Авторизация

«Аваравлъун вукIине Азербайжаналда цIакъ захIмат буго»


Миллатцоял


«Аваравлъун вукIине Азербайжаналда цIакъ захIмат буго»


ЦIоралъул магIарулазул масъалаби


МагIарулазе цолъи хIажат букIиналъул даим бицана ва бицунеб буго миллаталъул ургъел бугел гIадамаз. Амма гIемерисеб мехалъ нилъер иш халкъияв артист МахIмуд ГIабдулхаликъовас абухъе кколеб буго: цояс цояв гъоркье цIан, эхеде рахине цоцазе квалквалал гьарулел руго. Гьедин букIиналъе гIайибияв ватизе бегьула нилъер щивав…


Хобал рихьизарула


Аваразул миллияб газеталъ гIемер хъвана ЦIоралъул магIарулазул хIакъалъулъ. Басмаялъул  подшивкаялде халгьабуни, щибаб номералда гIадин ратула Ч1аралда (ЦIоралда) ругел мухбирзабаз хъварал макъалаби. Азербайжан АССРалъул атласалдацин бихьизабун буго XVI гIасруялдаго ЦIор Дагъистаналда гъорлъ букIараблъи. Бакуялъ риччарал цIиял тарихалъул тIахьазда хъвалеб буго ЧIарлъи Шекиялъул ханлъиялда гъорлъ букIанилан. Гьединал гьерсаз ццин бахъинабулеб буго Кавказалъул габурлъи бахун доб рахъалда ругел аваразул. «Нуж гьанире кватIун рачIарал чагIи руго, гьаб нижер ракь ккола», -ян абулел Бакуялъул вакилзабазда ЦIоралъул магIарулаз жидерго некIсиял ва чIахIиял хобал рихьизарула: «Гьале нижер тарихалъул нугIзал. Нужерин абуни гьанир хабзалабицин гьечIо».

Жакъа Азербайжаналда гъорлъ рукIаниги, миллатцояз жидер рахъкквезе бокьун буго ЧIаралъул магIарулазе. Гьеб бичIчIулеб жоги буго. Азербайжан Республикаялъ (АР) тIалаб гьабулеб бугелъулха Дагъистаналда ругел азербайжаназул. Щайила жал нужеца рехун таралилан бадиб чIвала гьел югалъулал магIарулаз севералъулазда.



«МагIарулал гьоболлъухъ рачIине бокьула»


1924 соналда гьавурав ЧIар росулъа Ибрагьим Давудовас бицана СССРалъул заманалда магIарулазул маданиял хIаракатчагIи гIемер рачIунаанин ЦIоралде: «МагIарулазул интеллигенциялъул вакилзаби гIемер къабул гьабураб мина буго дир гьаб. Мунагьал чураял Расул ХIамзатовасги гьесул лъади ПатIиматицаги бана гьаниб сордо. 1976 сон букIанин ккола доб. «Комсомол», - илан абулаан гьес дидехун. Нилъер авар казияталъулгун бухьен щулияв Жужуйил гъоба бана жеги кIиго сордо Расулица. ХIажи ХIамзатовас анкь бана дихъ гьоболлъухъ. Гьединго дица къабул гьаруна кочIохъаби Даку Асадулаев, Муи ХIасанова, Манаша Дибирова, артистка Сидрат Мажидова, чагурчи Жамалудин Жамалудинов ва цогидалги. Анкьал ран рукIунаан гьел гьанир. Щибаб сонил гIадин рачIунаан. «БагIараб байрахъ» газеталъул хIалтIухъабиги щолаан доб мехалъ гIемер гьанире. ГIезегIан соназ ЧIар росдал колхозалъул председательлъун вукIана дун. МагIарулал гьоболлъухъ рачIине кидаго бокьулааан ва бокьула».


БацIцIадаб магIарул каламалда (болмацIалда) ункъоялда анцIилъе сонал рахунев Ибрагьимица гьабураб кIалъаялъ рази гьабуна ракI. КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда улкаялъул юг цIунизе Турциялъулгун гIорхъоде витIула Давудов. Гьев аскаралдаса нахъе ана кIудияв лейтенантасул чиналда. Хадув вахъана агрономлъун ва ЦIоралъул батIи-батIиял росабалъ гIаммал магIишатазе нухмалъи гьабуна.

«ЖахIдачагIаз тIасан кагъталги хъван, прокуратураялъ халгьабуна дица бетIерлъи гьабулеб букIараб ЧIар росдал магIишаталъул, - абун бицана Давудовас. –  Гьеб букIана 1955 сон. Москваялдаса бачIараб ревизия  тIубараб лъагIелалъ бикIарана колхозалда. Гьелъие гIиллалъун букIана цо-цо магIарулазул гIантаб чIухIи. Дир тухумила гьанибе кватIун бачIараб бугила. Дир эбел ккола ГIахьвахъа, эмен – ЧIарада районалъул ЧIада росулъа. ХIалтIудаса нахъеги гьавун, Узунтала абураб гьитIинаб росдал колхозалъул председательлъун тIамуна, цо лъагIелалъ гьенивги тун, Закатала районалъул администрациялде хIалтIизе вачине вугилан абун. Амма анкьго соналъ гьеб хIалтIуда тана. ЦIакъ нахъе ккараб колхоз батана, Правлениецин гьечIоан гьелъул. Гьеб заманалда ЧIар росдал колхозалдаги гIадлу букIинчIо, ункъцIул хисана гьенив нухмалъулев. Ахиркъадги цIидасан вукIараб бакIалде, ЧIар росдал колхозалъул председателасул хъулухъалде, тIамуна».


ВагIзаби – падар мацIалда


БолмацI лъаялъул суал кьедал, Давудовас абуна гьеб бицине ва гьелда хъвазе-цIализе лъалел дагьлъулел ругилан. Рокъор ЦIоралъул магIарулал кIалъалел руго магIарул мацIалъул диалектлъун бугеб жидерго лугъаталда. «Падар мацI рокъоб бицунаро!» - ян кьварун лъазабуна жидеда гьоркьоб цIех-рех гьабурал авараз. «Авар» абураб рагIигицин  бокьуларин Бакуялъеян бицунелги дандчIвана. Мажгитазухъаги магIарул мацI бачахъизе хIаракат бахъулеб бугоан тIадчагIаз. ЦохIо магIарулаз гIумру гьабулел росабалъцин вагIзаби падар (азербайжан) мацIалда гьареян абураб амру бугилан бицана. МагIарул газеталъул хIалтIухъан ЧIар росдал некIсияб мажгиталде рузман базе щведал, гьенибги хутIба падар мацIалда гьабуна. ТалихIалъ, авар мацIалда вагIзаби гьарулел росабиги ратана. Щайин некIсияб тарихалъул, цIар араб ЧIар росулъ вагIза-насихIат азербайжан мацIалда букIине кколебан цIехедал, гьениб цо къотIноб падараз гIумру гьабулеб бугилан кьуна жаваб. Хунзахъги руго гIорхъи цIунулел гIурусал. РачIаха гьенибги вагIзаби гIурус мацIалда гьаризе. Гьединаб хIал буго жакъа ЦIоралда.


Ракьулъ букъун буго магIарул тарих


ГIолохъанго хваниги КIудияв ГIумахан абун тарихалъулъе цIар арав пачалихъияв хIаракатчиясул, аваразул цевехъанасул хабаде щведал, гьединго хабал заназда гурони авар каламги батичIелъул, «Ракьулъ букъун буго магIарул тарих», - абурал жугьаби рижана. ХIакъикъаталдаги Мадинаялдаги (имам Шамил), Турциялдаги (МухIаммад-амин), Азербайжаналъул Тангит росдада аскIобги (наиб ХIажимурад), ЧIар росулъги (КIудияв ГIумахан), - дунялалдаго щущана аваразул церехъабазул хобал. Къадруяб миллаталъул хутIел жакъа гьел заназдеги къулун буго.


Закатала районалъул бетIерлъун вукIарав падарав Асиф Аскеровасда гьикъун буго магIарул артистал щайин ЦIоралде ахIизе бегьуларебан. Гьезухъ гIенеккизе бокьун батани, Дагъистаналде гочеян чIухIараб жаваб гьабун буго гьес. ЧIаралъул авараз суал лъолеб буго, щайила азербайжанал рахъине бегьулел Дагъистаналъул мустахIикъал артисталлъун, миллиял дагъистаниял Азербайжаналъул мустахIикъал артисталлъун рахъунареб мехалъ. «Аваравлъун вукIине Азербайжаналда цIакъ захIмат буго», - ян абуна, «Кин ругел ЦIоралъул магIарулал?» абураб суалалъе жаваб кьолаго, щибав хабар ккарас. Гьениб гуребги, Дагъистаналдаги, кибгоги захIмат буго магIарулавлъун вукIине, гьеб цIар цIвабзазда хъварал имам Шамил ва КIудияв ГIумахан  гIадал бахIарзазул мисалалги цере рукIаго.

ХадурагIи. Газеталъул хадусел номеразда бицине буго (иншаАллагь) ЦIоралъул магIарулазул гIумруялъул цогидал рахъазул.


 ГIизудинил ХIамзат,

ЧIар - МахIачхъала,

Авторасул суратал,

2011 сон

Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +111
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook