Авторизация

Рахьдал мацI - халкъалъул рухI


Аваразул пашманлъи – авар мацI лъачIел лъимал


Рахьдал мацI - халкъалъул рухI


Авар мацI – халкъазда гьоркьосеб ва пачалихъияб мацI


Кавказалъул мацIазда гьоркьоб хасаб бакI ккола магIарул (авар) мацIалъ. Аза-азар соназ аваразул пачалихъияб мацIлъун букIана гьеб. МацIал гIемераб Кавказалда халкъазда гьоркьосеб каламлъун букIана аваразул болмацI. Гьединаб мацIалда цIех-рехчагIаз лъураб цIар буго lingua franca (лингва франка). Амма цо-цояз бихьизабулеб буго гьеб лингва франка кколин къокъ гьабураб ва жуба-гъубазабураб, киназдаго бичIчIулеб мацI. Кавказалда тIибитIараб ва бахIарчияб магIарул халкъалъул рухIлъун кколеб калам буго авар мацI.


БатIи-батIиял гIасрабазда магIарулазул пачалихъалъул мацI лъазабулаан аваразул гьудулзабазги тушбабазги. Имаматалъул заманалда гIурус империалистазул аскаралъул чанги офицерзабазда лъалаан авар мацI. Гъуниб Шамил имамасулгун къотIи-къай гьабизе вачIарав офицер Лазаревасдаги лъалаан болмацI. Гьединал тилмачал чанги рукIана.


 МагIарул мацIалда пикру гьабун, хъвадарана, чIахIи-чIахIил пачалихъиял ва цоги рахъазул хIаракатчагIи. Расул ХIамзатовас магIарул мацIалда кучIдул цIаличIеб материк хутIичIо. Гьес авар мацIалда жиндир асарал цIалулаан Москваялъул кIалгIабазухъги, Япониялъул шагьараздаги, Парижалъул залаздаги.


Аслияб куцалда авар мацI бечед гьабуна, цебетIезабуна гIалимзабаз, шагIирзабаз, хъвадарухъабаз. Гьале авар мацIалъул хIубаллъун чIарал магIарул хъвадарухъабазул цо-цо цIарал: Кудалиса ХIасан, ГIаймакиса Абубакар, Хьаргабиса  ТIалхIат, ТIелекьа Этил ГIали, Ругъжаса Элдарилав, Инхоса ГIали-хIажи,  ГIахьалчIиса МуртазагIали-хIажи, Игьалиса Чупалав, Инхелоса Къурбан, Кьохъа МухIамад, Гьигьалъа МухIамад-хIажи ХIусайнияв, Хьаргабиса Бегилав, Ругъжаса ГIанхил Марин, ЦIоралдаса ЛъикIазул Малла-ХIасан, Гьидалъа Удурат, БакьайчIиса Тажудин (ЧIанкIа), ХъахIабросулъа МахIмуд,  ЦIадаса ХIамзат, Расул ХIамзатов, Ражаб ДинмухIамаев, Муса МухIамадов, Фазу ГIалиева, ГIабасил МахIамад, МухIамад Сулиманов, Тажудин Таймасханов, ГIумар-хIажи Шахтаманов, Багъатар ХIажиев,

ГъазимухIамад ГъалбацIов ва гIемерал гьанир рехсечIелги жакъа чIаго ругелги магIарул хъвадарухъаби.


Аваразул хъвадарухъабазул хIурмат гьабунгутIи ккола магIарул мацIалъул адаб тей, гьелде мугъ рехи. Расул ХIамзатовас бащдаб гIасруялъ бетIерлъи гьабураб Хъвадарухъабазул союзалъул сан гьабунгутIиги ккола авар мацIалъул агъаз гьабунгутIи. АнцI-анцI соназ гьеб къебелъиялда куцана аваразул шагIирзаби, прозаикал, драматургал. Расул ХIамзатовас дунялалда рагIизаруна Дагъистанги, МагIаруллъиги, авар мацIги. ХIамзатил Расулил тIахьал цIалана хIатта космосалдаги. Гьелъул хIакъалъулъ хъвалеб буго гьесул цо сонеталда.


Араб гIасруялъул бащалъиялда Расул ХIамзатовасул жигаралдалъун кьучI лъуна авар адабияталъул «Гьудуллъи» журналалъе. Гьеб журналалъул гьурмазда рахъана магIарул къалмил устарзабазул бищун лъикIал асарал. ГIурус ва цоги мацIазде руссинарун, дунялалда тIиритIана гьел. Цо заманалда гьеб журналалъул тираж къоазарго экземпляралдаса цIикIкIараб букIана. Авар маданияталъул гъасде рорчIарал цо-цо къосарал гIанхварабазе, ашбазчагIазе бокьун букIана гьеб машгьураб журналги къазе. Амма гьезул зурма чIинтIана ва къали бихъана, гьезул бакъаналда гъоркь кьурдулев гIаданиб нах бугев чи ккечIо.  2012 соналдаса гьеб журналалъе редакторлъи гьабулеб буго Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул секретарь, авар адабияталъул секциялъул нухмалъулев МухIамад ПатахIовас. ЛъикI букIинаан, магIарулаз гьеб журналалде жеги цIикIкIун кIвар кьуни, хасго гьеб хъвазе рекъараб букIана авар мацIалъул мугIалимзабазда ва интеллигенциялъул цоги вакилзабазда.


ТIасахун буюрухъ бачIун гьабуралдаса, жалго лъугьун, ишалъул кIвар бичIчIун, ракIалъ ахIун, пикрабаз нухде рахъинарун, гьабураб хIалтIи лъикIаб ва тIокIкIараб букIуна. «Дица кечI гьабуларо, дица кечI ургъуларо, ургъичIого, бачIа гьеб, бадибе магIу гIадин», - гьедин хъвана ХIамзатил Расулица. МагIарул адабияталъулги, публицистикаялъулги, мацIалъулги ургъелги бугел, ракIазулъ ва пикрабазулъ  магIарул каламги бессарал гIадамаз рагьана авар мацIалда рахъулел газетал ва журналал. 1917 соналда «Аваристан» абураб газета биччалаан машгьурав маданияв хIаракатчи, Дагъистаналда тIоцебесеб басмахана рагьарав гIалимчи ЧIохъа МухIамадмирза Мавраевас.


Пачалихъалъ цIиял газетал ва журналал рагьизе кьураб изнуялдаса пайдаги босун, XX гIасруялъул ахиралда ва XXI къарнуялъул авалалда магIарул халкъалъул ургъел бугел гIадамаз къватIире риччана нилъер гIагараб мацIалда казияталги журналалги. МагIишат данделъулеб, бечелъи бакIарулеб иш гуро гьеб. РакIалъ ахIун, магIарулазул гIузраби ва масъалаби рорхизе эркенал алатал рокьун, миллаталъул цIарги цIаги хириял гIадамаз рагьана гьел басмаби: «Сабаб», «Имамат» журналал, «МагIарулал», «Заманалда цадахъ», «ЖамагIат», «Аваристан», «Миллат» газетал ва цоги информациялъул алатал. МагIарул миллаталъе ва мацIалъе гьабулеб бацIцIадаб хъулухъ ккола гьеб. Меседилъ тIерхьинавичIого, инсанас гали бахъулареб заманалда гьединаб, ракI-ракIалъ ва унго-унголъун гьабулеб хIаракат букIин буго хIикматаб ва сахаватаб иш.


МагIарул миллияб автономиялда цебе гIуцIараб МагIарул басмабазул цолъиялъ 2016 соналда хIалтIизе биччана авар мацIалда бахъулебщинаб басма цолъизабураб «МагIарухъ» (avarpressa.ru) портал. ТIолабго гьей сайт буго магIарул мацIалда. Гьединаб портал цоги гьечIо. Сайталъул щибаб бутIа кьун буго магIарул мацIалда. Чанго моцIалда жаниб гьениб бахъана щунусгогIан макъала, гьел гьоркьор лъола машгьурал социалиял сурсатазда. АнцI-азаазар чияс цIалулел руго гьеб сайталдаса макъалаби. МагIарулал гIумру гьабун ругел ракьазда биччалеб  27 казият-журналалъул хасал бокIнал гьарун руго сайталда. Гьеб хIаракатги ккола миллаталъул миллат гьабизе таваккал гIурал гIадамазул хIалтIи.


Гьединал, тIасан тIилица кьабун гурел, унго-унголъунги, гьинал рекIел цIаялъ рижизарурал ва магIарул мацIги цIарги борхатго кколел, церетIезарулел ишал чанги руго, рихьизе бокьани, ракIал беццлъун ратичIони. Гьединаб хIаракат ккола магIарул мацIалъул бацIцIалъи ва кIодолъи наслабаз наслабахъе кьеялъе гьабулел аслиял хIалтIабазул цояблъун.


АнцIго соналъ церего хъварал мухъалги ракIалде щвезарила гьанир:


ЧIвадарухъан


1.

Наркотик сунтIарав, сунтIлъун мехтарав,

ВачIана рокъове къаси гIолилав.

Гьесул чохьол эбел, богол какги бан,

Какикьжоялдаго лъалхъун йигоан.


Буго авар мацIалъ дугIа гьабулеб,

Гьай херай эбелалъ: «Дир вас цIуне»,  - ян.

Суждаялдаги чIун, буго гьарулеб:

«Гьардарав БетIергьан, вас лъикI хьихье»,  - ян.


2.

Наркотик сунтIарав, сунтIлъун мехтарав,

ВачIана рокъове къаси гIолилав.

Гьас цебе батараб щущазабуна,

ХIарщул цIурал хьитаз хIуржа мерхьана.


Чохьол эбелалъул какикьжоялде

Инжит тударана гIоркьилав тIаде.

ДугIадуй ритIарал кверал къотIана,

Вас цIуни гьарулеб кIал бидул цIуна.


3.

Васас эбел чIвараб рукълъун бихьула

Рахьдал мацI кIочараб Дагъистан дида.

Чохьол эбел чIварав васлъун бихьула

Инсул мацI лъалареб цIияб гIел дида.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +139
  • Нравится
Оставить комментарий
Лъик1аб мух1канаб,макъала буго,Х1амзат,гъираялда ц1алана.Щиб ха абилеб гьелда т1асан?Адабияталда мугъ рехараб халкъалъул бук1инесеб гьеч1о.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook