Авторизация

Яроваялъул пакет: лъикIищ, квешищ?

Яроваялъул пакет: лъикIищ, квешищ? Россиялъул президент Владимир Путиница гъулбасана Пачалихъияб думаялъул депутат Ирина Яроваялъ ва Федерациялъул Советалъул сенатор Виктор Озеровас терроралде данде къеркьеялъул законалда тIадежурарал хиса-басиязда. Россиялъул хIукуматалъ гьеб закон гIумруялде бахъинабиялда хадуб халкквезе бугин лъазабуна президентасул пресс-секретарасги.

Яроваялъул "пакет"

Яроваялъул "терроризмалде данде къеркьеялъул пакет" къабул гьабуна Федерациялъул Советалъ. Амма гьелъул зарал букIине бегьула гIадатиял гIадамазе, хасго бусурбабазейилан рикIкIунеб буго цо-цояз. Яроваялъул "пакет" ккола ахираб анцIго соналда жаниб Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабураб бищунго кьварараб закон. Гьеб къабул гьабулаго депутатаз гьелда  гьаруна цо-цо хиса-басиялги. Щибха гьелда хъвалеб бугеб?

Бихьа-бахьараб бице

2016 соналъул 20 июлалдаса байбихьун такъсиразул хIакъалъулъ лъазабичIел гIадамал тамихIалде цIазе руго, гьел лъагIалица жанир тIамизе рес буго. ГIадамаз тIадал идарабазда лъазабизе ккола жидедаго рихьарал такъсиразул, гьаризе ругел террактазул, питнабазул хIакъалъулъ лъараб баян.

Социалиял гьинал

Дагьабги кьварараб тамихI гьабизе буго интернеталдасан ва социалиял гьиназдасан терроризмалде ахIулел яги гьелъул рахъкколел гIадамазе, гьединго СМИяздасан рахъкколезеги гьебго тамихI букIине буго. Жанир тIамизе бегьула анкьго соналъул болжалги кьун. Щивав абонентасул телефоналдасан бицараб хабар, гьабураб гара-чIвари бащдаб лъагIелалъ цIунун букIине буго "Мегафон", "Билайн", МТСалъул бухьеназул операторазухъ. Интернет-ресурсазда хъвай-хъвагIаял цIунун рукIине руго лъагIалица.  Бухьеназул оператораз лъазабуна гьеб мехалда телефоназдаса пайда босиялъухъ босулеб мухь кIиго-лъабго нухалда цIикIкIине бугин.

Балъгоял гIаламатал хIалтIизаруге

Нагагь къваригIани, ФСБялъул хIалтIухъабазе балъгоял гIаламатаздалъун хъварал хъвай-хъвагIаял цIализе кумек гьабичIезде 800 азарго гъурщидаса миллионалде щвезегIан гIакIа къотIизе буго.

«Хасал» бакIал

Гьанже гьеб гьабизе бегьула гIицIго гьединал ишал гьаризе хас гьабун рихьизарурал бакIазда ва дагIват гьабизе жидер ихтияр бугел чагIаз, гIуцIабаз. Нагагь батIияб бакIалда гьабулеб батани, миллион гъурщил гIакIа къотIизе буго.

Кумекалъухъ - микьго сон

Экстремизмалъухъ тамихI дагьабги кьваризабизе буго. Экстремистазе гIарцулаб кумек гьабулел ратарал жанир тIамизе руго микьго соналъ  (закон къабул гьабизегIан, лъабго сон букIана).

Халкъалъул багъа-бачари


Цо-цо такъсиралъухъ тамихI гьабула 14 сон баралдаса нахъе. 14 сон барал лъималазе тамихI гьабизе буго хIажат гьечIел багъа-бачариязулъ, терроризмалъулъ, гьелъул гIуцIабазул ишазулъ гIахьаллъаралъухъ. Гьединго гьел тамихIалде цIазе руго жидеда лъалеб, бихьараб бицинчIого таралъухъги.

Халкъазда гьоркьосеб терроризм

Россия тун къватIирехун халкъазда гьоркьосеб терроризмалъул ишазулъ гIахьаллъарал, гьелдалъун Россиялъул гражданазе заралги ккун бугони, такъсирчагIи гIумруялъго эркенлъиялдаса махIрум гьарула.

Посылкабазул халгьаби

Почалъул операторазулги жавабчилъи цIикIкIана, гьез халгьабизе ккола посылкабазда жаниб ярагъ, наркотикал яги гIарац бугищали.

Экономикияб рахъ

Рехсараб закон гIумруялде бахъинабизе ккани, кигIанасеб гIарацха хIажалъизе бугеб? Масала, "Мегафоналъул" баяназда рекъон, гьелъие харж гьабизе кколеб буго 230 млрд гъурущ. МТСалъул баяназда рекъон - чанго триллион гъурущ, "Ростелекомалъ" ва хIукуматалда цебе бугеб бухьеналъул ва информациялъулал технологиязул эксперталъулаб советалъ абулеб буго гьелъие къваригIунин 949 млрд гъурущ.Оператораз ва интернет-компанияз лъазабуна закон гIумруялде бахъинабиялъе улкаялда гIурал шартIал гьечIин.

Пикраби

Федералияб даражаялда гьеб законалда  тIад рекъечIого кIалъана Татарстаналъул цеве вукIарав президент Минтимер Шаймиев. "ТIаде щолел ругел рищиязул ахIукье гIедегIалихъе къабун гьабураб закон буго гьеб", - ан абуна гьес. КIалбиччалелъул, магьари лъолелъул, хабада къулгьу-алхIам цIалулелъул данделъула бусурбаби. Лъица гьелда хадуб халкквезе бугеб, кин гьеб иш гьукъилебилан абуна гьес.Дагъистаналъул муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевас бицухъе, диниял гIуцIабазул хIакъалъулъ федералияб законалда гьарурал хиса-басияз  бусурбабазул рахIатхвезабиялъе щибго гIилла гьечIо. РахIатхвезабизе буго экстремизмалъул, терроризмалъул, радикализмалъул рахъкколел цо-цо диниял гIуцIабазул хIаракатчIагIазул ва вакилзабазул."Гьелъул гIаксалда, гьел хиса-басияз квербакъизе буго динияб хIаракатчилъи гIадлу-низамалде бачине",- йилан хъвалеб буго  гьес "АиФ Дагестана" газеталъе кьураб баяналда.Пачалихъалдаса дин батIа гьабун бугеб мехалда, гьеб хIужаялъ бихьизабулеб буго пачалихъ диниял ишазде гьоркьобе лъугьунеб ва Конституция хвезабулеб букIин. Лъимер гьабидал цIар лъолелъул, ригьин-цIа гьабулаго, цIияб минаялъуре рахъунаго, армиялде вас унелъул, гьениса вуссиндал, нилъер хирияв авараг гьавураб моцIалъ нилъеца гьарула мавлидал. Гьанже гьел киналго, федералияб законалда гьарурал хиса-басиязда рекъон, гьабизе бегьулеб гьечIеб гIадаб хIисаб буго. Амма юристаз абулеб буго гьеб бугин законалъул тIалабал тIубанго гIадамазда бичIчIунгутIиялъул хIасилиланги.
 

Автор: Шамай Хъазанбиева

Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook