялде данде рагъбаялъул мурадалда республикаялъул, шагьаразул ва районазул цадахъал программаби гIумруялде рахъинарулел руго. Гьеб хIалтIулъ гIахьал гьарулел руго жамгIиялгун диниял гIуцIаби, лъай кьеялъулгун сахлъи цIуниялъул ва социалиял хъулухъазул идараби ва спортивиял жамгIиятал. Гьарулел ишаз наркоманазул къадар дагьлъизабичIо. 2016 соналъул тIоцебесеб январалде республикаялъул наркодиспансералъул сияхIалда вуго 5827 чи. Социологазул ва медицинаялъул цIех-рехазда рекъон 10 азаргоялдаса цIикIкIун чияс гьоркьоса къотIичIого хIалтIизарула наркотикал ва 20 азаргогIанасев чияс гьезул чанцIулго хIалбихьана".


Наркомания гIемерлъараб мехалда цогидал такъсиралги цIикIкIунин абуна прокурорас. Гьеб рахъалъ такъсирчилъи дагьлъизабун бажаричIин мукIурлъана гьев. Такъсириял ишазулъ гIахьаллъула наркотикал цIунулел, гьел ричулел ва республикаялде раччулел гIадамалгиянги абун, жакъасеб данделъиялда къабул гьарурал хIукмубаз ахIвал-хIал хисизабиялде хьул бугин бицана Рамазан Шагьнавазовас.

Балугълъиялде рахинчIел гIолилал

2011 соналдаса нахъе цIакъго захIматал такъсирал дагьлъулел ругин бицана ДРялъул жанисел ишазул министрасул заместитель Василий Салютиница. "31 проценталдаса 28 проценталде ккун руго гьел. Терактал гьукъана, низам цIунулел идарабазул хIалтIухъаби чIвазе къасд гьабиялъул, гIадамал рикъиялъул, руччабазе зулму гьабиялъул, хъамалчилъиялъул ва инсанасул сахлъиялъе зарал гьабиялъул рахъалъ такъсирал дагьлъана", - ян абуна гьес. Наркотикал хIалтIизариялда хадуб халкколеб федералияб хъулухъалъул (ФСКН) управлениялъгун цадахъ гIуцIараб хIалтIул хIасилалда 200 кг наркотиказул бахъанин ва наркотикал ричулел рукIараб 54 бакI тIатинабунин бицана гьес.


Терроризмалдегун экстремизмалде данде къеркьей республикаялда чIара-хьараб ахIвал-хIал букIинабиялъе квербакъулеб аслияб иш кколин ва гьелде цIикIкIараб кIвар кьолин бицана республикаялъул жанисел ишазул министрасул заместителас. «Гъоркьисала ва исана ракълилаб гIумруялде вуссана изну гьечIого яргъид гIуцIарал такъсириял къокъабазулъ  ва гьезие кумек гьабулев вукIарав 68 чи. 2015 соналда экстремизмалдегун терроралде гIадамал ахIиялъул 243 хIужа тIатана. Гьединаб ахIи балеб ункъо сайт, 104 интернет-ресурс, социалиял сайтазда ругеб 68 гьумер ва 29 къокъа къана», - ян бицана Василий Салютиница.

ГИБДДялъул нухмалъулев хIалтIудаса вахъана

ГИБДДялъул хIалтIуе гIемерал бадирчIваял гьаруна данделъиялда. ГIадлу-низам цIунунгутIиялдалъун нухазда къварилъи ккеялъул 440 хIужа ккана 2016 соналъул ункъо моцIалъ. Гьелъул хIасилалда хвана 124 ва лъукъана 658 чи. ДТП ккеялъулъ 85 проценталдаса цIикIкIун ва чи хвеялъулгун лъукъиялъул 91 проценталдаса цIикIкIун гIайиб шоферзабазде кколеб буго. 35 авариялда зарал ккана 16 сон бачIеб 39 лъимералъе ва гьезда гьоркьоса лъабгоял хвана.


"Нилъер нухазда бугеб ахIвал-хIалалда унго-унгояб терроризмилан абизе бегьула. Гьалгощинал соназда ккарал терактазда хвечIо гъоркьисала Дагъистаналъул нухазда аварияги ккун хваравгIанасев чи. ЩунусгогIанасев чи хвана!" - ян абуна республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас, ДРялъул МВДялъул ГИБДДялъул управлениялъул нухмалъулев Валерий Громовасдехунги вуссун.

Автоинспекциялъул хIалтIудаса рази гьечIолъи загьир гьабуна  Василий Салютиницаги.

Данделъиялда бицаралъул кьучIалда Валерий Громов хъулухъалдаса эркен гьавуна ва гьесул бакIалда тана Ризван Гьарунов.

Гьеб хIукмуялда тIасан Валерий Громовас жиндирго пикру жеги загьир гьабичIо.


Автор: Муса Азаев

Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook