Авторизация

ЦIаха гIадин буго, цоцахъе цIалеб

Пикру


ЦIаха гIадин буго, цоцахъе цIалеб


Араб анкьил сиясатги сси хвейги


Киб ва лъил гIумру, нах гIадин, талихIалда къокъунеб бугебилан цIехолеб буго гIасрабаз. Араб анкьалдаги букIана гьелда тIасан хабар Россиялда. Дагъистанги Кавказги гIалхулаб, нахъе ккараб, гьардухъабазулги, щокъазулги, спортсменазулги ракьлъун рикIкIунел гIурус чагIазда цевеги чIун, «Интерфаксалдасан» кIалъана ДРялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIипов. 


Гендерил нохъода – нахъеги кIулал


Ахирал соназда Дагъистаналда гьабураб хIалтIул хIасилазул бицунаго, гьеб пресс-конференциялда ГIабдулатIиповас абуна : «Аслияб масъалалъун дида бихьула гIадамазул бичIчIи, пикру хисизаби. Террористазул рахъккун, щивниги къотIнове вахъунаро жакъа Дагъистаналда. 2013 соналда Дагъистаналде дун вачIаравго, МахIачхъалаялда хасаб операция тIобитIулелъул, террористазул рахъккун, нус-нус чагIи къватIире рахъана – гьезда гъорлъ рукIана цо-цо депутаталги министралги. Жакъа цебе чIезабизе рес гьечIо гьединаб жо».


Амма террор лъугIун гьечIо. Террористазда данде чIараб операция гьабулеб бугилан, гьале 17 сентябралда къараб Гендерил тоннель жеги рагьун гьечIо. «Гъобго хурив гъовго Мусаян» абухъего, цIидасанги лавашдерил хъапустIаналъул хурзабазухъги ралагьун, Хважалмахьиса тIехIнисуги босун, нухда заманги, цIатариги, гьакалги хвезарун, свери бахъун хьвадизе кколел руго чанго районалдаса аза-азар магIарулал. Квешав чиясул квешлъи ралъдалъ бугеб ччугIиеги щолилан абиги гьечIищха.


«Щибаб городалъул боржалъул кIалтIа…»


ВатIанги, динги, умумулги ричарал мункуртазул лъицаниги къимат гьабуларо. Гьел киналго хазинабиги халкъияб тIабгIги цIунарал чагIазул тушбабазцин хIурмат гьабула. Бокьилароан, Дагъистан Азербайжаналъул ва Чачанлъиялъул нухдасан ани. «Щибаб городалъул боржалъул кIалтIа», щибаб минаялъул къватIиселги жаниселги къадазда рарал «вождасул» суратазги, щибаб росдал ва шагьаралъул годикIаниб эхетараб пахьул тIураб бетIералъги гуро улкаялъул ва халкъалъул даража борхизабулеб. БахIарчиял кавказиязда цIакъго рекъоларо гьеб цIекIлъи. ХIамзатил Расулица хъвавухъего : «Дагьал цIекIлъулел гьечIищ гьанже гьал гIолохъаби?» Щибаб мугIрул тIогьиб ГIабдулатIиповасул сурат чIвайги магIарулал ва Дагъистан кIодо гьаби кколаро.


«Чухъа халалъи гуреб…»


Грозный шагьаралда гIадин, Россиялъул бетIер Владимир Путинил къватI МахIачхъалаялда загьирлъизеги цIакъго бокьилароан. Кидаго Шималияб Кавказалда Дагъистан букIана мадугьалзабазе мисаллъун. Дагъистаналдасан бачIана  Чачанлъиялдегун Гъалгъаялълъе исламияб динги. Гьанжеги нилъерго нух ккун ине тIадаб буго дагъистаниязда. Гурони, Азербайжаналда ХIайдар ГIалиевасул памятникалъухъ гIадин, Дагъистаналдаги цIорораб махх-чараналъе ва гьецIо-хIарщалъе рукIугIгун сужда гьабулел хутIизе руго имамзабазул багьадураб халкъалъул ирсилал. XX къарнуялда Владимир Лениние гIадин, лагълъи гьабейилан жакъасеб Россиялда лъилго амруги гьечIо. Жалго лъугьун накалда чIей цIакъго нахъегIанаб пиша ккола. «Доз накаби чIвана гIицIго какие…», - абун хъвачIищ магIарул шагIирас нилъер умумузул хIакъалъулъ. «Бечедал чагIазда гъорлъ чараб гIамал батула, чухъа халалъи гуреб хайир гьезул кколаро», - ян хъвалеб буго Инхоса ГIали-хIажияс. Гьаб заманалда чухъби халалъун руго, амма хIакъикъияб магIаруласул хасият дагьаб рикIкIалъулеб буго. Инсул тIалъиялъул гьеб тIабгI тIубанго билизе тезе рес гьечIо нилъер.


«ЦIарго квешаб буго шуша-ханасул…»


Араб анкьалда Дербент мухъалъул бетIер Къурбан Къурбановасда тIад уголовнияб делоги гьабуна. Гьев Къурбанов Бакуялъул «квегIаб квералъул гьитIинкилищ» гIадав чи вугилан абула экспертаз. Дербент жидерилан рикIкIунел къажарал гIемер руго Бакуялда. Гьелъул хIакъалъулъ хъвалеб буго пантюркизмалъул рахъалъ махщалилав, тарихчи Тамерлан Айтберовас. Гьеб Бакуги Ириванги цоцазулъ рагъизаризе къваригIун, гьоркьобе ракьа рехулеб буго ГIамиркаги. ХъахIабросулъа МахIмудида цебе макьилъ сужда гьабун буго СШАялъул бетIерас : «Кинабгоги гIалам гIажаиблъана, гIамирканазул хан накалда ккедал», - абун хъвалеб буго нусго соналъ цеве Дунялалъул рагъдаги жоги гIахьаллъарав хъахIабросулъес. Гьев гIамирканазул чIегIерав ханас чIегIераб къо чIезабуна Россиялъул халатаб гъурущалда, санкциязул гIарадаги бан. Россиялъги СШАялдаги НАТОялдаги данде жиндирго санкциязул топал ралел руго, хIасил щиб ккелебали. Гьеб геополитикаялда гьоркьор магIарулалги ругоха Кавказалда. СШАялъ МугIрузулаб Гъарабагъ багъаризабуни, гьенире ЦIоралъул магIарулал ралагьизарула Бакуялъ, Донбассалде «къадировцал» Путиница ритIулел гIадин. Франциялъ алжиралги рукIуна кидаго, «гIакIадул бо» гIадин, топаз щущазаризе, цере къотIун. Гьединаб кколеб буго кавказиязулги къисмат.


Гьаб моцIалда Великобританиялъул Уэльсалда тIобитIараб НАТОялъул саммиталдаги хIалбихьун буго Европаялъул политиказ эрмениялгун азербайжанал цоцазде гьусизе. Гьединги Россиялда хIунчизе къасдгун.


Дагъистаналъе кIвар бугел пресс-конференциязул аслияб Рамазан ГIабдулатIиповас «Интерфаксалда» тIобитIараб кколелъул, гьениб гьес гьабураб чанго лъазабиялъеги комментарий гьабилин.


ЕГЭ-туризмги къурбан хъвейги


Рамазан ГIабдулатIиповас абуна Дагъистаналда исана ЕГЭ-туризмалъулги ричун росарал экзаменазулги мугъал реканилан ва лъималазда жал цIалдезе кколеблъи бичIчIанилан. Гьединго бицана ахираб заманалда 32 бетIерав тохтур хъулухъалдаса вахъанилан ва сахал медхIалтIухъаби гIолел гьечIилан. Россиялъул къватIаздагун байдабазда Кавказалъул кьурди гьабиги къурбаналъе жал хъвейги какана ГIабдулатIиповас. Дагъистаналда гьедин гьабулариланги абуна. БитIараб бугоха, байрам-жо гуреб мехалда МахIачхъалаялъул аслияб байданалда кьурдулел гIолилал рукIунаро. Нилъералин абуни, СШАялда афроамериканцал гIадин, ахIи-хIуралда рукIуна Россиялъул батIи-батIиял регионазда. Бусурбаби рукIине ккола лъикIаб тIабгIги насибал, рацIцIалъиги хъатирги кодосел - дуего бокьараб жо чидаеги бокьизегIан дур иман камиллъиларилан хIадисги бугелъул.


 ГIага-шагарого гьединаб букIана араб сиясияб анкь. «ЦIаха гIадин буго, цоцахъе цIалеб», -  абун хъвана ЦIадаса Расулица ракьалъул хIакъалъулъ. Гьедин цоцахъе цIалеб бугоха магIарул халкъги, Дагъистанги, Кавказги – киналго гIасрабазги гьанжеги. ЛъикIаб бихьизе ва рагIизе хъван батаги, миллатцоял.


2015 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +68
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook