Авторизация

Шайих Шамилил къиса бицинин нужеего


ВатIанияб тIалаб тIобитIулаго


Шайих Шамилил къиса бицинин нужеего


КIудияв имамасул ва гьесул гьунарал хъварав гIалим, шагIир Игьалиса Чупаласул къисмат


2017 соналъул 4 февралалда Авартеатралда тIобитIана Шамил имам накълулъараб къо ракIалде щвезабулеб мажлис. Исламалъулги Кавказалъулги бахIарчи Шамил имам къадралде щваралдаса 146 сон сверана исана. 1871 соналда Мадинаялда БакъигIалъул хабалалъ МухIамад аварагасул ( с.т.гI.в.) имгIал ГIаббасида аскIов вукъана Шамил имам. Гьединго, имамул агIзам гьаб дунялалде вачIаралдаса 220 сонги тIубала исана. Дагъистаналъул жамгIиял идарабаз хитIабал гьарулел руго, исанасеб сон, нилъер республикаялда гуребги, Шималияб Кавказалдаго Шамил имамасул лъагIеллъун лъазабеян. Имаматалъул заманалдаго Турциялъ жиндие генералиссимуслъи кьурав, тIадегIанаб макъамалъул инсан Шамил имамасул хIакъалъулъ хъварал бищун камилал назмабазда гъорлъ руго Инхоса ГIали-хIажиясул ва Игьалиса Чупаласул асарал. Гьелги цIалана рехсараб мажлисалда.


Лъабго имам вахъун, хъублъи бацIцIана


Исана 4 февралалда Авартеатралда букIараб данделъиялда кIалъазе рахъана Унсоколо мухъалъул имам ГъазимухIаммад-хIажи Абакаров, «АхIулгохI» ва «Унсоколо» жамгIиял идарабазул вакилзаби, тарихиял гIелмабазул доктор ХIажи Мурад Доногъо, Авартеатралъул нухмалъулев МухIамадрасул МухIамадрасулов, Дагъистаналъул мустахIикъав артист ХирамухIамад ХирамухIамадов ва цогидалги.


Тарихалдасан нилъеда лъала Имамат гIуцIиялъулъ бакълъулазги кIудияб хIаракат бахъараблъи. 1839 соналда цо заманалда ЧIиркъатIа росу букIана Имаматалъул тахшагьарлъун. КIудияб рагъ ккана Аргъвани росулъ. Килдерил РочIчIоб мегIер ккола имамасул щулалъи букIараб бакI. Шамил имамасул наибзаби камураб росу букIинчIо бакълъулазул жамагIаталъул. Имамасул щуго мудирасул (генераласул) цоявлъун вукIана Аргъваниса Абакар-дибир. Аллагьас хъван батани, кIудияв имамас 220 тIубалеб гьаб соналда нилъ цIидасанги тIадруссина Имаматалъул бахIарчияб, инсаниятго хIайран гьабураб тарихалде. КIудияб Кавказалъул рагъулъ ва Имамат гIуцIиялъулъ бакълъулаз лъураб бутIаялъул хIакъалъулъ макъалаби рахъизе руго 2017 соналда «Гумбет» басмаялда.


Информациялъул «Гумбет» гIуцIиялъ ва «Гумбет» басмаялъ 2015 сон бакълъулазул районалда Инхоса ГIали-хIажиясул сонлъун лъазабун букIана. МагIарул адабияталъе кьучI лъурав шагIир, гIалим, гIакъил Инхоса ГIали-хIажияс 170 сон тIубай лъикIаб даражаялда тIобитIана. Исана Игьалиса Бияхъайил Чупалав гьавуралдаса балеб буго 140 сон. Гьединлъидал, Гумбет районалда гьаб сон гIалимчи, шагIир Чупаласул лъагIеллъун рагIизабизе пикру ккана «Гумбет» басмаялъул. Шамил имамасул 220 сон ва Чупаласул 140 сон кIодо гьаризе руго «Гумбет» газетаялъ, гьезул хIакъалъулъ макъалаби рахъиялдалъун.


Чупаласул асаразулъ кIудияб бакI ккола Имаматалъул ва Шамил имамасул темаялъ. Гьединлъидал, гьев гIалимчиясул асарал цIалиялъ нилъее жеги хиралъизе вуго имам. Инхоса ГIали-хIажиясулги Игьалиса Чупаласулги асарал мустахIикъал руго школазда щвалде щун малъизе. Амма гьел хрестоматиязде росун гьечIо. КъватIисел улкабазул тарихги адабиятги цIикIкIун лъала цо-цо магIарулазда, дунял пана гьабураб нилъерго тарихги кIвар кьечIого тун. Гьеб мекъи буго. Манкуртизм абураб унти кккола гьеб. ХIажат буго нилъехъего тIадруссине, нилъго лъазаризе, нилъго ричIчIизе.


Чупаласул асарал – бахIарзазе чIварал занал


МагIарулазул машгьурав литературовед, филологиял гIелмабазул доктор, жиндир мунагьал чураяв Сиражудин ХIайбулаевас Бияхъайил Чупаласул тIехьалъе цеберагIиялда гьадин хъвана:


«АнцIила ичIабилеб гIасруялъул ахиралда ва къоабилелъул авалалда жал кIудияб хIаракаталда, жигаралда хъвадарулел рукIарал магIарулазул шагIирзабазул къокъадулъ мустахIикъаб бакI ккола Игьалиса Чупалас.


    Гьесул цо-цо асарал, хасго гъазаваталъул назмаби, халкъалда гьоркьор тIиритIун ругониги, живго шагIирасул гIумруялъул хIакъалъулъги адабияб ирсалъул хIакъалъулъги нилъехъе жакъа къоялде кодоре щварал баянал ва хIужаби цIакъго мукъсанал рукIана. Гьанже гьеб нилъер адабияталъул гьумер, тарихияб кIваралъул гьумер рагьизе кIудияб, тIадегIанаб къиматалъе ва реццалъе мустахIикъаб хIалтIи гьабуна Ибрагьимил ГIабдулпатахIица.


    ГIемерал соназ Чупаласул ирсалда хадув лъугьун, гьесул ватIаналде, сверухъ ругел росабалъе щун, гIалимзабазда, цIикIкIарал гIадамазда цIехон, доб заманалда рахъарал тIахьаздасан баян гьабун, хIатта КГБялъул архивалде ваккун, гьесда кIвана шагIирасул адабияб ирс данде гьабизе, гьеб тартибалде ккезабизе, гьелъул кьучIалда камилаб мажмугI гIуцIизе ва гьеб басмаялде бахъизе.


     ГIабдулпатахIица гьабураб хIалтIиялъул цоги хасият буго. Чупаласул хIакъалъулъ ругел абиязда, биценазда, хабаразда гIей гьабичIого, гьес шагIирасул ясазда: Кавсаратида ва НагIалида гьарун, кьезарун руго жиндирго Чупаласул квералъ хъварал, захIматго нахъе цIунарал гьесул асарал, гьединлъидал, абизе ккола ГIабдулпатахIил баяналги хIужабиги кьучIал, камилал, щаклъи гьечIел ругилан.


     Берцинго, жиндирго хIалалаб магIишаталда вукIарав машгьурав гIалимчи 1937 соналъул 29 июлалъ НКВДялъул хIалтIухъабаз ккун уна.


     ЦохIо бахIарчиго, абизе ккаралъуб чIор гIадин битIараб рагIи аби гуребги, Чупаласул «Инхоса Сиражудин-хIажиде» абураб асаралъул иман гьечIеб къокъаялъе букIана тIадеги цоги хIинкъиги. Гьес халкъалъе загьир гьаруна лъидаго лъаларедухъ балъго рахчун рукIарал ккун аразулги жанир тIамуразулги чIваразулги цIарал. Гьес къватIире рахъана кире аралали лъачIого тIагIине гьарурал лъикIал гIалимзабазулги диниял жигарчагIазулги цIарал, кьуна гьезие мустахIикъаб къимат, къокъ гьабун абуни, гьес гIадамазе рагьана гьезда лъаларел балъголъаби.


ХIакъикъаталдаги Чупалав гIалимчиги лъикIав инсанги вукIана. Дин тIибитIизе гьабулев, гьелъул къадру борхизабулев, гьеб щула гьабулев чилъунги вукIана. Гьелъие сайгъат гьабула гьес жиндирго шигIрияб гьунарги. Гьеб магIнаялъул руго гьесул аслиял асаралги: мавлидал, вагIзаби, туркаби.


Гьес жиндир къалмикье росана нилъер диналъул кIвар бугел лъугьа-бахъинал, хасго МухIамад аварагасул (с.т.гI.с.) гъазаватал. Гьеб мурадалъе гIоло гьес хъвана «Бадруялда ккараб рагъ», «Хайбар хъала бахъи», «Авараг Шамалде ин», «Хадижат ячин» ва гь. ц.


    Гьал нилъеца рехсарал асарал рахъун руго цо-цо гIажам тIахьаздаги, амма гьел хъварав чиясул цIар бихьизабун гьечIо.


       Чупаласул жиндирго квералъ, жинцаго гьабураб мажмугIалда асаразда гъорлъ хьухьун буго, угьун буго жиндирго цIар:


ГIажамалъ букIаниги, Авараг веццунлъидал

Игьалиса Чупалас эсул сиярал хъварал,

СагIадаталъул агьлу алжаналде унелъул,

Аман, дун рехун тоге, Халикъасул мушапагI.


     Гьединабго магIнаялъул мухъал руго Чупаласул «Хайбар хъала бахъиялъул» къасидаталъулъги:


Халкъалъул Сайидасул сиярал хъвана дица,

Дирго гьаруралщинал мунагьазул хиялалъ.

Дунги - дур гIасияв лагъ, бусурбаби рокьулев

Бияхъайил Чупалав, чуре, Аллагь, мунагьал.


    Гьединго Чупалас цIакъ кIудияб рокьиялдалъун, махщалида загьир гьабун буго мугIрузул халкъалъул къеркьей. «АхIулгохI бахъиялде», «Цересел бахIарзазде» абурал кIудиял, щвалде щварал асаразулъ гьес рехсон руго киналго бахIарзазул хIакъикъиял цIарал, гьезул гьайбатал ишал, гIaдан тамашалъизе гьарулел гьунарал. Чупаласул асарал ккола нилъер бахIарзазе, кватIун ругониги, чIварал занал. Чупалас рикIкIунаан Дагъистаналъе, магIаруллъиялъе тIадегIанлъи, машгьурлъи, цIар щвезабурал шартIазул аслияб лъабго бугин: халкъалъул бахIарчияб тарих, ВатIаналде бугеб рокьи, гьеб халкъалъ гIуцIараб гIелму ва гьеб цебе тIезе гьабурал гIалимзаби, гьеб кинабго халкъалъе загьир гьабурал ва хадусеб гIелалъеги цIунарал шагIирзаби.


    Гьеб лъабабго рахъалъе налъулавлъунги, гьезул ирсилавлъунги гьес живгоги рикIкIунаан ва гьезие, хвалил хIинкъиялде вачIинчIого, ракIбацIцIадго, гьайбатго, берцинго хъулухъги гьабуна.


     Чупаласул бицунаго, ракIалде рачIана Инхоса ГIали-хIажияс хъвараб назмуялъул рагIаби:

ВатIанияб тIалаб тIобитIулаго,

ТIерхьарал цIвабзазул  цIар кIоченаро».


Имамзабиги тIагIун, Дагъистан хараблъидал


«Дагъистан» абураб поэмаялда Шамил имамасул гьадинаб камилаб сипат гьабулеб буго Игьалиса Бияхъайил Чупалас:

Лъабабилев имам Генуса Шамил

Суннат, варагIалъул мегIер вукIана.

Машгьурав багьадур, диналъул буцур,

ГъазимухIамадил кваранияб квер.

Жанисангин тIасан тIолго берцинав,

ТIолалго мукIурав гъалбацI вукIана.

Къоло щуго соналъ пачагун къеркьон,

Дагъистан халкъалда машгьур гьабуна.


«Игьалиса Чупалас данде гьабураб турки Гьаракь берциназ ахIе, ияхI бугел гIенекке», - гьединаб, Бакъбаккул адабияталдасан бачIараб къагIидаялъ лъугIизарун руго шагIирас жиндирго асарал. Гьеб ккола гъулбас гьаби гIадаб жо. Щивав махщалилас гьединаб гъулбас, мугьру тола жинца гьабураб алаталда. Халкъалда гьоркьоб цIакъго машгьурлъи щвана ва назму ахIулел гьунарчагIаз  г\емер ахIула Чупаласул «АхIулгохI бахъиялде» абураб панаяб поэма. Гьадин байбихьулеб буго гьеб асар:


«Мисри-Шамалда ругел шайихзаби данделъун,

Курратул гIайнуйилан, Маккаялде ахIарав,

Мадинаялда ругел ханзаби данде рачIун,

Айаругьал Жалилан, жиндир цIар берцинлъарав

Шайих Шамилил къиса бицинин нужеего.

ШапагIат насиблъаяв шайих Шамил-апанди,

Шамилий квербакъарал киналго шугьадаал,

Шугьадаазул къиса бицинин нужеего.

Имамасул гохIалда шаргIалъул байрахъги чIван,

Азаралда ункънусго чи жаниве лъугьана.

Азаралда ункънусго чи вуссараб гохIалда

Цо кIикъого чийила хабаралъе хутIарав.

Гьебщинаб pyxI бахъараб гIешдерил АхIулгохIда

Я молода росичIо, я росонир чуричIо,

РетIухъего чухъбигун, къавухъе чалмабигун,

Чвахулаго ругъналгун, ккара-ккаралъур лъуна.

АсхIабзаби гъурараб Бадру, УхIудалдаги,

АхIулгохIда гIадинаб, хIалилаб рагъ ккечIила…»


Чупаласул «Цересел бахIарзазде» абураб асаралъул, литературияб, художественнияб кIвар гуребги, кIудияб тарихияб магIнаги буго. Гьенир рехсон руго Имаматалъе квербакъарал ва Кавказалъул рагъда гъазаваталда гIахьаллъарал гIемерал рагъухъаби. Гьединлъидал, гьеб назму рикIкIине бегьула, гIицIго литературияблъун гуребги, кьучIаб, документалияб, хроникаялъулаб, тарихияб асарлъун.


Гьаб макъалаялда гьеб туркиялъул авалалдаса чанго мухъ кьолеб буго:


Имамзабиги тIагIун, Дагъистан хараблъидал,

Хваралги ракIалде щун, шигIру гьабун бихьизин.

ШаргIалъул наибзаби аб дуниял тун индал,

Дин бокьарал гIодизе, гIажамалда кIалъазин.

Лъабавго имамасул манакъибалги рицун,

Къварилъарал угьдизе, лъабго paгIи абизин.


Гьединаб тIадегIанаб цIа рекIелъ гьалдолев инсан вукIана Игьалиса Бияхъайил Чупалав. Гьесул щибаб рагIиялъ, щибаб мухъалъ бицунеб буго Кавказалъул имамзабазде гьесул букIараб бергьараб рокьиялъул хIакъалъулъ, гьесул шигIрияб, адабияб гьунаралъул камилаб даражаялъул хIакъалъулъ.


Инхоса ГIали-хIажиясул ирс босарав, амма жиндирго нух ккун арав, атеизмалъул гIуцIиялъе жив данде ккечIев, кIудияб къисматалъул, къадруяб гьунаралъул инсан вукIана Бияхъайил Чупалав. Нилъее тавпикь кьеги гьесул асарал цIализе, рекIелъе риччазе, лъазаризе; нилъеда ияхI батани, гьес хъвавухъе, гьелги цIалун, пашманлъизе, пикру гьабизе, кантIизе, напсалдаса бергьине, хасияталъулъ гIаданлъи цIикIкIинабизе. Амин.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +76
  • Нравится
Оставить комментарий
Мунагьал чураги,Чупаласул Аллагь гурх1аги,ц1акъ пасих1аб мац1алъул ,шаг1ирги ,г1алимчиги вук1ана гьев.
Амин. Гьесул асарал унго-унголъунги халкъиял руго, халкъалда рекIехъе лъалелъул.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook