Авторизация

Авар мацIги адабиятги

МагIарулазул светияб лъаялъул кIвар ва къимат бичIчIарав гIалимчи Къарахъа МухIаммад-Къади Дибировас нусгогIан соналъ цебе хъвараб гьаб  макъала жакъа къоялдаги магIарулазе чара гьечIого хIажатаблъун хутIулеб буго. 1928 соналда «Маариф ёлу» абураб журналалда бахъун букIараб Дибировасул «Авар мацI ва литература» абураб макъала кьолеб буго гъоркьехун. ЦIале, цинги гIоде, магIарулал.
Дица тола Дагъистаналъул мацIазда гъорлъ авар мацIалъ тIоцебесеб бакI кколин бечелъиялъул,  роцIцIиналъул ва пасихIлъиялъул рахъалъ. Цо Дагъистаналъул мацIазда гъорлъ гуребги, тIолго тюрказулгун татаразул мацIазда гьоркьобги авар мацIалъ тIоцебесеб бакI ккола. Авар мацIалда руго цIакъ гIемер рагIаби, турк мацIазда жидее данде кколеб магIнаялъул рагIаби, ай эквивалентал гьечIел. Гьебго заманаялъ турк мацIалда ругел, магIарул мацIалда гьечIел, гьеб магIна кьезе кIолел рагIаби цIакъ къанагIатаб жо ккола. Авар мацIалъул бечелъиялъ ва пасихIлъиялъ якъинго бихьизабулеб буго нилъеда цо заманаялда гьеб мацI машгьураб ва жиндир заманаялда цебетIураб халкъалъул мацI букIин.
Гьелдасан бачIунеб буго пикру, Дагъистаналъул магIарулал жиндир заманаялда мащгьураб ва цебетIураб халкъалъул ирсилал ругин абураб. Дагъистаналъул мацIазда гьоркьоб авар мацI гIагараб буго тумазул ва даргиязул мацIалгун. Гьел мацIазда
релълъарал гьаркьал ва предложениял гIуцIиялъул цогояб къагIида гуребги, руго гIемерал гIаммал рагIаби. Гьелъги
бихьизабула нилъеда халатбахъараб зманалда жалго жидедаго чIун гIумру гьабун ругел гьел халкъал, жиндир заманалда цо гIаммаб халкълъун букIараблъи.
Авар халкъалъул литература аслияб куцалда бикьула кIиго бутIаялде: 1) рагъ-кьалалда хурхараб, 2) рокьуда хурхараб. (РухIияб литература, ислам дин тIибитIун хадуб баккараб, хурхараб буго диналда ва доб дунялалъул ишазда). Бокьарав магIаруласда дуца цIеханани: «Бице кинаб букIаниги шигIру яги хабар», - абун, гьес танкан дуе суал кьела: «Рокьулищ, кьалулищ?» - абун. Авар мацIалда руго гIемерал харбал рокьулги кьалулги бицунел.
Гьел харбазулъ бицен гьабулел, анищал ва хьулал рагIарав чи хIикмалъула гьезул берцинлъиялда. Жакъа ругел магIарулазул гIумру, мискинлъи ва гьезда сверухъ бугеб бихьарав чияс щаклъи гьечIого цIехела, гьединаб захIматаб хIалалда, гIицIго кьурабаз ва ганчIаз сверун ккурал бакIазда рукIарахъин бугел чагIазе кисайин гьединал берцинал анищал ва гьайбатал
биценалилан. Гьединабго сурат буго авар мацIалда ругел кучIдузулъги поэмабазулъги, жидеда гIемер батIи-батIиял хIикматазул хIакъалъулъ бицен бугел.
асала, цо рокьи ккарав васас жиндие йокьулей яс йихьизаюлей йиго гьединалго цогидал халкъазул цонигиязул гьечIел дандекквеял ва гьайбатал рагIаби хIалтIизарун.
ХIатта гьел кучIдул батIияб мацIалде руссинаруниги, гьезул магIна кьезе захIмалъизе буго, кьезего бажаранани.
Амма, кин бугониги, авар литература жакъа кIочон, чIунтун хутIун буго. Гьелъие тIоцебесеб гIилла буго гьелде кIвар буссинабизе кколел гIадамал; гIалимзаби, мугIалимал ва цогидал лъай бугел гIадамал цогидал мацIазул асаралда гъоркь рукIун, рахьдал мацI кIвар буссинабичIого рехун тун букIин.
ГIараб мацIалда лъай кьей щварал магIарулазул гIалимзабаз жидерго рахьдал мацIалде кинабгIаги кIварго буссинабулеб букIинчIо. ГIараб мацI тун, батIияб мацIалда щиб букIаниги хъвай мунагьлъун рикIкIиналдецин ккун букIана иш. Гьез кидаго абулел рукIана хадур рехсарал гьал рагIаби: «ГIараб-фасихI-малихI, бакъи (цогидал) наджис (бацIцIадаб гуреб, хъубаб)».
Гьелъ лъиего бокьун букIинчIо хъубаб, бацIцIадаб гуреб жоялде квер бегьизе. Хадубккунги, пачаясул Россиягун рагъккун хадусаги, гIурус мацIалда лъай щварал гIадамазулги гьединабго рокьукълъи букIана жидерго мацIазде.
Гьедин, гьабсагIаталдаги турк яги гIурус мацIалъул асаралда гъоркь ругел гьалмагъзаби-мугIалимзабазеги бокьун гьечIо рахьдал мацIалдехун руссун, гьелде кIвар кьезе. Гьез абулеб буго: «Жакъа къоялъул гIумруялда жаниб кинаб букIаниги кIвар гьечIеб мацIалъул литература щай нижее хIажат бугеб?» - илан. Дир пикруялда, гьалмагъзаби-мугIалимзабазул рагIаби ритIухъал гьечIо.  Щайин абуни, цо иш ккола бугищ яги гьечIищ гьеб мацIалъул кIварали, амма цебесеб литература лъай ва гьеб бакIари - тIубан батIияб иш буго.
НекIсияб халкъияб литератураялъул кIудияб кIвар буго гIелмуялда жаниб, хасго тарихалъул бутIабазда гъорлъ.
Гьеб гIиллаялдалъун тIолго дунялалъул гIалимзабаз кIвар кьун лъазабула гьеб. Дир хьул буго, магIарулазул гьалмагъзабаз-мугIалимзабазги тIадаб къимат кьун, тIадчIей гьабилин гьеб гIунгутIиялда тIад. Ва гьел некIсияб магIарулазул литература бакIариялда тIад хIалтIанани, гьез кIудияб борч тIубазе буго гIелмуялда ва ватIаналда цебе. Дир кидагосеб хьул буго росабалъ ругел, халкъалда гьоркьор гIумру гьабун ругел мугIалимзабаз жидерго кIвар буссинабилин гьеб гIунгутIиялде ва хадубккун жидерго литератураялъе кколеб къиматги кьелин.
БитIараб бицанани, нилъехъа тIагIараб гIемер буго, нилъер умумузда цадахъ букъун буго нилъер литератураялъул чанги хазина. Жиндир заманалда щивго ккун гьечIо гьелда тIадчIей гьабулев ва гьелъул хIажалъи бичIчIулев чи. РакIаризе хIажатал жал: Биценал, маргьаби, харбал, кицаби ва абиял, кучIдул, поэмаби.

Автор: МухIамадкъади Дибиров

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьес хъварал х1алт1аби,асарал, ц1и гьарун рахъани лъик1 бук1инаан,досул х1аракаталъухъ балагьараб мехалъ,жадидазул кьеразулъ вук1арав чиилан ккола эв.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook