ЖамгIият
Инвалидал – рагьтIа, цIогьал – кIалгIабахъ
Сахал унтарал ва унтарал сахал
Дагъистаниязул ичIго процент – инвалидал?
Дагъистаналъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерствоялъул баяназда рекъон, нилъер республикаялда 230-азарго инвалид вуго. Чияда рачIел социологазул пикруялда, гьезул гIемерисел кколел руго, ришватги кьун, сакъатлъиялъул гIарац щвезелъун гьересиял документал гьарурал сахал гIадамал. Унго-унгоял инвалидаз бицунеб буго жидее къануназда рихьизарурал бигьалъаби гьарулел гьечIилан.
Щибаб къойил кьвагьа-гIанхъиял, чIвай-хъвеял, аскариязул рагъулал тадбирал тIоритIулуб Северияб Кавказалда къойидаса къойиде цIикIкIунел руго лъукъарал, сакъатлъарал, инвалидлъиялъул даражаби чIезарурал гIадамал. Законазда бихьизабурабниги кумек пачалихъиял идарабаздасан жидее щоларилан гIарзал рукIуна гьезул. Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул (ООН) Генералияб Ассамблеялъул хIукмуялдалъун тIоцебесеб октябрь лъазабун буго Халъказда гьоркьосеб херлъарал гIадамазул къолъун. Гьеб тарихалда данде ккезабун Дагъистаналъул информациялъул алатазе кьураб интервьюялда республикаялъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министр ИсмагIил Эфендиевас абулеб буго харабазул ва сакъатазул тIалабал тIуралел ругилан. Гьеб идараялъул баяназда рекъон, республикаялда хъвай-хъвагIай гьабун буго 230-азарго инвалидас, гьездаса 33-азарго кколел руго лъимал. Ришватги кьун, унтичIел чагIиги инвалидлъи чIезабизе лъугьиналъул хIужаби гIезегIан руго Дагъистаналда. Гьелъие мукIурлъулей йиго Федералияб пачалихъияб идараялъул Дагъистаналда бугеб медикиябгун социалияб экспертизаялъул бетIераб гIуцIиялъул (ФГУ МСЭ по РД) хIалтIухъан Асият ХIусеноваги. Гьединал ишал загьирлъиялъе гIайибияблъун ХIусеновалъ рикIкIунеб буго гьересиял документал кьолеб республикаялъул сахлъи цIуниялъул министерство. 2008 соналда 1036 гьединаб кьучI гьечIеб документ кьун батанин министерстволялъин абулеб буго ХIусеновалъ. 2009 соналда гьеб такъсирияб къагIида гIодобе кканила. Амма гьеб суалалъулъ жидеда лъалеб хиси ккечIилан абулел гIадамал гIемерал руго: ришват кьурал сахал чагIазе щолила сакъатазе рихьизарурал бигьалъаби, унго-унгоял инвалидалин абуни бакъалда хутIулила.
Министерствоялъ мугъ рехана
Гьединаб магIнаялъул буго гьал къоязда редакциялде бачIараб гьаб кагъатги: «Ассаламу гIалайкум, ХIамзат! Духъе хъвалеб буго Гъоркьа Инхоса Сайпулагь КъадагIалиевас. 1993 соналдаса нахъе тIоцебесеб группаялъул инвалид вуго дун. ТIаде вахъине кIоларо. Гьеб 17 соналда жаниб дие щун буго гIицIго кIиго путевка курорталдеги кIиго коляскаги. Законалдайин абуни дун гIадал инвалидазе кьезе рихьизарун руго: ункъ-ункъ соналдаса – цо кресло-каляска, 1,5 соналдаса – гьитIинаб кресло-коляска, хасал аргал, хасаб гъоркьанпартал, санитариял алатал тIад ругеб кресло-стул ва гь.ц. ХIукуматалъ бихьизабураб жо дие щай кьоларебан дица республикаялъул сахлъи цIуниялъул, гьединго захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерствабазде хъванги букIана. Амма гьелъулги хIасил ккечIо. Сахлъи цIуниялъул министерствоялдасан бачIараб жавабалда абулеб буго дие кколел аргалги, коляскаги, цойги хIажатабщинабги кьезе ругилан. Гьез рехсарабщиналъул щибниги щвечIо жеги дие. Гьезул кагъатги дица духъе битIулеб буго. ЗахIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерствоялдаги дие гьабизе бигьалъи батун гьечIо. Щиб адресалда ва лъихъе хъвазе кколебалиги гьез дида малъичIо. КинабгIаги кумек дие гьабизе гьезда ракIалда гьечIо. Боснов ккарав тIоцебесеб группаялъул инвалид цониги пачалихъияб идараялъе хIажат гьечIолъи бихьулеб буго».
КIиго соналъ сахлъичIеб ругъун
КъадагIалиевасул гIузруялъул мухIканлъи лъазелъун гьесухъе кIалъайдал, гьадин бицана инвалидас: «1993 соналъул октябралда, гIеч бетIулаго, гъотIодаса гIоркье вортана дун. Мугъзал нервабазе къварилъи ккеялъ, гьелдаса нахъе вилълъине кIвечIо. ТIоцебесеб группаялъул инвалидлъун лъугьаниги, законалда рихьизарурал бигьалъаби дие щвечIо. ЦIакъго басралъун, тIу-тIун ун буго дир коляска. Неда-регъун чIезабун буго. Дие бищун къваригIараб жо буго гIемер вегун чIезе ккеялъ унтараб бакI (пролеж) сах гьаби. КIиго соналъ буссунеб гьечIо гьедин лъугьараб цо ругъун. БакIалъулал тохтурзабаздаги гьелда гьабизе кIолеб жо гьечIо. 14 къоялъ больницаялда вегунилан ( курс) лъилъуларо гьеб. Хасаб ургу букIуна, гьединал ругънал лъугьине толареб. Пятигорскалде курорталде ворчIидал, гьениве сах гьавизе вачIарав Ростовалдаса дунго гIадав унтарас бицана дида гьединаб ургу иш тIаде кколел идарабаз жиндир рокъобе босун бачIанилан. Халкъалда, гьелдаго гъорлъ инвалидаздаги, законал лъангутIиялдасан пайда босулеб буго тIадчагIаз. Больницаялда вегунилан, батIияб жо дие лъугьунаро. Дие хIажатал махщелчагIиги гьечIо гьенир. ЛъикIав невропотолог гьечIо. Гьединал специалистал рукIуна курортазда. Пятигорскалда лъалеб мадар лъугьун букIана дие. Гьениве яги цойги курорталде витIуларищин идарабазда цIехон, чIалгIун, гьанже абичIого тун буго».
Сакъатазе – хасаб программа
Федералияб тохтурлъиялъулгун захIматалъул экспертияб комиссиялъул Дагъистаналда бугеб идараялъул ( ВТЭК) нухмалъулесул заместитель Зарема ГIабдурахIмановалъ «ХIакъикъат» газеталъе гьадинаб баян кьуна: «Нижеца чIезабула сакъатлъи. Гьелда цадахъго щивав инвалидасе хасаб сах гьариялъул (реабилитациялъул) программаги хIадурула. Масала, рокъобго дараби гьаризе нижеца гьеб документалда бихьизабун батани, гьелъул жаваб кьезе ккола бакIалъулаб поликлиникаялъ. Техникиял алатал хIажалъулилан хъван батани, гьел чIезаризе ккола социалияб страхованиялъул фондалъ. Цониги группаги сакъатав чиясе чIезабун, гьесда жеги хIалтIизе кIолеб бугони, гьесул суал тIубазе ккола яги хIалтIудалъун хьезарулеб централъ, яги гьев хIалтIулаго гIайиблъараб идараялъул нухмалъулез. КъадагIалиев Сайпулагьие ва гьевго гIадал цойги инвалидазеги аргалги къваригIарабщинабги букIинабизе ккола социалияб страхованиялъул фондалъ. Сакъатлъи чIезабулелъулго унтарасе хасаб сах гьариялъул программаги хIадурула нижеца. Гьев КъадагIалиевасул гIагарлъиялъул чи, гьеб программаги босун, ине ккола социалияб страхованиялъул фондалъул (ФСС) Гумбет районалда вугев вакиласухъе. Программаялда бихьизабурабщинаб жо гьев вакилас кагътиде босула ва гьеб кинабго унтарасе чIезабизе гьесда тIадаб буго : коляскаби, памперсал, ругънал лъугьине толарел хасал къандалъаби ва аргал, ай хIажатабщинаб техникияб къайи-цIа. Цойги нухалъ абуниги, сакъатлъи чIезабулел ва хасаб сах гьариялъул программа хIадурулел чагIи ккола ниж – ВТЭК. КъадагIалиевасе инвалидлъи чIезабун гIемер соналги рихьула, гьесие хъварабги батула нижер программа. Гьеб тIубазаби тIалаб гьабизе ккола гъоб социалияб страхованиялъул фондалдаса. МахIачхъалаялда гьеб идараялъул адрес ккола Богатырева 8. Хасаб сах гьариялъул программаялъул болжалалъе гIорхъичIвай букIунаро. Нагагь унтарасул хIал квешлъани, медикиябгун социалияб экспертизаялде (МСЭ) направлениеги босун, гьесие къваригIараб къагIидаялда хисизабула программа. Масала, гъоркьисаги памперсал хIажат рукIинчIев унтарасе исана гьел къваригIани, бакIалъулаб больницаялдаса гьединаб кагъатги (заключение) босун, ине ккола экспертизаялде (МСЭ). Цинги гьез программаялда гъорлъе гьеб тIалабги бачуна».
Инвалидазда хурхарал халкъазда гьоркьосел законазул даражаялде рахун гьечIо жеги Россиялъул къанунал. Къабул гьарурал законал хIалтIунгутIиялъулги буго кIудияб къварилъи. ЗагIипав, рухIдакъав, пакъирав, унтарав чиясдехун бугеб бербалагьиялъ борцуна бокьараб жамгIияталъул ярагьин, гьелъул сахлъи, рухIияб цебетIей. ЦIи-цIиял технологиялги техникаги дунялалъе сайгъат гьарулеб Европаялда цIакъго цIунула инвалидазул ихтиярал. Канлъукъазеги, коляскабазда ругезеги - киназего квегIенал руго дора шагьаралги, къватIалги, минабиги, хасал хIалтIулел бакIалги. Гьеб рахъалъ нилъер аниб «тирулеб, сверулеб буго гъобго гьобо» : «Багьа учузлъана чилъидал гьанже, Гьаб чорхол рухIалъул, бахIарчилъидул. Багьа кIодолъана чин-хъулухъалъул, Чияс чиясдасан гьабулеб мацIил… Орденал –цоязе, ордер – цоязе, Инвалидал – рагьтIа, цIогьал –ригьзабахъ…», - гьедин хъвана ЦIадаса Расулица XX къарнуялда. XXI гIасруялдаги хисараб жо гьечIо.
2009 сон
Автор: ГIизудинил ХIамзат