Авторизация

Къараб атомги рагьун, угьди буго ургъулеб…


Нилъ – бараб ахIулъги ахIараб болъги


Къараб атомги рагьун, угьди буго ургъулеб…


Атомалъул балагьалда данде къеркьарал бакълъулал 


 1986 соналъул 26 апрелалда Чернобылалъул атомалъул электростанциялда кьвагьи ккедал, улкаялъул киналгоязде гIагарун регионаздаса ритIана,  кьвагьараб бакIалъул зарал хадубккун букIинаредухъ, гьенир батIи-батIиял хIалтIаби гьаризе гIадамал. Бакълъулазул районалдаса Чернобылалде ккаразул цо-цоял гIумруялдаса ратIалъана, радиациялъ черхалъе зарал гьабичIого хутIичIо.


  1957 соналъул 29 сентябралда Челябинск шагьаралда гIагарлъухъги ккун букIана атомалъул хутIелал цIунулеб бакIалда кьвагьи. СССРалъул тIоцебесеб атомалъул бомба гьабураб «Маяк» комбинаталъул цо блок щущан ун букIана доба. Маякалъулалин  абула гьениб заралалдаса цIунизелъун хIалтIи гьабуразда. Советияб Армиялда хъулухъ гьабулел рукIарал бакълъулазул районалдаса гIолилал ккана гьенире. ГьабсагIат районалда гIумру гьабулел маякалъулал ккола МелъелтIаса УхIуматIамин Чупалаев, ХIажи Назиров, Щабдухъа Мирзабег ГIубайдулаев.


  Чернобылалъулал ккола МелъелтIаса  Гьимат МухIамадов, Загъалав Загъалаев, ЧIиркъатIаса МухIамад СагIадулаев, ЦIиликьа ГIабдулманап ГIадилгереев. Гьездаго гьоркьое ккола чернобылалъуласул къоролай Зайнап Гьиматова.


  Маякалъулал ва чернобылалъулал щиб тIалаб-агъазалъ сверун ккун ругелан «Гумбет» газеталъул хIалтIухъан Къурмагъиз ХIадисовалъ цIехана социалияб рахъалъ гIадамал хьезариялъул управлениялъул хIалтIухъабазда.


Гумбет районалъул администрациялъул УСЗНалъул специалист Мурадбег ГIабдурахIмановас гьадин бицана: - Маякалъулазда ва чернобылалъулазда гьоркьор руго батIи-батIиял хъулухъал, квербакъи щолел гIадамал. Инвалидаллъун рахъаразе щолел бигьалъаби цIикIкIун рукIуна. Кьола щибаб моцIалъ квание, гьединго  - сахлъиялъе ккараб заралалъе гIоло, лъагIалида жаниб цо нухалъ сахлъи щула гьабиялъе гIарац. Руго гьоркьор коммуналиял хъулухъал щолелги. Гьезие щибаб моцIалъ токалъухъ, газалъухъ, лъагIалида жаниб цо нухалъ тIурччи-цIулалъухъ гIарац кьола.


   Жанир яшав гьабизе мина гьечIезе, санагIатал рукъзабахъ яшав гьабун гьечIезе кумек щоларищан гьикъидал, Мурадбегица абуна цо чернобылалъуласе мина босизе сертификат щванилан, гIарзагун рачIарал цогидазул материал хIадурулеб бугилан.


Автор: Информациялъул «Гумбет» гIуцIи

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +95
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьединал чаг1азул т1оцебе гьабизе ккола т1алаб!Гьез жидерго сахлъи т1амуна,нилъ сахго хут1изе!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook