Авторизация

Георгий Шенгелая: «ХIажимурад къеркьолев вукIана, сиясаталъе гIоло гурев, гIумруялъе гIоло»

2011 соналъул багIарараб рии. Ниж гIодорчIун рукIана киназдаго лъалев кинорежисер Георгий Шенгелаяил дачаялда. Бицунеб букIана машгьурав наиб ХIажимурадил хIакъалъулъ ТIолго дагъистаниязе гьелъул кIудияб интерес бугеблъиги хIисабалде босун дица гьелда тIасан гара-чIвари гьабуна Георгийилгун. 

Нагагь лъалев чи ватичIони Георгий Шенгелая ккола «Грузия фильм» абураб киностудиялъул режисер. ГьабсагIат хIалтIулев вуго Шота Руставелил цIаралда бугеб Туплисалъул театралияб институталда гьес гьединго бачунеб буго режиссерасулаб мастерскаяги

Кин дуда кколеб, ХIажимурадидехун гьединаб кIудяб интерес щайдай бижана ва сунда гьеб хурхараб бугеб Толстоясул творчествоаялдайиш ялъуни живго ХIажимурадидайиш?

-Гьеб байбихьана 1985 соналдаса нахъе. Дун режисерлъун хIалтIулев вуго 1965 соналдаса. ТIоцебесеб дирго хIалтIи, «Алавердоба» абураб киноялдаса хадуб пикру ккана дир Толстоясул «ХIажимурад» къисаялдаса тIасан кино бахъизе. Доб мехалъ гIолохъангоги вукIана, кинорежисерасул хъизамалда гIурав вукIиналъги таваккал тIамуна дица гьеб кино бахъизе. Амма гьеб фильмалъул сценарий дица бихьидал, дир пикру цебебахъизе биччачIо цензураялъ

Гьединаб гьукъа-къай тIубараб союзалъулго даражаялъулищ букIараб? 

- У. Дунгун дандачIвана доб мехалъ вукIараб культураялъул министр. Дир тIоцебесеб киноялъе щвараб машгьурлъиги хIисабалде босун, гьес дида бичIчIизабуна щай дие инкар гьабулеб бугебали. Гьале нижер кIалъай ккараб куц:

-Дуда бичIчIулеб бугиш дуца гьабизехъин бугеб жо?

-Буго, дие бокьун буго гIурусазул литератураялъул классик - Толстоясул асар экраналдаса бихьизабизе

- Дуда лъалагури гьабсагIат атеистияб хIукумат букIин. Нилъ киналго – гIурсалги, дагъистаниялги ракълида гIумру гьабун руго, дуе абуни бокьун буго Дагъистаналдаги Россиялдаги гьоркьоб динияб рагъ букIараблъи ракIалде щвезабизе.

Хадуб цодагьалъги чIун гьес тIаде жубана:

-Мисалалъе кин дуда ракIалда бугеб гьеб фильмалда Шамил вихьизавизе. Дуца гьев квешаб рахъаладаса вихьизавуни бусурбаби нилъедаса кьурун руссине руго, гьесул хIакъикъияб сипат бихьизабуни киназго мажгитазде хьвадизе байбихьизе буго.

Гьеб гара-чIвариялда жаниб букIана коммунизамалъул тIолабго идеология. Гьедин лъуна дир мурадалда цебе гали.

Гьелдаса хадур дица дагьал фильмал рахъичIо. ЦIигьабун гIуцIиялъул заманалда, дица нахъойги загьир гьабуна дида ракIалда бугеб пикру, щайгурелъул коммунистаз жидерго пикру хисулеб букIиндал гьеб мехалъ. Дида абуна дуе квал-квал гьабизе гьечIин, гьелъие хIажатал сурасаталги ралагьейин, дурго Грузиялда бахъейин киноян

Амма гьеб дихъго бажаризе рес букIинчIо. Гьеб букIана пачалихъалъ бахъизе кколеб кино, щайгурелъул фильмалда руго гIемерал рагъулал тунка-гIусиял, гьениб гIахьаллъизе кколаан армия пачалихъалъул кумек гьечIого дихъаго жо ккезе букIинчIо.

ЦIигьабун гIуцIиялъул заманалда нилъер кинематографиялдехун интерес бижана къватIиса хIукуматалъул продюсеразул, Чеховасул Толстоясул ва цогидалги классиказул асарал экраналда рихьизаризе гъира ккана гьезул. Гьезул кумекалдаса пайда босизе пикру ккана дирги. Гьеб мурадгун дун вачIана Дагъистаналде магIарулал рихьизе. Хунзахъ ругел гIадамалгун лъай-хъвай гьабидал дида ккана гьелги гуржиял ратилилан. Нижер гIалимзабаз хъвалеб буго нилъер кIиязулго мацIазда жаниб чанги цоцада релъалъарал бакIал ругилан.

Дица кIудияб хIалтIи гьабуна кино бахъилалде цебе, гIемерал харжал гьаризе кколел рукIана, щайгурелъул росаби дие къваригIараб къагIидаялъ рукIинчIелъул. ГIемерисел минабазда тIад хъахI мах ккун букIана, гьел хисизаризе кколел рукIана фильмалда дандекколеб къагIидаялда

БакътIерхьул улкаялдаса продюсеразул аслияб мурад букIана гьеб фильмалдса хайир щвей, амма бищун кIудияб суаллъун дие букIана ХIажимурадил роль хIазе чи вати. Дие бокьун букIана машгьурав наибасул роль Кавказаладса чияс хIазе, гьезие абуни бокьун букIана гьеб ролалда гьезул жидерго доваса машгьурав актер вихьизе. Дида гьез чанго актерасул сурат бихьана, амма гьел киналго рукIана гьурмал куц данде кколарел, этникияб рахъалъ гьезул цонигияв ХIажимурадил сипаталда данде кколев вукIинчIо.

Гьеб заманалда Москваялда унеб букIана кинофестиваль, жюриялъул председательлъун гьенив вукIана Америкаялдаса актер Роберт де Ниро. Дица хIалбихьана гьесулгун кIалъай гьабизе, продюсеразда ракIалда букIана гьес абураб гIарац кьезе. Амма нижеца гьесухъе кагъат хъван битIидал, данде гьес жаваб бачIана жиндир гIагараб кIиго-лъабго соналъе гьарурал къотIаби ругин цогидал чагIигунилан. Гьев эркенлъизегIанги чIун дица гьесухъе сценарий битIана. Сценарий букIана цIакъго халатаб, актеразе абуни гьеб бокьуларо. Цадахъго дица гьесухъе битIана лъикIаб таржамаги бугеб Толстоясул къисаги.

Дун гьесухъ балагьун чIана лъабго соналъ, амма гьес жаваб кьечIо. Гьебмехалъ дун живго ана гьесухъе. Дун вихьидал виха-хочунги лъугьун гьев лъугьана жиндир регIулеб хIал гьечIин ва хадубго тIаде жубана жиндир костюмазулал ролал рокьуларилан. Гьебмехалъ дица абуна дида бихьанин «Мессия» фильмалда гьес кьолода жаниб хIараб роль, гьеб цIакъ лъикIго ккараб букIараб букIанин. Гьеб жиндица гьалмагъасул гьари нахъчIвазе кIвечIого хIараб роль букIанилан жаваб кьуна гьес. Къокъаб хIасил гьев кингоги разилъичIо ХIажимурадил роль хIазе.

Гьелдаса хадуб дихъе бачIана Ираналдаса кагъат, гьезул кинематографаз хъвалеб букIана ХIажимурадил кино бахъиялъе кумек гьабизе хIадурал ругилан. Дун гьезухъе ана. Гьебмехалъ цIидасан суал бачIана динияб рахъалда тIасан. Ираналъулаз абулеб букIана кино бахъизе кколин киналго бусурабаби лъикIал гIадамаллъун рихьизарун, насраниял абуни квешал чагIилхун

Дица гьезда ракIалде щвезабуна къисаялда цо гIурусалъ ХIажимурадихъ магIу гьабулеб лахIзат, гьелъ солдатазда абулеб букIанин гьесда релъизе бегьуларин, гьев хабалъ вукъизе кколилан. Дие бокьун букIана гьезда бичIчIизабизе, Толстояс гьеб къисаялда лъун букIараб инсанлъиялъул бищунго тIадегIанал рахъал загьир гьарулеб пикру. Толстояс бихьизабулеб букIин киналго динал цоцада дандечIараллъун рукIине бегьулареблъи, киналго гIадамал цого рукIин ва гьел ахир-къадги ракълиде рачIине кколилан. Ираналъулаз жаваб кьуна жидее гьеб къваригIараб жо гурин, гьезие къваригIун бугин цоцада дандекколареб рахъ гьеб фильмалда бихьизабизе. Дун гьелда разилъичIо, щайгурелъул гьеб ккезе букIана Толстоясул пикру гIаксалда бихьизабилъун. ЦохIо щвезе бугеб хайиралул гуребги, пикру гьабизе ккола кинаб хIасил гьабулеб жоялъул ккезе бугебалиги. Гьединаб ккана къисмат машгьурав наибасул хIакъалъулъ кино бахъизе букIараб къасдалъул.

Щиб соналъ дур Ираналъулалгун гара-чIвари букIараб? 

-Гьел рукIана 1992-93 соналъ.

Роберт- де-Нироца щиб гIилаялъ инкар гьабун батилилан дуда кколеб?

-Италиялдаса гьалмагъазабаз дида бицун букIана гьесие Европаялда киноялда вахъизе бокьуларилан. Дие, узухъда, гьеб ролалда вихьизе вокьун вукIана дагъистанияв, амма продюсеразе къваригIун букIана гIарац. Кино – гьеб ккола гIарац, актер вукIине ккола киназдаго лъалев, гьесда тIад гIарац гьабизе букIине.

Гьеб бизнесалда хIалтIизабулеб къагIидаяйиш?

-  КIиго соналъ цебе дирго студентазе гьелъул бицинадал гьез аудиозапись гьабун буго дир кIалъаялъул. Гьелъухъги гIенеккун гьез абуна рачIайила фильм нилъецаго бахъизе. Дир нухмалъила гъоркь гьеб фильм бахъун буго ва нижер гьеб телевидениялдасанги бихьизабула.

Фильм хIадурун бугиш?

-Буго, дида кIола гьелъул фрагментал рихьизаризе дуда. Амма гьеб гуржи мацIалда буго, къваригIун ялъуни субтитрал, ялъуни магIарул мацIалда гьеб буссинабулев чи. Нужер ругищ гуржи мацIгун хIалтIулел чагIи.

Гьединал чагIи гьечIо, амм гуржи мацI лъалел гIадамал руго

ХIажимурад дие рекIее гIола, Толстоязул героязда гъорлъ гьев вуго жиндалъун авторасдехун ва гьесул дунял бичIчIиялде нилъер рокьи бижизабизе кIолев чи. Толстоясул киналго героял руго гIадатиял гIадамал. Анна Каренина, князь Андрей, Пьер Безухов ва ХIажимурадги. ХIажимурад живго жиндаго чIарав ва киназдаго лъалев бахIарчи вукIиналъ хъван батилин Толстояс Шамилилги хъвачIого гьесул хIакъалъулъилан ккола дида. Шамиль цIикIкун политик вуго, стратег гуро

Цогидаб рахъалъ босани, ХIажимурадица жиндирго позиция чанцIулго хисулеб буго. Гьеб рахъалъ щибилан абулеб дуца?

- Гьеб кинабго буго Толстоясул, гьес кидаго мугъчIвай гьабулаан документазде. Гьев гьаниве вачIиндал, Воронцовас жиндирго адъютантасе тIадкъай кьуна ХIажимурадица бицаралда тIасан гьесул кинабго тарих хъвайилан. Гьеб тарих босана Толстояс къиса хъвалаго кьочIое. ЦохIо гьеб документалде гуребги, цогидаздеги мугъчIвай гьабулеб букIун буго Толстояс, амма гIицIго гьеб хвъай-хъвагIаялдаса бихьулеб буго кигIан ракIбацIцIадавги ритIухъавги чи ХIажимурад вукIаравали.

Гьев вацгун цадахъ гIуна Хунзахъ, эбел гьезул йикIана лъимал хьихьулей гIадан, гьелъ рахь кьун гIезарун руго ханасул лъимал ва гьел цоцаде цIакъ гIагаралги рукIун руго, амма хадуб рагъги ккун гьеб хъизам хъвехъун бан буго. БичIчIулеб жо буго, щай гьев имамасул рахъаледе инчIевали. Гьеб мехалъ гьев тIоцевесев нухалда ГIумахангун цадахъ Тифлисалде ана гьенир рукIарал гIурусаздаса кумек гьарун.  Амма жиндие гьел рекIее гIечIилан нахъвуссун вачIуна гьев. Гьеб мехалъ хъахIаб чалмаги ботIрода къан вукIуна гьев, амма жеги Шамилгун вукIинчIо. Гьес къасд гьабуна жиндирго росу Хунзахъ цIунизе. ГIурусаз гьесда данде лъуна тIубараб отряд ва гьев къуна. Гьеб мехалъ Шамилица, гьевги сихIирав чи вукIана, гьесухъе ритIула чагIи жинда мун цIунизе кIолилан абизе. ХIажимурадил букIана хъизан, гьеб цIунизе бокьун букIана гьесие, гьелъ ана гьев Шамилида гъорлъе. Шамилгунги гьев гIемер мехалъ вукIана, амма хадуб имамасул божилъи хвана гьесде. Шамилица гьесул хъизам хъамуна ва ХIажимурад гIурусазухъе ана, амма хъизам эркен гьабизе гьесда кIвечIо. Гьеб мехалъ цебе рехун бачIана дие гьесул бищун бокьлеб рахъ, гьев лъугьана кинабго жиндицаго гьабизе. Гьеб тарих буго ХIажимурад гIумруялъе гIоло къеркьолев вукIараб куцалъул хIакъалъулъ, сиясаталъе гIоло гурев, жиндиего, жиндирго хъизамалъе гIоло. Гьеб букIана дун асир гьавураб бакI, гьелъ бокьун букIана дие гьесул хIакъалъулъ кино бахъизе. Литератураялда гьединал героял бищунго интересал рукIуна, цоккураб хасияталъул гIадамаздасаги. Цо бутIаялъ дирго хIалтIи рагIалде бахъараблъун рикIкIуна дица.


Автор: ШагIбан ХIапизов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий
Баркала кьезе,ккола гьав чиясе гьебщинаб  Х1ажимурадил х1акъалъулъ кино бахъизе х1аракат бахъаралъухъ,нилъецаго нилъер чиясул т1алаб гьабулеб гьеч1о,талих1 буго чияраз г1аги гьабулеб бук1ин!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook