Авторизация

КIазищ чIвалеб, цIализейищ цIалилей?

КIазищ чIвалеб, цIализейищ цIалилей?


ТIолго дунялалда исламалда сверухъ бугеб гIадаб гIемераб хабар буго бусурманчIужуялъ кIаз чIваялда сверухъги. «Гьебищха исламалъул хIуби, гьедигIан цIакъ гьелда тIаделъизе» абун ракIалде ккезе бегьула нилъеда.


Руччабазул, ислам жиндалъун загьирлъулеб тIоцебесеб гIаламат буго гIаврат бахчи, ай гьумер – квер хутIун тIолго черх. Берцинго, исламияб къагIидаялъ ретIа-къарай чIужугIадан йихьидал исламияб динги ТIадегIанав Аллагьги ракIалде щола. Гьеле гьеб буго жакъа руччабазда кIазал рахъизаризе хIалтIулел киналго чагIаз гьукъулеб жо. Мисалалъе босани, Азербайджан. Милли-Межлисалде суал босун буго хIалтIуда ругел руччаби кIазалги чIвачIого рукIине кколин, светияб хIукуматалда гIадин абун. РакIалде ккезе бегьила азербайджаназе жидерго гIумру лъикIлъизабизе кIазаз квал-квал гьабулеб бугилан. Гуро, гьеб буго цо кивалиго вугев къуватав чиясда берцин вихьизе гьабулеб иш. Гьедин гьабун букIана дагьал церегIан соназ Турциялдаги, жо ккечIо, цIидасан закон бахъулел руго, тIадегIанал цIалул идарабазда ясазе кIазал чIвазе биччараб. ХIисаб гьабе дуниял ккун бугеб бакI! Бусурбабазул цIураб хIукуматалъ руччабаз кIаз чIвазе ихтияр бугилан закон бахъулеб!

 Гьелдаса лъикIаб хIал гьечIо жакъа Дагъистаналдаги. МахIачхъалаялда ругел гIемерисел школазул директорзабаз кIаз чIварай яс хIалтIуде йосулей гьечIо. КIаз чIвазе лъугьарай цIалдохъанги, къаби-къабихIал рагIаби абун, кьерилазда цее суризаюлей йиго. Кколел руго хIужаби эбел-эмен лъимер цоги бакIалде цIализе кьезе тIамулелги. Цо гьединаб школалъул директорасулгун гара-чIвари гьабидал гьес абулеб буго, жидеца гьукъулеб гьечIилан косынка чIвазе, амма хIижаб ретIарал ясал жидее школалда хIажат гьечIин, гьел гьукъизеги ругин. Бихьизабураб хIалалъ исламияб ретIел ретIизе биччалеб гьечIо. Щайдай? Щиб квал-квал бугеб гьелъул? Щай гьеб ретIел гIадамазда рихараб? Гьал суалазе, кин ургъаниги, вацал ва яцал, дидани цохIо жаваб батулеб буго. Ислам квешаб жолъун бихьизабизе хIалтIана гьелъул тушбаби. Дунялалда киса-кирего гьарулел кьвагьиял, рагъал, питнаби бусурбабазда рухьинаруна. Гьелъулъ букIана бищун кIудияб сихIруго. Тушбабазда кIвана гьаб ахираб чанго соналда жаниб исламалъул цебетIей хIинцлъизабизе. Гьай-гьай гьезие бищунго кIудияб квербакъи щвана жалго бусурбабазул. Лъабкъоялда анцIго соналъ, дин гьукъидал, упин абун кIалъачIого чIун рукIаралщинал жагьилзаби, гIадлу чучлъидал, шаригIатги кьочIое босичIого, тIубан пачалихъалда имамат гьабизе гъазаватал гьаризе лъугьана. Гьеб жидер иш мекъи букIин жидедаго бичIчIулеб букIун батила, пайда щиб, питнадул гьоко гиризе биччан хадуса чIезабизе захIмат букIуна.


 Жакъа шагьаралда гIолей, исламияб хъизаналдаги йигей ясалъе рес рекъезехъин гьечIо гIумруялда рекъараб бетIербахъи гьабизе, букIине кколеб лъай щвезе. ХIижаб чIвазе бокьараз щибха гьабизе кколебилан гьикъидал, довго директорас дие жаваб гьабуна мадрасаялдеги ун йикIа абехаян. ЦохIого мадрасаялда цIалун жакъа тIубалареблъи лъиего цIияб жо гуро. Кин абуниги, Дагъистаналдаги Чачаналъги гьабураб рагъалъ ва кьвагьияз жеги чанго наслаби исламалдаса хIинкъулеб хIасил кьуна, хварал-чIваразул бицинего бицинаро. ГIумру-яшавалъул щибаб иш-пишаялда гьеб хъатIулебги буго.


Нилъеца, щиб цо кIаз бахъиялъ кьелеб зарал абун толеб бугони, вацал, гьеб буго исламалъул кьучIдаса гамачI бахъи гIадаб жо. Бащдаб черх къватIиб рехарай мугIалим черх бахчаралдасаги хехго хIалтIуде йосулей йигони, кIаз чIвазе гьукъулеб закон бахъиги гIемер рикIкIад гьечIеблъи бичIчIизе кIудияб жо гуро. Жакъа Турциялда яги Азербайджаналда бугеб ахIвал-хIал метер нилъехъеги бачIине буго. Тарихалде балагьани, щибаб жоялъул бухьен камуларо, гIадада цо сунда бугониги сверун гьадигIан гIемер калам гьабуларо. ЧIужугIаданалдаги гьелъул кIазалдаги бан хутIун гьечIо дунялалда яшав лъикIлъи, гьеб чIезабулеб буго баракат гьечIел питнадулаца ва Аллагьасул*  тушбабаз.


Аллагьас лъикIаб хъван батаги.


Автор: МухIамадрасул ГIумаров

Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Унго унояб демократияб г1уц1и бугеб х1укуматалда,гьеб суал киданиги баккулеб жо гуро.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook