Авторизация

Аваразул пашманлъи – авар мацI лъачIел лъимал

 

Миллатцоял


Аваразул пашманлъи – авар мацI лъачIел лъимал


ТIахьал гьечIеб мехалъ, магIарул мацI кин кьелеб?


Цолъарал миллатазул гIуцIиялъ (ООН) ва ЮНЕСКОялъ дунялалъул пачалихъаздаса тIалаб гьабулеб буго гьитIинал халкъал, гьезул культураби ва мацIал цIунеян. Гьеб рахъалъ Азербайжан Республикаялда бугеб ахIвал-хIалалъул халгьабизе рачIарал халкъазда гьоркьосел идарабазул вакилзаби Бакуялъ махсароде кколилан бицана Закатала районалъул МакIав росдал географиялъул мугIалим МухIамад Давудовас.


ООНги Евросоюзги гуккулел куц


-МагIарул мацI малъизе бихьизабун буго авараз гIумру гьабулел районазул школазда байбихьул классазда, - ян абуна Давудовас. - Амма тIоцебесеб, кIиабилеб, лъабабилеб ва ункъабилеб классаздацин букIине кколеб даражаялда кьолеб гьечIо авар мацI. ТIахьалги цоги хIажатабщинабги гьечIо. Дагъистаналда рахъарал тIахьал хIалтIизаризе бегьуларилан абулеб буго, гIицIго Бакуялъ риччарал тIахьаздасан гурони пайда босугейила. Бакуялъин абуни цохIо тIехь гурони къватIибе биччачIо – кIиабилеб классалъе авар мацI. ТIоцебесеб, лъабабилеб ва ункъабилеб классазул тIахьал къватIире риччачIо, нижерго Закатала мухъалъул махщалилав ва гьеб кIиабилеб классалъул тIехьалъулги автор АхIмад Бороевас хъварал учебникал ругониги. Горбачевас хIукму гьабидал, рес щвана гьел рахьдал мацIазда дарсал кьезеги. Амма хIалтIи тIаса-масаго гьабулеб буго. ООНалдаса, ЮНЕСКОялдаса, Евросоюзалдаса халгьабизе чагIи гьанире рачIиндал, хIанчIазул, хIайваназул. тIабигIаталъул хIакъалъулъ цIехолаго, цадахъго гьикъула гьитIинал халкъазул мацIги, культураги, тарихги нужеца кин цIунун бугебиланги. Азербайжаналъул тIадчагIазул «ЯП» партиялда гъорлъ вугев цо миллияв аваравги аскIове ахIун, гьесда абула Бакуялъе бокьухъе гьезда кинабго лъикI бугилан бицейилан. Масала, рачIуна Закатала-Белокан мухъалде, щола тIахьал ругеб кIиабилеб классалде ва абула – гьалейила, нижеца школазда авар мацI малъулеб бугила. ТIахьал гьечIел хутIарал классазде щвезецин щоларо гьел.


Давудовасда лъала эсперанто мацI ва гьеб лугъаталда дунялалъул батIи-батIиял пачализахъаздасан къватIире кьолел баяназухъ гIенеккула. Дунялалъего гIаммаб алфавит бигьаяб букIине кколин абун, гIарабазул тарихазул кьучIалда жиндирго хъвай-хъвагIайги ургъун буго Давудовас. Халкъазда гьоркьосел мацIазул проектазул цояб ккола гьебги.


Давудовасул рагIабазда рекъон, советияб заманалда миллиял дагъистаниязул мацIал Азербайжаналъул школазда кьолелго рукIун гьечIо, Горбачевасул машгьураб хIукму бахъизегIан. ЦIакъго миллат хирияв чияс жинцаго лъазабулаанила авар мацIалда цIализе ва хъвазе.

Щибаб росулъ кIи-кIи библиотека бугониги, авар мацIалда биччараб цониги тIехь гьечIо гьениб. МагIарулазул росулъ цо чанго тIехьгIаги магIарул мацIалдаги букIине ккелилан гIарз бахъун буго Давудовас МакIав росдал бегавуласде. Гьесги гьеб суалалде щибгIаги кIвар кьун гьечIо. Библиотекабазда ругел тIахьал гIемерисел гIурус ва азербайжан мацIалда руго. Миллат хириял цо-цо гIадамазул рукъзабахъни ратула авар мацIалда хъварал тIахьалги, газеталги, журналалги. Масала, араб гIасруIялъул 90-абилел соназдаго аваралде буссинабун бахъараб Брикил «Имам Шамил» абураб поэма батана ЦIоралда.


ГIащтIиги, эсперантоги, гIараб тарихалги


«ЦIакъго цебе заманалда инсанас ургъана гIащтIи, - ян бицана  МухIамад Давудовас. – Гьелъ цIул бичIулев махщелчи вукIаго, аскIосан унел гIадамал релъулел рукIана гьесда, щайин дуе гьеб тIагIел къваригIарабан. Амма заманалдасан гьезда жидедагоги бичIчIана гIащтIиялъул бугеб пайдаго санагIалъиги. Гьединго, дида ккола инсанияталъ цо цIияб мацI гIаммаблъун босизе бугилан. Дица гIемераб цIех-рех гьабуна халкъазда гьоркьосеб эсперанто мацIалъул, цIалана гьелъул хIакъалъулъ тIахьал, гIахьаллъана эсперантистазул батIи-батIиял данделъабазда. Лъалеб букIахъе, эсперанто гIуцIун буго латин алфавиталъул кьучIалда. Гьел хIарпал лъаларезе захIмат буго рехсараб гIаммаб мацIалда хъвараб жо цIализе. Дицайин абуни гIуцIана киназдаго лъалел тархазул кумекалдалъун цIияб гIаммаб мацIалъе алфавит».


1983 соналда армиялдаса вуссиндал,  ккола  эсперантоялъулгун Давудовасул лъай-хъвай. СССРалъул батIи-батIиял шагьаразде ва регионазде щола гьев, эсперантистазул клубазде, лагеразде, конгрессазде ва цогидалги дандеруссиназде. Студентлъиялъул заманалдаги, гьелдаса хадуб 1991-1992 соназдаги МухIамад ургъулев вукIана халкъазда гьоркьосеб мацIалъул суал киндай тIубалеб,  загIиплъулел. ЛъугIун унел гIисинал халкъазул мацIазда щибдай гьабилеб абураб масъалаялда тIад. «Пикру гьабизе бокьула дие, гIаракъи гьекъоларо, хъалиян бухIуларо, домино хIаларо. КъаделъагIан школалда цIалдохъабазе дарсалги кьун, рокъове вуссиндал, пикрабазда, хIисаб-суалалда, цIалдолев-хъвадарилев вукIуна, – ян бицана Давудовас. – Эсперантоялдасаги лъикIаб, камилаб мацI инсанияталъе хIажат букIин бичIчана дида. Цин хIалбихьана дирго хасал хIарпаздалъун гьеб мацI ургъизе. Халкъазда гьоркьосеб мацIалъе анцIго аслияб хIарп гIезе бугин хIукму гьабуна. Хадуб дун кантIана гьел дирго хIарпаздаса дунялалдаго лъалел гIарабазул тарихалго рекъелеблъиялде. Гьедин гьел тархал дица руссинаруна меза-хIарпазде( халкъазда гьоркьосеб мацIалъул хIарпазде). Дица ургъараб цIияб алфавиталдалъун хъвазе бегьула гъобго эсперантоялъул, гIемерисел халкъазда лъалел рагIаби. Китаялъул журналал хъвала дица. Дир макъалабиги рахъана гьез. Жидерго радиоялдасан дир пикрабазул хIакъалъулъги бицана гьез. Китаялъулазухъе кагъат хъвалелъул, «МухIаммад» абун гъоркьа гъулбасун бажаруларо, эсперанто мацIалда «хI» гьаракьги хIарпги гьечIелъул. «Магомед» абун хъвазе кколеб буго. ГIарабазул тарихал киназдаго лъалел ратани, гьединабго киназдаго лъалеб мацI щай букIине бегьулареб дунялалда? ГьечIодай гьединаб мацI гIуцIизе ресал? Школа лъугIарав бокьарав цIалдохъанасда цIализе кIолеб мацI щай гьечIеб? Гьединал суалал кьолел рукIана дица диего. Географ вугелъул, тIолабго дунялалъего гIаммал масъалаби кинал ругелали лъала ва бичIчула дида. Халкъазда гьоркьосеб мацI гьечIолъиги гьелго масъалабазул цояблъун рикIкIуна дица. Киназдаго лъалел гIараб тарихалги гьечIого, щибаб миллаталъул жинди-жиндир рукIаралани гьел, гIелму цебетIеялъе кIудияб квалквал ккелаан гьелъул. Гьединабго гIаммаб мацI щай гьечIеб? Жакъа Мак\ав росдал гьоркьохъеб школалда магIарул мацI кьезе бихьизабун буго байбихьул классазда(1-4). Авар литературияб мацIалдаса гIезегIан батIияб буго нижер диалект. Гьелдаго цадахъ малъула азербайжан мацI. СССРалъул заманалда кириллица букIараб батани, гьанже латиницаялде рачIун руго. Цо заманалда гIараб алифалда малъулаан. Алфавит тIаса бищиялъул рахъалъги «чурпа» буго гьаниб. Лъазаризе кколел мацIал гIемер ругилан, гIурус мацI школаздаса бачахъулеб буго. Ингилис мацIги киназго школазда «лъазабулеб буго», амма гьебги гIемерисезулъе эхебе унеб гьечIо. 11 соналъ школалда лъазабуна дицаги гьеб. Ингилисалда кьолел радио-телепередачабазухъ гIенеккула, цо-цо жо буссинабула, амма камилго мацI бичIчуларо. Ингилис мацI кьолел учительзабазцин гьарула гIемер гъалатIал. Гьединлъидал хIажат буго инсанияталда бигьаго бичIчIулеб цо гIаммаб мацI букIине. Дица абулеб гьечIо цогидал хутIарал мацIал рехун тезе ва тIагIине кколилан. Амма киназего гIаммаб цо мацI букIине ккола. Эсперанто буго ЮНЕСКОялъул официалиял мацIазул цояб. ООНалъги бищизе кколаан гьеб гьединабго официалияб мацIлъун. Вузазда цо лъагIелалъгIаги анкьие цо-цо сагIат эсперантоялъул щай малъизе бегьулареб? Цоги къватIисел пачалихъазул мацIазда цадахъ Венгриялъул вузазда тIадаблъун гьабун буго эсперантоги кьезе. Гьеб мацIалда Венгриялда рахъарал журналалги тIахьалги цIалана дица. Цоги пачалихъазда щай гьедин гьабулареб? Китайги нахъа ккун чIолеб гьечIо. Сордойил дун гIенеккула лъаб-лъаб сагIаталъ эсперанто мацIалда Китаялдасан кьолел передачабазухъ. Гьединго гьеб халкъазда гьоркьосеб мацIалда СМИял хIалтIизарула Ватиканалдасан, Варшаваялдасан, Вильнюсалдасан. Амма ингилисаз хIаракат бахъулеб буго эсперанто гъанкъизе, жидерго мацIалда дунялго гаргадизе бокьун. Гьединго гьабулеб буго парангаз, гIурусаз ва цогидалги чахIиял халкъаз. Къец бан, жиде-жидер мацIал тIиритIизарулел руго гьел. Гьанже ООНалъул анлъго официалияб мацI буго (дагьаб цебеги ункъо гурони букIинчIо). ГIемеразе къваригун буго жидерго мацI ООНалъул каламлъун лъугьине. Киналго мацIалищха ООНалъ гъорлъе рачинел? Дир хIисабалда, ООНалъул  букIине ккола халкъазда гьоркьосеб цохIо мацI. Цогидал мацIал хIажатаз жидецаго лъазаризе бегьула. ГIаммаб мацIлъун ингилис букIине кколин абулездаги дун тIадрекъоларо: я хъвазе, я цIализе, я кIалъазе бажаруларо гьеб лугъаталда, гъобго чурпа лъугьуна гьелъул. ГIаммаб мацIлъун букIине ккола эсперанто яги гьединабго цоги цIияб мацI».


МухIамад Давудовас рехсараб суалалда тIад ургъулел руго дунялалъул гIемерал гIадамал. Халкъазда гьоркьосеб мацIалъул проектазул къадар азаридасаги тIаде уна. Гьезда гьоркьоб буго Давудовас ургъараб тарихазул мацIги.


ГIизудинил ХIамзат,

Мак1ав – МахIачхъала,

Авторасул суратал,

2011 сон

Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +147
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook