Авторизация

ХIоцоса ГIабдулатIип (1851-1890)

  • 31.10.2016 02:10
  • Дин
  • 1 197
  • 0

19 абилеб гIасруялда Кавказалда гъазават лъугIаралдаса хадуб 20-абилеб гIасруялъул авлалде щвезегIан Дагъистаналда гIелмуялъул цIакъ бергьараб цебетIей букIана. Гьелдаго цадахъ исламалде данде гьабулеб хIалтIиги къотIун букIинчIо. Пачаяс тарал тIадчагIаца яхI бахъулеб букIана тIолго халкъ мукIур гьабиялъе гIоло гьелъул церехъаби – гIалимзабазда кверщел гьабун гьел жидехъго гIенеккарал, жидер ишал рилълъанхъиялъе кумекчагIилъун рукIинаризе. Гьелъие гIоло гьез хIалтIизабуна жидерго бугеб къуват, хIатта жасуслъигицин. Цо-цоял гьеб макруялде гъоркье кколелги рукIана, амма гIемерисел гIалимзаби, я гьижра гьабун ватIан тун ана яги Сибиралде ритIун цIакъ гIемераб гIакъуба-къварилъи чIамизабун зулмуялде ккана. Кавказалдаса рачIарал гIадамазе цIакъ захIмат букIана сибиралъулаб квачайги гьава-бакъги хIехьезе. Ккана дорасаго балъго  гьижра гьабуралги.  Чанги чи доваго къадаралдеги щвана. Гьедин сибиралда къадар щвана жакъа нилъеца бицен гьабизе бугев ХIоцоб росулъа ГIабдулатIипиеги.

ХIоцоб росулъа Доногъол МухIаммад вукIана лебалав, рагIи билълъарав ресалда вугев чи. Гьев цо заманалда пачаясе хъулухъалда вукIана, нахъе вачIана Шамилил рахъалде, цинги ГьаракIуниб ккараб рагъулъ гIурусазухъе асирлъуде кканин ва гьелдса хадув щугониги соналъ пачаясул хъулухъалда вукIанин. Гьеб мехалъ МухIаммадил чIей Гъоркьа Жунгуталда букIана ва гьес гьений  лъадилъун ячана  лъикIаб тухумалъул, цIакъ иман бугей яс ХIабибат. Нахъеги имамасухъего ун Шамилица  Доногъол МухIаммад шунусил бетIерлъун тIамунги вукIана. ХIабибатица I85I абилеб соналъ МухIаммадие гьавуна вас ГIабдулатIип.


 Доногъол МухIаммад вукIана гIелму-лъаялъул кIвар бичIчIулев ва жиндирго лъимал гIалимзабилъун рахъинариялъе сундаго барахщуларев чи.  ТIоцеве ГIабдулатIип инсуца гIелму цIализе ГьаракIуниве мадрасаялде витIана. Гьенив исламалъул гьоркьохъеб лъай щвезегIан гьев цIалана ГIабдулмажидил ХIабибаллагьида ва НурмухIаммадил СагIадуда цеве. Гьелдаса хадув ГIабдулатIип цIалана ГIашиилтIаса Къурбан-ГIалида цеве. Доб заманалда Дагъистаналда бищунго кIудияв гIалим ва мугIаллим Къурбан-ГIалида цере цIализе щвей букIана кIудияб божилъун. Живго Къурбан-ГIалиги цIакъ чIухIун вукIунаан жиндихъго цIалулел мутагIилзабаздаса. Гьезда гьоркьов тIоцеве рехсолаан ХIоцоса ГIабдулатIип. Киналго ГIабдулатIип цеве цIаларал гIалимзабазул цIакъ кIудияб сияхI букIина, нилъеца рехсон тела цо-цо машгьурал цIарал: Унсоколоса ГIалил ГIабдуразакъ, БуцIраса Будунасул Дибир, Къуркълиса Зайд, Гъази-Гъумекиса ГIумарил ГIатIтIи-хIажи. (Зайд гIурсаз Сибиралде витIун, гьенив хвана, ГIатIтIи-хIажи гьижра гьабун ХIалебалде гочун дова хвана I877соналъ). Гьел мугIалимзабазул къисматалъ цIакъ пашман гьавун вукIун ГIадулатIипица хъвана кIудияб марсиятги. Кинаб бугониги гIелму цIализе ГIабдулатIипие щибго захIмалъи букIунароан – гьесие инсуца щибго жоялъул рахъалъ квал-квал ккезе биччалароан. ЦIалулаго росун, хъван ГIабдулатIипил букIанадагъистанлда бищун кIудияздаса цо библиотекаги. Гьесда камилго лъалаан магIарул, гIараб, лъарагI, перс, турк мацIал ва кIалъалаанила гIурус мацIалдаги. ЦIали лъугIун хадуса ГIабдулатIипида бищунго дунял-ахираталъе пайда бугеблъун бихьана гIелму тIибитIизаби. Гьелс Гъоркьа Жунгуталда рагьана кIудияб мадраса. Гьениб батIи-батIиял мацIазда дарсал кьолеб хIалги гьабун Югалъулаб Дагъистаналдаса Азербайджаналдаса, Татариялдаса мутагIилзаби рачана цIализе. Жунгуталда чIеги гьабун гьениб хъизан-рукъалдеги вуссана ГIабдулатIип. Гьес ячана пачаясул хъулухъалда вугев поковник МухIаммад абулев чиясул яс Ханзадай. Гьей йикIана лъикIаб исламияб тарбия щварай цIакъ иман бугей, гIалимчи росасул адаб гьабулей, рукъалъул кинаб бугониги ургъел гьесде ккезе биччачIого  жинцаго тIубалей гIадан.  ГIабдулатIипил букIана гIезегIан гIи-боцIи. Амма гьес гьелъул щибго тIалаб гьабулароан. Бицен буго гьес инсуца кьолеб букIараб боцIул дос гIурусазе хъулухъ гьабуралъухъ щваралдаса щибго жо босичIилан.


Жиндирго дарсал кьейги гIелму тIибитIизабиги гурони цоги щибго жоялъул ургъел гьечIев ГIабдулатIип 1884 абилеб соналъ сапаралъ вахъана татариялъ ругел мадрасаби ва гIелму малъулел къагIидаби лъазариялъул мурадалда. Гьев гьоболлъун гьавуна татаразул доб мехалъ бищунго кIудияв гIалим Шигьабудин Гьарун ал- Маржаница. Балагьана татаразул мадрасабазул гIуцIиялъухъ, малъулеб гIелмуялъухъ. Амма цохIо гьениве иналда ракI гIодобе буссинчIо ГIабдулатIипил. Гьесул гъира ккана гIараб пачалихъазде ун, гьениб бугел ахIвал-хIал лъазабизе. Гьеб мехалдаса нахъе ГIабдулатIип пачаясул гIелмуялда ва гIалимзабазда данде гьабулеб политикаялда гъоркье ккана. Гьес доб мехалда чIезабураб низамалда рекъон Дагъистаналда вугев генерал-губернаторасухъе гIарза хъвала хIежалде ине изну кьеян.   Амма гьесие щибго баянги гьабичIого хIежалдде  ине изну кьечIо. Гьелдаса нахъе гьесул гIумруялъул хIакъалъулъ ХIасан ал-Къадарияс хъвалеб буго: «Гьесул сабур тIагIана, ва Болгариялде ине изнуги босун жиндирго мутагIил Белоканалдаса Мала ИсмагIилил вас ХIажи Ибрагьимгун цадахъ ГIабдулатIип-афанди къватIиве вахъана. I889 абилеб соналъ гьел Батумиялде щола ва ихтияр гьечIониги Турциялдехун гIорхъи бахуна.  КIиго моцIгIадаб заманги Стамбулалда бан, лъикIаб гьоболлъи ва къадруялда гьел Египеталде ана. Гьениб гьез гIемерал чIахIиял гIалимзабазул, шайихзабазул, устарзабазул хабалазде зиярат гьабуна. Гьелдаса хадуб гьев кIиявго мусафирас Маккаялде хIеж гьабуна ва унго-унгоял бусурбабаз гIадин хIеж-гIумраялъул киналго рукну-парзал тIурана. Гьелдаса хадур I307 абилеб соналъул авалалда (1889 соналъул август- сентябрь) гьел анна Мадинаялде. Манинаялдаса тIадруссун гьел цIидасан Стамбулалде ана ва анкьго моцIганасеб замана бана гьениб.  Гьенибги гьезие цебе букIаралдасаги кIудияб хIурмат гьабуна. ГIабдулатIипица киса-кирего цIакъ гIемерал тIахьал росулаан, гIалимзабазда дандчIвалаан, хIатта, живго шейхул исламидаги.   

… КигIан лъикI къватIив къабул гьавуниги ГIабдулатIипица ватIаналде нахъ вуссуна бокьулеб мугIалимлъиялдеги ва гIелму малъиялдеги жувазе хьулалда. КIиявго мусафир Темир Хан Шураре рачIана I890 абилеб соналъул июл моцIалъул къоабилел къоязда.  Гьенир гьев кIиявго асир гьавуна. Губернаторасул цIакъ цим букIна гьезда Россиялъул законги хвезабун изну гьечIого къватIиса пачалихъалде унилан. Чанго моцI гьениб туснахъалдаги бан гьев кIиявго Сибиралде витIана: ГIабдулатIип-афанди – Курск губерниялъул Обоянь шагьаралде, ХIажи Ибрагьим Тамбов губерниялъул Тимб шагьаралде. ГIабдулатIип хвана Обояналда 1890-91 абилеб соналъ гIумруялъул кIикъого сон бачIев чи, ХIажи Ибрагьим абуни лъабго соналдасаги цIикIкIун мехги къватIиб бан нахъвуссана». ТарихчагIаз бихьизабухъе гIурасазул губернатор бищун хIинкъараб жо букIун буго ГIабдулатIип къватIиса пачалихъалъул гIадамазда данчIван гьаниб Россиялъ гьабулеб бугеб колониалияб политикаялъул захIмалъи ва зулму къватIибе лъаялдаса. Абула киса-кирего гьев кIиясда хадур тIамурал жасусал рукIанин ва гьеул ишал, дандчIваял гьанире лъазарулаанин. Кин бугониги Доногъол МухIаммадил божарав гьудуллъун вукIарав гиназ Чавчавадзеца сибиралде витIун чIвана ГIабдулатIип (Гьеб мехалде Доногъол МухIаммад чIаго вукIун гьечIо, амма цониги наиб гьасул рахъги ккун кIалъан гьечIо).


ГIабдулатIипица нахъе тана къин гьечIеб гIелму малъарал гIалимзаби. Гьезул цо-цоязул цIарал рехсезин: Сугъралъа Ших ГIали, Унсоколоса ХIажи, ГIабдуразакъил  Къади, ГIашилтIаса Къурбан ГIалил ГIабдуллагь, Къарахъа Нуруллагь, Гъолодаса МухIаммад, Куралиса МухIаммад, Ахтиялдаса Ибрагьим, ТIелекьа Ибрагьим-хIажи, Геничукьа ГIабдусалам-хIажи. КIаратIаса Хирияв ХIажи, Анцухъа Шагьасул ХIафиз МухIаммад Наби, Аргъваниса Къурбан ГIали, Аргъваниса ГIабдулхIалим Челеби, ГIашалиса Ибрагьим, Жунгуталдаса Ибачи, Жунгуталдаса Хъазахъ, МелъелтIаса ХIажияв, Аксаялдаса ГIабудлазим, ЧIикIаса ГIабдулатIип, Сугъралъа ХIамзат, Инхоса Дарбиш МухIаммад ва цогидалги. 


ГIелму тIибитIизабиялда цадахъго ГIабдулатIипица цIакъ  кIудияб хIалтIи гьабуна тIарикъат тIибитIизабиялда, гьелъул муъминчиясе бугеб хвасарлъи гIадамазда бичIчIизабиялде. Гьеб рахъалъ гьес тIоцере тIарикъаталде ахIана жиндирго цебесеб гIагарлъи эмен, ва гьитIинав вац Нажмудин. Гьаниб гъоркьехун кьолеб буго ГIабдулатIипица инсухъе хъвараб жакъаги кIудияб кIвар бугеб вагIзалъун хутIараб кагъат.


«Бахьи бугев инсуда ТIадегIанав Аллагьасул салам лъеги!


Дуе балъгояб жо гьечIо мунги Къиямасеб къоялъ Аллагьасда* цеве чIезе вукIин, Гьесул КIодолъигун, ТIадегIанлъигун цадахъ. Гьеб кIудияб иш буго. Гьесда аскIоб кинабго жо, кигIан кIудиябги, гуреблъун, гьечIеблъун лъугьуна, хIатта – жужахIгицин, хIамимгицин. Гьединлъидал бусурманчиясда тIадаб буго гьелде, тIубараб къачIаялдалъун къачIадизе, жинца ТIадегIанав Аллагь разилъи тIаде цIалел хазинабаздаса хазинаги хIадурун. Гьезулги бищун кIудияб ТIадегIанав Аллагь рехсей буго, щайгурелъул балъгояб хазина букIун, гьединго дунялалъулги ахираталъулги киналниги лъикIлъаби тIаде цIалеб жоги букIун. Гьелъие гIоло ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Аллагь рехсей бищунго кIудияб, тIадегIанаб буго, дунялалъулги ахираталъулги лъикIлъаби тIаде рачине».


Гьелъул баян: инсанасул ракI цIун букIуна жидеца Аллагь* лъаялдаса нахъчIвалел, балъгоял хIалихьалъабаз ва магIнавиял чороклъабаз. Аллагь* рехсараб мехалъ гьел киналго, ялъуни гьезул цо бутIа, тIаса уна. РакIалде рачIуна Аллагьасул* кIодолъи-тIадегIанлъи лъаялъул чIорал, какилъ ва как гурелъулъги хIасуллъула хIакъикъияб Аллагьасе* хIели.


Аллагь * рехсей буго тIагIатазул бищун кIудияб, гьезул кьучIги буго гьеб. Гьединлъидал шартIлъула зикру гIемер гьаби, Жив ВацIцIадав ва ТIадегIанав Аллагьас абухъе (магIна): «Ле иман лъурал гIадамал, нужеца Аллагь рехсе гIемер рехсеялдалъун».

ГIемер Аллагь рехсезе хIалкIоларо, шайихзабазул тарбиялде лъугьун гурони.


Дуда лъалищ, азарго нухалъ гурони Аллагь  рехсезе кIоларев чияс цохIо гIодов чIараб бакIалдаса вахъиналде лъеберазарго нухалъ рехсола Аллагь, жив цониги шайихасда хурхараб мехалъ? Гьединлъидал, тIарикъат боси щивав бихьинчиясул ва чIужугIаданалъул фарзу-ль-гIайн букIиналда ункъабго мазгьабалда рагIи тIубан рекъана. Щай абуни, тIадаб жо жиндалъун гурони тIубалареб жоги тIадаб букIунелъул.


Муршид камилав вукIин лъаялъе берцинал цIадираби гьал руго. Гьесухъа тIарикъат босараб мехалъ ва жинда зикруги малъараб мехалъ, муридасда кIванани Аллагь гIемер рехсезе ва гьелдехун рекIел цIай, рокьиги бижани, гьев хIакъикъияв муршид вуго. Гьедин гьечIони, гьев муридзабазе тарбия кьолев шайих гуро. Гьебмехалъ босараб вирдги тезе бегьула, имамзаби хилаф гьечIого гьедин кIалъан ругелъул.


Дуда лъалищ, Ибну ХIажар, ар-Рамали, аш-Ширбини ва гьел гурелги имамзаби, жал имамзабиги рукIаго, хIажалъана шайихзабаздаса вирдал росизе. ГIажаибаб жо буго, аш-ШагIрани, жив загьираб гIелмуялъул имамлъунги вукIаго ва мужагьидул фатвалъунги вукIаго, хIажалъана хъвай-цIализе лъаларев шайихасдаса, ГIалиюнил Хавассидаса тIарикъат босизе. Гьединго, гIалимзабазул султIан, шайхул ислам Ибну ХIажарасги жинда мугъ чIвалев ГIуззудин бину ГIабдуссалам, жив мазгьабалъул мужтагьидги вукIаго, хIажалъана тIарикъат босизе, жинда хIал кIунгутIиялъ. Гьаб буго цере рукIаразулъ билълъараб Аллагьасул* къагIида.


Гьединлъидал дуда тIадаб буго цIодорав дир эмен, гьеб кIвар бугеб ишалде мун цIодораб бералдалъун валагьизе ва дуца гьелъулъ бичча-бихъан тейги гьабичIого букIине. Гьелъул тIагIам жидеда лъачIел чагIаз гуккизе вукIунге мун. Инсанасул бахьи буголъи хурхараб буго гьелда (тIарикъаталда) ва гьесул свериги гьелдасверухъ буго. Гьелъулъ дур щакльи батани, дуца хурхен гьабе шайихзабазул цоявгун. Гьелдаса хадуб, гьеб гIажибаб лазатги лъачIого, дуца абуни гьанжелъизегIан дир гIумру гIадада ун гьечIилан, гьебмехалъ дун гьереси бицунев чи ккола гьаб тIамачалда дица бицараб жоялдалъун.


Гьедин батичIони, кидалъизегIан мун чIун вугев гьезухъе (шайихзабазухъе) инчIого?


ТIарикъат малъиялъе аслу гьечIилан жидеца абулел чагIи руго Аллагьас  жидер ракIазул канлъи нахъе босарал чагIи. Диналда жаниб гьезул зарал капурзабазул заралалдасаги цIикIкIараб буго. Щайгурелъул, гьез Аллагь  рехсеялдаса халкъ нахъе чIвалеб бугелъул. Гьел хьвадулелги руго мажгитал чIунтизе гьаризе. Жидеца абураб рагIиялдалъун гьезие бокьун буго Аллагьасул  нур свине гьабизе. Аллагьас  гьеб свине теларо.


Гьезие бокьани Аллагьасул  цIобалдалъун гьелъул хIакъикъат лъазе, дица гьезухъе ритIила гьелъул хIакъикъат жидеца бицунел гIорцIен цIурал гIакълиялгинакълиялги далилал, гьез абулеб жо мекъаб (пасатаб) букIинги баян гъабун.


Гьеб жо (тIарикъат) жиндалъун баянлъулев муршидасул камиллъи нилъеца цебехун рехсана, гьеб буго битIараб роцен, жиндалъун хIакъикъиял машаихзаби лъалеб. Дица калам халат гьабуна, дуца тIарикъат босизе бокьун, гьоркьов сабабалъе чи ккуннигиДуда лъай, дун дуе насихIат гьабулев (ай лъикIльи бокьарав), божи бугев чи вуго ва мун вуссунге гьез абулеб рагIиялде, гьел руго жагьилзаби. Дица абулеб жоялъе ТIадегIанав Аллагьги вуго нугI. Нахъа лъала жидеца зулму (мекъаб жо) гьабулел чагIазда, щиб доба жидее букIунебали. Ва-с-салам!


 Халкъалъул бищун хIакъирав ХIоцоса ГIабдулатIип, гIелму тIалаб гьабулев».

Автор: МухIамадрасул ГIумаров

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook