Авторизация

ХIалтIуларес хIанчIуларо

МагIарулазул боял, жамагIатал


ХIалтIуларес хIанчIуларо


Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас бакълъулазул ракьалда маданияб кIалгIа рагьана


2014 соналъул микьабилеб ноябралда бакълъулазул ракьалде вачIун вукIана Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIипов. Гендерил тоннелалъусан вач1ана. Гьенисан чангиял хьвадулел руго, сияхIазде росарал чагIи. Гьеб даптаралде рорчIизе ккани, РФялъул ФСБялъул чагIаз гъулбасине кколеб буго. ГIабдулатIиповас бакълъулазул МелъелтIа росулъ рагьана маданиябгун сах гьариялъул кIалгIа. МагIарулазул гьеб районалде Дагъистаналъул нухмалъулес гьабураб сапаралъул хIакъалъулъ инпормалатаз жеги къватIире кьечIел баянал «Миллаталъе» рикьизе нигат ккана.


12 натI гIеблъи


ЦIакъго ракъдаллъидал ва хур-хер чIчIурхIун рехидал, цIад гьаризе рахъуна магIарулал. Гьедин къечон ралагьун чIун рукIанин ГIабдулатIиповасухъ бакълъулалиланги кин абилеб, амма гьаб соналъул авалалдасаго хъулухъчагIи зама-заманалдасан цIа-цIалаан: «Эб лъала дуда, метер ГIабдулатIипов тIад рещтIиндал, гьесда жагъа-гъалатIаб жо батани!» - абун. ТIадеги жубалаан: «Бергьун рацIцIалъи бокьулев ва гIунгутIаби рихьулев чи вуго ГIабдулатIипов. Шкапазда нахъа килищ хъванцин, хIур бугищали халгьабула гьес», - илан. Лъиеха бокьилеб тIад ругезда квешаб бералда рихьизе. БатIаго рацIцIа-ракъалъи цIуниги хIалтIи лъикI гьабиги тIадаб иш букIин лъаларел чагIиги рукIунел ратиларо, амма Екатерина КIиабилелъул заманалдаго рукIинчIищха пачабазул «бер бухьине» ралел «потемкинил росабиги». Бакълъул ракьалда гьединал росаби гьечIо, унго-унгоял магIарул некIсиял росабиги чIчIара-хьарал гIадамалги руго.


Микьабилеб ноябралъул радалгIужалда ГIабдулатIиповасда дандчIвазе мухъалъул гIорхъоде, АхIулгохIда гIагарлъухъе, ЧIиркъатIа росдада аскIоре щвана бакълъулазул вакилзаби. СагIат ичIгоялде бащдаб хIалтIарабго къватIибе бахъараб Дагъистаналъул бетIерасул гьаказул читIир анцIго тIубалелде ЧIиркъатIе щвана. Гьениб хъваш-башги гьабун, ГIабдулатIиповас МелъелтIе нух босана. Сагъриса МелъелтIе нух къачIазе исана биччан букIана анкьнусазариде гIагарун гъурущ. 12 натI гIеблъи бугеб, щулияб, багъилаб шагьра гьабулеб буго гьениб. Исана чабах чIван лъугIизабун, тIасияб соналъ хъил тIезе хIисабалде босун буго.


ЧIобогояб чирма


Кьурул рагIалда бетон тIолеб бакIалда КастIанивги лъалхъун, Рамазан ГIабдулатIипов МелъелтIе вахана. Ахираб заманалда ГIабдулатIипов бакълъул рахъалде щун вукIана адабияталъул классик Инхоса ГIали-хIажияс 150 тIубай гьабизе 1995 соналда ТIад Инховеги Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат хIисабалда 2011 соналдаги. Дагъистаналъул бетIерасул даражаялда – тIоцеве. МелъелтIа рукIарал дандчIваязда кIалъалаго, доб 1995 сон ракIалде щвезабуна ГIабдулатIиповас: «Инхоса ГIали-хIажияс 150 сон тIубай кIодо гьабизе ТIад Инхове щун вукIана дун. Гьениб дица абун букIана гьанжесел магIарулал релълъунин чIобогояб чирмаялда, дваргъи-гIанхъиялда букIунеб. Гьединаб хIалалдаса рорчIизе заман щун буго нилъее. Чирмаялъул жиндирго хъулухъ буго, гьаракь бахъинабизе къали буго», - абун.

«Адам вахъун хадуб халкъалда лъараб…»


Бакълъулазул райцентралда ГIабдулатIипов тIоцеве рещтIана пагьму-гьунар бугел лъимал куцазе бараб школа-интернаталъув. Гьениб бачIинахъего бухI-бухIизабуна, багIаризабуна гьес. Россиялъул маданияб цIалул идараялъул ректорлъунги вукIарав, Дагъистаналъул мединституталда дарсалги кьурав, жиндицаго гIелмабазул докторлъиялъул цIарги цIунарав чиясда цIалул мактабалда бугеб хIал халлъичIого хутIилищха. ГIезегIан лъикIаб къайи-цIаги, компьютералги, богорукъги жоги ругила, амма «формаялдаса содержаниялде» рачIине хIажат бугилан абуна гьес. Гьеб рахъалъ цодагьав «санагIалъи гьечIев» ревизор вуго ГIабдулатIипов. Школа-интернаталъул библиотекаялъувеги ваккун, тIахьалги хъирща-кIитIун, гьениб гьунар цебетIезабулеб хасаб литература гьечIилан гьес абилилан ккун букIун батиларо гьеб мактабалъул нухмалъулезда. МугIрул тIогьиб гьединаб бакI рагьизе пикру ккей лъикI бугиланги абун, гьеб мактабалдаса «элита» къватIибе бачIине кколин, бакълъулазул районалъул бутIрул хIадурулеб къебелъиялде сверизабизе тIалъулин нужеда гьеб интернатилан лъазабуна ГIабдулатIиповас. Компьютер ва цоги къайи, гьелдаго цадахъ Расул ХIамзатовасул хIакъалъулъ жиндицаго хъварал тIахьалги сайгъат гьаруна республикаялъул нухмалъулес мактабалъе.


Цинги къапила къокъана бакълъулазул аслияб годекIанибе, байданалде. Гьенибги бащдаб сагIаталъулниги калам гьабуна ГIабдулатIиповас. Маданиябгун сахгьариялъул кIалгIаялъ ва цIигьабураб байданалъ МелъелтIа росу хисизабун бугин, гьеб жинда къосаниланги абуна. Гьаб кIалгIаялда жанир ругелщинал идараби квеш хIалтIани, тIасияб соналда гьелъул гьор лъугьине рес бугиланги абуна, шайтIабазулги, алжан-жужахIалъулги, хIеж-гIумраялъулги бицинчIеб жоги течIо, «Адам вахъун хадуб халкъалда лъараб хиял цIигьабуна, цIадавги къулун». Рамазан ГIабдулатIиповасда кIалъазе лъалеблъи лъаларев чи ватиларо. Жиндаго лъалел бакълъулазул цIаралги рехсолел рукIана Дагъистаналъул бетIерас: «НурмухIамад ГIалиевасда киназего ГЭСал ран хIалкIоларила, МуртазагIали МухIамадовасда кинабго инфекция лъугIизабизе бажаруларила», ва гь.ц., ва гь.ц.


«Хур бекьичIони, Аллагьасул ццим бахъуна»


Гьединаб каламги гьабун, цинги ГIабдулатIиповасги, ДРялъул вице-спикер СайгидахIмад АхIмадовасги, Гумбет мухъалъул бетIер МухIамадгIали МухIамадгIалиевасги, абухъего, къотI-къотIун бана маданиябгун сахгьариялъул кIалгIаялъул кIалтIа бараб багIараб ххамил чIоло. Гьезухъе къунцIаризе кIвекьмаххал кьолел рукIана маданиял хIаракатчагIи Юнус ХIажиев ва Пари. Ресги щун бугилан, ХIажиевас Дагъистаналъул бетIарасул квер бачун тана. Цебеккунго лъазабун букIана къваригIел гьечIелъуре кверал регьугеян. Амма ХIажиевасда гьеб ккун чIезабизе кIун батилароха.


Щибаб рокъове лъугьун, халгьабуна ГIабдулатIиповас кIалгIаялъул, Россиялъул халкъазул гIадатияб маданияталъул централдеги, китабханаялдеги, рингалдеги, хIатта хIамамалъувеги щвана.


Хадуб кIалгIаялъул аслияб залалъуб тIобитIана Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасул бакълъулазулгун дандчIвай. Чачанлъиялдаса чагIи хутIун, мадугьалихъ ругел мухъазул бутIрулги вакилзабиги рачIун рукIана гьеб къоялъ бакълъулазул ракьалде. Министрал рукIана, депутатал рукIана, базаргаби рукIана. Киназго чанцIусаго ГIабдулатIиповасе хъатги чIвана. ГIезегIан жо бацIцIадаб магIарулалъги хъурана бетIерас. Масала, гьади-гьадинал рагIаби рехана: «ХIалтIуларес хIанчIуларо», «Хур бекьичIони, Аллагьасул ццим бахъуна», «Лъабго класс лъугIарай гIакъилай эбелалъ дида абулаан: «Дир вас, бищун ахиралда абизе кколеб рагIи бищун цебе абуге» ва гь.ц., ва гь.ц. Жиндица магIарухъ хур бекьулила, тIех гьечIого чIезе кIолариланги абуна.


Район социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетIолеб бугилан абуна ГIабдулатIиповас, амма «экономика «хъахI гьабизе» кколила, гIазугIан.

Дагъистаналъул бетIерлъуде вачIаралдаса жив какизе лъугьаразул рахъалъги абуна ГIабдулатIиповас чанго рагIи. Дагъистаналъул гимн лъикIаб гьечIила, амма жив гьеб ургъарав композиторасда данде чIарав чи гурила, цебеккун гьесие кумекги гьабун букIанила, гьесул гIагарай яс аспирантураялдецин йорчIизаюнги йикIанила. Жиндир рейтинг борхидал, ургьиб твала бахъулел чагIиги камуларила гьанже, Россиялда 16-абилеб бакIалде Дагъистаналъул тIалъи бачIине бокьичIого, регионазда гъорлъ ахиралда рукIаго, кIалъалев чицин вукIинчIила.

Бакълъулазул рахъалдасан кIалъазе рахъараз кIудияб баркала загьир гьабуна Рамазан ГIабдулатIиповасе районалъе гьес гьабулеб бугеб квербакъиялъухъ ва  Дагъистан цебетIезабизе бахъулеб бугеб хIаракаталъухъ.


РоцIцIараб, бакъ къалъараб къо букIана 2014 соналъул микьабилеб ноябрь бакълъулазул ракьалда.


2014 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +72
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook