Авторизация

Кепкал ана росун эливашица…


Дард


Кепкал ана росун эливашица…


Расги гIайиб гьечIев  ви вачун жанив тIамула…


ГIадамаз хIаракат бахъулеб буго гIадлу-тадбир букIине ва магIишат цебетIезе пачалихъал  гIуцIизе. Халкъалъул магъалабаз хьихьараб хIукуматалда тIадаб буго гIадамазул тIалаб гьабизе. Амма, гьелъул гIаксалда, улкаялъ чанги лал тIамула гIадатаб халкъалъул ракъва-кIарсарал лугбазда. Цо-цо мехалда пачалихъиял ревизорал ва цоги идараби релълъуна пирамидабазда ва МММазда. Гьедин халкъ хъамал гьабулеб гIангурбацIал жавабиял хъулухъазда тани, халкъалде «тIогьилал инкъилабазул» унтаби ккезе рес буго.


«Гьас бикъула, гьас куна, гьасде бецIизе ккола, расги гIайиб гьечIев чи вачун жанив тIамула», - гьедин хъвана ХIамзатил Расулица. «Ниж жанир тIамураб лъабабго моцIги лъебералда цо-цо къо бугеб ккана», - абун мухъал тана ЦIадаса ХIамзатица. Гьединаб ритIухълъи гьечIолъи гIемер буго жакъа Дагъистаналдаги тIолабго Россиялдаги. ГIанкIу бикъарав гIумруялъго туснахъалъуве рехун, оцазул рехъен хъамурасда каранда медалал ран, унеб буго цо-цо мехалда пачалихъалъул гьоко кибеяли, къиркъириялда.


Рищиязул къоялда гIадлу-низам цIунизе витIараб полициялъул офицер къоялъ гьекъолдулев ва бокьа-бокьараб гьабулев вуго. Гьадинав чиясда погонал рай ккола пачалихъалъул бадибе варанабазул рохьдол гIанасеб ахту туй. Гьедин «низам» билълъанхъизавулев чиясухъ ралагьун руго гIадамал ва гьезда бихьулеб буго къануназул, законазул даража  гьес малакь лъолеб букIин. ГъеждакIичIал рарасе хIажат гьечIеб закон гIадатияб халкъалъе щай. Щайин гьав абицар гьадин гогьлъун вугеван гьикъидал, абулеб буго гьесул «тIохIги, мокърукьбакIги, цилиги бугилан», МахIачхъалаялда кутакаб гIагарлъи рагIулила эсул, гIаси-гIасиял хъулухъазда хъегъон чIун. Гьеле гъоб пачалихъалъул кьучI щущарарурел борхьазул хьирхьири. Гьеле гъоб улкаялъул чахьикь лъураб кьвагьулеб алат.


Гьединал «низам цIунулелги» рихьана араб гьатIан къоялда рищиязда. Гьеб гуребги бихьана. Гьаб пачалихъ гьерсид буцулел чагIи руго, ритIухълъиялъе ва хIакъаб рагIиялъе бакI гIатIид гьабизе ккун буго. Гьерсил сиясаталъ рачуна ахIвал-хIал лъангутIиялде ва кинабго кIалагъоркье чIваялде. Гьеб хIилла-макруялъул, учузаб ламарталъул свери щущазабизе, гIумруялда бадире битIун ва нахъе къачIого ралагьизе цебего заман щун буго пачалихъиял идарабазе.


Россиялъул цоги регионаздаса чагIи даим релъулаан, Шималияб Кавказалда тIадчагIазул партиялъе 99-100 процент гьаркьазул рищиязда щванилан харбал раккаралго.


2010 соналда МахIачхъала шагьаралъул мэрасул рищиязул халгьабизе щведал, гьенир къанунал хвезариялъул гIемерал хIужаби тIатун рукIана. Рищиязул лъабго кIудияб участокалде щвана, лъабалдаго ругоан хъатал цIун цо-цо чияс рищиязул къалабахъе ругIулел бюллетеналги, боцIи гIадин, гьаркьал раччулел автобусал-каруселалги, ва цогидабги гIала-гъважа. Гьарулел ругони, гьедин гьаричIого, дагьабниги рацIцIадго тIоритIизе ккела рищиял абулел жал. Гурони, жакъа туснахъалъул хъорщода регун ругезулги кабинетазда жанир парахалъаразулги кIудияб батIалъи бихьиларо халкъалда.


Гьедин чорокаб куцалда тIалъуде ворчIарав эливаш доваги киндай къанунал хвезарилаян ва гIадамаздаса тIом ччукIилаян пикрабалъ вукIуна. Гьединав  ахIмакъасда, ришваталъул гурони, мацIги лъаларо. Жиндир хIалтIул гIужиде ккараб гIадатияб халкъ гъурулев ватула гьев, бесдаллъималазе бихьизабураб  тIорахь чIикIун, харабазе биччараб пенсия чебкун, унтаразе хIалалаб дарман ччулун, сакъатазе назруяб садакъа бикъун.


Гьединал ва гьелда релълъарал махщалилал гурел лотабаз туртида лъезе буго пачалихъ, гьезул гIин кьурулеб бакIаб квер камуни.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +86
  • Нравится
Оставить комментарий
Лъабго сон ана,гьанив рехсарав эливаш аралдаса,хисараб жо бугодай?Дир х1исабалда цох1о,буго ч1вай-хъвей къот1ана,эб г1аги талих1)


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook