Авторизация

ЧIикIаб ралъдал рагIалда – ччугIбузул завод…

ХIакъикъияб магIишат – хIакъикъияб экономика


ЧIикIаб ралъдал рагIалда – ччугIбузул завод…


Кагътил чахъабаз Дагъистаналъул хъазан кьололаро


КигIан гIемер промышленносталъул бицаниги, Дагъистан аза-азар соназ букIана ва жакъаги буго росдал магIишаталъул республика, аграрияб регион. Нилъеда дунялалъул цоги пачалихъазул мисалалдаги бихьула, Дагъистаналъулалдаса дагьаб гIатIилъи бугел улкабицин ракь хIалтIизабиялъ церетIолел рукIин. Масала, Голландия машгьураб буго тIугьдул ричиялдалъун. Нилъерго гьанир рижулел нигIматалцин къватIиса рачIуна Дагъистаналде. Салул авлахъ гурони гьечIеб Иордания гIадаб пачалихъалъ, рикIкIадаса лъимги бачун, гIезарулел руго ахал ва бахчаби. Дагъистаниялин абуни, «рагьдаго къулгIа буго, къечон холел ниж руго» абун чIун руго. Ахирал соназда нигIматал гIезариялде кIвар кьуниги, щвалде щвараб цебетIей гьечIо.


Машинабаз бигьа гьабула жакъа дунялалъул церетIурал пачалихъазда росдал магIишат. ЛъикIалин ва тайпадулалин рикIкIунел СПКабаздацин жакъаги гIачи речIчIулел машинабиги цоги хIажатаб махх-чаранги гьечIо. Руго гIезегIан лъикI хIалтIи гIуцIарал СПКялги. Масала, дагьаб цебегIан Хьаргаби мухъалъул нухмалъулел ракIарараб бакIалда бицен ккун букIана Дарада-Мурада росдал хъутаналда бугеб цебетIураб хасаб магIишаталъул. Гьединал СПКяз, заводаз, предприятияз гIадамал хIалтIудалъун хьезарула, регионалъе налог щола, нигIматал гьарзаго чIезарула.


Гьединаб хIалтIул хIасилалда, импорталда рухьарал нилъ экренлъула. Гьанже санкцияз, цо рахъалъ босани, улкаялда жаниб бугеб продукция бичизе ва нилъерго магIишатал, предприятиял церетIезаризе рес кьолеб буго. ХIукуматалъ кьолел гранталги гIарцулаб квербакъиги букIине ккела хIакъикъаталдаги хIалтIулел идарабазе ва магIишатазе.


«Россельхозбанкалдаса» росарал кредитал (къарзал) рецIичIого, налъукь къан руго магIарул мухъаздаса гIезегIан чагIи гьаб жакъаги. Ришватчилъиялъул нухда гьеб пачалихъияб банкалъ гIадамазе къарзал кьун рукIинчIелани, гьеб суал гьедин захIмалъилароан. Жибго пачалихъалъ тункулев вуго гражданин къанун хвезабизе.


Ришватги кьун, къарз босулеб буго, масала, ГIарахъмагIарда чуязул завод базе. ХIакъикъаталдайин абуни гьел кепкал хIурудахъ унел руго. Унго-унголъунги хIалтIизе бокьарав чиясде мугъ рехулеб буго банкалъ, гьес гъоркь ришват толеб гьечIолъиялъ. Гьединлъидал, ЧIикIаб ралъдал рагIалда «бараб», гьезего гьечIеб ччугIбузул заводалъе кьолеб буго къарз.


Гьединабго хIал буго лемагазухъ кьолеб субсидиялъулги. МегIер цIураб бахьингIи бугев вехьасе щай Росдал магIишаталъул министерствоялъул хIалтIухъабазе ришват кьей, гьесул рехъен буго, къануналъ бихьизабухъе, жиндие субсидия кьейилан абиларищ гьес.

Амма, гьениб гьоркьоб бахъулеб буго гьечIеб гIиял багIи. Гьединаб хIалкIолъи буго ришват кьолесулги гьеб босулесулги.


Дагъистаналда ругел гIиязул рехъабазул къадар чанцIулго цIикIкIинабун хъван буго. Росдал магIишаталъул хъвай-хъвагIай (перепись) гьабулелъулниги бегьилаан боцIул хIакъикъияб къадар лъазабизе. Амма улкаги жамгIиятги гьерсиде ругьунлъун руго. ГьечIеб лемагалъ гьарулел кьагIиги руго, къвакъвадулареб къурщица рахъулел меседил ханалги руго.


Гьеб кинабго циркилан яги театрилан тезе бегьилаан. Амма щал гуккулел ругел нилъ? Нилъго нилъецаго гуккулел руго. «Зодор рарал маргьуял хъулбуз» пачалихъ цIунуларо, кагътида гурони гьечIел рехъабазги магIишатазги республика цебетIоларо.

Кагътил чахъабаз Дагъистаналъул хъазан кьололаро.


ТIаде щолеб буго 2017 соналъул их. Кагътил росдал магIишаталдаса хIакъикъияб магIишаталде рачIине цебего заман щун буго, кагътил экономикаялдаса хIакъикъияб экономикаялде гочинчIого, улка цебетIоларо.


-Бекье, ГIакъилаб, ЛъикIаб, Даимаб…


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +83
  • Нравится
Оставить комментарий
Кагътил х1укумат(


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook