Авторизация

Щай Тимур Айтберов Азарбижаналде виччачIев?

Декабрь моцIалъул авалалда Туплисалда тIобитIана Кавказ лъазабулезул халкъазда гьоркьосеб ункъабилеб конгресс. Гьелда гIахьаллъи гьабуна анцIгогIан пачалихъалдаса ва Россиялъул Северияб Кавказалъул республикабаздаса, Москваялдаса, Санкт-Петербургалдаса, Волгоградалдаса машгьурал гIалимзабаз-кавказоведаз. Дагъистаналдаса конгрессалда гIахьаллъана лъебергогIан чи - мацIалъул, тарихалъул, этнологиялъул, культурологиялъул, адабияталъул, фольклоралъул цIех-рех гьабулел гIалимзаби. Гьезда гьоркьор рукIана Кавказ лъазабиялъул рахъалъ Россиялъул гIелмияб цолъиялда жидер цIарал церего рагIарал ГIиса ГIабдулаев, Тимур Айтберов, Борис Атаев, МухIамадхан МухIамадханов гIадал гIалимзаби.
Конгрессалда гIахьаллъарав Тимур Айтберовасулгун букIараб гара-чIвариялда гьес гьадин бицана:
- Гуржияз конгресс тIобитIана тIадегIанаб даражаялда. Бихьулеб букIана цебеккунго гьелде лъикIаб хIадурлъи гьабун букIин. Абизе ккола Кавказалъул тарих, адабиятгун маданият, этнология, культурология, фольклор лъазариялъулъ, гьел гIелмаби церетIезариялъулъ гуржиязул гIалимзаби цебесеб кьерда ругин.
Советияб гIуцIиялъул заманалдаги Туплис букIана Кавказ лъазабиялъул культурияб центрлъун. ГIицIго гьениб букIана Кавказалъул мацIал лъазариялъул институт. Гуржиязул театралияб институталъ хIадурулаан Северияб Кавказалъул халкъазул миллиял театразе актерал, режиссерал. Конгрессалда кIалъазе рахъаразул рукIана интересал, цIирагьияздалъун бечедал гIелмиял докладал. Жиде-жидер секциязда докладал гьаруна Дагъистаналдаса рачIаразги. РукIа-рахъиналъе, хIалтIуе чIезарун рукIана квегIенал шартIал.
- Туплисалдаса тIадруссун рачIунелъул Дагъистаналъул делегациялда гьоркьоса мун Азарбижаналдасан виччан гьечIо. Гьелъие гIилла щиб?
- Азарбижаналдасан кин виччалев, гIорхъи бахинецин виччачIев чи. Туплисалде ниж ун рукIана рагъулабгун гуржиязул нухдасан. Нахъруссун рачIунеб мехалда, гIазуги бан, гьеб нух къан бугилан абидал, Азарбижаналдасан ине хIукму ккана. Гуржияздаги гьездаги гьоркьоб бугеб Садахло абураб гIурхъи цIунулезул пункталда паспортазул халги гьабун, тIад мугьрабиги чIван, киназего церехун ине изну кьуна. Дида абуна жидер пачалихъалде дуе нух къараб бугин, бичIчIизабуна дун Азарбижаналда "персона нон-грата" вугин.
 ТIадвуссине ккана Туплисалде, чанго къо гьенибги бан рагъулабгун гуржиязул нух рагьидал, гьенисан вачIана МахIачхъалаялде.
- Щайха мун Азарбижаналдасан виччачIев, щиб такъсир дуца гьезда цебе гьабураб?
- Гьеб буго гIелмуялда данде политика хIалтIизаби. Дица чанго соналъ гIелмиял цIех-рехал гьаруна гьанже Азарбижаналъул пачалихъалде гьоркьобе ккараб ЦIоралъул магIарулазул тарихалъул, культураялъул. ЦIор ккола чанго гIасруялъго цебе магIарулаз гIумру гьабулеб букIараб магIарулазул ракь, гьезул ВатIан. Гьениб букIана ЧIар-Закатала - Белокан - Елису гъорлъе рачараб магIарулазул гучаб пачалихъияб гIуцIи. Гьеб пачалихъалъе магъало кьолеб букIана Азарбижаназул ханзабазги. Гьелда хурхараб чанго гIелмияб хIалтIи дица печаталдаги бахъана. Щибго ургъун бахъараб жо гьениб гьечIо, архиваздаса росарал кьучIал, хIакъикъиял баяназде мугъчIвайги гьабун, бихьизабулеб буго тарихияб хIакъикъат. Гьайгьай, гьеб рекIее гIелищха балъгоги тIатунги миллатчилъи хIалтIизабулеб бугеб Азарбижаналъул гIалимзабазеги нухмалъиялъеги. Азарбижаналъул тарихчагIаз абухъего, кодобе босизе гIоркьги гIодоб лъезе тIинуги гьечIел далилал рачун, хIаракат бахъулеб буго гIасрабаз ЦIоралда гIумру гьабулел магIарулал кьолболаб халкъ гьечIилан бихьизабизе. Цогидаб гIиллалъун батила Армениялда букIараб гIелмияб конференциялда дицаги ШагIбан ХIапизовасги (гьевги Азарбижаналда "персона нон-грата" гьавун вуго) ЦIоралъул магIарулазул масъалабазул бицин. Цо-кIиго соналъ цебе Ираналъул Тебриз шагьаралда букIараб халкъазда гьоркьосеб тарихчагIазул конференциялда Бакуялдаса вакилас суал борхана Ираналда ругел Азарбижаназул ихтиярал гIодорегIан гьарулел ругилан. Гьебги, гьенир гIумру гьабун ругел Азарбижаназул жидерго мацI цIуниялъе, культура-лъай гIагараб мацIалда билълъанхъизабиялъе щибго квалквал гьечIеб мехалда. Хъулухъ-ишалде лъугьинеги Азарбижаназе къварилъи, гIунгутIи гьечIо. Ираналда гIумру гьабун ругел Азарбижаназе ругел ихтияразул ва ресазул лъабго процент ихтиярал ва ресал гьечIин Азарбижаналда ругел дагъистаниязулин дица рехседал, кIудияб бахIс-къец ккана бакуялъуласдаги дидаги гьоркьоб. Гьезул миллат какараб цо хIарп дица хъвачIо, хъачIго магIарулазул, лезгиязул ихтияралги хвезарун миллатчилъи бугилан бихьизабун гурого. Гьединаб хIал букIана Советияб Азарбижаналдаги, гьебго билълъанхъизабулеб буго гьанжеги.
- КигIанасеб къадар магIарулазул Азарбижаналда бугеб?
- 1913 соналда пачаясул Россиялъул Кавказалда букIараб армиялъул мобилизациялъул отделалъ гьабураб хъвай-хъвагIаялда рекъон, гьанжесеб Азарбижаналда гьоркьобе ккараб ЦIоралда магIарулазул вукIун вуго 51 азарго чи. Гьел соназдаса нахъе Дагъистаналда ругел магIарулазул къадар щуго-анлъго нухалъ цIикIкIун буго. Гьедин хIисаб гьабуни, магIарулазул къадар Азарбижаналда букIине ккола 250 азаргоялдаса цIикIкIун. Амма гьезул нухмалъиялъ ургъунго дагьаллъун рихьизарулел руго гьел. Лезги миллаталъул чагIи дагьалго цIикIкIун руго. Гьезул вуго 350 азарго чи. Дозул статистикаялда рекъон, гьезулги  къадар дагь бихьизабулеб буго.    
Дагъистаналда гIумру гьабун вуго нусазарго Азарбижанав. Гьезул буго жидерго миллияб театр, школазда малъула рахьдал мацI, руго газетал. Телевидениялдасан, радиоялдасан кьола передачаби. Азарбижанал руго министраллъун, халкъияб собраниялъул депутаталлъун, районалъул бетIерлъун, ихтиярал цIунулел органазда, цогидалги хъулухъазда. Ираналда диргун бахIс гьабурал Бакуялъул гIалимзабазда гьелъул дица бициндал, гьез абуна: "Азербайджан - это государство азербайджанцев, а Дагестан - это общий котел народов", - абун. Гьединаб буго гьезул бичIчIиги, гьелда рекъараб буго политикаги.
Нилъер нухмалъиялъ вацлъиялъулаб Азарбижанин абула, гьедин рикIкIуна нилъер халкъалъги. Гьудуллъи букIине ккола кIиябго рахъалъан, цоцазе бащадаб. Лезгиязул федералияб миллияб автономиялъ гьеб рахъалъ республика бахун къватIир ругел миллатцоязул хIисаб-суалги гьабун, гьезул ихтияралги мурадалги цIуниялъе кIудияб хIалтIи гьабулеб буго. МагIарулазул рахъалдасан сихIкъотIи буго.
- Гуржиялъ кинаб бербалагьи бугеб магIарулаздехун?
- ЦохIалго магIарулаз гIумру гьабулеб буго ункъо росулъ - Чантлискъури (Росохъ), Сарусо (Шорохъ), Тиви (Гургин росу), ЦIияб росу (Сакребуло). Руго, дагьабго къадар бугониги, Туплисалда, Къварели, Лагодехи ва цогидалги шагьараздагун районазда. Дида дандчIварал магIарулаздасан дирго халгьабиялдасанги бичIчIухъе, гьездехун батIияб, мекъаб бербалагьи гуржиязул гьечIо. Рес буго школазда магIарул мацI малъизе, культуриялгун жамгIиял ишал гьаризе. Бихьулеб буго гьениб халкъ, миллат мацIалъухъ, диналъухъ балагьун батIа гьабулеб гьечIеблъи.

Автор: Пайзула Пайзулаев

Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +6
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook