Авторизация

Зурма къвакъвалаго, къотIарал бутIрул


миллатцоял, пикру


Зурма къвакъвалаго, къотIарал бутIрул


Дагъистаналъул халкъал жидер ракьалдаса, хирияб МугIрузул Улкаялдаса, мухIрум гьаризе дагьалъ хутIана 1940-абилел соназда. Чачанал гочинариялъ Грузия гIатIилъана. Гьединго, дагъистаниялги ватIаналдаса къватIире къотIун, Азербайжан кIодолъизабизе гъира букIана дол соназда гьеб республикаялъул бетIерлъун вукIарав Багировасулги гьесдаго релълъарал къужрузул миллатчагIазулги. «Вацлъиялъулал мадугьалзабазул» гьел рекIкIал хьулазда лал тIамуна Ругъжаса Данияловасул политикаялъ.


ЦIидасанги щолеб буго тIаде 23 февраль. КигIан хIаракат бахъаниги, унго-унгояв кавказиясе гьеб къо бокьизе рес гьечIо. «Чечевица» операция. АнцI-анцI къайи баччулел поездазда жанире къотIун, Гьоркьохъеб Азиялъул кьварун бакъвараб салул авлахъалде гъолел вайнахал. Инкар гьабуразда кьурдулел гулби. Багъулеб фронтги тун, халкъ зуризе битIараб аскар. Рукьналъа рахъарал гъутIби гIадин, Кавказ тун рачунел карачаял,балкарал… Фронталдаса вуссарав Къайсин Кулиевасда жив жиндие гIоло вагъараб ватIан батичIо, гьев халкъалда хадув исиблъуде, Казахстаналъул салул гьурулъе ана.


Приставкинил къиса – «Меседил парчаялъ сордо рогьана». Гьесда бичIчIана 1944 соналда депортациялда гъоркье ккарал чачаназул къварилъи. Дин батIияв гьев гIурусасул рекIелъе бортаниги, бусурбабилъун рикIкIунел цо-цо кавказияз гьеб балагьалдаса рохел загьир гьабула гьаб жакъаги. КIочон толаро ригь арал магIарул руччабазги бихьиназги дихъе рачIарал кагътаздаса мухъал: «Сталиница битIараб гьабуна чачаназе. Цо сордо-къоялда жаниб гьел гочинари кколарищ кIудияв вождасул гьунар!» Гьаб магIнаялъул рукIана гьел магIарулазул рисалатал.


Нилъер миллаталдаги щвана чачанал чункулеб аздагьодул квачI-хIалгьабун гьезул ракьалде рахъинаруна гIемерал жамагIатал, доба тIабигIат рекъечIого, унтаби ккун, къадаралде щвана нус-нус чи.


Ханлъабазул тахшагьаразда гьарулел хIукмаби хехго хъинтIула гIадатиял гIадамазда. Пачалихъазул тарих якъинго бихьула цо тухум-кьибилалъул гIумруялъухъ ралагьаниги. Харабаз гIемер бицана дие XX  гIасруялъулги цересел къарнабазулги къисаби. Дир эбелалъул эмен Гъоркьа Гьарадирихъа ГIалиасхIабил гIолохъанлъи Чачаналъ ана. Гьенире гочинарурал магIарулазул нагагьги хъизан хутIичIо, унти ккун чи хвечIеб. Чачанлъиялда эбелалъул хабаде къулизе ккана ГIалиасхIаб. Гьей мунагьал чурадил цIар буго дир эбелалда лъун (Таибат). КIудияй Таибатил рос МухIамад гIахьаллъана большевиказул багIараб балагьалда данде гьабураб гъазаваталъулъ. ТIануси ккараб рагъулъ шагьидлъана гьев (иншаАллагь). Гьесул хоб ТIануси росдада аскIоб буго.


Гьанже Гъизляр мухъалда гIумру гьабун вуго ГIалиасхIабил вацгIал ГъазимухIамад. Гьесул ракIалдещвеялги диктофоналде росун руго дица. Эбелги яцги рукъана гьесги Чачанлъиялда.


 Исана дица хъвалел ругел гьал колонкабазул цоги мурадги буго – исламалъги тIалаб гьабулеб анкьумумул лъазариялде цIалдолел ахIи. Кьалбаз гурищ гъветI кколеб! Кьибил лъачIого бегьуларо. Эбелалъул рахъалдасан дир кьибил Гъоркьа Гьарадерихъа ккола. ГъазимухIамадица бицана нижер гьеб тухумалде «Тарихилал» абураб цIар бугилан, кьолбол кIудиясда «Тарих» абун букIун буго цIар. Инсул рахъалдасан дир кьибил Бакьулъ Гьарадерихъа буго. Гьелде абула «Нурчазул» тухумилан. КIудаэмен ГIизудинил эмен Нуричул КъурамухIамад вукIун вуго росулъ рагIи билълъарав чи. Большевиказ росу пасат гьабичIого букIине, хъахIаб байрахъги босун, гара-чIвариязде ун вуго гьев. БагIаразулгун рагъда васги (Нуридин) дурцги (СагIадуллагь) камуна гьесие. Амма росу вахIшилъиялдаса цIунизе кIвана, гара-чIварияз лъикIал хIасилал кьуна.


ТIасияб соналда 70 лъагIел сверула Кавказалъул халкъазе Сталиница депортация гьабуралдаса. Щибаб, май гуро, февраль бачIингун, ватIан тезабурал кавказиял паркъула дир берда цере – поездазда жанирги исиблъиялдаги хвезарурал аза-азар динцоял; чIвазе къотIарав чи гIадин, Багировас къулчIизехъин букIараб Дагъистан, Чачанлъиялда щущарал магIарулазул хобал, гьезда гъорлъ билараб дирго кIудияв инсул эбелалъул зани.


МагIарул шагIирасул цо асаралъулъ руго гьадинал мухъал: «Зурма къвакъвалаго, къотIарал бутIрул, Къали бухулаго, рахъарал берал». Санайил Россиялъ кIодо гьабула «улка цIунулезул къо, армиялъулги флоталъулги къо – 23 ферваль», санайил чачаназ магIу тIола гьеб къоялъ, гьарула мажлисал, цIалула дугIаби. МагIарулаз щибха гьабулеб гьеб къоялъ? Цере чIолародай, зурма къвакъвалаго, къотIарал бусурбабазул бутIрул, рахъарал динцоязул берал? Гьел гочинарурал кавказиязул хобазда кьурдулел байрамчагIи? Дихъе дол кагътал хъваразул бералцин гуродай рахъун ругел, гIурус хъвадарухъанасда бихьаниги, динцоял кавказиязул къварилъи бихьуларел?


2013 сон



Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +64
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook