Авторизация

«Бидулав Рузвельтил» рищиязул цирк


ЦIияб тарих. Цо-цоял урхъараб чIвадарухъабазул заманалъул цIех-рехал


Халкъалъул ихтиярал чIинтIарал куц


«Бидулав Рузвельтил» рищиязул цирк


ХIалихьатав гIел ккани, гIадлу бажаруларин…


 2010 соналъул анцIабилеб октябралда Россиялъул 77 икълималда депутатазул ва бакIалъулал нухмалъулезул рищиял тIоритIана. Улкаялъул бетIераб рищиязул комиссиялъул нухмалъулев Владимир Чуровасул рагIабазда рекъон, гьеб къоялъ тIадчагIазда цIар чIвазе 30 миллион россиялъуласул ихтияр букIун буго. Дербенталда шагьаралъул мэрасул рищиял унел ругеб куцалда хадуб халкквезеги ана Дагъистаналде вачIарав Чуров. Цо кIудиял гъалатIал ва такъсирал гьечIого анин республикаялда рищиялилан абуна гьес. Амма гьеб Цогоял рищиязул къо лъугIилалдего бакIаздаса рачIунел харбал кьалул байданалдаса гIадинал рукIана. Лаваша районалъул Хважалмахьи росдал бегавул Абулмуслим НурмухIамадов чIвана, 10 октябралда сагIат кIиго тIубараб мехалда багъарараб, анцI-анцI чи гIахьаллъараб кьаба-тункиялъул хIасилалда. Кьвагьараб жо щун, чангояв лъукъунги вугин лъазабуна низам цIунулел идарабаз. ЩуазаргогIан бюллетень тIагIун батун буго гьениб радалалде. Гьелдаса хадуб ккун буго рагъги.


Цадахъ рехулел бюллетенал, автобусаз хIалгьабун раччи, процентал понцIезари…


Дагъистан Республикаялъул тахшагьаралъул мэрги вищана араб гьатIан къоялъ. 1998 соналдаса гьеб хъулухъалда вугев  СагIид Амировасда данде кандидатураби лъун рукIана гьебго администрациялда хIалтIулел Мадер Канберовас ва ГIали ГIабдулбековас. Телевидениялдасан Амиров веццана гьез рищиязда цебесеб кампаниялда. МагIарул басмаялъул  хIалтIухъан щвараб  ришиязул  чанго участкаялда законал хвезариялъул гIезегIан хIужаби тIатана. Унго-унгояб къеркьей гьечIин, гьаб цирк бугин абуна чияда рачIел цIех-рехчагIаз. 


Дагъистаналъул президент МухIамадсалам МухIамадовас гьаракь кьураб 46-абилеб рищиязул участкаялда цо гIадан къалиялъубе чанго бюллетень рехизе лъугьиндал, комиссиялъул членазул цояс гьелда рази гьечIолъи загьир гьабуна. Гьеб участкаялъул рищиязул комиссиялъул нухмалъулев АхIмад МухIамадовас абуна, гьей унтарай гIадан йигила, рокъоре рачIун гьаркьал кьезеги гьелъиеги гьелъул яцазеги бокьичIилан. Амма закон хвезабураб хIужа гьеб букIиналъе мукIурлъана МухIамадов. Гьеб гъалатI  кканин, жидеца кагътиде босилин абуна гьес. Гьеб лъугь-бахъиналда гьоркьове авар казияталъул хIалтIухъан лъугьиндал, дур хIаракат гIададисеб бугин, рищиязда щив бергьуневали цевего лъалин кIалгьикъана гарбал риццатал гIолохъабаз. Гьениве гьаракь кьезе вачIарав Апудзи Расулов абулев чияс прогноз гьабуна рищиязде гражданазул 110 процент бачIине бугилан ва СагIид Амировасе 99 процент гьаркьазул щолилан. Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат, СагIид Амировасул чIужуялъул яц Перзият БахIандовалда цадахъ вачIун вугоан рищиязде Апудзи Расулов. Амма хадусеб кьоялъ шагьаралъул рищиязул комиссиялъ тIиритIизарурал баяназда рекъон, Амировасе «щун буго» 92 процент ва рищиязде рачIун руго гьаркьал кьезе изну бугел гражданазул 70 процент кколел гIадамал. 


86-абилеб рищиязул участкаялъул нухмалъулей Хадижат Казимовалъ бицана шагьаралъул администрациялъ чIезарурал автобусазда раччулила гьаркьал кьезе гIадамалилан. Цогидасе гIоло гьаракь кьезе законалъ гьукъун бугиланги абуна гьелъ. Журналистазул ихтияр гьечIила участкаялда рищиязда хадуб хъаравуллъи кквезеянги абун, магIарул басмаялъул вакиласда мугъ берцин гьабеян абуна гьелъ. Гьебги ккола улкаялъул закон хвезабиялъул цоги хIужа.


Цо росдал бегавуллъиялде – 41 кандидатура


МагIарулазул районазда тIоритIарал рищиязул бищун хIалуцараллъун рукIанин абизе бегьула ЛъаратIа районалда. Нилъер миллаталъул районазда гьоркьоб бищун кIудияб буго Болъихъ. Гьенив вищана цIияв нухмулъулев – МухIамад ПатхIулаев. Гьединго росабазул бутIруздаги депутатаздаги цIар чIвана 10 октябралда балъхъадерицаги. 


БакIалъулаб рищиязул комиссиялъул нухмалъулев АхIмад ХIажиевас гьадин бицана: «Гьаркьал кьезе изну бугел чагIазул 70-ялдасаги цIикIкIун проценталъ гIахьаллъи гьабуна рищиязда. Цо-цо участкабазда, дагIба ккарал бакIазда, гьаркьал рикIкIун лъугIуларого рукIана. Болъихъ, Чанхъо росабалъ лъугьана хIалуцараб хIал. Депутаталги росабазул бутIрулги рищулелъул, рижана гьединал дандеккунгутIаби. Болъихъ бюллетенал рехулеб къали гъуриялъул хIужаги ккана. ГIадлу гьабизегIан, гьеб участка къана. Милициялъ хIалтIи гьабулеб буго гьениб. Болъихъ росдал бетIерлъиялде кондидатура лъун буго 41 чияс. Можаритарнияб къагIидаялда тIоритIула гьенир рищиял – цин 41-ясул 14 чияда цIар чIвала. Хадуб гьезда гьоркьовги бергьварав бегавуллъунги тола. Росабазул бутIруллъун гIемерисел цIиял чагIи ккана районалда. Партиязул цIараздасан цере рахъарал чагIи гIемер рукIинчIо ва бергьинчIо – анлъгояв «Цогояб Россиялдасанги», цояв – «ЛДПРалдасанги». Гьел «единороссал» бакIалъулал депутаталлъун рахъана. ГIемерисел кандидатал партиязда рухьинчIел рукIана. Районалъул бетIерлъиялде ккезе къеркьолел рукIана Шодродаса МухIамад ПатхIулаевги, Гъагъалъа Юсуп ХIажиевги, ГIандиса Жавпар ГIалиевги».


Болъихъ районалъул Депутатазул Собраниялъул цIирищарал депутатаз тIоцебесеб сессиялда районалъул бетIерлъун вихьизавуна ПатхIулаев.


2010 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +102
  • Нравится
Оставить комментарий
Рищияздаса к1удияб цир гьеч1о россиялда


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook