Авторизация

Шамил имамасул нухмалъиялда гъоркь эркенлъиялъе гIоло мугIрузул халкъазул къеркьей

Шамил имамас 220 сон тIубаялде


Шамил имамасул нухмалъиялда гъоркь эркенлъиялъе гIоло мугIрузул халкъазул къеркьей


Шамилил Имаматалъул пачалихъияб гIуцIи


ГIемерал халкъал гъорлъе рачараб, мугIрузул миллатазул гIаммаб гIуцIилъун букIараб Имамат абураб пачалихъалъул рагъулабгун административияб низам бижана ва цебетIуна XIX гIасруялъул 30-50-абилел соназда Шамил имамасул хIаракаталдаалъун гIурус царизмалда, империализмалда данде Дагъистаналъул, Чачанлъиялъул ва Ингушетиялъул халкъазул эркенлъиялъе гIоло гьабулеб къеркьеялъул заманалда. Имаматалъул пачалихъияб гIуцIи гьабиялъулъ Шамил имамас лъураб кIудияб бутIаялъе ва гьесул бергьараб хIаракаталъе мустахIикъаб къимат кьуна БакътIерхьул Европаялъул, гIурусазул ва бакIалъул автораз, гьаб темаялъул цIех-рех гьабурал тарихчагIаз.


«ГIицIго рагъулав хIаракатчи гуревги, Шамил имам вукIана лъикIал къанунал рилълъанхъизарурав пачалихъияв хIаракатчиги…Гьесда кIвана тушманлъиялда рукIарал халкъал цолъизаризе, гьезул мурадал цо рахънире руссинаризе, эркенал рагъухъаби ругел миллатазул цогояб аскар гIуцIана гьес; мукъадисаб рагъул байрахъалда гъоркь халкъалги гъункизарун, гьезие гIаммаб гражданияб къанун кьуна гьес», - абун хъвана Эдмонд Тексьеца.


Шамил имамасул хIакъалъулъ тIехь хъварав майор Варнерица тIадегIанаб къимат кьолеб буго бергьарав рагъухъан ва махщел камилав пачалихъияв хIаракатчи хIисабалда имамасе.


«Шамил имам кIудияв, камилав рагъухъанги гьелдасаги тIадегIанав пачалихъияв хIаракатчиги ккола. Сиясиябги диниябги тушманлъиялъ рикь-рикьизарурал гIемерал халкъал цолъизариялъул, гьезул цо миллат гьабиялъул, гIаммал къанунал ва цо дин гьезие кьеялъул, бакIалъул гиназзабазул кверщел ритIухълъиялъул нухде бачиналъул,  аскар гIуцIиялъул, гьеб бодулъ гIадлу-тадбир билълъанхъизабиялъул масъалаби рукIана Дагъистаналъул цевехъанасда цере. Гьел суалал гьес тIурана. Гьес гIуцIарал идараби гьесул халкъалъул хасияталда, рухIалда данде ккола ва бугеб ахIвал-хIалалда рекъола», - абун хъван буго Варнерица.


Барон Гакстгаузеница сапаралъул даптаралда хъвалеб буго Шамил имамасул гIамалалъул хIакъалъулъ: «ТIабигIаталъ гьесие кьун букIана гIадамал хадур цIалеб, унго-унгояб рагIи абизе гьунар. Гьесул бахIарчилъиялда, цIодорлъиялда ва гIакъиллъиялда щибго щаклъи кколароан цониги магIаруласул. Гьес партизаназул рагъ гьабулеб букIана тарихалда къанагIат гурони нилъеда батулареб  кIудияб къуваталда ва тирилъиялда».


Россиялъул империялъул тарихчагIигицин мукIурал руго Шамил имамасул тIокIлъабазе, гьес Бакъбаккул Кавказалда пачалихъ гIуцIиялъе гьабураб низамалъе. Къарахъа МухIамадтIагьирица хъвалеб буго Шамил такрарлъи гьечIев бахIарчи ва исламалъул гъалбацI вукIанилан.

Шамил имам Кавказалъул тарихалъулъе ана, эркенлъиялъе гIоло къеркьеялъул цевехъан хIисабалда гуревги, гьунар тIокIав къанунчи, законодатель хIисабалдаги. Гьесул къануназ, низамалъ гIадлу билълъанхъизабуна. Бидухъ би тIалаб гьабулеб, бидул рецIел босиялъул гIадаталдаса хвасар гьаруна гIадамал. Тухумазда гьоркьоб гIемерал гIелаз гьабулеб букIараб гьеб бидул рецIелалъ бахIарчиял магIарулал рецулел рукIана. Гьеб къагIида гьукъун букIана Шамил имамасул низамалъ.


Шамил имамас кIудияб аскар гIуцIана ва гьелда гъорлъ лъелаб боги рекIаралги рукIана.


Имам гьединго вукIана партизаназул рагъалъул къагIидаби лъалев, махщел тIокIав нухмалъулев, бахIарчияв кьалул тактик. ГIурус императорасул аскаралда лъикIал кьабиял щвезаруна гьес, хъахIлъарал гIурус генералзабиги къезарун. Шамил имамас гьарурал рагъул операциял мухIканго лъазаризе, дарслъун малъизе мустахIикъал руго.


Мукъсанал сурсатал рукIаниги, гьесда кIвана кIудияб аскар данде гьабизе ва къеркьей гьабизе экономикияб кьучI, база гIуцIизе. Майор Варнерица хъвалеб буго Шамил имамасул аскар кутакалда низам цIунараб, гIуцIа-къараб букIанилан. Имаматалде лъутун рачIарал Польшаялъул ва гIурус солдатазул гьабураб хасаб батальон букIанин имамасулин нугIлъи гьабулеб буго Варнерица. Аскаралъул къокъабазе бетIерлъи гьабулаан наибзабаз, щунусилаз, нусилаз, анцIилаз. Киналго гьел нухмалъулез Шамил имамасда цадахъ гьоркьор лъолаан кьалул ва ракълил суалал ва цоги масъалаби. Муридзабазул рагъулал къуватал бищун гучалда рукIана XIX гIасруялъул 40-абилел соназда. Шамил имамасул гIакълучи, наиб Юсуп-хIажи-эфенди Сапаровасул баяназда рекъон, гьел соназда яргъид хьезарурал муридзабазул къадар 15-азариде бахунеб букIун буго (гьездаго гъорлъ – 5880 рекIаравги). ГIурус империализмалда данде гьарулел цо-цо рагъазулъ, кампаниязулъ муридзабазул къадар чанго анцIго азаридасаги тIаде унаан, ай 30-40-азариде бахунаан.


1841 соналде щвезегIан бахIарчилъи бихьизабурал рагъухъабазе Шамил имамас сайгъат гьарулаан ярагъ, чуял, гIиял, гIарац. 1841 соналдаса Имаматалда кьезе байбихьана медалал ва цоги къвакIиялъул ва къо хIехьеялъул гIаламатал.


КигIан дагьал сурсатал ругониги, артиллерия гIуцIизеги бажарана Шамил имамасда. Майон Варнерица баян кьолеб буго «жидерго кьер-кьераб мацIалда магIарулаз гIарадаялде «азарго рагъухъанилан» цIар лъун букIанилан». Цо гIарадаялъ азарго рагъухъан хисулилан абураб рагIи букIана гьеб.


Хадуб Шамил имамасда кIвана Имаматалда гIарадаби риун тIеялъул хIалтIи гIуцIизе.


Гъумекиса ГIабдурахIманица гьадин хъвалеб буго:


«ГIурусазул аскаразухъа рахъарал гIарадабиги риун, мугIрузул шартIазда санагIатал, гьитIинал гIарадаби гьаруна. ГIарадаби риун тIезе бугеб махщалил рахъалъ кIудияб машгьурлъи щвана ГьоцIалъа МуртазагIалие. Гьедин риун тIурал гьитIинал гIарадабазда Шамил имамасул мугьру кьабулаан. Гьел гIарадабазул гIемерисел рукIана, авлахъалъул ахIвал-хIалалда гьарурал, лъикIаб гуреб даражаялъул. Шамил имамас биун тIураб 40-50 гIарадаялъул гIицIго 12-14 гурони ярагьунеб ва рагъда жиндаса пайда босараб ярагълъун лъугьинчIо. Гьел гIарадабазе топал, ядраби къачIалаан Гьидалъа махщалилас. ГIурус империалистазул аскаралъул топал хIалтIизарулаан магIарулаз. Цо топ щварав муридасе бацIцIадаб гIарцул анцIго копек кьолаан. Гьелъул хIасилалда топал камун хутIулароан. Гьезда жаниб гула (заряд) лъолаан, пахьул гьабураб.


ТункIихер гьабулеб хасаб завод рагьана имамас Ведено. Маккаялда тункIихер хIадуризе ругьунлъарав ЖабрагIил-ХIажияв тана Шамилица гьеб заводалъул нухмалъулевлъун.


Ведено бугеб заводалда гуребги, туркIихер хIадурулаан Шамил имамасул тIалъи рикIкIунелщинал Дагъистаналъул ракьазда.

ЦIикIкIараб къадаралда чIабатI бахъулаан ЧIиркъатIа, Шоботиб, КIикIуни росабазда аскIоб. МагIарулаз тIухьиги гъалайги росулаан Таркиялдаса, Дербенталдаса, Кубаялдаса. Пахь бечедал гIадамазухъа бахъун букIана. XIX гIасруялъул 40-абилел соназда Имаматалда анцIазарго пуд пахьул букIана. Махх ва чаран Имаматалъе щолаан аслияб куцалда гIурус аскаралъул щулалъаби рахъун хадур. Гьедин колонизаторазул аскаралъухъа Шамил имамасул бояз гIемерал маххул алатал рахъана 1842 соналда Чачанлъиялъул рохьазда. Гьединлъидал, Имаматалъе гIураб къадаралда букIана махх.


ЦIияб ярагъ гьабизе муридзаби куцалаан лъутун рачIарал гIурус солдатазги. Даргъор чIезарурал гьединал тIурун рачIарал рагъухъабазул къадар лъабнусиде бахунаан. Амма Россиялъул империялъул ругел сурсатазда данде цIакъго мукъсанал рукIана муридзабазул ресал, нахърател, сырье, магIданал.


Автор: Семен Бушуев, тарихиял гIелмабазул доктор, профессор, СССРалъул ГIелмабазул академия, 1939 сон. Буссинабуна ГIизудинил ХIамзатица

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +67
  • Нравится
Оставить комментарий
Лъик1аб макъала буго!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook