Авторизация

Гъарабагъалъул би


Миллатцоял


Гъарабагъалъул би


Кавказалъул кор


«Нилъер умумузул цIар букIунаан, ЦIоралде чабдахъ ун, чол илхъи хъами», - абун хъвана ЦIадаса ХIамзатица. Гьел чабхъенал гьариялъе батIи-батIиял гIиллаби рукIунаан. Масала, КIудияв ГIумаханасул заманалда Кавказалда кверщел гьабун букIана магIарулаз ва гьеб ахIвал-хIал хисизабизе ракIалде ккарав ханасе гIадлу гьабизе аваразул чодулал къватIире рахъунаан. Жакъа ЦIоралда ругел миллатцоялги рахIат хун руго, МугIрузулаб Гъарабагъалъул рагъ цIилъизабизе бокьарал руккалаби дунялалда цIикIкIунел рукIинги бихьун. Исанасеб ноябрь моцIалдаги гьеб цIадул коронире канал хIухьдул рехана. 


 2014 соналъул 12 ноябралда, Азербайжаналъул аскарияз, речIчIун жоги, бортизабуна НКРалъул (МугIрузулаб Гъарабагъалъул Республикаялъул) рагъулаб вертолет. Бакуялъ лъазабуна Армениялъ жидер гIорхъода кьалулал ругьунлъаби гьарунин, жидер зодобе боржараб ва Азербайжаналъул ракьалде гьужум гьабизехъин букIараб гьезул Ми- 24 жидеца бортизабунилан. НКРалъулаз баян кьуна гьеб вертолет, Армениялъул гуреб, жидер букIанин, ва Бакуялъ ракълил къотIи бихханилан, гьелдалъун рагъ цIидасан гьелегьине рес бугилан.

НКРалъул бортизабураб Ми-24-ялъул экипажалъул лъабавго чи хун вуго. Гьеб вертолет бортана гIорхъода, Азербайжаналъул рахъалда. Пилотазул жаназаби рукъизе кьеян тIалаб гьабулеб буго НКРалъулаз.


Гьеб вертолез бортизабиялда цадахъго, ракьалдасан кIиябго рахъалъ цоцазде гьабулеб кьвагьиги цIикIкIана Гъарабагъалда. КIиябго рахъалдасан камиялги руго. Амма Бакуялъги Еревангун Степанакерталъги ( НКРалъул тахшагьар) цоцазде бугъулеб буго сундулго гIайиб. Цо сордо-къоялда жаниб 40 нухалъ, рекъел биххизабун, кьвагьданин жидер рахъалде Армениялъул аскариялилан лъазабуна Бакуялъ.


Лъалеб букIахъе, Гъарабагъалъул рагъ байбихьана, 1988 соналда МугIрузулаб Гъарабагъалъул автономияб областалъ (НКАО) жиб АзССРалда гъорлъа батIалъанин лъазабиялдалъун. 1991 соналъул сентябралда НКАОялъул тахшагьар Степанакерталда эрменияз лъазабуна жидеца НКР гIуцIанилан. Гьеб республика пачалихъ кколарин, гьеб лъазабиги закон хвезаби кколин, советиял соназда букIараб автономиялдасаги махIрум гьабунин жидеца Гъарабагъилан багъарана Баку. Цинги байбихьана рагъ. Гьеб кьалул гьабица гIемерал гIадамал ххенана, гьездаго  гьоркьор – Бакуялъ фронталъул коронире ритIарал ЦIоралъул магIарулалги. 1994 соналъул 12 маялда азербайжаназги эрмениязги ракълил къотIи хъвана. Гьеб документалда рекъон, Азербайжаналдаса нахъе ана Гъарабагъги жеги анкьго районги. Ракълил къотIи хъваниги, чияца рахъарал  (оккупация) ракьал тIадруссинаризе кколилан ахIи къотIуларо Азербайжаналда. ГIизраилалъухъа, СШАялъухъа, Россиялъухъа хIалкIварабщинаб ярагъги босулебго босулеб буго Бакуялъ. Гьарзаго чIегIернарт бугеб ракь ккола Азербайжан. Гьеб бечелъи бичун щварал долларал унел руго цIи-цIияб ярагъ босиялъеги.


Политика ва хасго геополитика шахматазул хIаялда релълъинабула чанги. Гьеб дандекквеялъулъ гIемераб ритIухълъи буго. Кавказалда сверухъги геополитикияб нуси речун ва речунеб буго дунялалда ругел батIи-батIиял къокъабаз ва пачалихъаз. Цо гIолилазул форумалда нижеда цеве вахъарав Россиялъул политологасде гIенеккараз суалазул цIад базабулеб букIана Азербайжаналда ва Армениялда тIасан. Югалъулаб Кавказалъул гьел пачалихъаздехун Кремлялъ гьабулеб сиясаталъул хIакъалъулъ гьадин абуна политологас: «Армения Россиялъул стратегиялъулаб союзник ккола, Азербайжан – стратегиялъулаб партнер». Балагьараб мехалда, Москваялъе бокьун буго «бацIалги гIорцIун, гIиги цIунун» хутIизе. Партнерасдаса союзник гIемер цевесев гьечIищха. Армениялда буго Россиялъул рагъулаб база. Гъарабагъалъул Ми- 24 Бакуялъ бортизаби Россиялда данде гьабураб жо кколилан рикIкIунел эксперталги руго.


«Миллат» басмаялъ исана риидалги хъван букIана Гъарабагъалъул балада балагь бекьизе бокьарал чагIазул цIайи цIикIкIунеб бугин дунялалдаян. Западалъул пачалихъаз санкциялъул «цIорораб рагъ» лъазабураб Россиялъе кIванагIан гIемер зарал гьабизелъун, Баку Гъарабагъалде гьусулеб бугилан абураб пикру буго цо-цо экспертазул. Эрменияз Гъарабагъ некIсияб жидерго ракьлъун рикIкIуна ва гьелде Арцахилан абула. Азербайжаназдаги арменияздаги гьоркьоб бугеб дандеккунгутIи рукIалиде ккезабизелъун, гIуцIун буго ОБСЕялъул Минскалъул къокъа. Гьелда гъорлъе уна Россия, Франция ва США. Амма гьалгощинал соназда жаниб НКРалъул статус ва цоги суалал роцIцIинаричIо гьеб къокъаялъ.


Политикаялъул къагIида буго, официалияб куцалда цо иш гьабулеб, неофициалияб нухдасан цоги рекIкI ургъулеб. МагIарулаз абухъего, басиялъ гIощтIол гIоркь хъублъизабула. Исана ноябралда кьал цIилъидал, ОБСЕялъул Минскалъул къокъаялъги  Армениялдагун НКРалда ва Азербайжаналда лъазабуна ракълида рукIайилан. Амма, абуларищха, гьури хъвачIого, гIучIги багъаруларин ва цIа гьечIелъусан кIкIуйги баккуларилан. МагIарулазул халкъиял асаразулъго рехсараб Гъарабагъги хутIараб ЦIорги ракълида хутIи буго магIарулазул мурадги. Нилъер, магIарулазул, пачалихъги МИДги гьечIониги, чияр мурадазе гIоло кидаго тIезегIан гIемераб би гьечIо магIарулазул.


2014 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +78
  • Нравится
Оставить комментарий
"Бац1ги,циги багъана,цараца би ч1ик1анаян"абухъего ч1езе бокьун буго къажаразе,жалги ракьанда ч1ун,рагъул коронире лезгиялги ,маг1арулалги,цоги Азербайжаналъул халкъалги рит1ун(.


ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook