Авторизация

Гьарзаяб магIишат, бахилаб нахърател (сапаралдаса хъвай-хъваг1аял)

Гьарзаяб  магIишат, бахилаб  нахърател

 

(сапаралдаса хъвай-хъваг1аял)

МагIарухъ чапун балеб гIазу, гIодоблъиялда щенолеб цIад. Черх борлъулеб цIорой, хIарчулъ бурдулги къан нухазда нух-нухазда чIчIарал машинаби. Гьединаб гьава-бакъалъул къоял рукIана гъутабазде сапаргун ниж къватIире рахъарал. Мурадги-росдал магIишаталъул хIалтIухъабазул байрам барки, байрамалъулаб ахIвал-хIалалда гьезул захIматалъухъ баркала загьир гьаби. Нухазда бихьараб захIамат кIочарал рукIана дандчIваялги. ТIоцебесеб иргаялда свакалъул хIал лъазе тезе намуслъана, кинаб гьава-бакъ бугониги бечIчIичIого гIака, кваначIого гIи, бекьичIого ва бакIаричIого хур толарел захIматчагIазда цебе, кIиабизе бугони гьалбал рачIиналдаса гьезуль загьирлъараб рохелалъ нижги хинлъулел рукIана кигIан цIорорабги бакIалда.

ЦIетIа гьалдолеб хьаг, цIигьанал махI, полопгIан тамахал магIарул хинкIал- берталъ гIадин къачIараб тепси, сухIматул свери, авлахъалдаго тIиритIарал тIармилгун зурмил бакънал. Бокьараб кьурди-кечI тIаса бищизе ресгун гIи-боцIухъабазул кверщаликье кьураб, бечедаб репертуаргун бачIараб нилъерго районалъул культураялъул коллективги букIинарищха.

 ТIоцебесеб рещтIен мугIрул ахада.

МагIарухъ гьарзаго балеб гIазулъанги рорчIун, цIорораб гьорохъе цIад щенолеб бакъанил гIужда щвана тахшагьаралъул раг1алде. Шагьаралде лъугьинч1ого ТIидисезул магIишаталдеги щун гьениса муг1рул лъуг1араб ахалъиялда парахалъараб ЦIияб ГIурада рещтIана нижер саламатаб къокъа. СухIматгун концерталда, тепсигун сурпаялда байбихьилаладе щибаб магIишаталде раккун хIассилал гьарулеб цеберагIи букIана, гъутабазда ругел ракьазул ва магIишатазул тIалаб тIадкъарав районалъул бетIерасул заместитель Ибрагьим МухIамадовасул ва Районалъул росдал магIишаталъул идараялъул нухмалъулев ГьитIино МахIачевасул. Гьез рехсана гIурадисезул ракьалда загьираб цебетIей бугел КФХ-язул (крестьянско-фермерские хозяйства) цIарал, бицана гьезул мисалияб хIалтIул. Хасго лъикIаб цебетIей букIин бичIчIана ахихъанлъиялда тIадчIарал магIишатазда.

ГьитIино МахIачевас къокъго бицана исанасеб лъагIалил ичIго моцIил хIасилазул, нилъер росдал магIишаталда бугеб ахIвал-хIалалъул. Баркиялъул рагIабазда цадахъго Ибрагьим МухIамадовас районалъул нухмалъулезул рахъалдаса хасал баркалаялъул кагътал ва сайгъатал кьуна хIурматалъе мустахIикълъарал   «ГIурада» СПКялъул гIи-боцIухъабазе, гIемерал соназ магIишаталда хIалтIарал ветераназе.   МагIарухъ росулъ ругездасаги гIадамал цIикIкIараб ЦIияб ГIурадисезул жамагIат бакIарун букIана росдал магIишаталъул къо кIодо гьабулеб тадбиралде. Гьезул чIурканаб гIахьаллъиялъ лъикIаб чIаголъиги кьуна тадбиралде.

Умумулъанго щвараб гьобол хиралъиялъе заман хисаниги хисун гьечIоан гIатIиракьалда яшав гIуцIарал нилъер ракьцоял. Гьеб бихьана ЦIияб ГIурадаги, хадусеб рещтIен гьабураб гьанхъадерил гъутадаги. Районалъул бищунго лъикIазул кьерда бугеб магIишат буго Бабаюрталъул ракьалда парахалъараб «Гьандихъ» СПК. ЛъикIго кьарияб гIиял рехъабаз ва  бербахилаб чIахIияб боцIул рехьедалъ гIажаибго берцин гьарун ругоан сверухъ авлахъалго. Бабаюрталъул зонаялда ругел магIишатаздаги сверун сапаралъул кIиабилеб къоялъул бакъанил  гIуж ниж дандчIвана гьанхъадерил гъутада. ГIачи-бачал, гIи-цIаниги парахат гьарун, маркIачIудаса хадур гьанхъадерил гъутаналда данделъана Бабаюрталъул зонаялда ругел гIурадисезул, тIидисезул, хIотодисезул, гьаадерил магIишатазда гIумру гьабулел росдал магIишаталъул хIалтIухъаби. Гьезда гьоркьосанги гIезегIанго гIи-боцIухъаби мустахIикълъана  районалъул нухмалъулезул рахъалдаса хасал баркалаялъул кагътазе ва сайгъатазе.  Бищунго кIудияб сайгъатлъун гьезие букIана магIарухъа рахъун росдалмагIишаталъул хIалтIухъабазул къо кIодо гьабизелъун районалъул нухмалъулезул вакилзабиги культураялъул хIаракатчагIи рачIин. Культураялъул хIаракатчагIазулгун къец бан гIахьаллъун лъикIаб аваданлъиги гьабуна гIи-боцIухъабаз гьеб байрамалда.

«Чурун гурде бакъвалареб, бакъул горду бихьулареб лъарагIлъи»-ян абулеб батана нилъер умумуз. ЛъарагIлъиялъул гIатIилъи, нугъай авлахъазул тIибитIи магIишат-яшавалъе кутакалда санагIатаб ва хайир кьолеб бакI букIинчIебани,  рухьаниги чIчIелароан магIарулал гьеб ракьалда. ГIазда гъоркьан баккараб цIородасаги рекIкIал ратана, къотIиго гьечIел цIцIадаз тамахлъарал нухал Кочубеялъул ракьалда ругел магIишатазде. «Информцентралъул» тирияб нива-машинаялъ щибго квал-квал гьечIого чанги магIишат бихьизе раччана. Гъутабазда ругел ракьазул ва магIишатазул тIалаб тIадкъарав районалъул бетIерасул заместитель Ибрагьим МухIамадовасул ва Районалъул росдал магIишаталъул идараялъул нухмалъулев ГьитIино МахIачевасул  хIетIги берги щвечIеб харил гIарахъги гIи-боцIул бокьалги  гьенир хутIичIин абизе бегьула. МаркIачIул бер рукIкIиналде, гIачи речIчIулел ясазухъеги щвезе, клубги санагIатги бугеб сомолазул гъутаде нух босана нижер «танкалъул» командаялъ. Гьенире унаго лъадал кIудияб рахънибе гьетIун мугъги рехун нухда хутIун батана нилъер культураялъул маршрутка. Гьеб хIалалда машинаги, черхго борлъулеб квачги, къватIире рахъун хIетIе хIарччулъ лъедолеб нухги бугониги сабуралда ратана культураялъул къапIараб коллектив. Хадуб тракторги битIун цIцIан Сомоде щваралго щибго свакалъул хIал лъазе течIого чIурканаб церерерахъинги бихьизабуна гьез. Амма М. ХIасановасул цIаралда бугеб гьеб магIишаталда как балелъубги концерт кьолелъубги боркьун цIагун ракарал пучдул ратана. Баркаман, цIулал цIадул гъаситоялда щибха бащалъилеб. Гьеб гъасидоялъухъ данделъана Кочубеялъул ракьалда ругел Къах1иб,  Бакълъухъ, Гьент1а, Ругъелда, Сомода маг1ишатазул унго-унгоял захIматчагIи, хIалтIудаса хIинкъичIого магIишат гIуцIулел нилъер ракьцоял. Гьезул цоязул буго бокьараб бакIалда мисалалъе рехсезе бегьулел гIачиязул ферма, цогидазул гIиял рехъаби, хайир кьолел ракьал, цIигьарулел магIишатал.  КIудияб сайгъат-салам, бергьараб кумекгун рачIарал чагIи ниж гьечIониги разилъи чваххулеб букIана гьезул гьурмаздаса. Районалъул нухмалъулезул баркалаялъул кагъталги жидер захIматалъул хIурмат гьабун ритIарал рукIин бичIчIарабго гIадин магIарул зурмилгун тIармил гьаракь районалъулго жамагIаталъул саламлъун къабул гьабуна гIи-боцIухъабаз. СПКязул нухмалъулез жидерго рахъалъан гIарцулал сайгъаталги гьаруна бищунго бажари бугел хIалтIухъабазе. Гьезул ракIалъул хIал ккезегIан кучIдул ахIана нилъер машгьурал гьунарчагIи Сакинат ГIумаровалъ, Мариям Къурбановалъ, къоцIул тIадруссун гьараниги гIи-боцIухъабазул къеч буссинегIан тIармидагун аргъаналда кучIдул ахIана Дагъистанго урхъарал ХIабиб Хириевас ва ГIарип ГIабдулхаликъовас.  «Дагъбаш» ансамлялъул кьурдухъабазул чIурканлъиялъ чIаголъиго гьечIелги цIцIалел рукIана горсверулъе.

Дица гIезегIанго бицана гьаниб авлахъазда букIараб санагIат гьечIеб гьава-бакъалъул.  Къойил цIвакизарун рацIцIунел хинал кабинетазухъ гIодор чIун щвараб мухьдахъ химиялъул элементаз бугIун цIурал нигIматалги кванан, кигIан гьитIинабниги хур бекьун магIишат гьабизе кIухIаллъун руго нилъер гIемерисел. Гьагъаб захIматги хIехьон, бусада хьибил лъураб сардилъ гурони хIалхьи гьечIого руго нилъер гIи-боцIухъаби.  Салул авлахъал къотIун, Калмыкиялъул гIорхъода гIагарлъухъецин щвана ниж хадусел къояз. Кума гIурул мухъда нилъер гIолохъабаз гIезабун ккураб ччугIил татуцин босана. СанагIат рекъараб бакIалда камилаб мина-къайиги гIуцIун жиде-жидер магIишаталде руссун, берккелин хIикъараб яшавалда руго жеги гIолохъанал нилъер ракьцоял. Гьеб яшавалъул хIурмат гьабизе куцалел руго лъималги. БергIорцIараб чIегIербоцIц1и, гIиял рехъаби,. , бахиллъизе бегьила гъозул нахърател гьарзаяб бацIцIадаб магIишаталда. Гьезул захIматалъухъ, хIаракатчиялъухъ баркала кьезе къватIире рахъаралгун цадахъ нухда квачараб анкь рехиялдаса дун рекIекълъичIо.

 


оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook