Авторизация

ГьанжелъагIан жагъалал рукIинчIел чагIи гьанже кин жагъаллъулел?


Туркиялъул магIарулазул 15 чиясе Дагъистаналде рачIине виза кьечIо


14-15 сентябралда МахIачхъалаялдагун Дербенталда тIобитIизе буго ватIанцоязул конгресс

Гьенире ахIулел руго Россиялъул регионаздагун батIи-батIиял улкабазда гIумру гьабун ругел нилъер ракьцоялмиллатцоял


ГьабсагIаталда жеги чIванкъотIун лъаларин кинавниги чан чи вачIине вугевали абун бицана «Миллаталъе» миллияб политикаялъул министерлъиялъул вакилзабаз.

Къисматалъ Туркиялде ккарал магIарулазда гьоркьов бищунго машгьурав чи Шагьабудин Озден вугин абуни мекъи ккеларо. Дагъистаналда хурхун щиб тадбир гьабулеб бугониги, тIоцеве хIалае вахъунев чи гьев вуго. Амма, щаяли лъаларо, конгрессалде вачIине Шагьабудиние виза кьун гьечIо Россиялъ.

«Миллаталъул» иргадулаб номералда тIад хIалтIулелъул, гьале гьес нижехъе бачIараб кагъат:

 

«ХIалихьатал чагIи чехь кьвагьун хвайги»


«Ассаламу ГIалайкум, хириял магIарулал ва тIолго дагъистаниял!

Мекъи ккарал цо-цо жал руго, гьаб КОНГРЕССАЛЪУЛ программаялда.

Нилъеда лъавухъе, конгресс буго дунялалдаго тIиритIун ругел дагъистаниязул делегацияги бакIарун, гIагара-гIунтIарал, гьудул-гьалмагъзаби цоцада лъазе ва мухIаббат цIикIкIинабизелъун гьабулеб данделъи.

Дагъистаналда тIоцебесеб конгресс 1992 соналда гьабуна. 1997 соналда букIана Имам Шамил гьавуралдаса 200 сон тIубайги.

Гьеб кIиябго данделъиялда Туркиялъул делегациягун цадахъ дун вачIун вукIана Дагъистаналде. Элдаса хадувги культураялъулгун тарихиял хIалтIабазе гIоло лъабго-ункъо нухалъ нахъойги щвана Дагъистаналде.

Жакъа къоялде щвезегIан диеги дица данде гьабураб делегациялъеги расги проблема ккун букIинчIо. Гьаб сапар - «КОНГРЕСС-2017» - гIуцIиялъул цевехъан МухIамадхан МухIамадхановас дида тIад къан букIана конгрессалде рачIине бокьарал Туркиялда ругел дагъистаниязул цIарал, документал ритIеян ва тIадеги жубан букIана гьанир гIумру гьабулел дагъистаниял дидаса лъикI лъалев чи гьечIилан.

Дицаги кIудияб гъирагун конгрессалде ине бокьаразул хIакъалъулъ мухIканго хъван, къоло ункъо (24) чиясул цIаралгун документал ритIана.

Амма Истанбулалда бугеб ГIурус Консоллъиялъ 24 чиясда гьоркьоса 15 чи нахъе хъвагIан вуго (ал жагъалал чагIи ругин абун). Нахъе хутIарал ва ниж гьечIого унарев ичIго чиясе виза босизе изну кьун буго.

ГIажаибаб жо гурищ, гьудулзаби, гIумруго Дагъистаналъе гIоло кьезе гъира бахъарав дунги ва гьединго расги гIайиб гьечIел дир гьалмагъзабиги (15 чи) виза кьезе бегьуларел квешал чагIилъун рикIкIин?

КIваричIин гьанже, конгрессалде рачIине рес рекъечIолъи…

Бокьилаан лъазе гьеб ГIурус Консоллъиялъ нижее визаби сундалъун кьечIелали. Гьединго къваригIун буго гьаб питна лъица гьабурабалиги, гьеб гьабурав хIалихьатги лъазе.

Гьаб питна багъаризе гьабурав нич-яхI гьечIев хIалихьат нужодаги лъан вукIине ккола. ЛъикI ралагье, эв чи цощина конгрессалдеги щун ватизе гурин.

ПалхIасил, тIасса лъугьа. Амма дунялалъулго дагъистаниялги ахIун гьабулеб гьеб конгрессалда ниж «АхIизиги ахIун, чухIун нахъе чIварал» чагIазул бакIалде ккана.

07.09.2017

Саламгун ва хIурматгун Шагьабудин Озден».

***


БитIараб бицани, дица тIадехун хъвавухъе, гьеб конгрессалде ахIизе Шагьабудинидаса цевесев чи дида лъаларо.

Щайин абуни, цогидаз жидеего чед-хинкIалъе пайдаялъе ричIулеб батани кIал, Дагъистаналъул цIарги бахъун, Шагьабудин Озден вуго гIицIго нилъер миллаталъе гIоло вахъун чIарав чи. 

Дида гьев лъалелдаса батила 17-ниги сон. Туркиялдаса вачIарав магIарулав вугин гьав Шагьабудин, гьасие къваригIараб кагъат-хъарщи балагьеян тIад къан букIана дида редакциялда. Гьеб мехалда тIоцеве вихьулев Шагьабудинида дагьаб мехалъ чIезе заман букIинаребищин, дун эркенлъизегIанилан гьикъун букIана дица.

«ЧIола, щай чIоларев? Заманги накку гIадин бугеб нилъер», - ин гьимана гьев.

«ВахI, нижер дахIабабаца хIалтIизабулеб гьеб «накку гIадин» абураб рагIи дуда кисан лъалеб?» - ин йиххана дун.

«Дидаги гьеб дирго дахIабабадасан рагIун букIунха», - ян велъана Шагьабудин. ГьедингIаги батилаха, гьесда гIезегIан некIсиял кучIдулги, биценалгун кицабиги лъалел ругоан. КIартиласул кечIгицин рикIкIунеб бугоан.  

Гьедин бицун лъан гуребги, Дагъистаналъул тарихалда тIасан гIезегIан тIахьал цIаларав чи вукIинги бихьулеб буго Шагьабудин. Гьелъие гIоло кириллица лъазабун буго гьес.  

Жиндирго эбел-эменгицин Туркалъ гьарун, гIурал гьесда магIарул мацI лъалеб бугеб даражаялда бахиллъун, гIажаиблъун йикIана дун.

Хадувги Шагьабудин чанцIулго щвана Дагъистаналде. Масала, чанго соналъ цере кIикIундерица ахIун рукIана Шамил имам асир гьавун хадур Туркалъе гочарал жидерго росуцоял.

Гьеб мехалда «Миллат» газеталъул редакциялдеги рачIун рукIана Шагьабудингун цадахъ цогидал нилъер миллатцоял. Гьенисан РГВКялда передача бахъизе мунагьал чураяв ГъазимухIамад ГъалбацIовасухъеги ана.



Шагьабудиница живго лъикIав лъугьун риччала Туркиялда Дагъистаналъул тарихалда хурхарал журналалги. Гьезда рекъон фейсбукалда гьес гIуцIун руго хасал къокъабигицин. Гьелъул кумекалдалъун дунялалда риххун ругел магIарулазда, дагъистаниязда лъала нилъер маданият, адабият, тарих.

Турказ Россиялъул самолет бортизабун хадуб кIиябго улкаялда гьоркьоб лъугьун букIараб ракIхвейги кутакалда къабул гьабичIо Шагьабудиница, лъугьинчIониги бегьулеб жо букIанин гьебилан. 

Умумузул ракьалдехун Шагьабудинил бугеб рокьиялъулги гьесул чилъиялъулги жеги гIемер бицине бегьула.

Амма щибго квалквал гьечIого гьанжелъагIан Дагъистаналде вачIунев вукIарав гьесиеги «жагъалал чагIи ругилан» абун гьесул гьалмагъзабазеги гьанже нух къазе лъугьиналъул магIна кинго бичIчIуларо.    


Автор: Зульфия ХIажиева

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Ботӏрол загӏиплъи буго эб,тӏоӏаб кин гьелда аблеб,лъалел гьечӏо гьезда щив виччазе кколев,щив кколарев?


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook